Гьал къоязда Гъизилюрталда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас хал гьабуна 2008 соналдаса нахъе балеб бугеб шагьаралъул больницаялъул, стадионалъул ва кьодул, гьединго щвана цо предприятиялде ва гара-чӏвари гьабуна гӏадатиял гӏадамазулгун.
13 соналъ балеб бугеб больница лъугӏизегӏан шагьаралдасаги сверухъ ругел хъутабаздасаги унтарал сах гьарула некӏого жагъаллъараб, басрияб больницаялда.
Меликовасда бихьана 1987 соналда бараб шагьаралъул кьоги къачӏазе кколеб хӏалалда букӏин. Больницаго гӏадин, бан лъугӏулеб гьечӏо Гъизилюрталда стадионги. Документация рукӏалиде ккезабун гьечӏолъиялъ 2010 соналда чӏезабун буго гьенибе биччалеб гӏарац.
Меликов щвана «Юг-Спецгидроэнергомонтаж» абулеб предприятиялдеги. Гьелъ къватӏибе биччалеб буго ГЭСазе, насосазул станциязе, кьоязе хӏажатаб къайи.
Хадув гьев гӏенеккана гӏолохъанал хъизаназухъ. Гьел рази гьечӏоан жидее балеб бугеб гӏемертӏалаяб мина рагӏалде бахъунгутӏиялдаса. Сергей Меликовас рагӏи кьуна гьелъиеги церехун рехсарал объектазеги республикаялъул бюджеталдаса гӏарац балагьизе.