Цӏуриб больница балагьулаго, битӏун гьелда аскӏосан ун ратана ниж, гьеб районалъул нухмалъиялъул минаянги ккун. Тӏадбалагьун, бокьараб районалъул администрациялдаса къураб жоги гьечӏоан гьелъул. Амма нижги гӏемерго мекъи ккун ратичӏо – кидаялиго партиялъул райкомалъеян бараб мина букӏун буго гьеб, хадуб больницаялъе кьураб.
Тӏубанго больницаялъе данде ккечӏониги, жибго санагӏатаб бакӏалда, шагьраялдаса гъоркьехун ккола гьеб; къватӏисанги жанисанги цӏакъ къачӏа-кӏатӏанги буго, гьечӏоан больницабазда жаниб букӏунеб цо гӏадатияб махӏги.
Гьелъул бетӏерав тохтур Къурбан Рамазановги фейсбукалдасан хъвадарун гурони, жеги бал битӏун вихьун вукӏинчӏо. Кутакалда гӏаданлъи бугев чи ватилин ккана гьев, тӏубараб коллективгун цадахъ нижеда дандчӏвазе азбаралъув вахъун чӏун ватидал.
Цинги Къурбан Рамазановас газеталъе бицана больницаялъе цоги корпусги кӏиго специалистги хӏажат вукӏиналъулги, ковидалъул заманалда жидеца хӏалтӏи гӏуцӏараб куцалъулги, больницаялъе квербакъулел меценатазулги, цогидалъулги.
Баян:
Махӏачхъалаялда мединститут лъугӏун хадув Къурбан Рамазанов тохтурлъун Псков областалде витӏана. Гьедин 1981 соналдаса 1985 соналде щвезегӏан гьев хӏалтӏана психиатриялъул больницаялда отделениялъул заведующийлъун, бетӏерав тохтурасул заместительлъун, цингиги — больницаялъул бетӏерав тохтурлъун. Псков областалде кӏудияб хъулухъалде тӏамулев вукӏун, цевесев нухмалъулес жиндирго бакӏалде Къурбан Рамазанов вихьизавула.
Дагъистаналде гьев тӏадвуссана 1985 соналда. Цинги ичӏго соналъ хӏалтӏана Чӏарада ТМОялъул психиатр-наркологлъун. 1994 соналда Къурбан Рамазанов коллективалъ вищана гьеб ТМОялъул бетӏерав тохтурлъун.
1997-2008 соназда гьес нухмалъи гьабуна районалда бугеб Госсанэпиднадзоралъул централъе.
2008 соналдаса нахъе Къурбан Рамазанов ккола Чӏарада районалъул больницаялъул бетӏерав тохтур.
Гьесул руго ДРялъул мустахӏикъав тохтур, сахлъи цӏуниялъул отличник абурал цӏаралги.
Долгострой
— Партиялъул райкомалъе бараб мина буго гьаб. Гьединлъидал больницаялъе данде кколаро гьаб проект. Гьоркьоса къадалги рахъун, чанги кабинетал цолъизаруна дица гьанир палатаби гьаризе.
Гӏезегӏан соназ халатбахъинабуна гьаб базеги. Долгострой абула гьалда. Гьанибе биччараб цемент бакъулев ватун цо прораб (батӏияб миллаталъул чи) жанивгицин тӏамизавуна райкомалъул председателас. Лъикӏги-квешги, ниж гьанир жанире рахъана 1997-1998 соназда. Хадур нижеца тӏаде рана поликлиника, инфекционный корпус. Гьеб корпус бан букӏинчӏебани, ковид тӏибитӏараб мехалда щибдай нижер ккелаанин вуго дун. Биххун тӏатӏала ккезе къачӏан, цӏад банщинахъе мокърукьбакӏ гӏеккон, чияда сурараб куцалда букӏана гьеб корпус. Гьеб мехалда кумек гьарун дун ана сахлъи цӏуниялъул министрлъун вукӏарав Иляс Мамаевасухъе. Гьес витӏана экономикаялъул министрасул заместителасухъе, гъосги – цогидасухъе. Дун тӏаса вихьизавулев гуро гьез вукӏарав. Хӏажатал документал ракӏаризе тӏамулев вукӏана. Доб мехалда районалъул нухмалъулесдацин лъалароан дица инфекциялъул отделениялъе цӏияб корпус базехъин букӏин.
Гьабсагӏаталда нижер больницаялъе чара гьечӏого къваригӏун буго административияб корпус. Гьаниб цебе буго гьеб базе гӏураб больницаялъулго ракьги. Гьеб бани, цӏияб корпусалде рахъине бегьулаан больницаялъул нухмалъулел, бухгалтерия, касса. Гьелдалъун эркенлъилаан унтарал чагӏи регизаризе тӏадеги бакӏалги.
Гьединлъидал районалъул нухмалъулев Мухӏидин Мухӏамадовасда дандги бан, нижеда ракӏалда буго гьеб суал 21 июлалда борхизе – гьеб къоялъ Чӏарада районалде вачӏине вуго ДРялъул бетӏер Сергей Меликов.
— Камурал отделениял кинал ругел?
— Киналниги гьечӏо! Гьаниб буго 20 чи вегулеб терапиялъул отделение, 14 койкаялъе бакӏ бугеб лъималазул отделение, 16 койкаялъе гӏураб хирургиялъул отделение, 18 чӏужугӏаданалъе бакӏ бугеб лъимал гьарулеб ва гинекологиялъе къваригӏунеб отделение. Гьединго — 10 чи вегулеб инфекциялъул отделение.
Гьелда тӏадеги районалда буго ремонтал гьарун, къачӏараб участкаязул ункъо больницаги кӏиго амбулаторияги.
Гӏицӏго хӏажат буго Сачадаги Хитабги фельдшерлъиялъул кӏиго пункт базе. Сачада бухӏун букӏана гьеб пункт.
Хӏажат вуго анестезиолог-реаниматолог ва хирург
Тохтурзабазул рахъалъ абуни, дие хӏажат вуго анестезиолог-реаниматолог ва хирург. Гьанив вукӏана кутакалда лъай бугев хирург (дир заместительги кколаан гьев), Хьаргаби районалъул больницаялде бетӏерав тохтурлъун тӏамуна гьев гъоркьисала.
Гьесул бакӏалда хирурглъун гьанже гьанив гӏолохъанчи, дирго дурц вуго. Амма цохӏо чиясухъа бажарулеб жо букӏунаро тӏубараб районалда гьеб хӏалтӏи. Цогидаб махщалил анцӏго тохтур гьечӏониги тӏувалин ккола дида, цохӏо хирург гьечӏого хутӏизегӏан. Гьединлъидал хӏалбихьи бугев хирург ватани, нижеца хӏалтӏуде восилаан гьев. Хъизан-лъималгун цадахъ жанир чӏезе бакӏги кьела, цогидаб кумекги гьабила.
«Земский доктор» абураб программаялда рекъон хӏалтӏизе рачӏарал гӏезегӏан васал-ясал руго нижер больницаялда. Амма хирургал гьечӏо гьезда гьоркьор.
Байбихьуда, битӏараб бицани, цо-цоязда дир ракӏчӏолебги букӏинчӏо. Амма дагь-дагьккун тӏубанго хисана гьел, цоцаздаса мисал босун хӏалтӏизе журана. Моцӏрое щолеб харжил гурони ургъел букӏунарилан, цо-цо больницабазул бетӏерал тохтурзабазе бокьуларо гӏолохъанал махщелчагӏи хӏалтӏуде росизе. Щиб жо лъалел чагӏи гьелилан, кверги хьвагӏун тола. Амма дида гьезул цониги чияс гьикъичӏо жидее кигӏан гӏарац щвезе кколебилан. Жидедаго малъараб ва тӏадаб жоги гьабун, парахат чӏола дир нервабиги хвезаричӏого.
Кутакалда лъикӏаб коллектив буго гьаниб. Дида ракӏчӏун лъала гьез киданиги унтаразухъа ришват тӏалаб гьабизе гьечӏолъи, жидерго хасал мурадаздасаги цебе хӏалтӏул ургъел гьабизе букӏин. Цоцаздехун яцал-вацазул гӏадаб бербалагьи буго гьазул. Я гьекъолев, яги хъалиян цӏалев цониги чиги гьанив гьечӏо. Дин гьабулел, чанцӏулго хӏежалде щварал чагӏи руго гӏемерисел. Дунгоги 12 нухалда щвана хӏежалде. Гьединлъидал коллективалъеги унтаразеги как балеб бакӏги гьабуна больницаялда.
Цоги мисалги бачинин.
РАНалъул член-корреспондент, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, Москваялъул урологиялъул институталъул директор Олег Аполихин вачӏун вукӏана нижехъе моцӏалъ цеве. Чӏарада район гӏуцӏаралдаса гьаниве щварав тӏоцевесев академик ккола гьев. Аполихинида цадахъ рукӏана церетӏурал Москваялдаса тохтурзабиги. Районалъул гӏадамазул хал-шал гьабулелъул гьезда цадахъ нижер больницаялъул тохтурзабиги рукӏана. Дирго хӏалтӏухъаби реццулеб мех гуро, амма Аполихиница гьезие кьураб къиматалъ кутакалда асар гьабуна дие. Жив улкаялъул гӏезегӏан регионазде щолила, амма Чӏарада районалъул больницаялда гӏадаб дандчӏвай жиндие кибниги гьабичӏилан абуна гьес.
— Хас гьабун нужехъе щай гьев академик вачӏун вукӏарав?
— «Мужское здоровье» абун федералияб проект буго Аполихинил квербакъиялдалъун билълъанхъизабулеб. Гьелъулъ гӏахьаллъана нижги. Цереккун академикги гьесул къокъаги ун рукӏана Сергохъала, Лъаратӏа, Болъихъ, Хунзахъ районазде.
Гьедин Москваялъул тохтурзабаз цадахъ бачӏана урологиялда хурхарал суалалги ругеб азаргониги анкета. Гӏадамаз гьезие кьурал жавабаздасан тохтурзабазда бихьулеб букӏана кӏварщумахъалда бараб унти лъил бугеб-гьечӏебали. Азарго анкетаялда гьоркьоса нижеца тӏаса бищана 316 анкета. 40 сонил ригьалдасаги арал, урологиялъул унтаби загьирлъизе рес бугел чагӏи ккола гьел. Росабалъе хьвадун, гьев 316 чиясе УЗИ гьабуна нижеца, биги бахъана. Республикаялъул урологиялъул централъул бетӏерав тохтур Дибир Хӏажиевас Махӏачхъалаялдаса эхеде бачӏун букӏана гьеб УЗИ-аппаратги (нижер куратор ккола гьев).
Гьезда гьоркьоса 18 чиясул чорхолъ тӏатинабуна гьанжего-гьанже багъаризе хӏадурулеб батараб онкология. Заманалда кквезе щвани, кьолболъанго тӏагӏинабизе бегьулелъулха гьеб унти.
Гьединго нижеца хӏисаб гьабуна гьел чагӏазул щал районалдаго сах гьарилел, щал Махӏачхъалаялде Дибир Хӏажиевасухъе яги Москваялде Олег Аполихинихъе ритӏилелали.
Гьеб кинабго хӏалтӏи гьабуна чӏобого.
— Гьадинаб бацӏцӏадаб тӏабигӏаталда гӏумру гьабулел нужер гӏадамазулъ онкология щайдай батулеб?
— Чӏарада, Кули, Лак, Лъаратӏа районал рикӏкӏуна гӏадамал бищун гӏемер онкологиялъ унтулел бакӏаллъун.
— Бицуна советияб заманалда гьел районазда рукъун рагӏулин ураналъул хутӏелал. Гьелда бараб жо бугодай гьеб?
— Лъаларо, амма цӏа бакаралъуб гурони кӏкӏуй бахъунарин абулаха.
«Унтана, амма хӏалтӏуда чӏана»
— Ковидалда дандечӏезе цӏакъго захӏмалъанищ, гьелъ унтарав чан чи вукӏарав районалда?
— Гьелъ унтиялда щаклъи ккарав 496 чиясда гьоркьоса 280 чиясул ковид букӏин чӏезабуна. Республикаялъул даражаялда босани, нижер районалда ковидалъ тӏоцевесев чи унтана киса-кибго лъугьунеб жо лъугьун бахъиндал, бищун ахиралда. Гьебги гьаниве зигараялъ щварав шагьаралдаса чияс босун бачӏана.
Гьединлъидал дихъе Махӏачхъалаялдасан ахӏунгицин бачӏана нужер районалда унтарав чигойищдила гьечӏев, дуца балъго гьабулеб батилила гьеб. Вукӏинчӏеб мехалда кисаха дица унтарав вахъилев.
Сергохъалаялъул больницаялъул бетӏерав тохтур ккола дир курсцояв. Гьединлъидал гьалмагъ хӏисабалда дихъе кӏалъан вукӏана гьев жидер больницаялда тӏубан инфекциялъул отделениялъул хӏалтӏухъаби унтун ругила, гьединлъидал нужер гьениса цо чанго тохтур витӏиларищилан. Амма доре-гьанире нижерго хӏалтӏухъабиги ритӏун, хадуб гьаниб щиб ккелебали лъалеб букӏинчӏелъул. Гьезул надалда хъван букӏунарелъул жал ковидалъ унтун ругилан. Масала, тӏоцевесев унтарав вукӏана нижехъе панкреатитги багъарун вачӏарав чи. Хадуб гурони лъачӏо гьесулъ вирусги букӏин.
Нижеда мадугьалихъ районаздани кутакалда хӏинкъараб хӏал лъугьун букӏана гьеб мехалда. Къойилго холел рукӏана гӏадамал. Амма Чӏарада районалда цониги ккечӏо ковидалъ чи хвараб хӏужа. Цо рахъалъ, Аллагьасул хъвайги букӏинарищ гьединаб. Цогидаб рахъалъ босани, инфекциял тӏиритӏунгутӏиялда хурхун гьабулеб хӏалтӏи нижер гьаниб битӏун гӏуцӏун букӏана. Гӏемер букӏуна гьелда бараб жо. Санэпидстанциялда хӏалтӏулеб мехалда щвараб хӏалбихьиги батила дие гьеб.
Дица лъазабуна тӏадагьаб куцалда унтарал чагӏи рокъо-рокъор сах гьареян, гьоркьохъеб куцалда унтарал – участкаязул больницабазда регизарейин. Райбольницаялде раччана гӏицӏго захӏматал унтарал. Гьел гурони къабулги гьаричӏого, цогидал унтабаз унтаразе къазе ккана больница.
Гьелда тӏаде тохтурзаби къойилго хьвадулаан щибаб рокъореги (цо тохтурги кӏи-кӏи медсестраги ругеб анкьго бригада букӏана гьеб). Цӏа свинабулезул машинаялъ речӏчӏизабун, тӏокӏалъ чӏечӏого дезинфекция гьабулаан къватӏазе, гӏадамал ракӏарарал бакӏазе. Гӏорхъичӏвай гьабулеб букӏана районалде рачӏунел машинабазеги.
Республикаялда абуни батӏияб къагӏида букӏана гӏадамал больницабазда регизариялъул. Дагьа-макъалго унтаралги захӏматаб хӏалалда ругелги журазеги гьарун, ахиралда бакӏалги гӏоларого хутӏун рукӏана больницаби. Гьелъ рихха-хочизарун рукӏана тохтурзабигицин. Гьединлъидал хӏалтӏизе инкар гьабурал медикалги ккана цо-цо бакӏазда. Нижер больницаялда абуни цо чигицин тӏуркӏичӏо. Масала, ункъайго медсестра унтана гьеб мехалда. Гьел хӏалтӏуда чӏана.
Гьединго Тӏалхӏатова Асият абун инфекционистка йиго нижер. Гьей жийго унтана гьаний. Гьелъул эменги вукӏана гьеб мехалда гьанив вегун. Амма кигӏан нижеца рокъое айин абуниги, хӏалтӏи рехун течӏо гьелъ. Гьабулаго жиндиего дару-сабабгун хӏалтӏулей чӏана. Гьелъул рокъоб абуни гьитӏинаб лъабго лъимерги букӏана. Зама-заманалдасан дида кколаан моцӏаца рихьулел лъималги гьечӏин жинда, сваканги йигин, дагьаб мехалъниги жий рокъое йиччаян гьаризе Асият ячӏани, щибдай дица гьабилаян.
Амма цониги нухалъ хӏалбихьигицин гьабичӏо гьелъ нахъе ине. Гьарарабани, йиччазеги кколаан. Гьеб мехалда гьелъул хӏалтӏи гьабизе чи валагьизе кколаан. Киса щал ралагьилел рукӏаралалиги лъаларо. Больницаялъул медперсоналги сунца квер балелали лъаларого рукӏана байбихьуда. Цӏияб вирус букӏиналъ инфекционистка Асиятгицин байбихьуда жеги гъорлъе ккун йикӏинчӏо. Сах гьариялъул къагӏидаби хисизареян зама-заманалдасан кӏалъан рачӏунаан министерствоялъул хӏалтӏухъабиги. Гьанже гьеб рахъалъ лъикӏаб хӏалбихьи щвана Асиятие, гьединго нижер цогидал хӏалтӏухъабазеги.
Меценатал
Амма гьазие чӏезарулел шартӏаздаги кьолеб жоялдаги дунги барахщичӏоха. Кумек гьарун инчӏеб бакӏги дун кӏалъачӏев чиги хутӏун ватиларо. Доб мехалда дир кабинет дарабазул кьабун цӏун букӏана. Дербенталъул мэрлъун вукӏарав Хизри Абакаровас тонна дезрастворалъул битӏун бачӏана нижее. Цо млн-гун 270 азарго гъурущ бачӏана меценат Мухӏамад Мусаевас. Гьеб гӏарац нижеца бикьана больницаялъул хӏалтӏухъабазе. Инфекциялъул отделениялда хӏалтӏаразе дагьаб цӏикӏкӏун кьунаха.
Дарабиги медицинаялъул къайи-цӏаги гӏолеб гьечӏилан республикаялдаго ахӏи-хӏур бахъараб мехалда нижер гьаниб гьеб гӏунги-тӏокӏги букӏана. Масала, ИВЛалъул аппарат букӏана цин анкьго. Гъоркь букӏараб щугоялда тӏаде цо гьеб кьуна ДРялъул Хӏисаб гьабиялъул палатаялъул нухмалъулев Билал Жахӏбаровас, цогидаб – сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ. Гьабсагӏат СИЗазулги (средство индивидуальной защиты) саламатаб нахърател гьабун буго нижеца, нагагьлъун цӏидасан додинабго къо тӏаде бачӏани, гьардезе ине ккечӏого рукӏине.
Киданиги ниж рехун толарев чи вуго Дербенталъул чогърол заводалъул гендиректор Мухӏамад Садулаевги. Бищун захӏматал 1990 абилел соназда рикӏкӏунго рикӏкӏун миллионал кьолаан гьес нижее. Нужерго больницаялъе бокьараб жо босеян гьел соназда 10 млн гъурущ кьун букӏана. Доб мехалда улкаялдаго язихъаб хӏалалда рукӏана больницаби – макърал шприцалгицин къанагӏатал жал рукӏана. Цогидал сферабазе бикьун бахъун ахиралда гӏарац хутӏани, бихьизабулаан медицинаялъеги мукъсанабго гӏарац.
Гьанжени тӏубан батӏайисан хисана медицинаялдехун хӏукуматалъул бербалагьи.
— Ковид тун батӏиял унтабазул бицани, районалда бищунго кина-кинал гӏузраби цӏикӏкӏун ругел?
— Рекӏелгун бидурихьазул унтаби. Цо рахъалъ, гьел загьирлъулел ратила гьанже пачалихъалъ диспансеризация гьабизе тӏамулел рукӏиналъги. Цогидаб рахъалъ босани, стрессалги гӏемерлъун гьечӏищха нилъер гӏумрудулъ.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ.