Цо рагъулъ бихьизабураб кӏиго гьунаралъухъ цо гурони шапакъат кьоларилан, Бихьинчилъиялъул Орденги кьун тун вуго Шамил Таймасханов.
Амма 1999 соналда гьес хвасар гьавурав 11 рагъухъанас рикӏкӏунеб буго Таймасхановасе Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьезе кколин.
ЦИН – ТӏАНДО, ХАДУБ – ХАРАМИ
Шамил Таймасхановасул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул рахъалъ Болъихъ районалъул бетӏерасул заместитель, хӏалхьиялда вугев МВДялъул подполковник Гӏабдулдибир Гӏабдулдибировас.
«1999 соналъул 18 августалда Болъихъ РОВДялъул начальник Д. Набиевас буюрухъги кьун, чачаназул гӏорхъода бугеб Гӏанди росулъе разведкаялъ битӏун букӏана СОГалъул къокъа. Гьелда гьоркьов вукӏана гьебго соналъул 12 августалда Тӏандо росдада гӏагарлъухъ бахӏарчилъи бихьизабурав милициялъул сержант Шамил Таймасхановги. Лъукъараб бохгун вагъулев вукӏана гьев.
2000 соналда рагъулабгун тохтурзабазул комиссиялъ хӏукму гьабуна Таймасханов хъулухъ гьабиялъе ярагьунарилан ва хӏалхьиялде витӏана. Лъабго моцӏ асирлъуда баялъги, сахлъи щулалъизабулаго гӏезегӏан заман госпиталалда иналъги, Шамил, милициялъул 11 хӏалтӏухъан хвасар гьавиялъе къимат кьечӏого хутӏун вуго. Гьелъухъ гьесие кьезе мустахӏикъаб буго Россиялъул Бахӏарчи абураб цӏар».
СОГалъ кутакаб дандечӏей гьабиялъ квалквал ккана боевикал тӏубанго Болъихъ районалда жанире рачӏиналъе. Кӏиябго рахъалда гьоркьоб ккараб рагъулъ СОГалъул къокъа тӏагӏинабиялдаги хӏинкъи букӏана.
Ш. Таймасхановасул таваккалги лебаллъиги сабаблъун цӏунун хутӏана СОГалъул цо течӏого рагъухъан. Кумек тӏаде щвезегӏан, гьел цо рахъалдехун лъутун рорчӏизегӏан, боевиказде кьвагьдана Таймасханов. Гьеб бакӏалда захӏматго лъукъиялъ лъавудаса арав гьев боевиказ асир гьавула.
Лъабго моцӏидасан Таймасханов эркен гьавуна – гьев хисана федералаз ккурав цо боевикасухъ.
Чачаназул гӏорхъодаса халкъазда гьоркьосел террористал Болъихъе рачӏиндал, Гӏахьвахъ районалъул Кӏудиябросулъа Шамил Таймасханов милициялда хӏалтӏулев вукӏана.
12 августалда гьезул къокъа ана Тӏандо росдал администрациялда чӏарал боевиказда дандечӏей гьабизе. Гьеб рагъулъ захӏматго лъукъаниги, ахиралде щвезегӏан, гьалмагъзабиги цӏунун, кьвагьдолев чӏана Таймасханов. Гьелъухъ гьесие кьуна Бихьинчилъиялъул Орден.
Гьелдаса анкь ун хадуб, 18 августалда, Шамил гӏахьаллъана гӏандадерил Харами магӏарда ккараб рагъулъги. Тӏадежоялъе, Тӏандо лъукъун бохги букӏана гьесул.
Разведкаялъ араб гьезул къокъа циндаго ккана боевиказда тӏаде. Къокъаялда цеве вукӏарав Шамилица гьел рекӏеде рачӏиналде, автоматалъул цӏадги базабун, кӏигояв гӏодов лъуна.
Гьеб заманалда жаниб рагъуе хӏадурлъи гьабизе рес щвана милициялъулазеги. Амма гьездаса цӏикӏкӏараб батана боевиказул къуват. Щунусгогӏан метралъ рикӏкӏадаса ваккун вачӏана гьезул лъебергониги чи. Бугониги, Шамилица хӏаракат бахъулеб букӏана СОГалъулал нахъе инегӏан гьезде кьвагьдезе.
«ГЬАНЖЕ ДУЕ ДОЗ БАХӏАРЧИЯСУЛ ЦӏАР КЬОЛА»
«Дица гьалмагъзабазде ишан гьабуна, дун кьвагьдолевгӏан мехалъ, хехлъи гьабун нужеца гьаниса нух босеян. Гьезда гъорлъ вукӏана нижехъа васги. Гьев чӏана, мунги гьанив тун, жив кивениги унарилан. Гьебмехалда ахӏдон, семун, хӏалица нахъе гъуна дица гьев гьениса», — ян ракӏалде щвезабула гьанже Шамилица.
Боевиказ кверде вачӏайин ахӏулеб букӏун буго гьесде. Амма жив кверде аравани, хадурги ун, гьез жидер тӏубараб къокъаго чӏвалаанин абула Шамилица.
Гьеб рагъулъ каранлъги хьалбаздаги гулбиги щун, гӏодов ккана гьев. Тӏадежоялъе, лъукъараб бохалдаса биги чвахизе лъугьана. Гьанже гуреб гьанже граната рехилин боевиказул рахъалдейин ракӏалде ккараб мехалда Шамил лъавудаса ана…
Лъавуде вачӏиндал, гьесда живго цо рокъов, капельницаялда гъоркь ватана. Гӏурус-Мартаналъул больницаялдеги хъамун, боевиказ хвасар гьавун вуго Шамил. Гьеб рокъов жанив вукӏарав чачанав-тохтурас гьес- да бицуна жидеца гӏезегӏан би биччанин, амма бохалда щвараб гулла бахъизе бажаричӏин гьелъие гӏурал шартӏал рукӏинчӏолъиялъ. Жеги гьенибго буго гьеб.
Чанкъо къоялдасан Шамилие мадар лъугьана, гьебмехалда гьев хъаравулзабигун цадахъ Алханюрт росулъе витӏана. Лъабго къоялъ гьенив гвандинивги тӏамун, Цацанюрт росулъе вачуна. Жеги лъабго къоялдасан Шамил вачуна Мухӏамад абулев херав чачанасул рокъове Бачиюрт росулъе. Гьесухъеги гьарун щварав чи вукӏун вуго Шамил. Мухӏамад боевиказда гьардон вуго жиндир вас Ризванихъ хисизе вукӏине, Аллагьасе гӏоло Шамил жиндихъе кьейилан. Гьесул вас, Чачан Республикаялъул таможняялъул капитан, гьебмехалда боевиказул рахъалдеги ун, федералаз ккун, Махӏачхъалаялъул СИЗОялда туснахъ гьавун вукӏана.
Мухӏамадил рокъоб Шамилица бана моцӏгун бащдаб. Гьебщинаб заманалда жаниб кӏиябго республикаялъул рахъалдаса вакилзабаз гьаруна чачанасухъ магӏарулав хисизе къотӏи-къаял. Гьезда гъорлъ рукӏана Дагъистаналъул муфтий Ахӏмадхӏажи Гӏабдулаевги, ДРялъул Пачалихъияб Советалъул контролиябгун ихтияразулаб управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Халитовги, Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдула Набиевги.
Гьел кӏалъа-басаязе квалквал ккезеги бахъана. Цо заманалдасан рачӏун Мухӏамадил рокъорегун, боевиказ нахъе вачун уна Шамил. Гьезие къваригӏун букӏана гьев жидехъего цӏазе. Амма гьев разилъуларевлъи лъайдал, тархъан гьавуралъухъ гӏарац кьеян чӏана гьел.
«Асирлъуда вугеб мехалда дун цӏунун тарав чачанав вукӏунаан. Гьес абулаан гьанже дуе доз Бахӏарчиясул цӏар кьолин, дуца 11 чи хвасар гьавуралъухъ», — илан бицана Шамилица.
Лъикӏги-квешги боевиказ гьев дов херав чачанасухъе — Мухӏамадихъе тӏад вуссинавуна. Цинги цо моцӏидасан гьесул васасухъ хисана.
Ш. Таймасхановасул гӏадаб гьунаралъухъ Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьуна Новолак районалъул РОВДялъул начальниклъун вукӏарав Муслим Даххаевасе. Гьев сабаблъун хвасарлъана боевиказ сверун ккун рукӏарал Липецкиялъул ОМОНалъулал (25 чи).
Гьал къоязда Гӏахьвахъ районалъул администрациялда тӏобитӏараб данделъиялда, къого чиясдаса гӏуцӏараб жамгӏияб къокъаялъ хӏукму гьабуна, гьесие Россиялъул Бахӏарчиясул цӏар кьезе квербакъеян ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасде хитӏаб гьабизе.
З. ХӏАЖИЕВА