3-4 июлалда Махӏачхъалаялда, Пушкинил цӏаралда бугеб къотӏноб, тӏобитӏизе буго Ахбазаналъул фестиваль. Гьеб ккола республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъ тӏобитӏулеб тадбир.
Гьелго къоязда тӏобитӏизе буго республикаялда ахихъанлъи цебетӏезабиялда хурхун гӏелмияб конференцияги, букӏине буго кӏудияб ярмаркаги.
Жидерго ахикь гӏезабураб нигӏматгун магӏарухъа гӏемерал ахихъаби рачӏине руго гьеб къоялъ Махӏачхъалаялде. Гьабсагӏат хьиндаллъиялда тӏад бан бугин абизе бегьула ахбазан барщулеб гӏуж. Щибаб къоялъ ящикал цӏун пихъ бакӏарулел, гьеб жанибе кьезе къотӏи-къаял гьарулел, машинабазде гьеб баччулел руго ахил бетӏергьаби.
Магӏарухъ гьабсагӏат бищунго цӏикӏкӏун ахбазан гӏезабулел районазда гъорлъ рехсола Хьаргаби ва Унсоколо. Амма Гумбет, Болъихъ ва Шамил районаздаги дагьал гьечӏо куракул ахал.
— Цере гӏадин, консервал къалел заводал гучалда гьечӏониги, ахбазан гӏезабиялде кьолеб кӏвар дагьлъун гьечӏо магӏарухъ, — илан бицана Болъихъ районалъул Кьохъ росулъа Фатима Гӏисаевалъ.
— Ахбазаналъул компот, мурапа ва цогидаб нигӏмат цӏакъ бокьула халкъалъе. Гьединго гьелъул гагадул гьабураб хьодуде ва урбаялде нилъер гьаниб, хасго шагьаралда гӏумру гьабун ругезул цӏакъ хьул лъола. Узухъда, гӏемераб гӏетӏги тӏезе ккола, ахие хъулухъ гьабулаго, бигьаяб хӏалтӏи гуро гьеб. Амма, баччараб захӏматалда рекъон, нилъ разияб хайир гьелдаса щвечӏогоги хутӏуларо.
Фестиваль тӏобитӏулеб букӏинги лъикӏаб тадбир буго. Нилъерго ахбазан цогидазда бихьизабизе, гьелъул тӏагӏамалъул хӏалбихьизе рес щвела къватӏиса рачӏаразеги.
Ашахан ЮСУПОВ