Бежтӏе щвезегӏан, кутакаб берцинлъиялъул бакӏлъун рикӏкӏунаан дица Лъаратӏа район. Чанго соналъ цере Цӏамагӏурухъе щун рукӏана ниж. Гьелдаса нахъе таманаб заман аниги, щибаб нухалда тӏун унаан ракӏ, сверухълъиялда нур базабулеб гӏурччинлъиги, сураталда гурони рихьичӏел, керчал рохьаз рацарал мугӏрулги, гъора кирали, гъварилъуда кенчӏолел тӏокӏкӏарал лъаралги цере рачӏиндал.
Амма бежтӏадерил сверухълъи жеги гьайбатаб батана.
Анцухъ росу нахъа тарабго, загьирлъулебги букӏана гьеб. Нилъ цо батӏияб Дагъистаналдецин унел гьечӏодайин абураб пикру щулалъулеб букӏана, щибаб свери танщинахъе.
Бакъва-кӏасарал мугӏруздаса хадуб буччараб тӏабигӏаталъул Бежтӏа бакӏ бихьидал загьир гьабураб гӏажаиблъи буго Геннадий Мовчанил «Старый аварский дом» абулеб тӏехьалдаги. 1940-1950-абилел соназда магӏарухъе нилъер архитектураялъул тарих бакӏаризе вачӏун вукӏарав машгьурав архитектор ккола гьев.
Магӏарулазул росабазде дандеккун, бежтӏадерил мухъалда щулалъиялъе рарал сиял гьечӏолъиялде кӏвар буссинабулеб буго Мовчаница. Гуржиязулгун гӏорхъода цунги ругелъул, батӏаго рагъ-кьал къваригӏараб хӏал букӏун батиларо бежтӏадерил.
Абухъего, гуржиязулгун гьезул гьоркьоблъи загьирлъулеб буго гӏезегӏан жалаздасан: масала, мацӏалдасан. Бежтӏадерица бицухъе, гьезул умумул бетӏербахъиялъе Гуржиялъе унел рукӏун руго. Гьедин лъалеб букӏун буго гуржи мацӏги. Хӏатта, гьанже гьез хӏалтӏизарулел гӏаммал рагӏабигицин рагӏула. Мовчаницаги хъвалеб буго, жив гьениве щвараб мехалда, гӏурус мацӏ лъалездасаги цӏикӏкӏун рукӏанила Бежтӏа мухъалда гуржи мацӏалда кӏалъалел гӏадамал.
Гьединго минабазул рагъабиги руго гуржиязул къагӏидаялда къачӏарал – цӏулада тӏад накъишал рикӏун гьарурал. Цӏул гьарзаяб бакӏалда рукӏиналъ, жалго минаби руго цӏулал гьарурал. Ганчӏил гьариялдасаги гьедин учуз чӏолин жидее гьелин бицана бежтӏадерица.
Нахъеги тӏад руссинин довго Мовчаниде. Гьев гӏажаиблъизавун вугоан бежтӏадерица бакъвараб хер доб мехалда рокъоб цӏунулеб букӏиналда. Цӏа ккеялдасанигийищдила гьел хӏинкъулел рукӏинчӏел.
Мовчаница дандекколел руго Кьадалги Бежтӏаги ругел минаби. Цого бакӏги, цого чагӏиги ругониги, тӏубан батӏи-батӏиял минаби ругила гьенир: Кьадал дагьал тӏуцал, цо яги кӏиго тӏалаялъул. Бежтӏа – рорхатал, кӏиго-лъабго тӏалаялъул, нухде тӏаде ралагьарал рагъабиги ругел.
Гьединал пикрабазде машгъуллъарай дун Бежтӏе щун ятана. Гьениб бараб кӏиябго къоялда жаниб ниж асир гьарурал бежтӏадерил хӏакъалъулъ бицун хӏалкӏоларо. Гьединлъидал цохӏо Гӏашуратил бицун тела.
Жакъа Дагъистаналъулги гьелъул гӏадамазулги хаслъи цӏунарай гӏадан хӏисабалда бокьараб пачалихъалдаса рачӏарал гьалбадерида йихьизаюни, нилъ нечоларей гӏадай гӏадан йигоан гьей. Бицунеб харбихъ балагьун, дида ккун букӏана гьей цо кӏудияб музеялъул хӏалтӏуда яги администрациялда жавабияб хъулухъ-ишалда ятилин абун. Щайгурелъул гьелда кутакалда лъикӏ лъалеб бугоан республикаялда ва гьеб тун къватӏиб лъугьа-бахъунебги, гӏадамалги, гӏумруги, динги.
Лъикӏ лъалеб бугоан магӏарул мацӏги, адабиятги, тарихги. Цонигиял гӏурус мацӏ бицине журани, «магӏарулалъ кӏалъай» абун малъа-хъваялги гьарулаан.
Бежтӏа росасда нижехъа Сапират йигин нужер гьаниян бицине байбихьарабго, мун Харахьисайищ абун, чӏваркьун ялагьана Гӏашурат дихъ. «У, дир эбелалъул росу ккола гьеб», — ан жаваб кьуна дица.
«Питералда цо чӏухӏараб мажгиталда жание щведал, гьеб Харахьиса Гӏисахӏажияс банилан бицана дида. Гьелдаса дир букӏараб чӏухӏи лъалебаниха дуда — нилъер магӏарул чи гьединаб кӏудияб къуваталда ватиялдаса.
Сапиратил васги ккола Россиялдаги цоги бакӏаздаги бергьарав чемпион. Цо-цо мехалда цӏар абун лъаларо гьев гьанив, «Харахи» абуни, киназдаго лъала», — ян бицана Гӏашуратица.
Сапират ккола Россиялъул Бахӏарчи, Чачаналда Гӏурус-Мартаналъул рагъулав комендантлъун вукӏарав Хӏайдархан Хӏажиевасул яцалъул яс.
Сапиратил мина ниж чӏараб бакӏалдаса цӏакъго рикӏкӏад бугилан абидал, дунги цогидалги Гӏашуратихъе ана сордо базе.
Дида байбихьуда гӏадада ккун букӏун гьечӏо гьей музеялъул хӏалтӏухъанилан. Жинцаго гӏумру гьабулеб минаялъул кӏиго рокъоб жаниб музей гьабун буго Гӏашуратица.
«Магъакьги рищни-къулги бакӏарулей йигилан гӏайибгъвел гьабула диде лъималазги гӏагарлъиялъги. Гьеб бихьизе бокьулеб батичӏони, бох бахъуге дир гьанибеян абула дица гьезда», — ян бицана Гӏашуратица.
Музеялда бихьизабун буго бежтӏадерил цебесеб гӏумру, гьединго руго Россиялдаса экспонаталги. Масала, кутакалда берцинаб некӏсияб турка бугоан гьениб.
«Дун милицасул яслъидал, гьединлъидал дида лъала гӏадамазул гӏамал-хасият. Цо нухалда Санкт-Петербургалда йикӏана дун. Гьенир рищни-къул балел къалазда жанир хъирщадулел ругоан гьардухъаби. «Ворея, цо! Дир участокалда квалквадулел чагӏийищ нуж?! Чӏехьея гӏодоре гьел тургьби, нужер гьениб щиб бугебали лъазе кколин дида!» — ян лъугьана дун гьезде, кутакай мафиозиялъул ххвелалги гьарун. Гьел божана гьеб бакӏалда тӏад дир кверщел бугин абураб жоялда. Гъоз чӏехьараб рищни-къулалда гъорлъ батана гьеб турка. Кӏутӏун нахъе босун гьебгун, гьа, гьанже бокьараб гьабе нужецаян, хазабуна дица гьениса», — ян елъана Гӏашурат.
Умумузул къайи-цӏаялдехун гьелъул рокьи бижун бугоан кӏудияй эбелалдасан. Гӏашуратил эмен райцентралда милициялда хӏалтӏулев вукӏун, гьей, эбел хун хадуй, кӏудияй эбелалда аскӏой колотӏа гӏун йиго.
«Кӏодоца бицунаан жалги жидер умумулги кванихъ гуржиязда цере хӏалтӏун, кутакалда захӏматаб бетӏербахъиялда рукӏанилан. Гьединлъидал гьединаб гъинги тӏун, гьез данде гьабураб мукъсанабго магӏишатги, гьез квер квалулел рукӏарал тӏагӏалабиги, ретӏел-кунги кин гӏодобе рехулеб? Жакъаги гӏорцӏизегӏан кваназе кӏоларо дида, дозда ракӏгурхӏун», — илан бицана Гӏашуратица, ракӏги тамахлъун.
Гьелъ жиндирго музеялде къайи бакӏарула риххизаризехъин ругел басриял минабахъе хьвадун, гӏадамаз къватӏибе бараб рощногохӏаздаса. Гьединго цо-цоял жалгоги рачӏуна гьелъухъе церегосел тӏагӏалабиги росун. Кӏи-кӏи ругел жал, гьелъ музеялде рачӏарал чагӏазе сайгъатги гьарула. Гьедин диеги щвана хьухьун гьарурал бежтӏадерил щватаби. Амма жинца гьеб тӏагӏел-гӏучӏги, ретӏел-кунги цин чурулин бицана Гӏашуратица. Гьединлъидал цо-цо мехалда гьелъ жинцагоги ретӏуна музеялда лъураб партал-хьит, чӏвала кӏазал.
Музей гуребги, «Инсан» фондалъул Бежтӏа бугеб филиалалъул нухмалъулесул заместительги ккола Гӏашурат.
Палхӏасил, жиндир хӏакъалъулъ бицине жо гӏемерай ва, кигӏан мехалъ аскӏой йикӏаниги, чӏалгӏунарей гӏадан йиго гьей.
… Бежтӏе гьабураб сапар ахиралде щванин ккараб мехалда, гӏорхъаби цӏунулезул заставаялда аскӏоса Ганжа-гӏурухъехун нух босана нижеца. Даруял иццал ралагьулаго, гуржиязулгун гӏорхъоде щвезегӏан ун ратана. Гьелдаса рохун нижги рукӏана. Ганжа-гӏурухъа масакӏ-ччугӏадай кквела, кваназе гӏодор чӏезе бакӏдай хӏадурилаян ругеб мехалда тӏаде гӏунтӏана басрияб «Урал» машина. Вабабай, гӏорхъадул низамги хвезабун нижеда хадур рачӏунел аскариялдай гьалилан, ракӏго лъикӏ букӏинчӏо. Ахирги гьел ратана гуржиязулгун гӏорхъода бугеб бежтӏадерил колотӏе гӏачи речӏчӏизе унел руччабиги, гӏезегӏан соназ Бежтӏа ветеринарлъи гьабурав Шарапудин абулев чиги, жеги чанго гӏолохъанчиги.
Рилълъаралани, ниж колотӏе цадахъ рачунел рукӏана гьез. Цинги, ралъдада тӏад чайка киннигин, Ганжа-гӏурухъан хъамизабун «Уралгун», нухлулал цереса тӏерхьана. Гьезда хӏайранлъун хадур балагьарал нижее абуни, цо-кӏиго масакӏ кквезегӏан гурони заманги хутӏун батичӏо нахъруссун ине.
Маркӏачӏул бер рукӏкӏараб ригь букӏана. Къадгицин чи къанагӏатаб гьеб сверухълъиялда лъугьараб сихӏкъотӏи гьоркьоб къотӏизабуна нижер машинаялда хадуб бахъараб пещтӏеялъ. Цӏидасан хӏинкъи рещтӏана рекӏелъе. Цо талихӏалъ, гьев ватана, магӏарде гӏиги щвезабун, лъелго Кьадаливе щвезегӏан вачӏунев Шахбулат.
Россиялъул политикаялде гӏунтӏун азарго батӏияб хабарги бицун, Кьадаливе щвезегӏан кутакалда ракӏгъезабуна гьесги.
Гьедин, берцинаб тӏабигӏаталъги, тӏабигӏаталдаса берцинал бежтӏадерицаги асир гьарурал ниж Махӏачил шагьаралде щвана рогьалилъ.
З. ХӏАЖИЕВА
Мовчанил экспедицияги Гӏашуратил музейги