Дагьаб цебегӏан Шамил районалъул Мачӏада росулъ рагьана Расул Хӏамзатовасул цӏар кьураб лъималазул цӏияб лагерь. Гьеб рагьиялъул хӏурматалда рохалилаб тадбирги тӏобитӏана гьениб.
Шамил райадминистрациялъул пресс-хъулухъалъул хӏалтӏухъан Меседо Ибрагьимовалъ гьадин бицана лагералъул хӏакъалъулъ: «Мачӏада росдада тӏаса, рохьил ахалъуда, гӏатӏидаб майданлъиялда буго лъималаз риидалил хӏухьбахъиялъе бараб гьеб комплекс.
Бихьарасда гурони, гьениб бугеб берцинлъиялъул бицун бичӏчӏиларо. Бацӏцӏадаб гьаваялъги, сверухъ ругел батӏи-батӏиял гъутӏбузги, хӏанчӏаз рачунел бакъназги хӏайран гьабураб гьеб сверухълъи, жеги берцин гьабулеб букӏана гьенире рачӏарал лъималазухъ балагьидалги.
Лъимал спорталъе ва кьурдуе ругьун гьаризе, гьединго эркенаб заманалда гьел цӏалдезе ва батӏи-батӏиял хӏаял тӏоритӏизе шартӏалги чӏезарун руго гьенир.
Лагерь рагьизе кьучӏ лъурав ва жиндиргоги гӏагарлъиялъулги кумекалдалъун гьеб базе кумек гьабурав чи ккола райсобраниялъул депутат Шейхмухӏамад Шамилов», — ян.
Шамил районалъул нухмалъулесул заместитель Махӏач Махӏачевасул рагӏабазда рекъон, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда Мачӏада барабги малъун, гьанже лъабго лагерь буго районалда.
— Рорхатал мугӏрузда гьоркьоб, лагерь базе дагьаб санагӏалъи гьечӏеб бакӏ букӏиналъ, гӏемераб къоги бихьанин абизе бегьула Ш. Шамиловасда. Бугониги, жиндаго ракӏалде ккараб иш рагӏалде бахъинабуна гьес. Гьанже Мачӏада буго 260 лъимер къабул гьабизе кӏолеб берцинаб лагерь.
Гьединго Къваниб буго 1998 соналдаго рагьун букӏараб «Рохел» абураб лагерьги. 2010 соналда гьелъие щун букӏана «Республикаялда бищун лъикӏаб лагерь» абураб цӏарги. Гьебго соналъ сверун гъутӏбиги чӏун, берцинги гьабун букӏана гьеб. Исана гьелъ къабул гьабуна 330-гӏанасеб лъимер.
Лъабго соналъ цебе Къахӏиб росулъ рагьараб «Гӏалило» абураб лагералъги исана къабул гьавуна 260-гӏанасев чи.
Лъабго соналъ цебе Къахӏиб росулъ рагьараб «Гӏалило» абураб лагералъги исана къабул гьавуна 260-гӏанасев чи.
Гӏаммаб къагӏидаялъ 800-гӏанасеб лъимералъ хӏухьбахъи гьабулеб буго исана Шамил районалъул лагеразда, — ин бицана М. Махӏачевас.