Коронавирусалдаса цӏунизелъун республикаялда цӏидасан гӏорхъичӏваял гьаризе руго.

6 июлалда республикаялъул нухмалъиялъ тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана пандемия байбихьаралдаса Дагъистаналда хъвай-хъвагӏай гьабунин ковидалъ унтарав 36,8 азарго чиясул.

ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул пикруялда рекъон, гьанжегӏан гӏемерал гӏадамал хасалогицин унтун рукӏинчӏо. Гьелги, аслияб куцалда, 30-59 сонилъ ругел чагӏи ккола.

Гьединлъидал Павловасда лъикӏаблъун бихьулеб буго цӏакъго гӏемерал чагӏи ракӏарарал тадбирал гьукъизе, рекӏелгъеялъе гӏадамалги лъималги унел централ къазе, 65 соналде рахарал ва гьелдаса тӏаде арал чагӏи хӏалтӏуде риччачӏого, исана 31 июлалде щвезегӏан рокъор чӏезаризе (амма вакцинация гьабурал ва сертификат кодоб бугел чагӏи жалго тезе).

Хӏукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас бицухъе, гьабсагӏаталда республикаялда буго вакцинаялъул 34 азарго доза. Кинабниги бачӏун букӏун буго 190 азарго доза.

Сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъул рагӏабазда рекъон, жакъа къоялда республикаялъул больницабазда вегун вуго коронавирусалъ унтарав 3,6 азарго чи. 1-6 июлалда хун вуго 99 чи.

60 проценталъниги вакцина гьабурал районазда гьоркьор руго Кули, Чӏарада районал, Бежтӏа участок, Южно-Сухокумск шагьар. 70 проценталъ гьеб гьабурал бакӏал руго Агул, Гӏахьвахъ, Хьаргаби, Гъуниб, Дахадаев, Лак районал.

Коронавирус тӏибитӏиялда данде чӏезелъун ва гьелъ лъугьинарурал унтаби сах гьаризелъун гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса биччана 2,6 млрд гъурущ.

Исана биччалеб буго 260 миллионалдаса цӏикӏкӏун гъурущ. Вице-премьер Нюсрет Гӏумаровас бицана гьеб мурадалъе гӏоло гьанже нахъра- талие тезехъин бугин жеги цо миллиардалде гӏагарун гъурущ.

Республикаялда тӏадбан унеб буго вакцина гьабиялъул иш. Узухъда – руго гьелда данде чӏаралги. Гьединлъидал нижеца кьолел руго гьанже гӏагар вакцинаялъул хӏалбихьарал цо-цо чагӏазул пикраби.

Сагӏид Ниналалов, журналист, ДГУялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев:

— Гъоркьиса пандемия байбихьаралдаса нахъе дун дандчӏвана гӏемерал гӏадамалгун, гӏахьаллъана батӏи-батӏиял тадбиразда, волонтёрлъи гьабун, дараби росун хьвадана больницабазде, садакъаде бакӏарараб квен-тӏех щвезабуна ресукъал гӏадамазухъе. Гьеб мехалда, талихӏалъ, коронавирусалъ унтичӏо я дун яги дир гӏага-божарал.

Амма гьанже улкаялдаги республикаялдаги лъугьараб ахӏвал-хӏал дие рекӏее гӏолеб гьечӏо. Нагагь Москваялде ва цогидал шагьаразде индал унти бахани, щибдай дица гьабилаян абураб хӏинкъи бижулеб буго. Гьединлъидал ракӏалде ккана вакцина гьабизе. Укол гьабураб бакӏ унтун гурони, тӏокӏаб батӏияб хисабасиги ккечӏо. Вакцина гьабун хадуб хӏалхьиялда лъабго къоялъ рокъор чӏезе кколин абулелъул, кивениги вахъинчӏого чӏела дунги.

Дида цадахъ рукӏарал чангоязе вакцина гьабичӏо: цо гӏаданалда тохтуралъ абуна сунде аллергия бугебали лъазабизе мун больницаялде ине кколин. Гьелдаса хадуб гурони гьабизе лъикӏаб гьечӏин укол. Цогидалъул бидулъ чакар цӏикӏкӏун батана. Гьеб мехалда вакцина гьабизего бегьуларинги абун, гьей гӏаданги нахъе йитӏана. Дир абуни, бидул тӏадецуйги, сатурацияги, цогидабги лъикӏ батана.

Вакцина гьабизе букӏин дида лъана соцсетазда ругел ДГУялъул чатаздасан. Гьенив хӏалтӏулев бокьарав чи вачӏине бегьулин вакцина гьабизеян хъван букӏана гьениб. Гьединлъидал кодоб паспортгун, СНИЛСгун, медицинаялъул страховкагун дунги ана гьениве.

Вакцина гьабизе рачӏаразда гъорлъ рукӏана гӏолохъаналги 65-йилъе рахинчӏел преподавателалги.

Зайнаб Гӏалимирзаева, Махӏачхъалаялъул мэрасул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей:

— Дун унтана гъоркьиса сентябралда. Моцӏгӏанасеб мех бана тӏаде яхъине бажаруларого – тӏилица бухараб жо гӏадин букӏана къаркъала.

Хадуб мэриялдаго тӏоцебе вакцина гьабурал чагӏиги ниж ккана — дунги жеги кӏиго ишцоявги. Цохӏо хӏалтӏухъаналъ хутӏизегӏан, жакъа къоялде вакцина гьабун буго нижер киналго хӏалтӏухъабаз. Тохтурас гьукъун буго гьелъие укол гьабизе.

Вакцинаялдаса хадуб дир бетӏер букӏана унтулеб, свакан, бечӏан букӏана къаркъалаги. Цогидаз абуна жидер цӏа-кан бахун букӏанилан. Амма дида дандеккун, гьез бигьаго хӏехьана гьеб. Цӏорораб мех букӏиналъги, хӏалтӏул ишалъ сверизе ккеялъги, дие захӏмалъана.

Дица кӏиабилеб укол гьабулеб мехалда, унтана нижер эбелги. Цееккунги ковидалъ унтун йикӏарай гӏадан йиго гьей.

Ковидалдасагицин хӏинкъи букӏунеб буго гьелдаса хадур загьирлъулел гӏаламатазул. Масала, гьанже сахлъанин ккараб мехалда, байбихьана беразул канлъи загӏиплъизе, чӏван лъураб жо гӏадин букӏана черхги.

Цоцӏул унтарал чагӏазул антителаби раккулелъул, гьез риччаларин кӏиабизеги унтизеян бицунаан байбихьуда. Амма вакцина гьабилалде, дица гьелъул хӏакъалъулъ гӏемераб литература цӏалана, кӏалъана вирусологалгун, гьединлъидал гьез абуна антителаби анцӏгоялдаса дагьал ратани, гьез нилъ цӏунуларин.

Гьединго вакцина гьабун хадур унтарал чагӏиги лъала дида. Цо рахъалъ, гьезда гъорлъ руго жидеца укол гьабунилан хъварал гьересисертификаталги росун чӏарал чагӏи.

Жибго вирусги бихьуларищха, хисун буго. Цӏакъго багӏарараб мехалда гьеб холин, тӏагӏунин абулаан. Гьединлъидал гъоркьиса риидал гьадигӏан захӏматаб ахӏвал-хӏал букӏинчӏо республикаялда.

Вакцинаялда тӏасан Инстаграмалдагун Вацапалда хъвалебщинаб хӏапу-чапур бихьидал, дир лъалехъвалез бицунеб рагӏана, бидулъе биччан хадуб кристализацияги лъугьун, чипалде сверулеб рагӏулин гьеб дару. Уйинха, дида аскӏоса-гӏебеде чӏани, вай-фаялъул чӏоралгицин щвезе бегьулин нужее абун, махсара гьабула дицаги.

Гьеле гьединал харбал тӏиритӏизарулел чагӏазул цоялъ хъвалеб буго Фейсбукалда: «Алхӏамдуллилагь, сон берталъ йикӏана дун. Амма дида гьениб кинабгӏаги вирус батичӏо», — ян. Цояс гьелъие гьадин жаваб кьолеб буго: «Дуда гьеб бахӏарасул бакӏалда столалда нахъа гӏодоб чӏун батилиланищ ракӏалде ккун букӏараб?» — ин.

Гьединал тайпаялъул гӏадамал чӏун руго жидеца вакцина я жидеего, яги жидерго лъималазе гьабуларилан. Дица гьезда бичӏчӏизабула лъималазе гьеб гьадинги гьабулеб гьечӏин.

Наталья Захарова, журналист, жамгӏияй хӏаракатчӏужу:

— «КовиВак» вакцинаялдехун дир цӏикӏкӏун божилъи бачӏана, щайгурелъул гьеб М. П. Чумаковасул цӏаралда бугеб гӏелмиял цӏех-рехазул централда гьабураб букӏиналъ. Амма дие къваригӏараб мехалда, гьеб гьаниб букӏинчӏо.

ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдасанги жаваб кьун букӏана дие «КовиВак» республи- каялдаго гьечӏилан. Гӏицӏго гьаб анкьалда интернеталда хъван батана Дагъистаналде вакцинаялъул 30 азарго доза бачӏунеб бугин.

Гьедин, чанго къоялъ цее Махӏачхъалаялъул аслияб майданалде, вакцина гьабулеб пункталде, щвана дун. Кутакалда магӏнаял, щибаб жо мухӏканго бичӏчӏизабулел тохтурзаби ратана гьенир. Гьез цин борцана температура, пульс, дида цебе рагьана дару жаниб лъураб къвачӏа.

Дида цеве 15 чиги ватана иргаялда чӏун. Цереккунги захӏматго унтарал, гьабулеб жоялъул магӏнаги бичӏчӏулел гӏадамал ругоан гьел. Гьез цадахъ рачун рачӏунел ругоан жидерго эбел-эменги, лъудбигун россалги.

Тохтурзабаз щивасда гьикъана нужее кинаб вакцина гьабилебилан. Амма гьелдаса нахъе чанго къо аниги, Госуслугабазул сайталда лъун гьечӏо дие вакцинаялъул тӏоцебесеб компонент гьабунин абураб баян. Дихъ кодоб сертификат бугониги, чара гьечӏого пачалихъалъул порталалдаги букӏине кколеб баян буго гьеб.

Нахъисеб къоялъ цӏа-кан бахун лъугьана. Гьебги лъаларо — вакцинаялъищ яги багӏарун букӏиналъищ бахарабали.

Гьанже кӏиабилеб компоненталъухъ балагьун чӏелаха. «Спутник» букӏарабани, кӏиабизе гьеб лъабго анкьидасан гурони гьабулароан. «КовиВак» гьабула кӏиго анкьидасан.

Халкъазда гьоркьохъеб даражаялда босани, дунялалда «КовиВак» киндай къабул гьабилебали лъазе бокьилаан дие. Амма нилъер пачалихъалъ цӏикӏкӏун цӏайи «Спутникалдехун» гьабулеб букӏин бихьулеб буго.

Жибго халкъалъул бербалагьиги хисулеб буго. Тӏадеялдаса тӏаде раккулел штаммалги, дельтабиги, лямбдалги рукӏаго, гӏадамал хӏинкъулел руго вирусалдаса.

Школалда цӏалулей дирго ясалъеги гьабизе бокьилаан гьеб вакцина. Балугълъуде рахинчӏел лъималазеги гьеб гьабизе хӏалбихьулеб буго Москваялда.

Палхӏасил, вакциналъукьа хӏинкъулеб заман ана.

Зульфия ХӏАЖИЕВА