Баракат бугев чиясул баракат ралъдалъ бугеб ччугӏиеги щолин йикӏунаан дир дахӏабаба. Гьедин, Рулдаса Ибрагьимил Мухӏамадил баракаталдалъун щвана некӏого бихьизе анищлъун букӏараб гьесул умумузул росулъего гӏадин, Цӏулдагун Багинуреги.

Цӏулда

Щаяли лъаларо, амма дун чара гьечӏого щвезе кколин кӏудияв имамасул секретарь Мухӏамадтӏагьирил росулъеян абураб пикру букӏунаан кидаго. Битӏараб бицани, дида ккун букӏинчӏо гӏалимчиясул наслуялъул чагӏазги росуцоязги гьададигӏанго цӏакъ гьесул ирс цӏунун батилилан – заман баялъ чӏегӏерлъиялде сверарал гьесул тӏахьалги, къайи-сверигицин. Гьелъул хӏакъалъулъ Ашаханица гӏатӏидго хъван буго. Жакъа къоялъги хӏалтӏулеб буго Цӏулда Мухӏамадтӏагьир хьвадулев вукӏараб мажгитги. Амма гьелъул некӏсияб тарих бихьизе биччалеб гьечӏо къадаздагун мокърукь кьабураб пластикалъ. Цо рахъалъ, гьеб къачӏарал росдал гӏадамазда гӏайибги гьечӏо. Бажарараб куцалда гьабун буго гьез гьеб. Гурони, квер хъвачӏого тарабани, заманалдасан тӏубанго биххун тӏатӏала ккезеги рес букӏана. Гӏурччинаб кьералъул пластикги сверун ккун, гьединабго куцалда «къачӏан» букӏана гӏезегӏан соназ цебе некӏсияб Къорода росдал мажгиталда аскӏоб бугеб рукъги.

Амма къанагӏаталлъун кколел гьединал объектазул сипат-сурат букӏахъего хутӏулеб куцалда гьел рукӏалиде рачунеб хасаб къагӏида букӏуна. Гьелъие гӏезегӏан гӏарацги къваригӏуна. Дир хӏисабалда, гьеб хӏалтӏи памятникал цӏунулеб пачалихъалъул идараялъ гьабизе ккола.

Аскӏо-аскӏор гьанжесеб къагӏидаялъул цо-цо минабиги ран, ракӏ судулеб куцалда ругоан гьенир некӏсиял минабазул хутӏелалги – кӏамураби, тӏад батӏи-батӏиял гӏаламатал, суратал рикӏарал ганчӏазул къадал. Цӏулда гурелги, Багинурги, Гьидалъги, Чӏохъги (Мамаласул мина, мисалалъе) рихьана дида гьел янгъизго.

Тӏасахун кумек щвезегӏан чӏечӏого, щивас жидедасаго бажарараб жо гьабунигицин мадар букӏина. Гьединал чагӏазулцо-цояллъун рихьана Мухӏамадтӏагьирил наслуялъул чи Гӏабдуллагь-хӏажиги росдал музеялъул директор Темирбудаги. Гьев кӏиясго добе-гъобе ккезе биччалеб гьечӏоан росдал тарих. Гӏабдуллагь-хӏажица гӏумру гьабулеб буго Мухӏамадтӏагьирил букӏараб минаялъуб (тӏасияб тӏалаялда). Гъоркьияб тӏала буго кӏинусго соналъ цебего букӏараб гӏадаб къагӏидаялда цӏунун (магӏида рарал тӏимгъалги, хуриб-ахикь хӏажалъулеб алат-квараги, жужа-хъухъарал къадалги, Мухӏамадтӏагьирил тӏахьалги, гьеб гӏодов чӏолев вукӏараб бакӏги, гьес кагъат къотӏулеб букӏараб алатги).

Темирбудацаги музеялде бакӏарун буго цогидал бакӏазда жеги рихьичӏел гӏадинал экспонатал. Масала, шашликӏал режулел рукӏараб алат, хьопал хьухьун гьабураб пулав цӏулеб жо, кутакалда интересал документал. Жиндир эбел-эмен данделъулеб мехалда гьабураб къотӏи-къайин абунин ккола гьес гьеб. 1953 соналда хъвараб гьелда бихьизабун буго бахӏаралъ цадахъ бачӏунеб къайи-цӏа. Хвани яги ратӏалъани, бахӏарасда тӏадаб бугоан гьеб нахъе кьезе.

Цӏакъ ракӏгъураб хабзалги бугоан Цӏулда. Мухӏамадтӏагьирилги цойги лъикӏа-лъикӏал гӏадамазулги рухӏал нилъеда цадахъ хьвадулел ругин кколеб асар лъугьунеб букӏана. Мухӏамадтӏагьиридаса чанго галул манзилалъ вукъарав, Махӏачхъалаялда нижер мадугьаллъун вукӏарав Гӏумарасхӏабил хабатӏе зияратги гьабун, ниж Рулдаре къватӏире лъугьана.

Рулдаб

Нухда чӏвараб игӏланалдасан Кьесер мухъалда ругел киналго росабазул сияхӏалда гъорлъ гьелъул цӏар балагьулел рукӏана ниж. Киналго росабалъе Цӏуриса кигӏан манзил бугебали хъван бугоан гьелда. Рулдаб батичӏо гьениб. Кӏочонищ, яги чӏунтараб росу бугиланищ тарабали. Амма росулъ нусидаса цӏикӏкӏун избирателасул хъвай-хъвагӏай бугиланги бицана гьениса Ибрагьимил Мухӏамадица. Росулъе тӏаде рахиндал, рищиязул участок жаниб бугеб минаги бихьана.

Рулдаре уна Гӏирисан эхеде, магӏарде тӏаде. Нухалги ракӏалде ккаралгӏан квешал гьечӏоан. Гьел Мухӏамадил вац Шамсудиница жинцаго къачӏанин бицана росулъ.

Росдал кӏал байбихьулеб бакӏалда, нухлул ракьанда лъун бугоан «Япония» абун тӏад хъвараб кӏудияб гамачӏ. Цере рулдаселги гӏириселги гӏемер къацандизе кколел рукӏун руго ракьал сабаблъун. Япония гӏадаб, малъгӏанасеб Рулдаб росу шагьар гӏадаб жидер росугун къацандулеб бугилан ракӏалде ккеялъ батилаха, гӏирисез гьелда гьеб цӏар лъураб. Рулдасезулги тӏадкӏалъай гьечӏин ккола гьелда.

Маркӏачӏул бер рукӏкӏиндал, росулъе жанире лъугьарал нижеда дандчӏвазе вачӏана гӏурусасул сипат бугев, гьоркьохъеб ригьалдаса арав чи. Жинда тӏад цо кӏвар бугеб иш къараб гӏадаб хасиятги букӏана гьесул.

«Познакомьтесь, это комендант нашего села», — ян махсара гьабуна Ибрагьимил Мухӏамадица. Хъваш-баш гьабидал, гьес бицана жив вугила Омскалдаса Олег Коваленко. Къогоялдаса цӏикӏкӏун сонал ран ругоан гьес Дагъистаналда. Дагьаб мех батиларо гьев Рулдав чӏаралдасаги. Хъизаналъул иш битӏичӏолъиялъ, жив рокъове тӏадвуссинарин, бегьулеб батани, нужеда цадахъ теян гьарун бугоан гӏурусас Мухӏамадил вац Шамсудинида. Гьедин гьев гӏезегӏан авадангоги, ракӏ разигоги нижее Рулдаб росдал магӏишаталъул бицунев вукӏана. Жакъа къоялъ шагьаралда рукӏунел чагӏи ричӏчӏуларила жинда, бихьуларищдила Рулдаб бугеб сихӏкъотӏиги, гӏодобиччараб гӏумруги. Жив гьанив гӏицӏго боцӏи-панзалъулги росдае къваригӏараб-катӏалъулги тохал-халалда вукӏунила. Гӏурусалъ гьес бицунеб каламалъулъ «хабар» абураб рагӏи, борчӏидал, дуда магӏарул рагӏабигийищ лъалел абун гьикъана дица. «Гӏандадерил цӏикӏкӏун лъала, цеве дун Бабаюрт районалда гӏандадерил Бутуш хъутаналъул школалда хӏалтӏулев вукӏана. Хадув 1999 соналда «Хӏамил гӏин» магӏарда рагъ байбихьидал, ополчениялде ккана», — ян жаваб кьуна Олегица. Гьесул хадусеб къисматалъул цӏех-рех гьабизе ниж лъугьинчӏо, сапаралъул мурадги гьеб букӏинчӏелъул.

Рулдаб гьабсагӏаталда буго лъабго цӏараки. Шагьараздаса гӏадамалги рачӏун, рии-риидал байбихьула росу чӏаголъизе.

«Рулдаб чӏунтизе байбихьана 1985 соналда нахъе. 2000 абилеб соналдаса хадур гьанир гӏадамал цӏакъго дагьлъана. Гьезул гӏемерисел гочана Шамхалалде, Гъизилюрталде, Гъизляралде.

Цо талихӏалъ, гьанже росуцоязда ракӏалде ккун буго Рулдаб цӏи гьабизе. Рес кканщинахъе рачӏун, къачӏалел руго умумузул минаби, яги санагӏатаб бакӏалда цӏидасан ралел руго гьел. Бетӏергьанлъи гьабичӏого рехун таралин ракӏалде кканиги, щибаб мина-карталъул, ракьалъул хважаинги ватула гьанив – гьаб жидер вац-васасе, имгӏаласе, инсуе лъидасаялиго ирсалъе щвараб бакӏ бугин абула», — ян бицана профессор Ибрагьимил Мухӏамадица росдал чӏвадназухъги чӏун. Гьединги абун, гьес ниж рачана вац Шамсудиница данде гьабураб жидерго хъизаналъул музей бихьизе. Тӏасан гӏурччинаб маххги ккун къачӏан бугоан некӏсияб гьеб мина. Лъималги гьечӏей гьезул ункъгӏалалъул букӏараб бакӏ ккола гьеб.

Цӏулалги, маххулги, ганчӏилги гьарурал гьел гӏадатиял тӏагӏалабазда гъорлъ ругоан Сталинил, Ленинил, Дзержинскиясул суратал, унго-унгояб бацӏил муляж, магӏарул пандур, мандолина.

Гьенисан ниж къокъана росдада нахъа бугеб магӏардехун. Гьаваялъул бацӏцӏалъиялъул кутакалъищ, яги борхалъиялъул магӏнайищали, цо параялдасан бетӏер сверун, тартадизецин лъугьана дун. Археологалгун цадахъ вачӏиндал, нижер гьудул-гьалмагъ, цеве «Хӏакъикъаталда» жавабияв секретарьлъун хӏалтӏулев вукӏарав Дибиргӏали Хазамовас хасаб алаталъ борцун бугоан гьеб борхалъи. Ибрагьимил Мухӏамадил рокъоб жаниб гьеб борхалъи 2 280 метра абун бихьизабун бугоан. Магӏарда тӏадегӏан борцани, 3000 метра кколеб батила.

Гьединал пикрабазда ниж рачӏунел рукӏана биххараб росулъ нижее экскурсия гьабулев Ибрагьимил Мухӏамадида хадур: «Гьаниб цониги букӏинчӏо чӏунтараб рукъ, гьитӏинаб мехалда кколаан тӏубараб дунял гьаниб бугилан; гьале ниж цӏалараб байбихьул школалъул хутӏарал чӏваднал (хадур рулдасезул лъимал Гӏириб интернаталда цӏалун руго – авт.); гьале рехъалъа боцӏи бачӏиналъухъ балагьун, дир кӏудияй эбел гъоркь гӏодой чӏолей йикӏараб кӏудияб гамачӏ; гьагъале нижеца рекьулел рукӏарал, гьанже гӏуру къарал хурзал. Ролъ гӏемер бижулеб букӏиналъ, имам Шамилил аскаразе ролъ гьаниса баччулеб букӏун буго…».

Гьедин щун ратана Нукъуш росда тӏаде балагьараб бакӏалде — Мухӏамадил вац Шамсудиница хӏамида лъун баччараб ганчӏица бараб кӏитӏалаяб гьитӏинаб рукъалда цере. Даруяб лъим чвахулеб бакӏ ккола гьеб. Магӏарде рахиндал рулдасезул умумул кидаго гьениреги щолел рукӏун руго. Гьанжеги мегӏер-гӏалахалде щварав чиясул рес буго гьениб хӏухьбахъизе, чай гьекъезе (гьелъие хӏажатаб алат-квараги токги буго чӏезабун).

Мегӏер сверун рачӏунаго, ниж росдал годекӏанире, мажгиталде цере щун ратана.

Мажгит цӏи гьабуни, росдадеги лъалаго нур бачӏинаан абураб хьул буго Ибрагьимил Мухӏамадил. Цебеги мажгит букӏараб бакӏалда бан буго гьеб гӏезегӏан берцинго — цокӏалаб ганчӏил къадалги, жаниб — бухӏараб/цӏорораб лъимги, гьанжесеб къагӏидаялда ккураб плиткаги цогидабги. Гьелда тӏад харж гьабун буго сверухъ росабалъагицин бечедал ракьцояз ва жалго рулдасез садакъадуй кьураб гӏарац, къадал разе, жанисан хӏалтӏаби гьаризе рахъун руго росдал гӏолохъаби.

Гьедин бицана рузман базе Гӏириб росулъе ине нухда чӏарав Абакарица.

«Мунагьал чураяв Ахӏматӏиловас босана нижер колхозалъул ракьалги гӏи-боцӏиги. Гьелъухъ кӏиго млн-гун бащадаб кьун букӏана гьес росдае. Щибдай гьелда малъилебилан рукӏаго, ракӏалде ккана гьеб гӏарцухъ мажгит базе. Цебе мажгит букӏараб кколаан гьаб. Амма цо заманалда росдал склад, хадуб клуб рагьун букӏана гьениб.

Росдал гӏолохъабазги кутакалда яхӏ бахъана: рачӏун эхедегун, лъарас лъараб гьабуна. Гьелда тӏадеги росда тӏаса бугеб рохьосан 2,5 километралъул манзилалда лъабго къоялда жаниб росулъе лъимги бачана. Нижер умумуз кидаго бицунеб жо букӏунаан гьеб»,- илан бицана Абакарица.

Гьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго росабалъ ругел хъулухъчагӏазул махщел камил гьабиялъе Махӏачхъалаялда рагьараб институталъул ректорасул кумекчилъун.

Ибрагьимил Мухӏамадги Шамсудинги гӏадин, Рулдаб цӏи гьабизе ракӏалде ккаразул цояв вуго Абакар Закариевги. Цӏи бараб жиндирго рокъоре гьеб къоялъул радал кофе гьекъезеги ахӏун рукӏана гьес ниж.

Абакарица Рулдаб мина баралдаса анкьго-микьгониги сон буго.

«Цеве дун гӏемер вачӏунаан гьаниве кӏудияй яцалъухъе. Хадуб хъизаналъулги дирги пикру ккана гьаниб нижеегоги мина базе. Гъойги гьаний гӏурай гӏадан ккола. Цин ургъана кибдай гьеб балаян. Лъицаниги ричулел рукӏинчӏо жидерго бакӏал, амма гьезда гьел цӏи гьаризеги ракӏалде кколеб букӏинчӏо. Росдал администрациялъул бетӏерас гӏакълу кьуна 1960 соназда ясли-ах букӏараб бакӏ лъикӏилан. Районалъул администрациялде гӏарацги кьун,дица босана гьеб бакӏ. Гьедин байбихьана гъоркь рукӏарал къадалги тун, тӏасан гьеб бакӏ къачӏазе. Амма къадахъан валагьизе захӏмат букӏана. Гьеб мехалда Ибрагьимил Мухӏамадил вац Шамсудиницаги байбихьана жидерго инсул мина къачӏазе, цинги росда гъоркьа ферма бана гьес. Гьедин нижедаса мисал босизе байбихьана цогидазги.

Гьале санайилго хӏухьбахъизе росулъе вачӏуна дун. Гьелъ гьабулеб асар бицун бичӏчӏизабизе кӏоларо дида. Рохьдоде, гӏияде араб мехалда лъимерлъуда дица хӏетӏе чӏечӏеб бакӏ гьечӏелъул гьаниб.

Шагьаралда гӏадаб багӏариги хӏалкъайги гьаниб букӏунаро. Къаси-къаси кӏи-кӏи юргъан базе ккола тӏад», — илан бицана Абакарица.

Абакарихъеги Ибрагьимил Мухӏамадихъеги гьоболлъухъ Рулдаве вачӏун вукӏана Гӏириса Рамазан Ахӏмадов. Республикаялда машгьурав уролог ккола гьев. Рулдаб цӏи гьабулеб букӏиналдаса кутакалда вохун вугоан Рамазанги:

«Ахир-къадги нилъ руссунеб бакӏ ккола умумузул росу. Нужеца цӏи гьабунагӏан, лъималазги цӏи гьабула гьеб, биххизе танагӏан, лъималазги ургъел гьабуларо ян абула дица ракьцоязда. Дие цӏакъ бокьана Абакар дове тӏадвуссин, дир яцгӏалалъул вас ккола гьев. Гьединго рекӏее гӏуна Ибрагьимил Мухӏамадицаги, Шамсудиницаги, гьезул вацгӏал Шамилицаги, МКХялда вугев администрациялъул бетӏерасги Рулдаб минаби цӏи гьари. Хасго росу берцин гьабизехъин буго цӏи бараб мажгиталъги».

Гьеле гьединал, рекӏелъа берцинал гӏадамазулгун къо-лъикӏги гьабун, хадуб балагьун «Японияги» тун, цоялдаса цоял мугӏрулги, чӏагоял росабиги къотӏун, нижеца нух босана Багинубехун, Шугӏайб-афандил зияраталде.

Гьелъул хӏакъалъулъ Ашаханица хъван бугелъул, тӏадежубай гьабичӏого толеб буго.

Амма дунял цӏураб хасияталъул чӏарадисезги жалго гӏадаб баркат-рахӏматаб гьезул тӏабигӏаталъги нижер щивасул рекӏелъ гьабуна цо гьайбатаб бусен…

Зульфия Хӏажиева