Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал «Сугъралъ» агрофирма ккола районалда бищун кӏудияб, гӏияхъанлъи-боцӏухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда цебесеб кьерда бугеб магӏишат. 1931 соналда гӏуцӏараб гьелъ, батӏи- батӏиял цӏаразда гъоркь, нахъа тана гӏемер захӏматаб, гӏезегӏан хӏалуцараб, хадубккунги жиндирго чӏванкъотӏараб рахъ босараб, бечедаб тарихалъул нух.
11 сентябралда гьелъ кӏодо гьабуна жиб гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубай. Тадбир тӏобитӏана Хъумторхъала районалда магӏишаталъул бугеб ракьалда, Сулахъ гӏурул рагӏаллъуда тӏибитӏараб «Нугъай-тугъай» хъутаналъул майданалда. Тадбиралъул букӏана 3 бутӏа – официалияб, музыкалияб ва спортивияб. Официалияб бутӏаялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Батӏал Батӏалов, Жамгӏияб палатаялъул председатель Гӏабдулмуъмин Ибрагьимов, гӏемерал росабазул бутӏрул, магӏишатазул нухмалъулел, хӏалтӏул ветеранал. Тадбир рагьана ва бачана магӏишаталъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Чураевас. Гьес бицана агрофирмаялъ нахъе тараб нухалъул, жакъасеб къоялъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ, киналго гӏахьалчагӏазе кьуна баркала. Хадур кӏалъазе рахъараз магӏишаталъул нухмалъиялда ва хӏалтӏухъабазда баркана юбилей ва гьарана лъикӏал хӏасилалгун цебетӏей. Жиндирго кӏалъаялда Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас цӏалана Сергей Меликовасул Баркиялъулаб кагъат, бицана республикаялъул росдал магӏишаталда «Сугъралъ» агрофирмаялъ кколеб мустахӏикъаб бакӏалъул хӏакъалъулъ, цоги нухалда киназдаго баркана байрам ва хӏалтӏул церехъабазе кьуна шапакъатал. Гьел сайгъатазул букӏана цо кӏвар бугеб хаслъи – Гӏабдулмуслимовас абухъе, республикаялда жеги киданиги букӏинчӏо Бетӏерасул цо указалдалъун, цо гӏуцӏиялъул ялъуни росдал цадахъ 10 чиясе шапакъатал кьеялъул хӏужа. Жакъа гьеб магӏишаталда ккана гьедин. Данделъиялъе чӏаголъи кьуна музыкалиял церерахъиназ, художествиял номераз, гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккуна Асхӏабали Хӏасановасул нухмалъиялда гъоркь жидерго гьунар бихьизабурал «Пехлеванал» абураб палугьаназул къокъаялъул гьитӏинал гӏахьалчагӏаз. Волейболистазда гьоркьор рукӏарал хӏалуцарал хӏаязда бергьараб командаялъе щвана цебеккунго чӏезабун букӏараб хасаб сайгъат – куй, цогидал гӏахьалчагӏазе кьуна грамотабигун кубокал.
Тадбир ана берцинаб хӏалалда, карантиналъул заманалда нилъ киналго махӏрумлъун рукӏараб аваданлъигун.