19 ГЭС базе буго

Ругел ресазул анцӏго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечӏо

Мугӏрузулаб тӏабигӏатги гьарзаял гӏорал-лъаралги рукӏиналъ Дагъистаналъул чӏахӏиял ресал ва кӏудияб букӏинесеб буго гидроэнергетикаялъул рахъалъ. Нилъер ракьалда буго чӏахӏиялги гӏисиналги ГЭСал разе бегьулеб 6600 гӏор ва лъар. Гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехазда бихьизабулеб буго ругел ГЭСазде тӏаде цӏиялги рани, рес бугин лъагӏалида жаниб 55 миллиард килловатт-сагӏат къуват электроэнергиялъул букӏинабизе. Гьанжейин абуни, гидроэнергетика цебетӏезабиялъе ругел ресазул анцӏго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечӏо. Жакъайин абуни, республикаялда бугеб анцӏила анкьго гидроэлектростанциялъул лъагӏалие бугеб къуват бащалъула 1785 килловатт-сагӏаталда.

Тарихалдаса хӏужаби

1925 соналда СССРалъул Госпланалъ тасдикъ гьабуна Дагъистан электрофикациялдалъун хьезабиялъул программа. Гьениб бихьизабун букӏана гӏаммаб къуват 3950 киловатт-сагӏат бугеб анцӏила микьго гьитӏинаб гидроэлектростанция базе. Ленин чӏаго вугеб мехалда гьабураб Россия электрофикациялдалъун хьвезабиялъул (план ГОЭЛРО) планалда гьоркьобги букӏана гьеб. Гьелдаса хадуб гидроэлектростанциял раялъе Сулахъ гӏоралъул ва гьелъул гӏаркьалабазул ругел ресазул инженериял цӏех-рехал гьаризе Дагъистаналде рачӏана СССРалъул Главгидростроялъул Москваялда бугеб отделениялъул инженерал-гӏалимзаби. «Ленгидропроект» гӏелмиябгун цӏех-рехазул институталъул Чӏегӏергӏоралда ГЭС базе бегьулеб бакӏ цӏехолел рукӏарал инженеразда хьергебдерил, хъвартихьунисезул чӏахӏиял чагӏаз бицана хъвартихьунисезул къварилъухъ Кавказалъул рагъул заманалда имам Шамилица гӏорги къан, лъим жанибе сверун букӏараб бакӏалъул. Гӏор къан букӏана, Хьаргабисан Шамилил боялда хадур рачӏунел пачаясул аскариял тӏаде щолелъул, сангарги кьвагьун хӏор гьезде тӏаде биччазе. Гьеле гьеб бакӏалда ГЭС базе хӏукму ккана инженеразул.

1928-1929 соназда букӏинесеб Хьаргаби ГЭСалъе цӏех-рехалъулал, хӏадурлъиялъул хӏалтӏаби гьаруна, 1930 соналъул авалалда байбихьана ГЭС базе. 1940 соналда хӏалтӏизе биччана Хьаргаби ГЭС. Кавказалдаго тӏоцебесеб Хьаргаби ГЭСалъ кӏудияб бутӏа лъуна республикаялъул экономика, промышленность, культура, рукӏа-рахъин цебетӏезабиялъулъ. Лъабкъоялда анцӏго метралъ борхалъиялъул бетоналъул сангарги бугеб Хьаргаби ГЭС букӏана СССРалда ва Европаялда тӏоцебесеб, цӏияб къагӏидаялда бараб гидротехникияб хӏалбихьиялъул станциялъун.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьилалде цебе, араб гӏасруялъул лъеберабилел соназда Дагъистаналъул районазда ва росабалъ рана гьитӏинал электростанциял, гьезда колхозиял электростанциялийиланги абулаан. Кинабниги бан букӏана кӏикъоялда анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун станция. Лъабкъоабилел соназул авалалде щвезегӏан цо-цоял хӏалтӏулел рукӏана. Ахиралда гьел рехун тана.

Чӏахӏиял ГЭСал

1933 соналда «Ленгидропроект» институталъ дунялалдаго бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб Сулахъ гӏор чвахулеб гъваридаб жаниблъиялда (каньоналда) Чӏикӏаб росдада гӏагарлъухъ кӏудияб ГЭС баялъе цӏех-рехал гьарун рукӏана. Гьеб баялъе квалквал гьабуна рагъ багъариялъ. Рагъги лъугӏун хадуб, лъабкъоабилел соназул авалалда Сулахъ гӏурул къварилъухъ ГЭС баялде тӏадруссана. Гидроэлектростанция бани росу хӏорил тӏинде ккезехъин бугел чӏикӏасезе гьеб къабуллъулеб букӏинчӏо. Амру гьабун росулъа цӏияб бакӏалде гочунел чагӏиги чӏикӏасел рукӏинчӏо. Гӏадатияб росу букӏинчӏо Чӏикӏаб. Гьеб букӏана бечедаб, Дагъистаналъул тарихалда лъалкӏ тараб, жанир гӏемерал гӏалимзабиги, наибзабиги, бахӏарзалги рахъараб кӏудияб росу. Гӏемерал сапарал гьаруна чӏикӏасезухъе росу рехун тун цӏияб бакӏалде гочине ккеялъул гьаригун. Гьеб заманалда Москваялъ хӏукму гьабун букӏана Дагъистаналда Гъизилюрт шагьаралда аскӏоб атомалъулаб электростанция базеги. Гьеб букӏана нилъер гьаниб экологиялъеги лъикӏаб асар гьабулареб, халкъалъеги къабулаб гуреб план. Амма Гӏабдурахӏман Данияловасда кӏвана гидроэнергетикаялъе республикаялда ругел ресазул бицун, атомалъул электростанция Дагъистаналда бачӏого тезабизе. 1969-1977 соназда Дагъистаналда базе хӏисабалде босун букӏараб атомалъулаб электростанция бана Эрмениялда. Гьаб нухалда Чӏикӏаре арал Гӏабдурахӏман Данияловасда ва Хӏажимурад Хашаевасда кӏвана чӏикӏасел мукӏур гьаризе. Гьез цӏияб росу базе тӏасабищана Гъизилюрт – Буйнакск шагьранухда аскӏоб бугеб Берцинаб авлахъ абураб бакӏ. Минаби разеги, гӏарцулаб ва чӏикӏасез церелъурал цогидал шартӏалги пачалихъалъги тӏуразаруна. Палхӏасил, 1964 соналда байбихьана Чӏикӏаб ГЭС баялъул хӏалтӏаби. Гьеб лъазабун букӏана Тӏолгосоюзалъулаб кӏваралъул балеб бакӏлъун. 1974 соналъул ахиралда хӏалтӏизе биччана ГЭСалъул тӏоцебесеб агрегат, 1975 соналда кӏиабилеб ва лъабабилеб агрегатал. 1976 соналда, ункъабилеб агрегатги хӏалтӏизе биччан, тӏубараб къуваталда хӏалтӏана ГЭС. Дунялалда тӏад бугеб къоло щуго бищун рорхатал сангарал, плотинаби ругел ГЭСазда гьоркьоб Чӏикӏаб ГЭС буго анцӏила цоабилеб бакӏалда. Россиялда ва СНГялда гьеб буго бищунго борхатаб сангаралъул ГЭС. Гьелъул борхалъи буго 232,5 метр.

Рихьуни ГЭС. Тӏоцебесеб агрегат хӏалтӏизе биччана 1998 соналда, кӏиабилеб агрегат — 2001 соналда. Сангаралъул борхалъи буго 101 метр, халалъи — 313 метр. Бан буго Аваргӏоралда тӏад.

Гъуниб ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2005 соналъул 6 маялда. Гьелъие кьун буго Расул Хӏамзатовасул цӏар. Сангаралъул борхалъи буго 73 метр, халалъи — 59 метр. Бан буго Чӏегӏергӏоралда тӏад.

Гьоцӏалъ ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2016 соналда. Сангаралъул борхалъи буго 68 метр, халалъи — 290 метр. Бан буго Аваргӏоралда тӏад.

Гӏисинал ГЭСал

1. Чирюрт ГЭС-1. Хӏалтӏизе биччана 1961 соналда. Бан буго Сулахъ гӏоралда тӏад.

2. Чирюрт ГЭС-2. Хӏалтӏизе биччана 1964 соналда. Бан буго Сулахъ гӏоралда тӏад.

3. Миякьоб ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 1986 соналда. Бан буго Сулахъ гӏоралда тӏад. Сангаралъул борхалъи 73 метр. Гьеб ГЭС ва сангар баялъухъ «Чӏикӏаб ГЭСстроялъул» инженеразул къокъаялъе кьуна СССРалъул ВДНХялъул меседил медалал.

4. Къурушалъул ГЭС. 1951 соналда бан букӏараб колхозазда гьоркьосеб электростанция цӏигьабун хӏалтӏизе биччана 1986 соналда. Бан буго Усухчай гӏоралда тӏад.

5. Ахтиялъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 1997 соналда. Бан буго Самур гӏоралда тӏад.

6. Агъулалъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2006 соналда. Бан буго Чирахчай гӏоралда тӏад.

7. Магиналъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2006 соналда. Бан буго Самур гӏоралъул рикьел Маикчаялда тӏад.

8. Аракулалъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2007 соналда. Бан буго Хиривалю гӏоралда тӏад (Рутул район).

9. Амсаралъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2007 соналда. Бан буго Магичай гӏоралда тӏад (Рутул район).

10. Шиназалъул ГЭС. Хӏалтӏизе биччана 2007 соналда. Бан буго Шиназчай гӏоралда тӏад (Рутул район).

«Русгидро» ОАОялъул Дагъистаналъул филиалалъ разе хӏисабалде росарал гьитӏинал ГЭСал:

Курми, Магъар, Ахти-2, Цӏадахӏариб, Рутулалда, Тӏинди, Темиргӏоралда, Мазада, Агъвали, Цӏумада-гӏурухъ, Болъихъ, Инхо, Къорода-кьода, Советское-1, Советское-2, Авар, Бацӏада, Хьаргаби-1, Хьаргаби-2.

Сейсмологаз абулеб буго Дагъистан, тӏолабго Кавказго гӏадин, сейсмическияб поясалда бугеб бакӏ бугин, ай ракь багъари букӏине бегьулин, гьединлъидал гӏисинал гидроэлектростанциял разе кколин. Чӏахӏиял ГЭСал ран, ракь багъарун хадуб гьезие жагъаллъи ккани, ГЭСазул лъим къватӏибе борчӏун хадуб зарал кӏудияб букӏин бичӏчӏулеб жо буго. Экономикияб рахъалъги гӏисинал ГЭСал рай буго цӏикӏкӏун харжал, захӏмат тӏад унареб иш.

Пайзула Пайзулаев