Тӏоцебесеб нухалда дун Бежтӏе щун вукӏана советияб заманалдаго, ай 1979 соналда, Сугъралъ росдал колхозалъул гӏиги бачун. Нухда 26 сордо-къоги бан, лъикӏаб хӏалалда свакан, гӏезегӏан захӏмалъиги бихьун, бежтӏадерил ракьалде щведал, цо батӏияб дунялалде щвараб хӏисаб букӏана. Рорхатал мугӏрул, балагьун гӏорцӏулареб берцинлъиялъул ва бер гӏунтӏулареб гӏатӏилъиялъул тӏабигӏат, кирго рихьулел рохьал, гъира базабулеб сасгун дораса-гьанисан чвахулел рацӏцӏадал лъарал…
Росулъе щведал, тамашаго бихьана гьелъул гӏуцӏиги — тӏубанго батӏияб къагӏидаялда рарал цӏулал минаби ва тунго лъугӏулареб (гӏага-шагарго 7 км) хӏалалда гӏурулмухъ ккун унеб росу. Хадувккун гӏезегӏан бакӏазде щваниги, гьединаб бакӏ чачаназул ракьалда бугеб магӏарулазул Кенхи росулъ гурони тӏокӏаб кибго дандги чӏвачӏо.
Дагъистаналда, хасго магӏарухъ гьобол-гьудул хириял гӏадамал рукӏин киназдаго лъала. Амма бежтӏадерил гьеб гӏамал-хасият буго цӏакъго тӏадегӏанаб даражаялда. Гьел руго тамашаго гӏадатиял, ракӏал рагьарал, кутакалда гӏамал рекъарал гӏадамал. Гьел цӏакъ разилъула цо лъил бугониги хъулухъ тӏубазе, лъие бугониги кумек гьабизе рес щвеялдаса.
Бежтӏа участок пачалихъиял идарабазул бербалагьиялда гъоркь бугониги, гьенибе щолеб кумек, квербакъи якъинго бихьулеб бугин абизе кӏоларо. Гьелъие гӏиллаги батизе бегьула тахшагьаралдаса рикӏкӏалъи (300-гӏан км) ва тӏадегӏанал хъулухъазда бежтӏадерил вакилзаби гӏемер гьечӏолъи.
Редакциялъул коллективгун цадахъ гьенибе бухьараб сапаралда, тӏоцебесеб иргаялда, щвана росулъа 4-5 километралъ рикӏкӏад, рорхатал мугӏрузул ахада, гӏонсол бицатаб гъатаз бакӏ-бакӏаздаса бацараб, Аваргӏурул байбихьи бугеб авал-майданалде. Риидалил заманалда бежтӏадерица гьениб боцӏиги хьихьула. Цо бокь батаралъуб лъалхъидал, гьений ятана боцӏул тӏалабалда йигей социалияб хъулухъалъул хӏалтӏухъан, Патӏимат Гӏабдурахӏманова.
БЕЖТӏАДЕРИЛ ХӏАН
— Патӏимат, кин гӏуцӏун бугеб хӏалтӏи?
— Гӏагарлъиялъул чагӏазул гӏачиги данде гьарун, хис-хисун гьаниреги хьвадун, хьихьула боцӏи. Гьаниб буго кинабниги 22 гӏака. Диде ирга щведал бечӏчӏараб рахь букӏуна дие, гьебго хӏалалда цогидазеги.
— Дур буго 1 гӏака, цогидалъул – 3, лъабабилелъул жеги цӏикӏкӏун. Дуца 22 гӏака бечӏчӏун гьабураб хӏан хутӏулеб буго дуе, лъабго бугелъеги гьебго. Битӏун бугищ гьеб?
— Байбихьуда, киналгоги ракӏарун, бечӏчӏула жиде-жидер гӏака ва молокомералъ борцуна щибаб гӏакдаца кьолеб рахьдал къадар. Мисалалъе, дир гӏакдаца кьуна 5 литр, мадугьалалъул гӏакдаца — 10 литр. Дун гьание уна цо къоялъ ва гьеб къоялъул рахь-хӏанги хутӏула дие. Дой цояй уна кӏиго къоялъ ва кӏиябго къоялъул рахь-хӏанги долъие хутӏула.
— Дур рос Салман ккола участокалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул хӏалтӏухъан. Гьес абуларищ тейин гьеб хӏалтӏи, чӏайин дурго хӏалтӏудайилан абун?
— Абуларо. Гьесиеги кутакалда бокьула тӏабигӏат ва гьаб хӏалтӏи, цо-цо нухалъ живгоги вачӏуна кумекалъе. Гьабсагӏаталда гьев Махӏачхъалаялда вуго, гуребани жакъаги гьанив вукӏунаан.
СВЕРУЛЕБ ГЬОБО, ХХЕНОЛЕБ ХАНЖУ
Нилъер умумузе чара гьечӏеб жо букӏана гьобо, цониги гьеб гьечӏеб росуги къанагӏат гурони букӏун батиларо. Бокьараб нигӏмат тукабазда бугеб гьаб заманалда гьеб хӏал сверана гӏаксалда — къанагӏат гурони ратиларо гьабал ругел росаби. Бежтӏа буго токалъ хӏалтӏулеб гьобо, буго лъетӏа хӏалтӏулебги, амма гьеб гьабсагӏаталда чӏун буго. Токалъ хӏалтӏулелда гьабигьан йиго чӏужугӏадан — Гӏайшат Исмагӏилова. Гьелъулгун букӏараб гара-чӏвариялда Гӏайшатица бицана, жинда рекъараб хӏалтӏи батизе ккани, гьеб захӏматаб иш бугин.
— Дир рокъов вукӏана 5-6 бихьинчи. Дир аслияб хӏалтӏи букӏана даран-базар гьаби.
Могьолал культураби дагь гурони хьаларо нижер гьанир, ругелги хӏалтӏизарула дица, хӏажатаб босула Махӏачхъалаялдаса, Хасавюрталдаса. Жалго гӏадамазги бачӏуна. Масала, Нахӏадаса гӏемер бачӏуна огоб. Нижер росулъ, я сверухълъиялда тӏокӏаб гьечӏо хӏалтӏулеб гьобо. Гьединлъидал хӏалтӏи гьечӏого киданиги хутӏуларо, рачӏуна нижерго гьанисаги мадугьалихъ росабалъаги гӏадамал.
— Дица букӏине кколеб хӏалалда бацӏцӏад гьабула кинабго, ракӏ бацӏцӏадго бассула, гьелда рекъон гӏадамазеги бокьула дир ханжу, тӏи, тӏех, гӏатӏ, урба ва цогидаб, — ан бицана Патӏиматица. Гьаниб бичизе урба босизе дун хьвадулаан Буйнакск, Гъизилюрт, Хасавюрт шагьаразде. Гьедин, цо бакӏалдаса лъелъ босун, цогидаб бакӏалде гьеб ххенезе ун, дун щвечӏеб бакӏго хутӏун батиларо. Гӏемер захӏмат бихьулаан, бизарлъулаан. Гьединлъидал хӏукму ккана росулъго гьобо хӏалтӏизабизе. Гьеб иш лъалей, гьелъул хӏалбихьи бугей гӏаданги дун йикӏинчӏо. Амма бала-гъалагьун, гьазда-дозда гьикъун, добаса-гьаниса хӏажатаб данде гьабун, дицаго гьабуна гьобо ва 18 сон буго гьаний хӏалтӏулелдаса.
— Гьеб хӏалтӏи тезе ракӏалда бугищ?
— Дир буго 67 сон. Аллагьас черхалъе сахлъиги, кверазе къуватги кьурабгӏан заманалда жаниб дица гьобо хӏалтӏизабизе буго. Лъабго къоялъул дунял буго гьаб, гӏемераб жо къваригӏунги гьечӏо. Амма пенсиялъул 10 азарго гъурщихъ балагьунги кинха чӏелей? Дир буго цо гӏачӏар, картошка бекьулеб 5 сотыхалъул участок, гьаб гьобогиха.
ГУЧАЛ РОХЬАЗУЛ ЧУЧЛЪУЛЕБ КЪИСМАТ
Бежтӏадерил ракь киса-кибего ккун буго рохьаз. Гьединлъидал хӏукму ккана рохьихъан Ахӏмад Му хӏамадовгунги дандчӏвазе. Гьев рохьил магӏишаталда хӏалтӏулев вуго 28 соналъ. Гьезул жавабчилъиялда буго Бежтӏа, Хашархотӏа ва Нахӏада росабазул рохьазул 11,4 азарго гектар. 90-абилел соназда гъурана, бокьухъе къотӏана рохь. Гьединаб ахӏвал-хӏал букӏаниги, щибаб соналъ 3-5 гектар тӏадеги чӏун, гьезда кӏвана гӏаммаб гӏатӏилъи цӏунизе.
Амма буго гьадинаб масъалаги, — ян бицана А. Мухӏамадовас, — соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго гӏадамазул къадар, росабалъе бачун гьечӏо тӏабигӏияб газ, гьединлъидал рес гьечӏо цӏул хӏалтӏизабичӏого. Дагь-дагьккун дагьлъулеб буго рохьил законодательствоялда рекъон къотӏизе бегьулеб рохь. Гьадин балагьун бихьулеб гьечӏониги, гьеб буго цӏакъ кӏудияб ва кӏвар бугеб масъ- ала. Тӏабигӏияб газ бачиналъул ва токалъул рахъалъ киналго шартӏал чӏезариялъул суалал гӏагараб заманалда тӏурачӏони, 10-15 соналдасан гьеб сверизе буго экология ва тӏабигӏат хвеялда хурхараб балагьалде.
БИЦАРАЛЪУЛ ЛЪАЛКӏ, ГЬАБУРАЛЪУЛ НУХ
Дагьал церегӏан соназдаги бокьараб росдал гӏумруялъулъ лъалеб бакӏ кколаан годекӏаналъ. Цӏиял харбалги лъазе, цо-цо кӏвар бугел суалалги дандразе гьенире ракӏарулаан хараби, къадруял гӏадамал. Заманалда рекъон хисана годекӏанги. Щивасул рокъобе щвана телевизор-компьютер, бухьеналъе руго бокьарал алатал. Щивас жидерго рокъо-рокъоб гӏуцӏана гьитӏинабго «годекӏан». Гьанже дагьал росабалъ гурони дандчӏваларо цебесеб мисалалда «хӏалтӏулел» годекӏаби. Бежтӏе щведал, ниж тӏаде ккана рузманалде инегӏан кӏудияб ригьалъул гӏадамал ракӏарулеб, Кӏудияб мажгиталда аскӏоб бугеб «Кӏудияб кьодухъ» годекӏаналде. Нижергун хабаркӏалалда вукӏарав 68 сон барав Шарапудин Шейховас гьадин бицана:
— Нижер авалалда вуго дидаса кӏудияв цо чи. Тӏолабго росулъ ватила 20-25 чи. Гьанже годекӏабазул цебе гӏадаб къимат гьечӏониги, гьел хӏажалъула. Росдал гӏемерисел суалал харабаз росулаан годекӏанире дандразе, цоязда лъалареб цогидаз бицунаан гьениб, кколаан пайдаял бухьенал. Гӏаммаб куцалда босани, годекӏан букӏана росдае ва росдал жамагӏаталъе чара гьечӏеб бакӏ.
— Мун гӏолохъанаб мехалда годекӏаниб бицунеб букӏарабги гьанже бицунебги цого бугищ?
— Дагьа-дагьал гӏадамал ракӏарулел годекӏаби гӏезегӏан руго росулъ, гьанир ниж данделъула рузманалде инегӏан. Цебе политикаялъул гӏемер бицунароан, хабар кколаан росдал гӏумруялъул, гьениб лъалаан дунялалдаго кколетолеб. Гьаб заманалда гӏемерисеб бицунеб жо букӏуна пенсиязда сверухъ, гӏадамазул рукӏа-рахъиналда хурхараб. Гӏемерисеб хӏалтӏи-ишги харбиде буссун бугелъул, гьанже дагьаб цӏикӏкӏун буго политикаги.
— Бежтӏадерида цере чӏарал аслиял масъалаби киналлъун рихьулел дуда?
— Цереялде данде нухал гӏемерго лъикӏлъун руго, амма пачалихъияб программаялда рекъон 2022 соналда хъил тӏураб шагьранух щвезе ккола Бежтӏа росулъе. Цӏакъ бокьилаан исана гьеб хӏалтӏуе байбихьи лъезе.
— Магӏарухъ ругел цо-цо росаби чӏороголъулел руго, гӏадамал гочунел руго гӏодоблъиялде. Гьеб рахъалъ щиб хӏал бугеб бежтӏадерил?
— Ахираб 10-15 соналда жаниб 1,5 нухалъ кӏодолъана нижер росу. Гьеб жеги кӏодолъизе ва цӏилъизе букӏиналда дир кинабгӏаги щаклъи гьечӏо.
Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ