ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовас тӏобитӏараб данделъиялда хӏукму гьабуна 60-ялдаса цӏикӏкӏун сон барал ва вакцина гьабурал гӏадамал рази гьаризе.

Гьелда бан ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ лъазабуна «Вакцина гьабуралъухъ – подписка!» абураб акция. Гьелда гӏахьаллъана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерай экономист Сагӏидат Ахӏмаддибирова ва гьелъие сайигъат гьабуна миллияб газеталъул лъагӏалил подписка.