40 сон Краснодаралдаги бан, гӏагараб Бежтӏе тӏад вуссана Хӏусен Хӏайбулаев. Екатеринал шагьаралда Олимпиялъул резервалъул школалъул директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав машгьурав спортсменас 2019 соналъул июлалдаса нахъе тӏуразарулел руго Бежтӏа участокалъул нухмалъулесул ишал.

Битӏараб бицани, спортсменал политикаялде рачӏунел рукӏиналдаса цо-цо чагӏазул бугеб разилъи гьечӏолъи дидеги «бахун» буго. Амма Бежтӏа бараб кӏиго къоялда жаниб Хӏусенилгун ккараб лъайхъваялдаса хадуб дир гьеб пикру тӏубанго хисана. Щайин абуни, гӏодоса эхедего хас гьабун муниципалияб хъулухъалде хӏадурарав чиясда гӏадин, тӏокӏкӏун лъалел ругоан гьесда Бежтӏа участокалъул масъалаби. Бихьулеб буго гьел тӏуразе Хӏусенил бугеб гъираги гьелъие гӏураб даража букӏинги.

Гьелъулъ жиндие кӏудияб квербакъи спорталъги гьабунин бицана гьес нижергун букӏараб гара-чӏвариялда.

Гьединлъидал рехселин Хӏусен Хӏайбулаевасул спортивияб карьераялдаса хӏужжабиги. Гьеб халат бахъана 1981 соналдаса 2000 соналде щвезегӏан.

Росулъ школа лъугӏун хадув Хӏусен цӏалана Краснодаралда, физкультураялъул институталда. Цинги ана армиялде. Гьениса вуссиндал, цӏидасан Краснодаралдего ана.

Институталда ва хадув армиялда тӏадчӏей гьабуна самбоялда ва дзюдоялда.

Гьев самбоялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъана щуго нухалда, ункъо нухалда – Европаялъул чемпионлъунги. Щуцӏул щвана дунялалъулго кубокги. Бергьана Олимпиадаялъул гурел спорталъул тайпабазул рахъалъ ункъо соналда жанир цоцӏул тӏоритӏулел тӏолгодунялалъул хӏаязда.

Хӏусеница спорталъулгун къо-лъикӏ гьабуна 2000 соналда. Лъималазда цо приём бихьизабулаго, мугъзал гьодалъе жагъаллъи ккун буго гьесие. Гьедин Хӏусенида тӏадкъала тӏадегӏанаб спортивияб махщелчилъиялъул школалъул директорасул заместителасул хъулухъ. Дагьаб заманалдаса гьев вахъана гьелъул директорлъун — Олимпиялъул резервалъул школаян цӏар хисана гьелда.

Гьебго заманалда Хӏусен заочно цӏалана МВДялъул Университеталдаги.

Гӏезегӏан шапакъаталги руго гьесул – «Ватӏаналда цебе гьабураб хъулухъалъухъ» кьолеб орденалъул 1 ва 2 даражабазул медалал, «Кубань цебетӏезабиялъе гӏоло» кьураб Кубаналъул тӏадегӏанаб меседил орден, «Россиялда Олимпиялъул багъа-бачари цебетӏезабиялъе гӏоло бахъараб хӏаракаталъухъ» кьолеб Россиялъул Олимпиялъул комитеталъул орден ва цогидалги.

2017 соналде щвезегӏан Олимпиялъул резервалъул школалъул директорлъунги вукӏун, гьелдаса хадув Хӏайбулаев Дагъистаналде гочана. Ахираб кӏиго сон буго Бежтӏа участокалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев вугелдаса.

ТӏОЦЕРЕСЕЛ МУГӏАЛИМЗАБИ

— Хӏусен, Бежтӏа гӏурав дуда самбоги дзюдоги кин лъараб?

— Сверухъ ругел районаздаса лъималги рачӏун, щибаб маялъ гугариялъул къецал тӏоритӏулаан Бежтӏа. Музгар Ражабов абун тренерги классалъул нухмалъулевги вукӏана нижер. Гъоб мехалда киналгӏаги спортзалалги рукӏинчӏо гьанир. Гьединлъидал хӏурул цӏурал, басриял матабиги тӏиритӏун, классалда жанир ругьун гьарулаан гьес ниж.

Цинги микьабилеб классалде рахъиндал, ниж куцазе лъугьана доб мехалда районалде нухазул магӏишаталъул начальниклъун вачӏарав Расул Гӏалихӏажиевас. Гьев кколаан чидаоба абулеб гуржиязул гугариялъулги, эркенаб гугариялъулги, самбоялъулги рахъалъ спорталъул мастер.

Гьеле гьесдасан щвана дие самбоялъул рахъалъ тӏоцебесеб хӏалбихьи. Школа лъугӏун хадуб цӏализе росдал магӏишаталъул институталдедай иневин вукӏарав дир пикру хисизабуна нижер росуцояв, художник Зубайр Мухӏамадовас (кватӏичӏого гьесул суратазул выставка тӏобитӏизе буго нижеца Бежтӏа, живго гьев Санкт-Петербургалда вуго гӏумру гьабун).

Зубайрица абуна щайдила дуе росдал магӏишаталъул институт, Краснодаралда бугила физкультураялъулгун спорталъул институт, гьениве айила цӏализе. Гьедин ккана дун дове. Амма цӏакъ кӏудияб конкурс батана эркенаб гугариялъул отделениялда. Гьединлъидал дун самбоялъулалде ана. Доб мехалда аттестаталда 4,5 балл бугев чияс самбоялъул отделениялде лъугьине ккани, кӏиго экзамен кьезе кколаан – специализацияги биологияги. Специализация дица кьуна «щуйилалда» – самбоялъул приёмалги рихьизарун. Биологиялъе щвана «ункъилаб».

Гьенив цӏалулаго, лыжабазда хъещтӏезе, гьединго спорталъе гьунар букӏинги бихьун, тренер Геннадий Поторокаца дзюдоялъеги ругьун гьавуна дун. Гьедин тӏоцересел къецазде ана Типлисалде.

КРАСНОДАР

— 40-гӏан соналъ Краснодаралда гӏумруги гьабун, жеги къадруяб хъулухъалдаги вукӏун вуго мун. Амма гӏемер рагӏула кавказиязулгун бакӏалъул гӏадамазул миллатчилъиялда хурхарал тунка-гӏусиязул, дагӏбакъецалъул хӏакъалъулъ.

— Гьединал хӏужжабиги камуларо. Масала, Олимпиада байбихьилалде гӏемер бицунеб букӏана гьениб Кӏудияб мажгит базехъин бугин, амма тӏасахун гьелъие квалквалал гьарулел ругилан. Гьале жакъа къоялъги гьечӏо Краснодар краялда цониги мажгит, гӏицӏго какал ралел гьитӏинал рукъзал гурони. Рузман базеги цогидаб къваригӏелалъги бусурбаби Кӏудияб мажгиталде, Адыгеялде уна. Краснодар краялда «Немецкая деревняялда» гӏагарлъухъ буго чанго соналъ цебе бараб как балеб кӏитӏалаяб рукъ – хвел букъизеги цогидалъеги кутакалда кумек букӏуна гьелъул. Дагъистаналъул муфтияталдаса витӏарав имамги вукӏана гьенив хӏалтӏулев. Амма, уставги цогидал документалги рагӏа-ракьанде щварал гьечӏолъиялъ, гьанже къалеб бугилан рагӏана гьеб.

Гьединго гӏемерисеб жо нилъедаго барабги буго – гьоболлъухъ араб бакӏалда нилъерго рокъор ругел гӏадатал рилълъанхъизаризе лъугьине бегьуларо. Нилъералин абуни (киналго гурелха), лъугьуна тӏасан кканщинал жал гьаризе, бакӏалъул гӏадамазул адаб рехун тараб куцалда хьвада-чӏвадизе. Гьединлъидал гьединазе законги гьабула. Амма гьебги квеш букӏун, ахӏи-хӏур бахъинабизе, кумек тӏалаб гьабизе журала. Анцӏгоялде гӏагарун соназ Дагъистаналъул жамгӏияб гӏуцӏиялъе нухмалъи гьабуна дица, гьединлъидал гӏемер рихьулаан гьединал чагӏи. Цояз телефонал рикъун, цогидаз руччабазда зулму-хӏал гьабун, лъабабилез щалалиго кьабун, ункъабилел – вокзалазда гьардухъ лъугьунел ратун, автобусалдаги рекӏинарун Дагъистаналде ритӏулаан. Палхӏасил, аслияб куцалда гьединал рукӏунаан нилъеразда хурхарал гъалмагъирал. ДРялъул хӏукуматалъ Краснодар краялда тарав официалияв вакилгун цадахъ лъугьун тӏуралаан нижеца ракьцоязул суалал. Краялъул чанго шагьаралда тун рукӏана нижерго вакилзабиги.

Гьединго нижеца гӏезегӏан тӏоритӏулаан Дагъистаналъул культура бихьизабулел тадбиралги. Гӏуцӏун рукӏана кьурдабазул кружокал. Краялда гӏумру гьабулел къадруял ракьцоялги ахӏун, санайилго кӏодо гьабулаан Дагъистан гӏуцӏараб къоги. Краснодар шагьаралъулгун краялъул нухмалъулез кӏудияб кумекги гьабулаан нижее.

— Дуца нухмалъи гьабураб Олимпиялъул резервалъул школалда дагъистаниялги рукӏун ратила ругьун гьарулел?

— Рукӏана. Гӏемер миллатал журараб школа кколаан гьеб – нилъералги, гуржиялги, эрмениялги, грекалги – камурав чи вукӏинчӏо.

Жидерго ракьцояв гьенив нухмалъиялда вукӏин лъайдал, Краснодаралда цӏалулел студенталги рачӏунаан гьенире, гьадинго, жалго лъадаризе. Лъабго тайпаялъе ругьун гьарулаан гьенир — эркенаб гугариялъе, дзюдоялъе ва самбоялъе.

«ВАТӏАНАЛДАСА ТӏУН ЧӏЕЧӏО ДУН»

— Мунго вижараб росу-ракьалъулгун кинаб бухьен дур букӏараб?

— Дица хӏаракат бахъулаан щибаб соналъ Бежтӏе щвезе.

— Гьеб кинабгоги тун гьаниве, Бежтӏа участокалъул бетӏерлъуде кинха ккарав?

— Чияр ракьалда вукӏунилан, тӏубан ватӏаналдаса тӏун чӏечӏелъулха дун. Росулъе, республикаялде щванщинахъе дандчӏвалаан цере нижер гьанир рукӏарал нухмалъулелгун, гьудул-гьалмагълъигун, росуцоялгун. Гьединлъидал гьез бицунги, дидаго бихьунги лъалаан нижер росабазе къваригӏараб-тараб. Масъалаби абуни, гьанир дагьал гьечӏо. Масала, тӏоцебесеб иргаялда нижее къваригӏун буго Бежтӏа участокалъе районалъул статус чӏезабизе. Ахираб 30 сон буго гьелда Бежтӏа участокилан абулелдаса.

Ниж Цӏунтӏа районалда гъорлъ ругеб мехалда мугӏрул габурлъиялда нахъа ругел Кидеросаги цогидал росабалъаги гӏадамазул гӏарзал гӏемерлъун рукӏунаан жидее райцентралде рачӏине захӏмалъулеб бугилан, нух рикӏкӏад бугилан. Гьеб мехалда гьабураб рикьи букӏана гьеб – Бежтӏа участокги гьабун, Цӏунтӏа районалъул центрлъун Кидеро лъазаби.

Доб мехалда республикаялъул бетӏерлъуда вукӏарав Мухӏамадгӏали Мухӏамадовас заманаялъе гьабун букӏараб гьеб хӏукму юридикияб рахъалъ жеги цойиде ккезабун гьечӏо.

Гьелда бан киса-кирего нижеца хъварал кагътазе чӏванкъотӏараб жавабги щолеб гьечӏо. Бежтӏа участок районлъун лъазабунгутӏиялдалъун нижее гӏемер квалквалал кколел руго. Мисалалъе, гьечӏо документациялъе хӏажалъулеб нижго бетӏергьанаб код (заманалъулаб код гурони). Гьединлъидал нижехъа ракӏарарал транспорталъул налогал Цӏунтӏа районалде уна. Гьеб мехалда дагьлъун рихьула нижеца ракӏарарал налогалги, гьелда рекъон дагьлъула тӏад буссун республикаялъул бюджеталдаса нижее биччалеб гӏарацги. Гьебги хӏисабалде босун, исана дида кӏвана шагьранухал къачӏазе Цӏунтӏа районалде биччалеб гӏарцул бащдаб Бежтӏе битӏизабизе. Гьелъие квербакъана ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министерствоялъ. Гьеб гӏарац харж гьабизе буго Балакурисан бахъулеб нухалда тӏад.

Гьединго нижер рес гьечӏо улкаялъул ва республикаялъул даражаялда тӏоритӏулел цо-цо программабазулъ гӏахьаллъизе. «Мой Дагестан – комфортная городская среда» абураб миллияб проекталда рекъон, араб соналъул ахиралда Бежтӏа рагьана лъималазе расандизе бакӏал ругеб парк. Амма кагътида хъвай-хъвагӏай гьабуна гьелъул заказчиклъун росдал администрация кколилан.

РАЙОНАЛЪУЛ СТАТУС ГЬЕЧӏОЛЪИЯЛЪУЛ КВАЛКВАЛАЛ

— Хӏукуматалъе гьедигӏан захӏматаб жойищ гьеб – участок районлъун лъазаби?

— Хӏакимзабаз жаваб кьола гьедин гьабуни, цогидалги рачӏунила жидееги бокьун бугин лъидасаниги ратӏаги тӏун, район гӏуцӏизе абун.

— Гьелдаса рорчӏизе нух бихьулеб бугищ дудаго?

— Буго. Дица гьеб бицина ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасда. Кватӏичӏого нижехъе рачӏине руго Махӏачхъалаялдаса гьалбал. Гьабсагӏаталда чӏванкъотӏун лъаларо живго Меликовищ вачӏинев вугев, яги хӏукуматалъул делегацияйищали. Амма кин батаниги, хьул буго республикаялъул гьанжесеб тӏалъиялда, хасго Меликовасда, нижер къварилъи бичӏчӏилилан. Районалъул статус чӏезабиялда цадахъго, нижер гьаниб чара гьечӏого тӏубазе ккола нухазул суалги. Масала, Балакури участокалда шагьранухлул лъабго-ункъо километр буго гӏатӏид гьабизе кколеб. «Мой Дагестан – мои дороги» абураб миллияб проекталда рекъон, гьеб рагӏалде бахъинабизе ракӏалда буго нижеда.

Гьаризе ракӏалда ругел ишал гӏемер ругоан нижер, амма бюджеталъул мукъсанлъиялъ гьелъие рес рекъолеб гьечӏоха. Бихьуларищ администрациялъул минагицин хутӏун бугеб куц (гьелъул кӏиабилеб тӏала буго сверун хъорщоца къараб, амма жаниб тӏокӏаб хӏалтӏи гьабичӏого тараб – авт.).

Участокалъе хӏажатал социалиябгун экономикияб кӏваралъул объектазул (масала, Культураялъулгун Спорталъул кӏалгӏаби) сияхӏ битӏун буго нижеца республикаялъул тӏалъиялде. Гьанир цониги школалда гьечӏо спортзалал.

Гьединлъидал бажаруларо хасало киналгӏаги спортивиял тадбирал тӏоритӏизе. (Амма гьелъул магӏна кколаро нижеца спорт тӏубан рехун тун бугин абураб. Гуро. Нижер гьаниб кутакалда цебетӏун унеб буго футбол, волейбол, гугари, самбо, дзюдо. Батӏи-батӏияб заманалда Бежтӏа участокалда рахъарал Бахӏарзазул, машгьурал гӏадамазул цӏаралда тӏоритӏула турнирал).

Нижер участокалда гьечӏо Культураялъул кӏалгӏаги. Администрациялъул минаялда жаниб бугеб гьитӏинабго рукъ хӏалтӏизабула участокалъул дандеруссиназеги къватӏиса гьалбалги рачӏун гьарулел батӏи-батӏиял тадбиразеги. Амма гьенибги 30-40 чиясе гурони бакӏ гьечӏо.

Исана нижеда ракӏалда буго участокалда кӏиго ФАП базеги, Хашархотӏа рагьараб спортивияб объект базеги.

Республикаялъул хӏукуматалде битӏараб доб справкаялда нижеца бихьизабун буго Балакури росулъ 60 лъимералъе бакӏ бугеб ясли-ах базеги. Гьединго «100 школа» абураб программаялда рекъон, гъоркьисала Кьадали, Гьунзиб, Гъарбулъ, Балакури росабазул школазда хисана гордал-нуцӏби, лъуна хӏухьладалъун хинлъизарулел батарейкаби, къачӏана къадал, мокърукь бакӏал, чӏабар. Республикаялъул Лъай кьеялъулгун гӏелмуялъул министерствоялъ гьелъие биччан букӏана 12 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ. Гьел школазда гьоркьоб бищунго басрияб буго кьадалисезул. Гьединлъидал гьенир киналгӏаги хӏалтӏаби гьаругеян чӏун рукӏана росдал гӏадамал. Щайин абуни, гьел хӏинкъун руго 1940-1950 соназдаго бараб цӏулал гьеб школа гьанже тӏаса-масаго къачӏа-кӏатӏанги тун, цӏияб школа кьучӏ лъечӏого хутӏилилан. Басралъиялъул кутакалъ цо рахъалдехун гьетӏунгицин буго гьеб. Амма нижеда гьеб гьедин тезе ракӏалда гьечӏо. Кьадали 80 лъимералъе бакӏ бугеб школа хӏажат бугилан ахӏи балеб буго нижеца республикаялъул тӏалъиялде.

Гъарбулъ росулъги беццилеб хӏал букӏинчӏо гьеб рахъалъ. Борхатаб магӏарда бараб кӏиго корпус буго школалъе бихьизабураб. Росулъа чагӏазул минаби ккола гьел. Амма некӏого басралъарал, жагъаллъарал гьел рукъзал тӏубан цӏи гьаруна нижеца. Кӏиго класс гурони букӏинчӏеб бакӏалда анкьго класс лъугьунедухъ тӏадеги бакӏалги рана. Бакӏал гьечӏолъиялъ, кӏиго смена гьабун, цӏалулаан гьенир лъимал. Исана абуни цо сменаялде рачӏине руго.

— Лъимал гӏунгутӏиялда бан къарал школал кканищ нужер участокалда?

— Ккечӏо. Цохӏо лъимер цӏалулеб бугонигицин, школал къагеян гурищ Владимир Путиницаги лъазабун бугеб.

Амма нижер гьанир бищун дагь лъимал руго Гьунзиб росулъ – 20- 21 лъимер. Аскӏоб бугеб Кьадали росулъе щуго километралъул манзилалда гьел хьвадизаризе бокьун гьечӏо нижее. Хасго квачараб мехалда гьеб данде кколеб жо гуро.

ГӏОРХЪАБИ ЦӏУНУЛЕЛГИ ТУРИСТАЛГИ

— Бежтӏе рачӏунеб бакӏалда чӏарал гӏорхъаби цӏунулез документазул хал гьабун бахъинегӏан, саламатаб заман бана нижеца. Нужее гьезул квалквал букӏунищ?

— Гьел гьенир рукӏиналъ гӏезегӏан парахалъи буго. Батӏи-батӏиял байрамаздеги ниж гьелгун цадахъ хӏадурула. Щиб къваригӏаниги, нижее хӏалаеги ратула гьел.

Амма гьез тӏалаб гьабулеб низам хвезабизе бокьарал чагӏаз абизе бегьула гӏорхъаби цӏунулезул жидее квалквал бугин. Расги къваригӏел гьечӏониги, кодоб бугонигицин, паспорт бихьизабиларин, гьезда данде къотӏаризе, дагӏбадизе лъугьуна цоцоял. Гӏададисеб жо гьечӏищха гьеб? Киназего гӏаммаб законлъидал гьеб, гӏадахъ босизе ккеларищ.

— Нужер гӏадамазул бетӏербахъи аслияб куцалда сундасан бугеб?

— Жалго бетӏергьанал магӏишаталги хӏалтӏизарулел ракьалги руго гьезул — боцӏи хьихьула, хӏан бахъула (бежтӏадерил хӏан), картошка гӏезабула.

— Гӏорхъаби цӏунулезе бичизе бегьуларебищ гьез гьеб?

— Къватӏиса чагӏазулгун гьарурал жидерго контрактал руго гӏорхъаби цӏунулезул. Нижер гӏадамаз школазе, ясли-ахазе ричула жидеца гӏезарурал нигӏматал.

— Бежтӏа бараб кӏиго къоялъ ниж хӏайран гьарун рукӏана нужер тӏабигӏаталъ. Кигӏан рикӏкӏада букӏаниги, туристалги щолел ратила нужехъе.

— Россиялъул чанго регионалдаса туристал рачӏун рукӏана гьанире. Турагентствоялдаса чи вачӏараб мехалда дун росулъ вукӏинчӏо, амма кутакалда разиго ун вуго гьевги. Нижеда ракӏалда буго гьалбадерие хасаб маршрутги гӏуцӏизе, гьел чӏезе рукъзалги руго гьанир. Туристазе бокьулеб буго даруяб ицц бугеб рахъги некӏсияб лъел гьобоги бихьизе, бежтӏадерил хӏан гьабулеб, хьитал (гьаькӏаь) хьухьунеб куцалъухъ балагьизе.

Гьеб киналъего кутакалда пайда букӏинаан хехлъи гьабун нухал къачӏан лъугӏулелани. Тӏасияб соналда Анцухъан Бежтӏе рачӏунеб шагьранухлул 10-15 километрниги, гӏатӏид гьабун, лъугӏизабизе рагӏи кьун буго нухазул магӏишаталъул идараялъ. Амма гьенибе хъил гӏицӏго кӏиго-лъабго соналдасан гурони тӏолеб батуларо, нухде гъунел гьарчалги цогидабги лъугӏизегӏан.

— Чӏунтарал, рехун тарал росаби ругищ?

— Кулаби гурони, гьединал росаби гьечӏо. Нижер гӏадамал гьедигӏан гӏемер унаро къватӏире. Аниги, хъутабазде – Качалоялде, Караозекалде, Кара-Тюбеялде уна. Гьединлъидал минаби разе ракьал гӏоларого, магӏарда, кӏкӏалабахъ ва кулабазда рукъзал гьаризе байбихьун буго нижер гӏадамаз гьанже.

«МОСКВАЯЛЪУХЪА ИЗНУ БОСИЗЕ ККОЛА»

— Ракьалъе «зелёнка» гьабизе захӏмат бугищ нужер гьаниб?

— Гьунзиб росулъ хутӏизегӏан, цогидаб бакӏалда щибго къварилъи гьечӏо. Гьунзиб, щиб гьабизе кканиги, Малмулкалъул министерствоялдасаги Москваялдасаги изну къваригӏуна. Щайин абуни, гьеб ккола федералияб кӏваралъул ракь. Цебе гьениб росу букӏинчӏо. Риидал киналго колхозаздаса гӏи-боцӏи хьихьизе гӏадамал рачӏунеб ракь букӏана гьениб. Гьединлъидал гьанжесеб Гьунзиб росдал ракьги букӏана гӏи гочунеб бакӏлъун. Гьанжени колхозалги риххун, гьанибе бачӏунеб гӏи дагьлъун буго.

Гьединлъидал Гьунзиб бугеб школалъулги гьечӏо гьеб «зелёнка» абулеб документ. Дие бокьун букӏана росда нахъехун полигон (рищникъулалъул – авт.) гьабизе. Москваялдасан изну босизе кколилан, гьелъиеги разилъи щвечӏо.

— Нужер мадугьалихъ, Цӏунтӏа районалда, цӏакъ гӏемер ккола цӏаял. Цӏа свинабулезул къокъаби гьечӏолъиялъищали, росабалъ тӏубарал авалал рухӏарал хӏужжабиги ккола гьенир. Нужер гьаниб ахӏвал-хӏал кин бугеб гьеб рахъалъ?

— Цо талихӏалъ, гьанир гьедигӏан гӏемер кколаро гьединал хӏужжаби. Цӏа свинабулезул къокъаги буго Бежтӏа. Гӏицӏго цо гӏунгутӏи буго – росулъ гьезие лъим жаниб цӏунизе кӏудиял хӏавузал гьечӏолъи.

— Бабаюрт районалдаги буго нужер лъабго росу. Гьезул кинал захӏмалъаби ругел?

— Качалай, Караозек, Кара-Тюбе росаби ккола гьел. ДРялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, 2005 соналда гьезие щвана росабазул статус. Амма хъутабазул ракьазда хурхун республикаялъул закон гьечӏолъиялъ, гьеб ракьалда тӏад бетӏергьанлъи гьабизе бажарулеб гьечӏо. Нужеда лъалеб батила, дагьалъ цеве Сергей Меликовги ун вукӏана гьениве – северияб рахъалде. Гьесги борхана гьеб суал. Гьединлъидал лъагӏалил ахиралдехунниги хъутабазул хӏакъалъулъ законги бахъун, иш роцӏцӏине батила.

Гурони, гьабсагӏаталда бугеб хӏалалъухъ балагьун, гьел росабалъ щибниги гьабизе бажаруларо – я школалгун ясли-ахал разе, яги газ бачине, ялъуни нухал рахъизе. Щайин абуни – ниж гьеб ракьалъул бетӏергьаби кколарого. Гьадаб Гьунзибго гӏадаб масъалаха.

— Хӏусен, гӏумруялъ дуца гьудуллъи ккураб спорталъул кинаб кумек дуе гьаб хӏалтӏулъ бугеб?

— Сабру тӏагӏарал цо-цо чагӏи гӏодоре руссинаризе кумек букӏуна гьелъул (велъулаго). Чи кутакалда жаниса лъадаризавула спорталъ – кьураб рагӏи кквезе, хӏалтӏулъ чӏванкъотӏи чӏезабизе ругьун гьавула.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия ХӏАЖИЕВАЛЪ.