31 маялда Махӏачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана «Нилъер къуват – цолъиялъулъ» абураб Дагъистаналъул руччабазул иргадулаб форум. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса гурелги, Россиялъул цогидал регионаздаса руччабиги.
Жамгӏияталда гьоркьоб жакъа чӏужугӏаданалъул бугеб кӏваралъул бицана республикаялъул миллиял ишазул рахъалъ политикаялъул министрасул ишал тӏуралев Энрик Муслимовас, Дагъистаналъул руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаевалъ ва тадбиралда кӏалъазе рахъарал цогидалги руччабаз.
Дандеруссин байбихьана ГТРКялъ бахъараб «Цветы на скалах» абураб видеофильмалдалъун. Гьениб бицунеб букӏана республикаялъул маданияб, адабияб гӏумруялда ва тарихалда лъалкӏал тарал руччабазул хӏакъалъулъ. Масала, ракӏалде щвезаруна Фазу Гӏалиева, Хӏапизат Хӏамзатова, Мариям Ибрагьимова, Патӏимат Чурланова ва цогидалги. Гьединго бицана жакъаги республикаялъул гӏумруялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабулел руччабазул хӏакъалъулъги. Гьединаздасан ккола республикаялъул культураялъул нухмалъулеллъун хӏалтӏарал Наида Гӏабдулхӏамидова, Зумруд Сулейманова ва цогидалги.
Форумалъул гӏахьалчагӏазе видеороликалдасан салам кьуна Россиялъул руччабазул союзалъул председатель Екатерина Лаховалъги. Тадбиралъул хӏурматиял гьалбаллъун рукӏана Ставрополь краялдаса Людмила Горовенко ва Александра Гусева.
— Жакъасеб гӏумруялъулъ кӏудияб кӏвар буго чӏужугӏаданалъул. Гьелъул хӏеренлъи-хӏалимлъиялдаги недегьлъиялдаги кӏола кигӏан согӏаб рагӏиги къезабизе. Чӏужугӏаданалъул ракӏ даим гьалделеб букӏуна. Гьелъул пикрабазе бакӏлъи кьолеб буго жакъа дунялалда кколел ругел рагъулал тункагӏусиязги сабру тӏагӏараз ракьалда бекьулеб вахӏшилъиялъги. Гьелъул гӏанчӏал анищазда гӏумруялъ лъолел руго согӏал ругънал. Амма чӏужугӏаданалъул ракӏ гьелъ чараналде сверизабулеб буго.
Гьединай йиго жакъасей дагъистанияй – кигӏан захӏматалги къуватазда асир гьайизе кӏоларей. Кьурабазда рижарал тӏугьдул – гьеле гьединаб берцинаб сипаталъе мустахӏикъай йиго жакъа Дагъистаналъул чӏужугӏадан. Согӏал, хъачӏал кьурабалъан баккизе ккани, кигӏан кӏудияб лъадари къваригӏунеб тӏогьое. Гьеле гьединаб лъадаригун, къо хӏехьейгун ячӏуна чӏужугӏадан ракьалде. Ва гьелъул буго цӏакъго багьа тӏадегӏанаб борчги — ракьалда гӏумру тӏегьазаби ва гьеб цӏуни – гьединаб букӏана тадбиралда киналго кӏалъаязул магӏнаги.
Форумалъул кӏиабилеб бутӏа сайгъат гьабун букӏана руччабазул шалазе. Тадбиралде рачӏарал гӏемерисел руччаби берцин гьарун рукӏана чӏварал шалаз. Щибаб шалалъул — жиндирго тарих, жиндирго къисмат.
Аслияб къагӏидаялда гьел цӏунун рукӏуна улбуз жидерго ясазе ва гьезги жидерго ясазе кьезе. Гьедин, наслабаз наслабазухъе кьун, цӏунула чӏужугӏаданалъ жиндирго шалалъул къадру-къимат. Гьединаб букӏана Махӏачхъалаялъул Ленинил цӏаралда бугеб майданалда тӏобитӏараб руччабазул шалазул фестивалалъул магӏнаги.
Гьенирго рихьизарулел рукӏана, ботӏрода чӏолеб хӏалалда, берцинго шалал чӏвазе малъиялъул мастерклассалги.
Ш. ХЪАЗАНБИЕВА