Медицинаялъул гӏелмабазул доктор, Гумбет районалъул Аргъвани росулъа Мустӏапа Гӏалиев ккола теориябгун практикияб рахъалъ цӏикӏкӏараб хӏалбихьи бугев тохтур, психиатриялда тӏадегӏанаб даража щварав специалист. Гьев хӏалтӏана Тамбовалда, республикаялъул централияб больницаялда, вукӏана СПИД централъул бетӏерав врачлъун, диагностикаялъулаб централъул бетӏерав врачасул заместительлъун. Гӏемерал соназ вукӏана республикаялъул психоневрологияб диспансералъул бетӏерав врачлъун, гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго гьеб диспансералъул отделениялъул заведующийлъун ва гьелдаго цадахъ вуго медуниверситеталъул психиатриялъулгун наркоманиялъул кафедраялъул доцентлъунги. Гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ щварав гьесул- гун гара- чӏвари гьабуна нижеца.
— Мустӏапа, дур гьитӏинаб Ватӏан ккола Аргъвани, бечедаб тарихалъул некӏсияб росу. Росдал рахъалъ абизе кинал рагӏабидай дур рукӏина?
— Гьеб буго гӏага-шагарго цо азарго соналъ цере Шамалдаса (Сирия) гьанире рачӏарал гӏадамаз гӏуцӏараб росу. Гьелда абула гӏалимзабазулгун цӏаларал чагӏазул росуйинги. Гьениса рахъана тӏадегӏанаб даражаялъул гӏалимзаби — гӏарабистал Пайзудин, Абакар-Дибир, Шамил имамасул наиб Шамхал Муртазагӏалиев, гьев ккола («Багӏарал мугӏрул») «Хӏакъикъат» газеталъул редакторлъун вукӏарав Гӏабдулатӏип Шамхаловасул эмен ва гӏемерал цогидал. Гьединлъидалги батизе бегьула, хӏуригат ккун хадуб нижер росулъа гӏемерав чи туснахъ гьавуна, гьезда гьоркьов вукӏана дида цӏар лъурав кӏудияв эменги. Ракь багъариялда (1970 сон) цебе гӏадамазул аслияб магӏишат букӏана гӏи-боцӏухъанлъи, басрияб росулъ букӏинчӏо пихъил цо гъветӏцин. Гьеб балагь ккун хадуб бащдаб росу гочана 8 километралъ гӏодобегӏан, битӏараб авалалда бугеб Садуб майданалде ва гьениб гӏуна цӏияб росу. Нижер гӏадамал руго цоцазул къадру-къимат цӏунарал, жамагӏат буго гъункараб, гьоркьоблъи щулияб. Гьединаб, некӏсиябги цӏунараб, цӏиялъеги нух рагьараб, нилъер гӏадат-гӏамалги киданиги течӏеб росу буго Аргъваниб.
— Дол Шамилил рагъазулъги буго нужер росдал лъалкӏ…
— 1839 соналъул май моцӏалда Аргъваниб ккана кӏудияб рагъ, гьелъул хӏасилалда чӏвана 300-гӏанасев мурид (гьезда гьоркьов 50-гӏанасев нижер росуцоявги), бухӏана росу. Гьелдаса хадур Шамил ва гьесул муридзаби ана Ахӏулгохӏалде.
— Дуца медициналъул цӏали, хӏалтӏи тӏаса бищиялъе гӏилла щиб букӏараб, нужер тухумалда гӏемер рукӏанищ тохтурзаби?
— Рукӏинчӏо. Кӏиабилеб классалда цӏалулаго, гьуърулги унтун дун ккана больницаялде, гьениб бана 20-гӏанасеб къо. Гьеб бакӏалда кинабгоги бихьун, 10 сон барав дица гьабуна тохтурлъун вахъине вугин абураб хӏукму. Диего кьураб рагӏи дицаги хисичӏо.
— Гӏумруялъул гьеб нух тӏаса бищиялдаса киданиги рекӏекълъанищ мун?
— Киданиги рекӏекълъичӏо. Хӏалтӏи байбихьана институталда цӏалулаго централияб больницаялда медбратлъун хӏалтӏиялдаса. 37 сон бараб мехалъ дие щвана «Отличник здравоохранения СССР» абураб хӏурматияб цӏар. Дир руго газеталгун журналазда рахъарал 50-ялдаса цӏикӏкӏун ва ВАКалъул журналалда бахъараб 15 гӏелмиял макъалаби. Хӏалтӏулев ва хъвадарулев вуго жакъаги, гьеб иш тезе жеги ракӏалдаги гьечӏо.
— Жакъа мун хӏалтӏулев вуго жидер заманалда дуцаго лъугӏараб институталда. Цӏали гӏуцӏиялъул, гьелдехун студентазул бугеб бербалагьиялъул рахъалъ доб мехалъ букӏаралдаги жакъаселдаги гьоркьоб батӏалъи бугищ?
— Долдаса нахъе хисана гӏемераб. Дица дидагоги дир гьудул-гьалмагълъиялдаги гӏемер гьикъула – нилъ лъица ва кин сах гьаризе ругелин абун. Гьелъул буго ургъел, гьелъ толаро рахӏат. Гӏелму ва техникагун технологиял кутакалда церетӏолел руго, цӏализеги хӏалтӏизеги ресал гӏемерго цӏикӏкӏунел руго, амма… Доб мехалъ студентазул гъира букӏана лъай щвезе, гӏемер рукӏана гьезие гьеб кьолел преподователалги. Дун вуго машгьурав тохтур — хирург Мажид Махӏатӏиловасул ученик, жеги студентлъун вукӏаго гьес малъана дида гӏемераб, ругьун гьавуна операциял гьаризе.
— Хаслъи бугеб учреждение бугелъул, тохтурзабазе бигьа букӏунищ нужер больницаялда хӏалтӏизе?
— Бигьаяб жо гьечӏо, гӏемерал тохтурзабаз хӏехьоларо доб хӏалтӏи, лъагӏелалъ хӏалтӏун нахъе уна гӏемерал. Хасмухӏамад-хӏажица абуна дида цӏакъго тӏадегӏанаб иман бугев чиясухъа гурони бажаруларин гьаб хӏалтӏи гьабун, гьенив хӏалтӏарав чиги хӏеж борхарав чиги цого даражаялъул чилъун рикӏкӏине бегьулин абун. Кумек, бигьалъи гьа- бун гурони, гьедин унтарав тӏуванго сах гьавизе кӏоларо тохтурзабазда. Гӏемерисел унтарал рукӏуна социалиябгун материалияб рахъалъ ресукъал, захӏмалъиялде ккарал. Буго цойги хаслъи, эбел- инсуца унтарал лъимал, кинаб хӏалалда гьел ругониги, киданиги рехун толаро, амма лъималаз унтарал эбел-эмен рехун тарал хӏужжаби камуларо. Аслияб куцалда нижехъе ккола гӏолохъанаб гӏел, 30 сонил ригьалде щвезегӏан ругел.
— Унтаразе рекъарал шартӏал ругищ больницаялда, дару-дарма- налдалъун хьезари кинаб хӏалалда бугеб?
— Цо машгьурав тохтур- гӏалимчияс абуна нилъер сахлъи цӏуниялъе бюджеталъ гӏарац биччалин цоги киналъегоги бикьун хутӏаралъул хӏисаб гьабун, сахлъи цӏуниялъ пси- хиатриялъеги биччалин гӏарац гьеб- го къагӏидаялда, цоги бутӏабазе кьун хутӏаралдаса босун абун. Гьеб буго тӏолабго Россиялда, хасго Дагъиста- налда билълъараб низам. Цо сордокъо хӏисаб гьабун унтарасе бихьи- забун буго 75 гъурущ квание ва 75 гъурущ дарабазе. Гьеб гӏарцудалъун щибха гьабизе кӏвелеб унтарасе? Кигӏан мукъсанаб гӏарац бугониги, унтарал ракъун хутӏуларо, гьел рехун толаро гӏагарлъиялъ, гӏемер ккола садакъаялъе квен босун рачӏунел гӏадамал. Амма дараби гӏагарлъиялъ росичӏого гӏоларо.
— Исана, 70 сонил ригьалда дуца цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул докторасул цӏар. Дагьав кватӏун ккечӏищ мун?
— Битӏун буго, ккана. Дица хъвана 4 диссертация. Тӏоцебесеб хъвана Рашид Аскерхановасул нухмалъиялда гъоркь, дун вукӏана гьесул ученик. Гьеб цӏунизе заман гӏагарлъарабго хвана гьев, дицаги жибго тана диссертация. Цоги соналдасан дица гьеб хъвана Герей Гереевасул нухмалъиялда гъоркь. Гьелда тӏад хӏалтӏулаго хвана мунагьал чураяв, дицаги тана хӏалтӏи, ккана гьаб иш дир гурин абун. 2000 соналда цо гӏелмияб данделъиялда дун вукӏана Астраханалда. 2013 соналда дица гӏуцӏана Дагъистаналъул психиатриялъ 100 сон баялда хурхараб гӏелмияб конференция, гьениве ахӏун вукӏана тӏолабго Россиялдаса 40 профессор. Гьеб конференциялде дица хӏадурараб материал хадубккун ккана дир докторасулаб хӏалтӏуе кьучӏлъун. 2017 соналда дица байбихьана гьеб хъвазе ва 2019 соналда лъугӏизабуна. Гьаб коронавирус унтиялда хурхун, хадусеб кӏиго соналъ дир рес букӏинчӏо гьеб хӏалтӏи ВАКалде битӏизе. Цинги битӏана гьебги, исана соналъул январалда цӏунана диссертацияги. Гьедин ккана кватӏи.
— Мун жакъаги хӏалтӏулев вуго больницаялда, вуго студенталгун. Дуе захӏмалъулеб гьечӏищ, кӏолеб бугищ заманалъул тӏалабазда рекъон ине?
— Рарал соназ жиндирабго гьабичӏого телищха, амма дунги къуркьулев гьечӏо. Гьале гьабсагӏаталда дида кодоб буго гӏагараб заманалда къватӏибе биччазе бугеб «История психиатрии Дагестана» абураб тӏехь. Москваялда хӏадурулеб буго цоги тӏехь.
— Рехсечӏого гӏоларо гьаб коронавирусги, мунгоги унтун вуго гьелъ. Гьелда сверухъ бицунеб жо гӏемер буго, дуца щиб абилеб?
— Тӏадаб буго цӏуни гьабизе. Гьабизе ккола прививкаги, гьеб гьабуравги унтизе рес буго, амма унти уна гӏемерго бигьаяб къагӏидаялда. Гьеб гьабуна дица ва дир гӏагарлъиялъ.
Гӏ. ГӏАБАШИЛОВ