Араб анкьил ахир цӏакъ рахӏат хвараб бачӏана магӏарухъе. 23- 25 сентябралда рарал кутакал чвахунцӏадаз кӏудияб зарал гьабуна Цӏунтӏа, Цӏумада, Лъаратӏа районазда ва Бежтӏа участокалда гӏумру гьабун ругел чагӏазе. Гӏертӏиниса тӏолеб гӏадин, балеб цӏадалдаса хадуб, доба-гьаниб цун, кӏодолъун бачӏараб гӏоралъ хвезаруна рагӏаллъабазда рукӏарал ахал-хурзал, риххизаруна кьоял, чӏунтизаруна нухал, амма гьелдасаги кӏудияб зарал ккана гӏадамазул минабазе. Гӏурул рагӏаллъуда ран рукӏарал гьел риххизаруна щвараб гӏоралъ.

Масала, социалиял гьиназда тӏибитӏизабураб видеоялда буго Агъвалиб гӏурул рагӏалда цӏибараб кӏитӏалаяб минаялъе гӏоралъ гьабурал зарал. Гъоркьан кьучӏги чурун, бералда бихьулаго, гӏурулъе бегун ана гьеб. Рукъалда аскӏобго ччугӏа гӏезабулеб бакӏги, цебе ах-хурги букӏун буго гьев чиясул. Гьеб кинабго хъамун ана лъеца. Гьелдаго релълъараб къварилъи ккарал бакӏалги гӏемер руго магӏарухъ.

Тӏабигӏиял балагьаздаса хадуб канлъиги гьечӏого хутӏун рукӏана, тӏадехун бицен гьабуралги малъун, 11 муниципалитеталда гӏумру гьабун ругел гӏадамал. Гьел ккола кинабниги 118 росулъ вугев 65 азаргогӏанасев чи.

28 сентябралда гьезул гӏемерисел бакӏазде ток кьуна.

Гьелда бан ДРялъул хӏукуматалда гӏуцӏун буго ахӏвал-хӏалалъулаб центр. Гьелъул данделъи тӏобитӏана 26 сентябралда хӏукуматалъул минаялъуб. Гьениб гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалазул рахъалъ министр Нариман Гъазимухӏамадовас бицухъе, чвахунцӏадаз зарал гьабурал районазде 25 сентябралдаго ана кӏиго батӏияб къокъа. Россиялъул МЧСалъул бетӏераб управлениялъулги республикаялъул гьебго министерствоялъулги хӏалтӏухъаби гъорлъ рукӏараб къокъаялъ чӏезабуна киб ва кигӏанасеб къадаралда зарал ккун бугебали.

Кӏиабилеб къокъаялда гъорлъ рукӏана гӏадамазе ккараб зарал лъугӏизабизе ритӏарал МЧСалъул хӏалтӏухъаби – республикаялдаса 103 чиги техникаялъул 42 единицаги, гьединго РФялъул МЧСалъул хъулухъалъул 8 чиги техникаялъул кӏиго единицаги.

Нагагь хӏажалъи ккани, ахӏи тӏаде щварабго къватӏире рахъине хӏадурго ругин жеги 3820 чиги, техникаялъул 891 единицагиян абуна ДРялъул МЧСалъул министр Нариман Гъазимухӏамадовас.

Бицен гьабулел районазде битӏун буго сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъаби тӏад ругеб чанго вертолетги.

Данделъиялъул ахиралда Цӏумада, Цӏунтӏа, Лъаратӏа районазул ва Бежтӏа участокалъул нухмалъулезда лъазабуна лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицине бакӏалъул гӏадамазулгун гьоркьоса къотӏичӏого бухьен кквейин ва гьезул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏел шартӏал гӏуцӏизе тадбирал гьарейилан. Гьединабго магӏнаялъул цогидалги тӏадкъаял кьуна хӏукуматалъул председателасул вице-премьераз ункъабго муниципалитеталъул нухмалъулезе.

Цӏунтӏагун Бежтӏа: Балакури, Исоъ нухазул сипат хвезабуна, кьоял риххизаруна

Бищунго хӏалуцараб ахӏвал-хӏал букӏанин абизе бегьула Цӏунтӏа районалда. Ункъабго сордо-къо бугин районалда я канлъи, я машинаялъе нухал гьечӏогоян хъвана Фейсбукалда Мокъокъ росулъа чияс 27 сентябралъул къаси. Гьабсагӏаталда гӏемерисел бакӏазде канлъи гьабун бугин бицана «Дидойские вести» газеталъул редактор Адам Гӏалиевас. 28 сентябралда цо чанго росу хутӏун букӏана жегиги токги гьечӏого.

Бежтӏа участокалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ гьадин бицана газеталъе муниципалияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Хӏусен Хӏайбулаевас.

-Гьабсагӏатги тӏаде гирун рачӏунел гьарчалги, зама-заманалдасан ччукӏун рачӏунел гӏеркъалги руго. Гьелъ квалквал гьабичӏогоги хутӏулеб гьечӏо. Нижеца, тӏоцебесеб иргаялда, кӏвар кьуна республикаялъул даражаялъулаб шагьранух къачӏаялде. Гьабсагӏатги хӏалтӏулеб буго чанго техника. Республикаялъул МЧСалъул хӏалтӏухъабиги рукӏана рачӏун хал-шал гьабизе, амма зарал кканщинаб бакӏалде рагӏа-ракьанде щун хал гьабизе санагӏат ккечӏо гьезул, гӏаммаб сураталъухъ берги речӏчӏизабун, нахъ руссун ана.

Балакури абулеб кӏкӏал буго Бежтӏа росдадаса тӏадегӏан, Шулъгел мегӏералда (Богосский хребет) гъоркь бугеб бакӏ. Гьениб саламатаб росу гӏун буго ахираб заманалда, 100-ниги цӏараки батила. Гьениб кканин абизе бегьула бищун цӏикӏкӏун зарал. Росу къотӏун унеб лъар кӏодолъун, гьелъ рагӏаллъабаздаса гӏебеде ругел минабазе къварилъи гьабуна, нухал хвезаруна.

Гьединго чвахунцӏадаздаса хадуб зарал ккана Исоъ росдаеги – хун руго нухал. Кьоял руго иххица жагъал гьарун, цо-цо бакӏазда дал-далун хутӏун.

150 метралъул манзилалда хвезабун буго Цӏунтӏа районалде унеб шагьранухги. Къокъаб хӏасил, гӏураб зарал ккана Бежтӏа у ч а с т о к а л д е х у н . Гьелъул мухӏканаб цӏех-рех гьабун, смета хӏадуризе буго. Амма гӏарац кигӏандай щвелаян абураб суал бугоха жеги захӏматаб. Лъаларо, хӏукуматалъул резервалъулаб фондалдагӏаги букӏинарищ гьенибе биччазе гӏураб гӏарацали, -ян абуна Хӏусен Хӏайбулаевас.

Лъаратӏа ток кьуна.

Чӏиркъатӏагун Рулдаб – кӏудияб балагь

28 сентябралде Лъаратӏа районалъул киналго росабалъе ток кьунин бицана райгазеталъул редактор Расул Абакаровас. Кирехунго гӏадин, жидер гьенирги нухал хвезарунила гьалагаб цӏадаца. Гьанже гьениб хӏалтӏулеб рагӏула техника.

Кӏудияб зарал ккана Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росулъа Сагитов Сагитиласул хъизамалъе. Доба-гьаниб цун бачӏунеб гьалагаб ихх кӏанцӏана гьесул минаялъубе. Сагитиласдаги гьесул хъизан-лъималаздаги кӏвана гьениса къватӏире рорчӏизе, амма мина тӏубанго чӏунтизабуна. Киналго рукъзабахъе кӏанцӏун, лъеца хвезабун, нахъе щибго хутӏичӏо гьесул къайи-цӏаялъул. Гьанже гьесул мина жаниб гӏумру гьабизе бегьулел шартӏазда гьечӏо. Ракӏалдаго гьечӏеб балагь ккараб хъизамалъе садакъаялъе гӏарац бакӏарулеб буго. Кумек гьабизе бокьарал гӏадамаз гӏарац рехизе бегьула гьаб хадусеб счеталде 5469600017357906 яги гьаб номералде +7988-270-70-61.

Гьелдасаги ракӏгурхӏараб лъугьа-бахъин ккана 26 сентябралъул къалъул гӏужалда Чӏарада районалъул Рулдаб росулъ. Цӏадаца жагъал гьабураб басриябго минаялъул къедги биххун, гьелда гъоркье ккун, Гӏириб росулъа 45 сон барав чи хвана гьенив. Биххун араб минаялда цебе машинаялъув гӏодов чӏун вукӏун вуго гьев гъарим. Нуцӏа рагьулев вукӏарав машинадул бетӏергьан, гьелда жаниве гӏодов чӏезе вачӏунаго, хехго нахъе кӏанцӏеян ахӏулеб гьаракьги рагӏун, чӏаго хутӏана, гьесул сапарцояв гьалмагъ абуни къадаралде щвана.

Гьединаб лъалкӏ тана тӏабигӏияб балагьалъ магӏарухъ. Гӏодоблъиялдаги гьелъ рахӏат хвезабичӏого хутӏичӏо. Сулахъ гӏор цӏакъго гьалаглъун букӏиналъ, сверухъ росабазе хӏинкъи буго. Гьединлъидал, нагагь хӏажалъи ккани, нахъе гочине хӏадурго рукӏаян лъазабун буго Гъизилюрт районалъул администрациялъ Гъоркьияб Чирюрт, Кироваул, Чонтаул, Султӏанянгъиюрт ва Нечаевка росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазда.

Ашахан ЮСУПОВ