«Россиялъул хъахӏал къункъраби» абураб Халкъазда гьоркьосеб проекталъ данде росана «Парад литератур» абураб конкурсалъул хӏасилал.

Гьелъул мурад буго Россиялда гӏумру гьабулел халкъазул миллиял мацӏазулгун литературабазул рахъкквей.

Конкурсалда бергьарал дагъистаниязе шапакъатал кьезе Махӏачхъалаялде, Театралъул поэзиялде вачӏун вукӏана проекталъул нухмалъулев, поэт Сергей Соколкин.

«За укрепление межнациональной дружбы и пропаганду непреходящих базовых ценностей народов Российской Федерации» абураб номинациялда «Россиялъул хъахӏал къункърабазул» орден щвана журналист ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу Гӏайнаъ Хӏамзатовалъе.

Жиндие щвараб тӏоцебесеб шапакъат бугин абуна гьелъ, гьеб орденги къабул гьабулаго.

«Гьаб шапакъаталъул кӏудияб кӏвар буго дие. Тӏоцебесеб ирга- ялда, гьелъулъ буго Россиялъул гражданазда гьоркьоб рекъел щулалъизабиялъул, улкаялъул регионалги тӏолабго Россияги социалиябгун политикияб рахъалъ церетӏезариялъул магӏна. Ракӏчӏун абизе кӏола, гьеле гьеб кинабго букӏана ва буго дир гӏумруялъул мурадго. Кӏиабизе бугони, нилъеца гьабулеб хӏалтӏуе къимат цогидаз кьолеб мехалда, бокьарав чиясе лъикӏаб асар гьабиларищха. Гьедин къабул гьабуна дицаги гьеб шапакъат», — ан бицана Гӏ. Хӏамзатовалъ.

«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула Гӏайнаъ Хӏамзатовалда шапакъат. Гьарула хадурккун жеги кӏудиял бергьенлъаби ва гӏумрудулъ икъбал.