Бащдаб дунялги квегъун, Дагъистаналде вачӏарав Ираналъул шагь Надирил мугъ бекана магӏарухъ – Хицӏиб магъилъ. Цо-цо тарихчагӏаз абула гьесул аслияб мурад букӏанин Аваристаналъул тахшагьар Хунзахъ кверде боси. Гьелдаса хадуб Россиялдехун инеги ракӏалда букӏанила шагьасда. Амма магӏаруллъиялъго ахӏиги бан данделъарал бояз кӏудиял камиялги ккезарун, рогьояб куцалда мугӏруздаса тӏуризавуна шагь.
Ибрагьим-хӏажиясул фатва
сабаблъун
Гьеб мехалда миллатцоязде ахӏи бана Гьидалъа гӏалимчи Ибрагьим- хӏажияс. Хас гьабун Ибрагьим- хӏажияс щай гьединаб хитӏаб гьабурабин ракӏалде ккезеги бегьула.
Дагьалъ цебе гьесул хӏакъалъулъ тӏехь къватӏибе биччана тарихчагӏи Мухӏамад Шехмухӏамадовасги Шагӏбан Хӏапизовасги.
Мухӏамад Шехмухӏамадовасул рагӏабазда рекъон, доб заманалда Гьидалъ вукӏана халкъалда гьоркьоб рагӏи билълъарав Ибрагьим- хӏажияв. Гӏолохъанго вукӏаниги, кутакалда политикаги бичӏчӏулеб букӏун буго гьесда. Жиндирго эмен, гӏалимчи Мухӏамад-хӏажицаго байбихьараб хӏалтӏи цебехун бачунеб букӏун буго Ибрагьим-хӏажияс. Масала, Крымалъул султанасулгун ва гӏусманиязул халифаталъул вакилзабазулгунцин бухьенал рукӏун руго гьезул. Гьезда цере цӏаларал мутагӏилзаби хадурккун кӏудиял гӏалимзабилъунги рахъун руго.
«Амма кигӏан лъай бугониги, фатва кьуниги, гьев чиясухъ халкъ гӏенеккулеб гьечӏони, фатваялъ кинабгӏаги асар гьабуларо. Ибрагьим- хӏажиясухъ абуни гӏенеккулаан, гьесул къадру букӏиналъ.
Надир-шагь Гъазигъумекиве лъугьиндал, Сурхай-ханги тӏурун ун жалго хутӏарал гьесул васал Муртазагӏалицаги Мухӏамадханицаги кумек гьарун гьидерихъе хъвараб кагъат буго. Гьедин кьураб фатва ккола Ибрагьим-хӏажияс гъоб – халкъ рагъде бахъаян. Гьесда бичӏчӏулеб букӏана иш квешаб рахъалде инехъин букӏин. Цо-цо бакӏазул нухмалъулел парахат чӏолел рукӏун руго рагъдеги рахъинчӏого, Надир-шагьги бусурманчи кколелъулилан. Гьес кагъталги хъван рукӏиндалха киса-кирего: живги бусурманчи вугин, рачӏайин киналго цолъизе. Амма гьев шигӏияв кколаан, кканиги гьедигӏан диналъул ургъелги букӏун гьечӏо гьесие», — ян бицана Мухӏамад Шехмухӏамадовас.
Гӏаймакиса Абубакарихъ гӏенеккаралани…
Хицӏиб магъилъе рагъ щвелалде магӏарулаз Гӏаймакиб къварилъухъги гӏасияб кьаби щвезабуна Надир-шагьасул аскаразда. Бодул цевехъанлъун вукӏун вуго шагьасул дурц Люфт Гӏали-Хан. Интернеталдасан кьурал баяназда хъвалеб буго гьенив шагьасул 50 азарго аскарияв вукӏанилан. Амма Гӏаймаки школалъул тарихалъул учительница Загьрат Исрапиловалъул рагӏабазда рекъон, гьениб гьечӏо гьебгощинаб аскарги жеги гьезда данде рагъулел рукӏаралги чӏезегӏанасеб бакӏ. Гьезул умумуз бицухъе, шагьасул 20 азарго аскарияв вукӏун вуго.
«1741 соналъул август моцӏалъ лъабго сордо-къоялъ букӏун буго гьеб рагъ. Цо-цо тарихчагӏаз хъвалеб буго гьеб гӏаймакдеридаги хьергебдеридаги гьоркьоб бугеб къварилъухъ букӏанин. Амма цохӏо сухъмахъ гурони, гьединаб гӏатӏилъи букӏинчӏо доба. Гьанжени Хӏамзат Хӏамзатовас («Дагэнерго») шагьранухги бахъун буго гьениса. Гьединлъидал, нижер хӏисабалда рекъон, рагъ букӏун батула Жужуки магъилъ, гӏатӏидал байдаби руго гьенир.
Гьеб рагъ байбихьилалдего Гӏаймакиса Абубакарил бетӏерлъиялда гъоркь магӏарулаз Надир-шагьасухъе кӏудияб вакиллъи битӏун букӏун буго, аскарги бачун, магӏарул ракьалде вачӏунгеян лъазабизе. Амма шагьас гӏиндего босун гьечӏо гьеб хабар», — илан бицана Загьрат Исрапиловалъ.
Гьелъул рагӏабазда рекъон, гьеб рагъулъ гӏаймакдерие хӏалае рахъун руго сверухъ росабалъа гӏадамалги.
Чӏвачӏого хутӏарал шагьасул аскариял хӏалица лъутун рорчӏун руго гьениса, гьезул цогидаб къокъа абуни асир гьабун буго.
«Дунялго квегъи
гьадингояб жо буго дие»
Локкарт абурав авторас 1938 соналда Лондоналда къватӏибе биччараб тӏехьалда хъван буго Надир-шагьасул киналго рагъазул хӏакъалъулъ (редакциялде гьеб босун бачӏана Сугъралъа Маркъулазул Мухӏамадица). 2004 соналда гьеб гӏурус мацӏалде буссинабун буго Бакуялда.
Локкартил рагӏабазда рекъон, афгъаналъулазул зулмуялдаса жиндирго улкаги тархъан гьабун, персазул ракьал нахъе кьезе гӏурусалги тӏамун, Индияги хъамал гьабун, Туркестанги мукӏур гьабун, жиндир флоталъул кверщаликье Персиялъул заливги щвараб, жеги батӏи-батӏиял халкъалги мутӏигӏ гьарун, бицун хӏалкӏолареб ссиялда Надир вугеб заман букӏуна.
Гьебмехалда Тегераналда шагьас къабул гьавула гӏурусазул резидент Калушкин. Гьесда ракӏалда бугеб жо лъазабеян Санкт-Петербургалдасан кьураб тӏадкъай букӏуна резидентасе. Гьес Санкт-Петербургалде хабар битӏула шагьасул кутакалда жиндаго ракӏчӏун бугин, гьесулгун къотӏи- къаял гьаризе захӏмалъизе бугилан. Шагь гьесда цеве веццарулев вукӏуна цо хӏатӏидаги чӏун кӏолин жинда Индия кодобе босизе, гьеб мехалда кӏиго хӏатӏидаги вахъун чӏун хӏалбихьани, дунялго квегъи жиндие щиб жойилан.
Тегераналдаса Газвиналде (Ираналъул Казвин шагьар – ред.) уна Надир. Цо заманалда лезгиял Картлиялде тӏаде кӏанцӏанин гьесухъе хабарги босун вачӏуна гуржиязул бетӏер. Локкартил тӏехьалда лезгиялин хъварал чагӏи гуржиязде чабхъенал гьарурал магӏарулал рукӏинеги рес буго. Гьезда ццим бахъун лъугьуна шагь. Гьединлъидал тӏаде кӏанцӏи гьабураб бакӏ цӏунизе афгъаналъулал ритӏула гьес.
Гьеб мехалда тӏадеялдаса тӏаде сахлъиги загӏиплъулеб букӏуна шагьасул, щайин абуни жиндирго тохтур гьес хӏежалде виччан вукӏуна. Гьединлъидал дару-сабаблъе къагӏида кколаро.
Газвиналда 15 къоги бан, Надир Чӏарлъул ва Талаялъул лезгиязе (Цӏоралъул магӏарулал рукӏине ккола гьел – ред.) тамихӏ гьабизе Дагъистаналде къокъуна. Гьениб кӏудияб рагъулъ гъурула бакӏалъул гӏадамазул гӏезегӏан чи, хутӏарал кверде росула. Цинги шагь Гъазигъумекиве щола.
Гьенисан вагъарула Авариялъул гӏорхъаби лъазаризе. Амма гьеб букӏуна квачараб мех. Гьединлъидалищ яги магӏарулаз кутакалда дандечӏей гьабизехъин букӏиналъул хабар лъанищали, шагь уна бакъбаккул рахъалде, Каспи ралъдал рагӏалдехун. Авариялде сапар гьелдаса моцӏалъ цебе байбихьун букӏарабани, гьесухъа бажарилаан согӏал мугӏруздасан нуцалзабазул ватӏан Хунзахъе нух бахъизе, гьелдалъун Дагъистаналъул кӏулалги шагьасул кодор рукӏинаан.
Гьединго тохлъукьего Россиялде тӏадекӏанцӏи гьабурабани, гьесда кӏвелаан Гъизлярги Астраханги бахъизе, щай абуни гьелъул аслиял аскарал Швециялъулгун гӏорхъи щула гьабизе ритӏун рукӏана. Амма хадубккун Россиялъе баянлъана тӏаде кӏанцӏизе шагьасда ракӏалда ругел хьулал.
Палхӏасил, Каспи ралъдал рахъалдехун гӏагарлъулаго, шагьасухъе хабар щола бакӏалъул гӏадамаз жиндир аскаралъул цо бутӏаги гъурун бугин, руччабиги хъамун ругилан. Гьеб мехалда ццим гьалаглъарав шагьас рагӏи кьола гьезул ахирисев чиясе тамихӏ гьабичӏого жив Дагъистаналдаса нахъе унарилан. Амма гьелъул хӏасил кколаро.
Ккечӏониги, Дербенталда гӏагарлъухъ чадиралги чӏван чӏола шагьасул армия. Заманалдасан гьезие захӏмалъула мугӏрул-щобалъанги рохьалъанги тӏубараб аскаралъе гӏураб квен-тӏех баччизе. Гьединлъидал хӏукму ккола гьеб гумузда лъун ралъдадасан баччизе. Амма Каспи ралъдалъ жиндирго гуми рукӏунаро шагьасул, Персиялъул заливалда флот букӏаниги.
Шагьас кумек тӏалаб гьабула гӏурусаздасан. Цо-цо гуми гьесие гьарула хиянатлъиялде арал гӏурусаз. Цогидал гуми шагьас ижараялъе кьеян гьарула Россиялъул резидент Калушкинида. Надирица гьесие кьола парччадул халгӏатги азарго гъурущги. Амма Калушкиница хӏукуматалда лъазабула нагагьлъун гьел гуми шагьасухъе кьуни, гьес гьел киданиги тӏад руссинаризе гьечӏин, щайин абуни шагьасда ракӏалда бугила Каспиялда жиндирго флот лъезе. Гьебги хӏисабалде босун, Россиялъул хӏукуматалъ инкар гьабула шагьасухъе гуми кьезе.
Гьелдаса хадуб Турциялъулгун персазул рекъел ккедал, шагьасда ракӏалда букӏанила Келаталде ун, гьенив парахалъизе. Гьениве къватӏиве вахъиналде гьес Эндиреялдеги Костекалдеги чагӏи ритӏун руго квен-тӏехги чуялги росизе. Амма лъарагӏаз цӏакъго багьабиги рорхизарун, Надирил ццим бахъинабун буго.
Хадуб Локкартил тӏехьалда бицунеб буго тӏокӏалъ чӏечӏого Надир-шагьасул аскаралде, хасго кванил нигӏматал раччун унел чагӏазде, тӏаде кӏанцӏиял гьарулаанила Табасараналъул ракьалда, Губденалда гӏагарлъухъ. Тӏадежоялъе, багӏарараб риидал лъел рахъалъги къварилъи кколеб букӏун буго. Кватӏичӏого вабаъ унтиги тӏибитӏун буго. Гьединлъидал шагьас аскар цогидаб бакӏалде гочинабун буго.
Дагь-дагьккун гьезул иш битӏа- бишун ине байбихьун, Табасараналда тӏад кверщел гьабизе лъугьун буго. Россиялъ жиндирго аскарал Гъизляралде аскӏоре ритӏун рукӏинги лъан, Надирил хӏукму ккола, лъарагӏалги жалго тун, магӏарухъе сапар бухьине.
Гьелде щвезегӏан резидент Калушкиница чанцӏулго бичӏчӏизабун букӏуна шагьасда Дагъистаналде рагъгун ин гӏададисеб жо бугилан. Амма шагьас гӏин тӏамуларо.
Гьедин магӏарухъ гьезде балагь рещтӏинабунин хъвалеб буго Локкартица. 6000 чи вугеб шагьасул къокъа нахъе къанила, магӏарулаз жидер гӏезегӏан чи гъурун хадуб. Гьелда ццим бахъарав Надирица буюрухъ кьун буго чанго офицер чӏвазе.
Шагьас Авария тола октябрь моцӏалъ.
Хасел тӏамизе лъарагӏлъиялда чӏола гьев. Гьениб ккола кутакалда вахӏшияб лъугьа-бахъин. Дагъистаналде вачӏиналдего, Ираналда рохьосан унаго, лъицаяли речӏчӏун бачӏараб жоялъ килищ лъукъула Надир-шагьасул. Гьелдаса нахъе ургъула гьев гьелда тӏад. Ахирги жиндирго васасда щаклъула. Амма вас мукӏурлъуларо кигӏан инсуца гӏакъуба кьуниги. Мукӏурлъичӏониги, шагь божула чияр мацӏазда. Гьединлъидал буюрухъ кьола васасе тамихӏ гьабизе – гьев бецц гьавизе. Бицуна гьелдаса хадуб лъабго къоялъ чадиралъуса къватӏиве ваккичӏила шагь. Цинги гьес васасда бичӏчӏизабулеб букӏуна жинца гьедин гьабиялъе гӏилла. Амма васас гьесие жаваб кьола жив гурин дуца бецц гьавураб, тӏолабго Персия гьабунилан.
Хадуб якъинлъула вас гӏайибияв вукӏинчӏолъи.
Гьелдаса хадубги гӏодове виччаларо Надир-шагь. 1742 соналъул ноябралда цӏороца бацараб Терекалда тӏасан Гъизляралде уна гьев кидаялиго Персиялда гъорлъ рукӏарал ракьал нахъе тӏалаб гьаризе. Амма гьеб мехалда Россиялъ щула гьарун рукӏуна севералдехун ругел гӏорхъаби.
Зульфия ХӏАЖИЕВА