Къудукьа Мусалав — гӏелмудул ралъад,

Гӏалам хӏайранлъана дур хӏикматазда…

Гьал къоязда Хьаргаби районалъул Къудукь росулъ тӏобитӏана, цебегоялдаса гӏадатлъун билълъараб росдал садакъадул къо.

Щибаб соналда августалъул лъабабилеб рузманкъоялъ тӏобитӏула росдаего садакъа бикьулеб тадбир. Гьанал садакъадулъ гӏахьаллъизе бокьараз хъураб чӏегӏерхӏайван 10 – ялдеги бахуна, цо-цо соналда гьелдаса цӏикӏкӏунги букӏуна. Росдал щибаб цӏараки рикӏкӏун гьарула гьанал бутӏаби. Гьеб къоялде росулъе рачӏуна шагьараздаса росуцоялги. Садакъа гьабизе рес бугевщинав чияс бикьула чед, пиринчӏ, цӏам, макарон, чакар, пластмассалъул цӏарагӏал ва цогидал кванил нигӏматалги. Бикьулеб босизе росуцоялги рачӏуна.

Кӏудияв гӏалимчи — «Мусалав аль-Къудукъи» абун халкъалда гьоркьоб жиндир цӏар тӏибитӏарав, гӏарабист ракӏалде щвезавиялъул мажлисалъе кьучӏ лъун буго 1992 соналда. Гьев мубарак кӏодо гьавун садакъадул къоялда хадуб, ай шамат къоялъ, росдал мажгиталда тӏобитӏула кӏудияб мажлис «Мусаласул къо» абун билълъун буго гьеб къоялда цӏарги. Рачӏуна сверухъ росабалъа ва тӏолго Дагъистаналъул цо-цо росабалъа имамзаби, гӏалимзаби ва гьединго мажлисалда гӏахьаллъи гьабизе бокьарал цогидалги. Гьарула вагӏзаби, цӏалула назмаби, бицуна Мусаласул гӏумруялъул, тарихалда ва гӏелмуялда гьес тарал лъалкӏазул, гьесул хӏикмалъабазул хӏакъалъулъ. Тӏаде рачӏаразда рихьизарула Мусаласул нахъе цӏунун хутӏарал тӏагӏел-алатал, гьесул квералъ хъварал тӏахьал. Гьеб кинабго цӏунун буго росдал мажгиталда. Ахираб кӏиго соналъ пандемиялъ рес кьечӏо росуцоязе гьеб берцинаб мажлис гӏуцӏизе.

Гьел ва цогидалги росдал тадбиразе квербакъи гьабулев росдал дибир, росуцоязул мугъчӏвалев хӏуби — Мухӏамад Такъигудиновасеги гьединго росдал администрациялъул бетӏер Гӏали Мухӏамадибировасеги кӏудияб баркала кьола росуцоязги тӏаде рачӏаразги. ИншаАллагь хьул буго бачӏунеб соналда, пандемиялъул балагьги тӏаса ун, рес ккелин цебе букӏахъе, гӏадатлъун билълъараб куцалда, садакъадул къоялдаса хадуб, берцинго гьалбалги къабул гьа- рун, исламияб мажлисги тӏобитӏизе. Жиндир баракатги шапагӏатги нилъее щваяв «Гӏелмудул ралъадги» ва «Гӏалимзабазул къутӏбуги» вукӏана дунял-гӏаламго жинда хӏайранав Къудукьа Мусалав. «Мусаласул къо» ккола росуцоял цолъиялъеги ва цогидал цадахъал ишазе квербакъиялъеги кьучӏлъун.

Гӏ. АСАДУЛАЕВА