11 сентябралда, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана росдал магӏишаталъул иргадулаб ярмарка. Моцӏалъ цебе, 14 августалда гьебго бакӏалда тӏобитӏаралда данде гьеб ана гӏемерго тӏадегӏанаб даражаялда, республикаялъул киналго районаздаса 200-гӏанасев магӏишатчи гӏахьаллъун. Гьаб нухалда гӏемерго цӏикӏкӏун букӏана нигӏматазул къадарги, хасго пихъил, гьанал, ччугӏил. Гьезул цо-цоязул багьаби базаразда ругел хӏисабалъул рукӏаниги, гӏемерисел рукӏана 10-20 проценталъ учузал.

Ярмаркаялда гӏахьаллъана ва киналъулго хӏисаб-суал гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Батӏал Батӏаловас ва республикаялъулгун тахшагьаралъул идарабазул жавабиял хӏалтӏухъабаз.