Коронавирусалъ нахъеги кьаби щвезабизе байбихьана. Унтаразул къадар къойидаса къойиде гӏемерлъулеб буго. Тахшагьаралъул больницабазда койкабазул къадарги цӏикӏкӏинабуна. Ковидалъул лъабабилебги карачелалъ ахӏвал-хӏал хӏалуцинабизе квер бана.

21 июналда Роспотребнадзоралъул нухмалъулев Николай Павловас лъазабуна мажгитахъ тӏоритӏулел тадбирал, гьединго хабалахъе гьарулел зияратал гьукъулел ругилан. Гьелдаго цадахъ гӏорхъичӏваял лъазарун руго 150-ялдаса цӏикӏкӏун чи вугел данделъабазеги. Бертаби, гӏодорчӏеял ва гьел гурелги ихтилат-кепалъулал тадбирал тӏоритӏугеян абулеб буго Роспотребнадзоралъ. Амма гьезул ахӏиялде гӏинтӏамуларел гӏадамал дагьал гьечӏо. Социалиял гьиназда руго гьанир-дора тӏоритӏарал бертабаздаса роликал.

18 июналдаса байбихьун хӏалтӏуде рачӏунгеян лъазабуна 65 сонил ригьалдаса тӏаде арал чагӏаздаги.

22 июналда республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ тӏадкъай кьуна Махӏачхъала ва Хасавюрт шагьаразул больницабазда койкабазул къадар цӏикӏкӏинабеян. Мисалалъе, Махӏачхъалаялъул клиникияб больницаялда тӏадеги лъун буго 166 койка. Хасавюрталда унтарал къабул гьаризе руго шагьаралъул аслияб Р. П. Аскерхановасул цӏаралда бугеб больницаялъ. Гӏаммаб куцалда республикаялъул больницабазда хӏадурун буго 2313 койка.

Хӏажимурад Маллаевас нухмалъи гьабулеб Махӏачхъалаялъул № 1 больницаялъги бищун цебе гӏадин лъазабуна жидецаги койкабазул къадар цӏикӏкӏинабунилан. Гъоркьиса пандемиялъул хӏалуцин бугеб мехалъ, бищун гӏемер унтарал къабул гьарурал больницабазул цояб букӏана гьеб.

Гьабсагӏат гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ нижее бицана бетӏерав тохтурасул кумекчи Исрапил Исрапиловас:

— Нижер больницаялда вуго ковидалъ унтарав 846 чи. Цохӏо араб анкьида жанив 546 чи вачӏана гьениве. 22 июналдаги 84 чи къабул гьавуна больницаялъ. Реанимациялда вегун вуго 23 чи, унтаразда гъорлъ йиго лъимаде йигей 9 чӏужугӏаданги. Республикаялда ахӏвал-хӏал хӏалуцунеб буго къо бахъанагӏан. Араб соналде дандеккун балагьани, исана унтаразда гъорлъ гӏемерлъулел руго гӏолохъаби. Мисалалъе босани, гьел ккола 1995-1996 соназда гьарурал.

— Араб соналде дандеккун балагьани, исана унтул хӏалуцин цӏикӏкӏана битӏун багӏарараб риидалил заманалда. Нужер пикруялда, щай гьедин ккараб?

— Цӏуна-къаялъул тадбирал гьареян кигӏан тохтурзабаз ахӏи баниги, гьелде гӏинкъаблъун хутӏана нилъер халкъ. Маскаби рачӏо, кверазде пун- хъизабулеб лъамалъи хӏалтӏизабичӏо, данделъаби гьаруна, бертабалъе ана. Къокъаб хӏасил, агъаз гьечӏолъиялъ бачана халкъ гьабсагӏат лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалде.

— «Индиялъул штамм» абун цӏар бугеб коронавирусалъул цӏияб тайпаги щун буго республикаялде…

— Хӏакъикъаталдаги, республикаялде «Британиялъул» ва «Индиялъул штамм» абураб кӏиябго гӏузру щун букӏин уяб жо буго. Гьабсагӏаталда «Британиялъул штамм» ковидалъ унтаразул щуго ва «Индиялъул штаммалъ» унтаразул 9 чи вугин республикаялдаян бицана 22 июналда Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда. Цебе букӏаралде дандеккун, гьеб кӏиябго вирус цӏакъго рекӏкӏаб бугин абула тохтурзабаз. Мисалалъе, кӏиго къоялда жаниб цӏакъго захӏматаб рахъалде сверун, квешаб бакӏалде ккезабулеб буго гьелъ унтарасул ахӏвал-хӏал, — ин бицана И. Исрапиловас.

Республикаялда ковидалда ва вакцина гьабиялда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицана 22 июналда «Черновик» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб данделъиялдаги. Махӏачхъалаялъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтур Хӏ. Маллаевасги, республикаялъул Аграрияб университеталъул ректор, вирусолог Зайдин Жамбулатовасги, гьединго республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабазги гӏахьаллъи гьабуна гьениб. Ахӏун рукӏана журналисталги. Данделъиялъул гӏахьалчагӏазул рагӏабазда рекъон, вакцина гьабизе халкъалъ инкар кквеялъги буго гьабсагӏат республикаялда ахӏвалхӏал хӏалуцун. Статистикаялде балагьани, вакцина гьабурал пачалихъазда ковидалъ хваразул къадар дагьаб буго. Мисалалъе, Гӏизраилалда халкъалъул 70 проценталъ прививка гьабуна унтуда данде, гьениб ахӏвал-хӏалги гӏодобе биччараб буго.