Хириял «Хӏакъикъат» газета цӏалулел. Тӏаде щолеб буго цӏияб цӏалул сон. 1 сентябралде нужерго лъимал къачӏалел, рекерахъдилел ратила гьабсагӏат нужеда гъорлъги гӏезегӏан чагӏи. Партаялда нахъа тӏоцебесеб нухалъ чӏезе руго нус-нус гьитӏичал.
Жакъа эбел-инсуе бигьаяб бетӏер унти гуро лъимер цӏияб цӏалул соналде хӏадури. Хасго кӏиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе махӏниги бигьаго батиларо. Гьебги хӏисабалде босун, нижеца хӏукму гьабуна 1 сентябралъул хӏакъалъулъ гьаб номералда гӏатӏидаб макъала кьезе.
ЛЪАЯЛЪУЛ КЪЕБЕЛЪУХЪ ЩИБДАЙ БУГЕБ ХӏАЛ?
Исана цӏалул соналде цӏияб анкьго школаги щуго ясли-ахги бан хӏадурун буго республикаялда. 1 сентябралде 1600 лъимералъе жидерго каву рагьизе хӏадурун чӏун руго гьел. Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, 451050 цӏалдохъан къабул гьавизе ракӏалда буго респу- бликаялъул школазда исана. Гьезда гьоркьор тӏоцебесеб классалде унезул къадар буго 56888 лъимер. Гьел ккола жеги тӏубан гургин гьаричӏел тарихал, щайгурелъул, 1 сентябрь щвезегӏан, школазде рачунезул сияхӏ жеги цӏикӏкӏине бугелъулин баян гьабуна Роспотребнадзоралъ. Гьаб соналъул ахиралде жегиги 16 школаги 57 ясли-ахги бан бахъинабизе ракӏалда бугин бицана 20 августалда тӏобитӏараб лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазул данделъиялда Сергей Меликовас. Республикаялъул бетӏерас гьенибго рехсана, биххун иналде ккун, жагъаллъун бугеб 200- гӏан школаги.
Миллияб проекталда рекъон, басриял къачӏалеб, цӏиял школал ралеб пачалихъалъул программаги гьоркьоб къотӏун гьечӏин абуна С. Меликовас. Гьединго гьес бицана исана цӏалул цӏияб соналде мугӏалимзабазе харжал цӏикӏкӏинаризе ресал ратаниланги — цоязе 20, цогидазе 25 проценталъ цӏикӏкӏине руго гьел. Гьеб ккола кӏиазаргоялдаса ункъазаргоялде щвезегӏан гъурущ. Батӏаго гӏемераб гӏарац гуреблъиги лъалин гьеб, амма бугелда ракӏ рази гьабизе ккелин нужецаян, яхӏ гъуна гьес лъай кьеялъул хӏалтӏухъабазда.
Лъабго сменаялда лъимал цӏализарулел школал республикаялда гӏемер рукӏиналъул хӏакъалъулъги бицана данделъиялда. Бищунго цӏикӏкӏун гьел руго Махӏачхъалаялда.
2023 соналде щвезегӏан республикаялда рагьизе ругел школазул ва ясли-ахазул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас. Хадуб гьес кӏвар буссинабуна лъай кьеялъул даражаялде. Абуна мугӏалимзабазул яшав лъикӏлъизабизе ресал ургъулел ругиланги.
Араб соналъ лъикӏал хӏасилал рихьизарурал лъай кьеялъул цо-цо хӏалтӏухъабазе шапакъаталги рикьана гьенир. Къокъго бицани, гьединаб букӏана санайил тӏобитӏулеб мугӏалимзабазул августалъулаб данделъи.
БАГЬАБАЦА ХӏАНЧӏУЛЕБ БУГО
Гьанже нилъ рилълъина 1 сентябралде жидерго лъимер къачӏалел ругел эбел-инсул щиб къо-мех бугебали цӏехезе. Махӏачхъалаялда лъималазул ретӏел-хьит бичулел ва школалъул къайи-цӏаялъул тукаби занкӏун цӏун руго гьал къоязда. Рекъараб багьаялде лъикӏаб партал балагьулел руго улбулги.
Гьезул цо-цоязда аскӏове щун, гара-чӏварана дун гьал къоязда. Киназего кьолел суалал цого рукӏана: цӏакъго къо бихьанищ исана лъимер къачӏалаго, хъизамалда бугеб лъимер рикӏкӏун кьолеб Путинил 10000 гъурщица кумек гьабунищ, гъоркьисаялде дандеккун исана дагьабниги гъурущ тӏокӏлъичӏищ абурал.
— Битӏараб бицани, харж гьабураб гӏарцул хӏисаб гьабизе жеги регӏичӏо дун, — илан бицана ясалъе портфель босулев ватарав Махӏачхъалаялдаса Русланица.
– Нижеца гьанжего-гьанже квер бана гьей школалде къачӏазе. Гьединлъидал жеги нухлул байбихьуда вугин абизе бегьила. Амма ракӏчӏун лъала цохӏо 10000 гъурщида дун чӏоларевлъи. Тӏоцебесеб классалде уней яс йигелъул, гӏемераб жо босизе ккола гьелъие. Цохӏо гьаб портфелалъухъ инехъин буго 2500- 3000 гъурущ. Цохӏо моцӏалъе босулеб жоги аб букӏунарелъул, цӏалул сон лъугӏизегӏан хвечӏого букӏине, лъикӏаб, багьаяб босизе ккола абги. Узухъда, Путинил гӏарцуца кӏудияб кверчӏвана дидаги цогидаздаги, хасго кӏиго-лъабго лъимер бугеб хъизамалъе кӏудияб кумек ккун батила гьелъул. Амма нижерго кисаялдаги лъикӏго кьабизехъин бугоха.
БАРКАЛА, ПУТИН-ДАЦИ
Цо вугев вас ункъабилеб классалде къачӏалей Рисалатицаги абуна Путинил 10000 гъурущ щваниги, 18000 гъурущ хванин жиндир исанаян:
— Гъоркьисала дир ун букӏана 8000 гъурущ, исана гьелда чӏечӏо иш. Щайин абуни, цӏакъго хиралъун буго кинабго жо. Гъоркьиса 800 гъурщиде босун букӏараб гурде исана 1700 гъурщидаса гъоркье щолеб гьечӏо. Гьебго къагӏидаялъ хираго чӏана дие тӏажуги хьиталги.
Школалде хӏажатаб къайи-цӏаги учузго гьечӏо. Тетрадаздаса байбихьун хиралъун руго гьелги исана. Цо-цо жони босизе ккечӏо дица исана. Мисалалъе, портфель гъоркьисаго букӏараб хӏалтӏизабизе бегьула, гьединго хасалил куртка, араб соналъго букӏараб, жеги басралъичӏого буго. Амма гьедин чанги жоялдалъ- ун гӏарац тӏокӏ гьабилин исанаян хьулазда йикӏаниги, багьаби рахун ратиялъ дир къасдал хӏорго хутӏана. Путиница 10000 гъурущ кьуниги, гъоркьисаго гӏадин, дирго кисиниса гӏезегӏан гӏарац харж гьабизе ккана дица. Цо лъимер бугей эбелалъецин гьеб дагьаб гӏарац гуро. Гьанже хӏисаб гьабе, кӏиго-лъабго лъимер бугел хъизамазе букӏине бугеб ур- гъелалъул. Лъица щиб бицаниги, бигьаяб жо гуро жакъа лъимер школалде къачӏай.
Дицани гӏемерисебщинаб жо интернет-тукадасан босана. Гьедин гьабиялъул хайирги буго. Цо рахъалъ босани, цересан тукаби хъирщулаго заман хвезабизе кколеб гьечӏо, дурго бохдузе хӏалхьи буго. Дуе гъоркье-тӏаде лъугьун багьабазул рахъалъ бигьалъиги гьабула гьез. Каспийскиялда гӏумру гьабун йигей Рашидатил лъабго лъимер буго исана школалде хӏадуризе кколеб. Путинил 10000 гъурущги жеги щвечӏин бицана гьелъ:
— Щвезе бугин абуна диеги гьеб. Гьелда хадуй лъугьине гьабсагӏат дир заманги гьечӏо. Босизе кколеб жоги гӏемер буго, багьабиги гъоркьисала рукӏарал гьечӏо, хиралъун буго кинабго жо. Лъабго лъимер школалде къачӏазе ккей кӏудияб бетӏерунти буго эбелалъе. Хасго нахъасан кверчӏвазе чи гьечӏел, пуланго хутӏарал эбел-эменги чанги ругелъул. Цогидал лъималазул бугеб жо диразулги букӏине бокьун, гӏемераб яхӏ бахъула гьез лъимер школалде къачӏазе. ИншаАллагь Путинил гӏарацги щвелеб батила.
Махӏачхъалаялъул Сепараторазул поселокалда гӏумру гьабун йигей Хадижатица, кӏиго лъимер школалде хӏадурулелъул, жиндиего букӏунеб ургъелалъул гьадин бицана:
— Сентябрь тӏаде щолелъул санайил тӏаде бегулеб гьир бугоха гьаб щияй эбелалъе. Чан жо кколеб босизе, ручка-къаламалдаса байбихьун, гурдетӏажуялде гӏунтӏун. Санайил хиралъулеб абги буго. Босизе кколеб жоги, цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулеб гьечӏо. Цӏалул тӏахьазухъги уна батанщинаб гӏарац. Гьале дида ракӏчӏун лъалаха 20000 гъурщида дун чӏоларейлъи. Гъоркьисаго босараб исанаги хӏалтӏизабизе бегьилин кканиги, цо-цо жо батула кингоги босичӏого гӏолареб. Щукру Бетӏергьанасе, исана Президентасул сайгъаталъги дагьаб кумек гьабуна. Амма кинисан балагьаниги, гӏолеб гьечӏоха гӏарац.
Гьединаб хӏалалда руго школалде лъимал къачӏалел эбел-эмен. Киназего бокьула жидерго рижи 1 сентябралъ, тӏегь гӏадин, къачӏан букӏине. Амма гьезда тӏад хвезабизе кколеб гӏарцуца чангиялда макьуги квенги кӏоченабулеб буго.
Бихьараб къоялдайищха бащалъилеб лъималазе щолеб лъай.
Ашахан ЮСУПОВ