Араб анкьалда «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабаз сапар бухьана хӏасратго ахӏулеб кечӏ-бакъаналъул ватӏан, махщел тӏокӏал къадахъабиги бергьараб гьунаралъул гӏалимзабиги жаниб рахъараб Чӏарада районалде.
Салам кьуна къаралазул некӏсиял росабазе, асир гьаруна кьесер мухъалда ругел умумузул басриял минабаз. Цебе чӏезабуна гьезул захӏматаб яшав, хӏайран гьаруна берцинаб тӏабигӏаталъ. Зиярат гьабуна бергьарал гӏалимзабазул ва тӏарикъаталъул машгьурал шайихзабазул зияратазде. Цӏидасанги хӏухьел ккун гӏенеккана гӏагараб ракьалъухъ, хӏохь бан гьекъана тӏадмагӏарухъан бурун бачӏунеб цӏорораб иццул лъим… Кӏиго къоялда жаниб гӏемераб жоялда берчӏвана, ракӏалде щвана цебего кӏочонтанщинаб, гьайбатабщинаб, баракатабщинаб. Жакъа нилъее цӏакъго хӏажат бугеб, магӏарухълъиялъул махӏги, рухӏги, инсухълъиялъул рухӏияб къуватги чорхолъе рещтӏун, цӏидасан рачана лъимерлъиялде, батӏияб, берцинаб дунялалде.
Жакъасеб номералда хӏаракат бахъила Чӏараде гьабураб сапаралдаса бищун аслиял лахӏзатазул бицине.
Цӏуриб, сахлъи цӏунулелгун накъиталда
Гӏумархӏажи Шахтамановас кӏочӏолъ абухъе, «Аваргӏурухъе, инсухъе вас гӏадин, гӏедегӏун бачӏунеб» Къарал гӏурул рагӏалчӏван эхеде рачӏунел ниж, къалъудаса хадур рещтӏана Чӏарада районалъул центр Цӏуриб росулъ. Райбольницаялъул азбаралда нижеда дандчӏвай гьабуна бетӏерав тохтур Къурбан Рамазановас ва гьесул хӏалтӏухъабаз. Ниж рачӏиналъухъ ралагьун ратана гьел. Хъваш-баш гьабун бахъиналде, жиндирго кабинеталде рачана гьес гьалбал. Гьениб кӏудияб столалда гьарзаго тӏибитӏун букӏана квен-тӏех. Сапаралда ругел чагӏи ракъун рукӏунин, столалде нахъе къабул гьаруна Къурбан Мухӏамадовичас. Гьениб лъай-хъвай ккана 1966 соналдаса нахъе кӏудияв терапевтлъун хӏалтӏулев Гӏимран Мухӏамадовасулгун. Цӏакъ хабар гьуинав, гӏумру бихьарав, кӏудияб махщалил хӏалбихьиялъул инсан вугоан.
Лъикӏаб тадбирги, гӏадлу-низамги бугин тана дица Цӏуриб райбольницаялда. Гьеб нижее тасдикъ гьабуна гӏолохъанал тохтурзабазги. «Земский доктор» абураб федералияб программаялда рекъон, гӏолохъанал васалгун ясал (17 чи) руго жакъа Чӏарада райбольницаялда хӏалтӏулел. Гьелгун гара-чӏварана.
Махӏачхъалаялда гьаюрай ва гӏурай Гӏабидат Шамилова «Земский докторлъун» Цӏурие хӏалтӏизе ячӏана 2013 соналъ. Гьеб программаялъул болжал лъугӏаралдаса анлъабго сон баниги, гьаниса нахъе инеги ракӏалда гьечӏо гьелда
— Тохтурлъун яхъине анищ букӏана дир кидаго. Гьеб гуреб батӏияб махщалида нахъа дунго йихьулароан. Гьитӏинаб мехалъги кидаго ясикӏаби сах гьарулей, гьел кьущалей йикӏунаан. Хадуб дица байбихьана гьабзазе, кутузе, хӏанчӏазе дараби гьаризе. Гьедин ячӏана дун тохтурлъиялде, — ян бицана Гӏабидатица.
— Тохтурлъун хӏалтӏизе захӏмат бугищ жакъасеб дунялалда?
— Лъикӏаб суал буго (елъулаго). Тохтурлъун хӏалтӏизе захӏмат гьечӏо, гьев берцинго хӏалтӏизе танани, амма жакъа нилъер гӏадамал цӏакъ согӏлъун руго, гьезул ракӏал хъачӏлъун руго. Смартфоназдагун, компьютеразда нахъаги рахчун, гьезие цӏакъ бигьаго буго, соцсетаздаса чороклъи тӏибитӏизабизе, тохтурасде чи ккогегиян, гьел гӏадамал чӏвалел чагӏи ругилан, инжитал харбал риччазе. Битӏараб буго, тохтурасухъе черх ккогеги, чияр цӏобалде рукъ ккогеги ян абураб кици буго умумузул, амма нижги батӏаго унтун, чара къосиналъ гӏадамал нижехъе ккагиян, Аллагьасде гьардолел рукӏунарелъул. Ккун хадуб гьел сах гьаризе рухӏги жанги кьун рукӏуна, амма гьеб бичӏчӏулел гӏадамал дагь рукӏин бихьулеб буго, — ян бицана нахъойги Гӏабидатица.
Пандемиялъул заманалда жидер гьанив щивниги хвечӏиланги тӏаде жубана гьелъ кӏудияб разилъиялда.
2016 соналъ медакадемияги, хадуб интернатураги лъугӏун хӏалтӏизе ячӏана гьение Мухӏамадова Асиятги. Гьелъулги контракт ахиралде щолеб буго, амма Цӏуриб ракӏ рекъон бугин бицана гьелъ:
— Битӏараб бицани, дие тӏоцебе тӏириниги бокьун букӏинчӏо гьание хӏалтӏизе ячӏине. Мугӏрузул росулъ бугеб больницаялде йитӏулей йигин бициндал, дагьай рахӏатхунцин йикӏана. Нилъедаго лъаларищха, росдал цӏар бахъарабго гьанжесел, дунго гӏадал гӏолохъабазул рукӏунел ассоциациял. Шагьаралда гӏадал квегӏенлъаби, цивилизациялъул «рахӏатал» гьечӏеб бакӏалде ине хвезе гӏажалгӏанги бокьуларого рукӏуна гьел. Гьединго йикӏун ятила балатӏаго дунги. Амма гьанже дун гьаний ругьунлъана, лъикӏаб ракӏрагьараб коллективги буго, иманалъул цӏураб ракӏалъул бетӏерав тохтур Рамазан Мухӏамадовичги вуго. Гьанийго чӏела, Аллагьас хъван батани.
— Гъоркьисала, пандемиялъул заманалда цӏакъго къо бихьанищ?
— Гьеб мехалъ дун декреталъул отпускалда йикӏана, гьединлъидал дида гьеб хъатӏичӏо. Дуда лъанила рокъой чӏезе кколеб мехилан дие махсараби гьарулел алги рукӏана (елъулаго). Захӏматаб дие букӏана тӏоцебесеб сон. Жеги щиб кинали лъаларого, гъорлъе кколарого гӏадин йигей дун лъалареб жо гьикъизе йортулаан чӏахӏиял коллегабазухъе. Азарабго баркала буго гьезие, — ян разиго абуна гӏолохъанай тохтуралъ.
Бетӏерав тохтурасул заместитель Гӏабдула Шабановасул умумул ккола Кӏулзеб росулъа. 1944 соналъ Чачаналде гочинабун букӏана гьезул росуго. Нахъвуссун магӏарухъе щивниги вуссинчӏо, гьезул жамагӏат паракъалъана Гъизилюрталда. Гьенив гьавуна ва гӏуна Гӏабдулаги. 2014 соналъ вачӏана гьев Цӏуриб больницаялда хӏалтӏизе. Сабураб каламалъул, иман бугев гӏолохъанчи вуго Гӏабдула. Жиндирго хӏалтӏиги лъикӏго лъалеб бугоан гьесда.
— Дун ккола нижер Кӏулзеб росулъа ватӏаналде нахъвуссарав тӏоцевесев чи. Аллагьас хъван батани, инсул росулъ умумузул букӏараб мина цӏи гьабизе ракӏалда буго дида. Хьул буго дида хадур рилълъун, цогидазги мисал босилилан.
Больницаялда нижер щивас гьабулареб хӏалтӏи букӏунаро. Махщелчагӏи дагьал гурони гьечӏолъиялъ, цояв цогидас хисун, бокьараб хъулухъ тӏубазе хӏадурго рукӏине ккола. Жакъа унтабиги гӏемерлъун руго, унтуцаги херавин, бахӏаравин тӏасавищулев гьечӏо. Хасго гӏолохъабазда гьоркьор захӏматаб гӏузру бугел чагӏи цӏикӏкӏунел руго, — ян бицана Гӏабдула Шабановас.
Гьединго нижергун накъиталде гъорлъе жувана Гӏириб росулъа гӏолохъанав хирург Гӏабдулнасир Аталовги. Анкьго сон буго гьесул Чӏарада райбольницаялда хӏалтӏулев. Цохӏо гьев гурони, тӏокӏав хирург гьечӏо жакъа Цӏуриб больницаялда.
Сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазда аскӏоб саламатаб заманги бан, райцентралда бугеб музеялдеги щвана. Гьенирги щибаб некӏсияб тӏагӏелалъ пана гьарунги хутӏана, таманал сураталги рахъана. Умумузул пуруц-рукьалдаса байбихьун, цӏулал гӏучӏалтӏамазде гӏунтӏун, гьениб камураб алат-квараги букӏинчӏо. Бечедаб музей буго Цӏуриб. Амма халатккун заманалъ гьенир лъалхъизе рес букӏинчӏо. Ниж гӏедегӏун рукӏана Цӏулде.
Имамасул мирза, гӏакълучи ва гӏалимчи
Чӏарадисезул Къарал мухъалда бугеб Цӏулда росулъе щвезе цебего бокьун букӏана. Кӏудияв Шамил имамасул мирза, сапарцояв гьалмагъ, гъазаватазул чӏагояв нугӏ, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил ватӏаналде щвана гьале исана. Амма цин гьенире рахиналде ниж рещтӏана нухда батулеб Улъухъ абураб гьитӏинабго росулъ. Гьениб буго 1776 соналъ бараб басрияб мажгит. Дагьал церегӏан къояз фейсбукалда лъун, бихьун букӏана гьелъул сурат.
245 соналъ цебего бараб куцалда, щибниги хисизабичӏого цӏунун буго гьеб мажгит. Гӏицӏго чӏабаралда тӏамурал тӏансаби рукӏана цӏияб гӏасруялъул гӏаламат гӏадин. Хутӏарабщинабго гьададинго цӏунун буго. Гьелъ кӏудияб асар гьабуна нижее киназего. Суннатаб кӏиго ракагӏатаб какги бана, сапаралда вугев чиясул дугӏа нахъчӏваларилан абураб аварагасул хӏадисги ракӏалде щун, дугӏа-алхӏамги гьабуна.
Басрияб росу буго Улъухъги, ниж гьенир ругебгӏан заманалда жаниб гӏадамасда берги чӏвачӏо, гӏанкӏу-хӏелеко гӏанасебги рухӏ бугеб жоги бихьичӏо. Сихӏкъотӏи бугоан къаралазул басрияб росулъ. Амма гьеб сихӏкъотӏиялда жанибги кӏудияб къуват букӏана. Гӏасрабазул гьаракь рагӏулеб букӏанин ккола гьенив вугеб минутаз. Умумузул заман цебечӏезабизе бокьарав чи къаралазул росабалъе гӏедегӏизе бегьула. Гьениб щибниги хисун гьечӏо. Нус-нус соназ цебе тӏадмагӏарулазул букӏараб яшавалъул сурат якъинго цебе чӏола гьениб.
Пикрабаз киве дун вачарав? Цӏулде гурищ дун гӏедегӏун вукӏарав. Хъил течӏел нухаздасан гьаругьин унеб джипалъ бигьаго толеб букӏана нух нахъа. Гъоркьехун букӏана жеги гьитӏинаб лъарал сураталда чвахун унеб Къарал гӏурул сас. Рикӏкӏада букӏаниги, якъинго бихьулеб букӏана Нухъакь мегӏерги. Гьелъул гъугъдузда гъорлъан лъола байбихьи Къарал гӏуруца. Хъатинир лъурал гӏадин нижеда цере рукӏана Гьочоб, Сачада, Гьачада, Дусрахъ росаби.
Росдал рагӏалда чӏун балагьани, цӏакъ берцинаб росу буго Цӏулда. Жанире лъугьун рахъиналде квегӏаб рахъалда ругел росдал хабзалалъ бихьана тӏадги бараб гӏурччинаб кьералъул гьитӏинабго рукъ. Суал кьечӏониги, бичӏчӏулеб букӏана гьеб Мухӏаматӏагьирие зияраталъе бараб рукъ букӏин. Живго хвелалде бичун босун буго гьес росдал хабалалъ живго вукъизе бакӏ. Зияраталъул рукъалда цебе буго машгьурав имамасул мирзачиясе чӏвараб цӏахӏилаб зани. Аскӏовго вукъун вуго гьесул вас Хӏабибуллагь-хӏажи ва гьесулги вас Гӏабдурахӏим.
Цӏулда росулъ жакъа гӏумру гьабун вуго Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил анлъабилеб наслуялъул вакил Гӏабдула-хӏажи Гӏабдулаев. Гьес рачана ниж машгьурав кӏудаинсул зияраталдеги.
— Мухӏамадтӏагьирил цо гурони вас вукӏинчӏо – Хӏабибулагь-хӏажи, гьесулги цохӏо вас вукӏана — Гӏабдурахӏим. Гӏабдурахӏим ккола дир кӏудаинсул эмен. Дир кӏудаинсул абуни, дир эменги малълъун, лъабго вас вукӏана, — ян бицана Гӏабдула-хӏажица .
Гӏумархӏажи Шахтамановасул «Мугӏалимги мутӏагилги» абураб тӏехьалдаги бицен гьабун буго Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил:
—Цудунаб хасалихълъиялъул гӏуж букӏана. Рогьалил гӏужалъ гьавугьинан кӏиго рекӏарав вукӏана Рихьуниве щолев. Цебе бугеб чода тӏад рекӏарав — хъахӏаб мегежалъул, гӏурччинаб чухъаги ретӏарав, херлъиялде ван вугониги, жеги къамартӏго ккураб черхалъул чи, чол кьолонив ругьунав вугилан лъицаниги абуни, гьев мекъи ккеларо. У, цебе-цебе бугеб чода тӏад гьабсагӏат Рихьуниве щолев херав вукӏана Къарахъа Мухӏаматӏагьир. Гъазаваталъул соназ имамасул гъеж ккун гӏемерал соназ хьвадарав гьесул мирза. Лъеберго сон ана имамас Тӏасагъуниб гьесулгун къо-лъикӏ гьабуралдаса.
«Дир ярагъ, Мухӏамадтӏагьир, цо букӏана, гьале гьаб хвалчен. Жакъа дица гьабги лъалиниб лъолеб буго. Мунин абуни ккола кӏиго хвалчадул бетӏергьан. Хвалченги лъалиниб лъун, гьанже дуца къалам бегӏере. Хъвай дуца гьаб мугӏрузда лъугьараб хӏакъикъат. Бице наслабазда кин нилъ рагъаралали, хӏарп гьоркьоб биччачӏого киналго гъазаватазул хӏакъикъат рагье гӏадамазе», — ян абула имамас ратӏалъулаго.
Гьедин хъвана Шахтамановас.
Гьелъул хӏакъалъулъги хабар ккана Гӏабдулла-хӏажилгун. Хъвадарухъабазе хасиятаб жо ккола художествияб асар бечед гьабизе, чиясул сипат сурат гьединаб къимат кьей.
— Хӏакъикъаталдайин абуни, гьеб тӏехь («Цо-цо кьалда имамасул хвалчадул паркъи»), Шамил жеги гьанив вукӏаго хъвазе байбихьун буго гьес. Нартил чирахъул канлъуда гъоркь — Имамас бицунеб букӏун буго, гьас хъвалеб букӏун буго. Мухӏамадтӏагьирил квералъ хъвараб, цохӏо гурони экземпляр гьечӏеб гьеб тӏехь тӏагӏун букӏана росулъа. Гьанжегӏагар щвана дихъе гьеб кодобе. Гьанже Аллагьас хъван батани, ракӏалда буго печаталдаги кьабун, цӏидасан биччазе, — ян бицана Гӏабдуллагь-хӏажица.
Шамил Дагъистаналдаса ун хадуб, 1860-1880 соназда Темир-хан Шурав къадилъунги хӏалтӏун вуго Къарахъа Мухӏамадтӏагьир.
— Гьел соназулги цо чӏванкъотӏараб баян гьечӏо. Цо бакӏалда къого соналъ хӏалтӏанин хъван, цогидаб бакӏалда батӏияб тарих буго. Кин батаниги, жиндаго тӏадкъараб хъулухъ ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна гьес. Темир-хан Шурав къадилъун хӏалтӏулевгӏан заманалда жаниб гьес жиндиего квен рокъоса баччулеб букӏун буго, — ян бицана гьесул наслуялъул вакил Гӏабдуллагь-хӏажица.
Имамасда цадахъ вугел соназ Шамилица гьев Гьочовеги витӏулев вукӏун вуго къадилъун. Амма кинго разилъуларого вукӏун вуго Мухӏамадтӏагьир. Ахирги гьес абун буго Шамилида жив инин гьениве къадилъун, амма жиндир цо шартӏ бугин. Нагагь мун Гьочове вачӏани, мун цониги нухалъ жинда рещтӏунгутӏизе. Щайилан гьикъани, балагье, имам тӏад рещтӏунев чи вугилан гӏадамаздаги рагӏун, диего цӏар-рецц щвезе бокьиларилан абураб пикруялъ.
Ярагъги бан, имамасда тӏаде ине изну бугев чи цохӏо гьев вукӏун вуго дол соназ. Гьединаб мегӏергӏан борхатаб даражаялъул чи вукӏана имамас жиндаго аскӏов цӏунун. Кидаго цадахъ баччун мусруги букӏунаанила гьесда. Щай дуца аб цадахъ босулебин гьикъидал, Мухӏамадтӏагьирица абун буго: «Дун цо халатав, хӏалакъав, гьури бахъани, рехун унеб гӏадаб къаркъалаялъул чи вуго, божи гьечӏев, гьелъ баччун букӏуна дица мусру цадахъ».
Инсулги васасулги кӏиго батӏияб даража
Гьединабго тӏабигӏаталъул чи вукӏана гьесул вас Хӏабибуллагь-хӏажиги. Диналда кутакалда тартибги, рацӏцӏа-ракъалъиги цӏунарав, цӏакъ гӏелмуялда гӏамалги рекъарав инсан вукӏун вугин бицана гьесул хӏакъалъулъ Гӏабдуллагь-хӏажица.
Мажгиталда аскӏоб гӏадин букӏун буго гьазул мина. Как ахӏизе унев чи, Хӏабибуллагь, рокъорго хьиталги тун гӏицӏго унев вукӏун вуго мажгиталъул тӏохде. Ай, как базе мажгиталде жаниве тӏаса хьиталги рахъун гурони ине бегьуларин абураб адаб цӏунун буго гьес, ракьул тӏохде тӏаде унагоги. Гьеб мехалъ абун буго Мухӏамадтӏагьирица гӏелмуялъул рахъалъ вас жиндеги вахинчӏин, диналъулъ варагӏ цӏуниялъул рахъалъ васасде живги щвечӏин абун.
Кутакалда хатӏ берцинав чи вукӏиналъ Хӏабибуллагь-хӏажица гӏемерал гӏелмиял тӏахьал хъвалел рукӏун руго. Гьедин щакъиялъе лъим босизе мажгиталдаса рокъове унев вукӏун вуго гьев. Рокъове инчӏого, мажгиталъул хӏавузалъуса щайин дуца лъим босуларебин цо нухалъ гьесда гьикъидал, гьес кьураб жавабалъул камиллъи бихьизе, гӏенекке: «Щакъи гьабизелъун, мажгиталъубе чвахулеб лъим дица харжги гьабун, какичуризе вачӏунев чиясе гьелъул цо къатӏрагицин камуни, къиямасеб къоялъ дица жаваб кьезе ккола», — ян. Гьединав камилаб тӏабигӏаталъул чи вукӏун вуго Мухӏамадтӏагьирил вас Хӏабибуллагь-хӏажи.
Цӏулда росулъ гьединго цӏунун буго машгьурав Къарахъа гӏалимчиясул мина, гьесул хӏужра-рукъ. Шкафалъур цӏунун руго Мухӏамадтӏагьирил квералъ хъвараб 112 гӏанасеб тӏехь. Гьезул щибалда тӏад буго гӏалимчиясул жиндирго хасаб мугьру. Гьезда тӏаде къулизеги щвана. Бокӏнилъ, берцинго гьабураб гъутухъалда жаниб цӏунун буго имамас гьесие сайигъат гьабураб хвалчен. Мухӏамадтӏагьирица квализарурал алатал, гьесул кверзул рагъа-ракариялда хадуб хал ккураб ункъабго къедалъ гӏемераб балъголъи гьурщилаан нижее, кӏолебани. Гьединал пикрабаз кверде восана Цӏулдаса кӏудияв гӏалимчиясул хӏужра-рокъов вугеб минутаз.
Рукъалда гъоркь буго вас Хӏабибуллагьица жиндирго квералъ бухъун гьабураб, халваталда чӏезе унеб букӏараб рукъги. Эмен хун хадув, щибаб лъагӏалида жанив 40 къоялъ халваталда чӏезе унев вукӏун вуго гьев, хоб гӏадин гьабураб гьеб рокъове жаниве. Рухӏкквеялъе тӏагӏамги кванан, цо-цо каки чури цӏигьабизе тӏадеги вачӏун, моцӏги анцӏго къоялъги, гьев лахӏдугӏан бецӏаб гвандиниве лъугьунаанин бицана Гӏабдуллагь-хӏажица.
Щвана ниж гьединго Мухӏамадтӏагьирил цӏаралда бугеб музеялдеги. Гьениб жаниб цӏунун бугебщинаб жоялде бер щвезабун бахъунарого рукӏана ниж. Заман иналъ чӏегӏераб кьер рехарал гӏелмиял тӏахьазул цӏураб шкаф бугоан гьенибги.
Гьединабго шкаф буго 335 сон бараб Цӏулда росдал мажгиталъубги, гьенирги руго тӏахьал. Кинабниги, росулъ бугеб анкьго библиотекаялъуб жакъа цӏунун ругин 800-ниги тӏехьин бицана Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил цӏаралда бугеб музеялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Темирбутӏа Темирбутӏаевас.
Жиндир заманалда Цӏулда росулъ вукӏанин ункъабго мазгьабалъул бокьараб суалалъе жаваб кьун бажарулев 53 гӏалимчиян гьес бициндал, цӏоро-гъорон хутӏана ниж. Къаралазул мугӏрул тӏогьиб бугеб гьитӏинабго росулъ исламалъул гӏелмуялъул тӏубараб центр букӏун бугин абураб пикруялъ асир гьаруна киналго.
Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил гӏелмияб ирсалъги, гьесул рухӏияб бечелъиялъги гьабураб асарги рекӏелъ цӏунулаго, бакъ тӏерхьунеб гӏужалъ къо-лъикӏ гьабуна нижеца машгьурав магӏаруласул инсул росугун.
Нижер сапарцояв гьалмагъ, филологиял гӏелмабазул доктор, профессор Ибрагьимил Мухӏамадил (Мухӏамад Мухӏамадов) ватӏан, Рулдаб росулъе щвана ниж къаси сордо базе. Гьесул курсцояв Бакълъухъа Хӏажица мандолинаялда ахӏулеб кочӏоца панаги гьарун, Мухӏамадил вацасул лъади Мадинаца гьарурал хинкӏалги кванан, мугӏрузул бацӏцӏадаб гьаваялъги гӏорцӏун, регизе рилълъана.
Гьайбатаб тӏабигӏаталъ сверун ккун буго Рулдаб.
Ункъо хӏафизазул нуралъул канлъухъ — Багинуб берцинаб сихӏкъотӏи буго
Гӏириб рузманалъул какги бан, къалъудаса хадур Багинубе сапар бухьине ният ккана нижер. Накъшубандияб тӏарикъаталъул шайих, хӏафиз Багинуса Шугӏайб-афандиясул росулъе щвезе хиял лъуралдаса чанго сон ун букӏана.
Рулдаб росуго гӏадин, ралъдал гьумералдаса гӏемерго борхатаб бакӏалда буго Багинубги. Килщазда рикӏкӏине цӏараки хутӏун буго гьенибги жакъа, микьго хъизамалъ гурони цӏа бакуларо гъасда. Гьоркьохъеб школа къаралдаса 15 сон бугилан бицана гӏемерал соназ учительлъун хӏалтӏарав Муса Забихӏовас. Гьанже гьениса (Багинуса) цохӏо яс хьвадула Магъар росулъ бугеб гьоркьохъеб школалде. Амма бащдаб чӏунтӏун бугониги, устарасул баракаталъ батила, лъикӏаб чӏаголъиги, иман буголъиги загьирлъулеб букӏана гьитӏинаб росулъ.
Багинуре щвелалдего, нижеда дандчӏвазе рахъун ратана Мусаги гьесул хъизан Патӏиматги. Росулъе жанире раккулаго буго устарасул зияраталда цун бараб мажгит.
Шугӏайб-афандиясда аскӏор гьенир рукъун руго цӏикӏкӏарав вас Мухӏамаднабиги, гьесул яс Написатги, гьелъул вас, цӏадул унти багъарарабго 10 сонил ригьалда хварав гьитӏинав Ахӏмадилги. Устарасул ва кӏудияв вас Мухӏамаднабил хобазда гьоркьоб буго Шугӏайб-афандил хадусел васал Ахӏмадие, Гӏабдуллае ва Гӏабдулвагьабие бараб зиярат. Гьел лъабазулго хоб росулъ гьечӏо. Коммунистазул «репрессиязул жул» магӏаруллъиялдаго бахъулеб 1937 соналда ятабалъ Сибиралде ритӏарал гьезул цонигиял нахъруссинчӏо.
Тӏарикъаталъул кӏудияв шайих Шугӏайб-афандиги гьесул ункъавго васги рукӏана хӏафизал. Жиндир баракат щваяв устар накълулъана 1909 соналъ. 56 сон гурони гӏумруялъул кьечӏониги, гӏалам бахилал тӏахьалги хъвана гьес. Нус-нус мурид битӏараб нухде тӏовитӏана гьес. 32 сон гурони гӏумруялъул гьечӏев чи хвана гьесул бищун кӏудияв вас Мухӏамаднабиги.
Цӏенеб росулъ имамлъун вукӏарав гьесда макьилъ бихьула Багинуб живго жанив гӏураб мина тӏатӏала ккун биххун инеб. Жиндие рокъове вуссине бокьун бугила абула гьес макьилъ инсудаги.
Рокъове вуссине къотӏи батичӏого, Цӏенеб росулъ къадаралде щола Мухӏамаднаби. Инсуда аскӏов гьев вукъулеб къоялъ, лахӏдоялъуб лъураб гьесул жаназаялда тӏад гургинаб нур чӏун букӏанин бицуна росдал гӏадамаз. Лъиданиги кӏоларо гьесда тӏаде ракь хъвазе. Ахирги бищун гьитӏинав вац Гӏабдулвагьабица «Иннаанзалнагьу» бисмиллагьги цӏалун, хьвагӏула гьесде тӏаде ракь. Амма тӏаде ракь хъван лъугӏизегӏан нур тӏагӏунаро.
Гьелдаса хадур ккун рачуна уна гьесул вацалги. Гьединаб пашманаб къиса ккана тӏарикъаталъул бергьарав устар Шугӏайб-афандил васазул. Живгоги гьев Цӏоралда вукӏаго, хвалил унтиги чӏван, рокъове нахъвуссунаго, нухда хола. Лъебалазул ракьалда, Къамилухъ росдада гӏагарлъухъ тӏокӏав чода рекӏун цевехун ине кӏолареблъи бичӏчӏидал, гъоркье рещтӏуна шайих. Жив кӏудияб сапаралъ хӏадурлъулев вугин, тейилан абула цадахъ рукӏараздаги. Гьединги абун, ясин цӏализе бабйихьула. Ясин цӏалун лъугӏиялде данде рухӏги босула гьев мубаракасул. Гьеб букӏана 1909 сон. Гьениса вахъарав цӏулал молодаги лъун восула баркат щваяв Шугӏайб-афанди росулъе щвезегӏан. Свак чучизегӏан гьесул жаназа гӏодоб лъурал бакӏазда анцӏгониги зияраталги ран ругин бицана нижеда. Цо Гӏириб росдада аскӏоб, цояб дагьабго эхедегӏан, мугӏрул ракьанда гӏадин, гьединаб кӏиго зияраталде нижги щвана гьеб сапаралда. Гьесул малидул гӏоркь ккурал гӏадамаз хадуб абулеб букӏун буго тӏамах тӏад бугебгӏанги бигьаго босанин жидеца гьесул жаназа росулъе щвезегӏан. Гьев тӏад ваччараб цӏулал мали жакъаги зияраталда аскӏоб бугеб мажгиталъуб цӏунун буго.
Цебеккунго оцги кьун, жиндицаго устарас бичун босараб бакӏалда вукъула бергьарав гьунаралъул гӏалим, хӏафиз, тӏарикъаталъул бергьарав муршид Шугӏайб-афанди (къ.с).
Бицинчӏого гӏоларо гьесулги Къахӏиса кӏудияб макъамалъул устар Къахӏиса Хӏасан-афандиясулги тӏоцебесеб дандчӏваялъул хӏакъалъулъги. Жиндирго устар, Гӏасаса Гӏабдурахӏман-хӏажиги хун, пашманлъиялда вугев Хӏасан-устарасда абула Багинуве Шугӏайб-афандиясухъе щайин мун унаревилан. Гьедигӏан кӏудияб даражаялъул устар ватиларин гьевин, дагьаб чӏухӏи ракӏалде ккола Хӏасан-устарасда. Гьебго сордоялъ макьилъ вихьула гьесда Шугӏайб-афанди. «Вачӏа, Хӏасан, чӏухӏичӏого дихъе. Дихъ бугеб жо гурони, духъе дицаги кьеларо, гьечӏебаб дуцаги босиларо», — ян абула макьилъ устарас Хӏасан-афандиясда.
Гӏасаса кӏудияв устар Гӏабдурахӏман-хӏажияс муридзаби тӏоритӏизе изнуги кьурав, гьебги бахчун бугев чи вукӏуна Хӏасан-афанди гьеб мехалъ. Жинцаго абуралдаса ракӏги бухӏун, гьесие самовар бакизе тӏорччол цураб хъапги мугъалда баччун вачӏунев вукӏуна Хӏасан-устар Шугӏайб-афандиясухъе. Багинуре щвелалде, нухлул рагӏалда гьабсагӏатги байрахъги чӏван бугеб бакӏалде щведал, накабиги гӏодор чӏван живго гӏодовегӏан гьавун вилълъине байбихьула Хӏасан-афандица. Гьедин гьев вачӏунеблъиги лъан, данде чи витӏула Шугӏайб-афандица , гӏадан гӏадин вилълъун вачӏайилан Хӏасанида абизе.
Шугӏайб-афандил кавудул кӏалтӏа кӏиявго цоцаздаги хурхун, агьиялда гӏодула. Гьезухъ балагьун анкьабго зобги ракьги цадахъ гӏодулеб букӏун батилин гьеб къоялъин абула гьеб сурат бихьарал херал чагӏаз. Гьединаб букӏана кӏиявго устарасул тӏоцебесеб дандчӏвай. Кӏиялгоги гьел цо ригьалъул гӏадамал кколаан. Хӏасан-устар гьавураб сон ккола 1852, Шугӏайб-афандил – 1853 сон.
Къахӏиса Хӏасан-афанди Багинуве вачӏараб мехалъ лъимер гьабизе йикӏуна Шугӏайб-афандиясул хъизан Марин. Къахӏиса Хӏасан-устарасул лъадиги йикӏуна вас къачӏалей. Нилъ кӏиясего васал гьаризе ругин, дуе гьавурасда цӏар Мухӏамад-гӏариф лъейин, дица Мухӏамаднаби лъелилан абула Шугӏайб-афандица Хӏасанида.
Гьел киналго къисаби нижее рицана Муса Забихӏовасул хъизан Патӏиматица. Устарасул гӏумрудул хӏакъалъулъ кинабго баян данде бакӏарун бугоан гъелъ. Тӏехь хъвазе бегьулеб хабар бицана нижееги. Газеталъе къокъ гьабизе кколеб буго.
Мусалги Патӏиматилги рокъоб чайги гьекъон, корохъ бежараб чедгун, гӏиял хӏанги кванан, гьуинаб хабаралда тӏамуна нижеца къо. Устарасул зияраталда цун бугеб мажгиталъуб, бакъани какги бан нухда рахъана. Багинуса Шугӏайб-афандиясул баракат камун дуца ниж тогеги, бетӏергьан, Аллагьилан, щурулеб букӏана кӏутӏбуз.
Ашахан Юсупов,
Цӏуриб-Улухъ-Цӏулда-Рулдаб-Гӏириб-Багинуб-Махӏачхъала