3 июлалда Египеталъул Александрия шагьаралда тӏобитӏана Расул Хӏамзатовасул творчествоялда ва Дагъистаналъул литератураялда тӏасан литературияб мажлис. Гьениб бицана Россиялъулгун Египеталъул литературиял бухьеназул хӏакъалъулъги.

Мажлисалда гӏахьаллъи гьабуна журналист Мурад Ахӏмадовас ва ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадовас.

Северияб Кавказалъул халкъазул литератураялда тӏасан гьеб мажлисалда кӏалъана «Кавказалъул гъалбацӏ» абун имам Шамилил хӏакъалъулъ гӏараб мацӏалда тӏехь хъварав Мунир Отейба, гӏелмуялъулгун культураялъул рахъалъ гӏуцӏараб Россиялъулгун Египеталъул фондалъул нухмалъулев Ахӏмад Бахаэддин Шагӏбан, доктор Махӏмуд Аведдин ва цогидалги. Гьениб Расулил кучӏдул цӏалана магӏарул, гӏурус ва гӏараб мацӏазда.

Мухӏамадгун Мурад Ахӏмадовал гӏахьаллъана 52-абилеб нухалда Къагьиралда тӏобитӏулеб бугеб халкъазда гьоркьосеб тӏахьазул выставкаялдаги. Гьел щвана Расулие лъураб бюсталда аскӏореги.