ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовас Адыгеялда вугев Дагъистаналъул кидагосев вакил Чупан Асилдаровасе кьуна «Бахӏарчияб захӏматалъухъ» абураб медаль. Дагъистаналъе гуребги, Адыгеялъеги ва тӏолабго Кубаналъего гьеб кканин ракӏалдаса унареб лъугьа-бахъинлъунин жиндирго разилъи загьир гьабуна Адыгей Республикаялъул Гуманитариял цӏех-рехазул институталъул гӏалимчи, филологиял гӏелмабазул доктор, гӏемерал соназ Чупанилгун гьудул- лъи бугев Асфар Куекица.
«Къогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ Чупан Асилдаров вуго Адыгеялда Дагъистаналъул вакиллъун. Гьеб заманалда жаниб цин рагьана, цинги къана Абхазиялдаги, Чачаналдаги, Ингушетиялдаги, Краснодар краялдаги рукӏарал Дагъистан Республикаялъул вакиллъаби. Амма Адыгеялда бугеб вакиллъиялда тӏалъулел рукӏарал ишалги гьелъул статусги хутӏана гӏемерго хисичӏого. Гьелъие сабаблъунги ккана Чупан Асилдаровасул жигараб ва пайдаяб хӏаракатчилъи. Гьесухъа бажарула «Хъахӏаб рукъалъул» кабинетазда кӏусарал хӏакимзабазухъеги къуваталъул идарабазухъеги нух бахъизе. Киса-кивго гьев къабул гьавула жидерго чи хӏисабалда ва гьесул адабхӏурмат гьабула.
Жиндирго хасал мурадазе гӏоло гуреб, тӏадкъараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубазабиялъул мурадалда ва статусалъул тӏалабалда рекъон хӏалтӏизе бажари бугев инсан – гьедин абизе бегьула Чупан Асилдаровасул хӏакъалъулъ. Гьеб пикру нижелъ, Адыгеялъул журналистазулъ, тасдикълъана 20 соналъ гьес гьа- бураб хӏалтӏулги хӏаракаталъулги хӏасил гьабидал. Гьесул жигараб гӏахьаллъигун къабул гьабуна, масала, Дагъистан Республикаялдаги Адыгея Республикаялдаги гьоркьосел бухьеназулги гьудуллъиялъулги хӏакъалъулъ къотӏи. Гьелда гьоркьобе уна кӏиябго республикаялъул журналистазулгун бухьеналги. Гьеб рахъалъ къотӏи тӏубазабиялъул мурадалда доб заманалда Дагъистаналде пишацоязухъе ахӏун рукӏана ниж: «Социалистияб Адыгея» абураб республикаялъулаб газеталъул бетӏерав редактор, Адыгеялъул Журналистазул союзалъул председатель, хъвадарухъан Анатолий Пренкоги дунги – «Адыгэ макъ» (Адыгасул гьаракь) абураб миллияб газеталъул бетӏерав редактор ва Пренкол заместитель. Пишацояз ниж къабул гьаруна тӏадегӏанаб гьоболлъигун. Нижее рес щвана миллиял газетазул журналистазулгун гара-чӏвариял гьаризеги, гӏалимзабазулгун ва жамгӏиял хӏаракатчагӏазулгун дандчӏваял тӏоритӏизеги. Гьениб къотӏи ккана цоцазухъе макъалаби ритӏизе ва хадурккун гьел рахъулаан цоцазул миллиял газетазда. Лъагӏалида жанир кӏицӏулниги ниж дандчӏвалаан Россиялъул цогидал регионаздасаги журналистал цолъарал прессаялъул форумаздаги.
Амма бищунго кӏочонареблъун лъугьана Махӏачхъалаялда, поэзиялъул патриарх Расул Хӏамзатовасулгун букӏараб дандчӏвай. Кӏиго сагӏаталъниги рукӏана ниж гьесухъ гьоболлъухъ. Гьеб букӏана ракӏалдаса унареб хинаб дандчӏвай. Ва гьелъие сабаблъунги ватана нижер божарав гьудул Чупан Асилдаров. Ана сонал, ккана гӏемерал лъугьа-бахъинал, амма доб вацлъиялъулаб гьоболлъи киданиги кӏочонареблъун цӏунун хутӏана рекӏелъ. Гьединал ишал гӏемер руго Чупанил гӏумруялда.
Бокьун буго Дагъистаналъул нухмалъиялъе кӏудияб баркала загьир гьабизе – ракьцоязде бугеб лъикӏаб бербалагьиялъухъ, ишалъе мутӏигӏал, гьабулеб хӏаракаталъулъ ракӏбацӏцӏалъи цӏунарал хӏалтӏухъабазе мустахӏикъаб къимат кьуралъухъ», — ан хъвалеб буго Асфарица жидерго газеталда.
«Хӏакъикъат» газеталъул рахъалдасанги баркула Чупанида гьеб шапакъат. Гьабулелъулъ икъбал ва баракат.