ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда «Шаг в будущее» абураб Тӏолгороссиялъул гӏолилазул гӏелмияб форумалда бергьаралгун дандчӏвай тӏобитӏана.

Исана форумалъул финалалда нилъер республикаялдаса 11 цӏалдохъанас гӏахьаллъи гьабуна. Гьезда гьоркьоса микьгоял бергьана. Кӏигоял призераллъунги рахъана. Щугоязе щвана «Школьник изобретатель» ва «Школьник исследователь» абурал каранда ралел гӏаламатал. Жеги щугоязе — Кӏудияб ва Гьитӏинаб гӏелмиял медалал.

Форумалда бергьарал цӏалдохъабазул хӏалтӏабазе министр Яхӏя Бучаевас лъикӏаб къимат кьуна. Цӏалдохъабаз гьесда бицана жиде- цаго гӏуцӏарал адабияталъул, физи- каялъул, культураялъул, химиялъул проектазул хӏакъалъулъ.

«Бокьараб гӏелмияб хӏалтӏул мурадлъун ккола хӏакъикъат цӏехей. Бищун лъикӏаблъун ккола – цӏехрехалъул хӏалтӏулъ жиндирго бакӏ бати. Тӏолабго дунялалъулго цивилизация гьединал цӏех-рехчагӏазда барабги букӏуна», — ян абуна Яхӏя Бучаевас цӏалдохъабазде хитӏаб гьабулаго.

Министрас цӏалдохъабазда жинцаго гьарурал гӏелмиял цӏех-рехазул хӏакъалъулъги бицана.

Дандчӏваялъул ахиралда Бучаевас форумалда бергьарал цӏалдохъабазе грамотаби, медалал ва цогидалги шапакъатал кьуна. Гьединго министрас баркала кьуна «Шаг в будущее» форумалъул Дагъистаналъул рахъалдаса делегациялъул председатель Зумрият Самедовалъе.