Гьал къоязда 22 сон тӏубана Дагъистаналда тӏаде кӏанцӏарал халкъазда гьоркьосел хъачагъазул къокъаби щущазаруралдаса. Гьелда хурхун 19 августалда, «Гьудуллъиялъул рокъоб» Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министерствоялъ тӏобитӏана кӏудияб конференция. Гьелда гӏахьаллъана министерствоялъул хӏалтӏухъаби, рагъул гӏахьалчагӏи-ополченцал, гьалбал.

Гьеб рагьана ва бачана министрас — Энрик Муслимовас. Кӏалъазе рахъараз ракӏалде щвезаруна дол захӏматал къоял, бицана букӏараб хӏинкъиялъулгун хӏалуциналъул, нилъер халкъалъ бихьизабу- раб гъункиялъул, цолъиялъул, бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Гьез загьир гьабуна пачалихъалъул идарабазул рахъалъан ополченцаздехун хашаб бербалагьиялдаса, гьезие рагъул гӏахьалчагӏазул статус кьеялда сверухъ дандчӏвалел ругел квекӏеназдаса жидер бугеб рахӏатхвеялъул. Бихьизабуна гьадинал данделъабазда Лъай кьеялъул, Культураялъул, Гӏолилазул ишазул рахъалъ министерствабазул вакилзабиги чара гьечӏого рукӏине ккей (жакъа гьанив гьезул рахъалъа цониги чи вукӏинчӏо). Данделъи ана рагьараб, жидер пикраби эркенго загьир гьаризе щивасе рес кьолеб хӏалалда. Данделъи лъугӏун хадуб, цо чанго суал дица кьуна дол соназда Болъихъ районалъул бетӏерлъун вукӏарав рагъул гӏахьалчи-ополченец Мухӏамад Гӏумархӏажиевасе.

— Мухӏамад, ана 22 сон. Кӏочон тезе байбихьулеб бугищ доб рагъ-кьал, гӏодобе буссунеб бугищ рекӏелъ бугеб унти?

— Дол лъугьа-бахъиназ данде гьабуна нилъер халкъ, рагъуца цолъизаруна нилъ, кутакалда борхизабуна нилъер патриотизм. Доб рагъ киданиги кӏочене ихтияр гьечӏо нилъер. Кӏудияб Ватӏанияб рагъ киданиги кӏочене бугищ нилъеда? Гьечӏо. Гьабги нилъее буго добго мисалалъул «Гьитӏинаб Ватӏанияб» рагъ.

— Гьанир кӏалъазе рахъараз абуна ополченцазе рагъул гӏахьалчагӏазул статус кьолеб гьечӏилан…

— Квеш ккараб жо буго гьеб суалалда сверухъ цо бичӏчӏулареб рагъ, дагӏба-къец унеб букӏин. Республикаялда буго ополченцазул 5-6 батӏибатӏияб гӏуцӏи. Гьез добехун- гьанибехун цӏан хӏабургъинабулеб буго ахӏвал-хӏал, пачалихъалъул идарабазги кӏвар кьолеб гьечӏо гьелде. Кӏиго лъагӏел буго ополченцазе гьеб статус чӏезабуралдаса. Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас Путиние кьураб баяналда вихьизавун вукӏана 12241 ополченец. Гьездаса 520 чиясе гурони жакъа къоялде щвечӏо рагъул гӏахьалчиясул статус. Бокьухъе цӏацӏалеб букӏун хадуб кӏодолъана ополченцазул сияхӏги, гьеб бахана 28 азаргоялде. Гьелъулъ буго захӏмалъи. Нижеца Сергей Меликовасухъе хӏадурун буго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал мухӏканго рехсараб кагъат. Гьал къоязда гьеб щвезе буго гьесухъе, щун хадуб кинабго данде бачӏинин абураб хьул буго нижерги.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ