Дагъистаналъул Пачалихъияб Совет
XX гӏасруялъул ахирал соназда Дагъистаналда ккана батӏи-батӏиял лъугьа-бахъинал. Жакъасеб къоялъул борхалъудаса балагьун абизе бегьила, нилъее щваралдаса нилъехъа бахъун араб гӏемераб букӏанин дол соназда. Амма камун рукӏинчӏо лъикӏал рахъалги. Гьезул цояб ккола республикаялъул пачалихъияб гӏуцӏарухъанлъи.
Кӏиго нухалда референдумазда президентлъиялдаса инкар гьабураб Дагъистаналда гӏуцӏана Пачалихъияб Совет. Гьедин абулаан 1994-2006 соназда республикаялда гӏуцӏараб пачалихъияб кверщалил тӏадегӏанаб идараялда. Гьеб гӏуцӏун букӏана цӏияб Конституциялъул кьучӏалда, Дагъистаналъул Верховный Советалъ 1994 соналъул 16 августалда гьабураб хӏукмуялда рекъон. Щай Дагъистаналъул халкъазе республикаялда президент вукӏине бокьун букӏинчӏеб? Щайгурелъул гьеб дандекколароан миллатал гӏемераб республикаялъул халкъазул тӏабигӏаталде. Халкъалъул вакилзабаз загьир гьабулеб букӏана гьелъ республика цебе бачиналъулъ цо хасал шартӏазда кӏудиял гъалатӏал ккезаризе рес бугилан абураб пикру. Гьединлъидал политиказда ва гӏалимзабазда батана президентасул ва парламенталъул гӏаламатал жиндилъ ругеб коллегиалияб гӏуцӏи. Гьелъул тӏокӏлъи букӏана Дагъистаналъул киналго халкъазе республикаялъул гӏумрудулъ битӏахъегояб гӏахьаллъи гьабизе рес щвеялъулъ.
Исана 12 сон тӏубана Пачалихъияб Советалъул гӏуцӏиги тун, президентасул, хадуб республикаялъул бетӏерасул кверщалида нухмалъи гьабулеб къагӏидаялде Дагъистан бачӏаралдаса. Гьелде жанире унаан Дагъистаналъул халкъазул вакилзабилъун жал кколел, Конституциялъулаб Собраниялде вищарав 14 чи. Гьезде гъорлъе унаан Пачалихъияб Советалъул председательги республикаялъул хӏукуматалъул председательги (Советалъул председателасул заместитель хӏисабалда). Гьединаб гӏуцӏи, идара дол соназда Россиялдаго букӏинчӏо ва гьеб ккана тӏоцебесеб хӏалбихьилъун. Пачалихъияб Совет хӏакъикъаталда букӏана республикаялъул парламенталда гьечӏеб «Миллатазул палатаялъул» бакӏ. Гьеб букӏана Дагъистаналда демократия цебетӏеялъул хӏасиллъунги.
Дагъистаналъул Пачалихъияб Совет бищана 1994 соналъул 26 июлалда, 449 чиясдаса гӏуцӏараб Конституциялъулаб Собраниялъ. Гӏицӏго гьелъул членал гурелги, собраниялде ахӏун рукӏана Совет Союзалъул, Россиялъул, Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарзал, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи, республикаялъул жамгӏиял, гӏелмиял, диниял хӏаракатчагӏи.
Пачалихъияб Советалъул председательлъун вищана ахиралде щвезегӏан гьеб хъулухъалда хӏалтӏарав Мухӏамадгӏали Мухӏамадов. Хӏакъикъаталдаги гьеб букӏана нилъер республикаялъе цо чияс гуреб, цадахъаб нухмалъи гьабулеб ва гьабулеб ишалъулъ гъалатӏал риччангутӏиялъе ресал кӏудияб идара. Гьелъ гьарулел хӏукмабиги кидаго дандран, рорцун, къотӏун, гьаркьие лъун гурони къватӏире рахъулароан.
Тӏоцебе гьеб идара бищун букӏана 4 соналъул болжалалда. Республикаялъул хӏукуматги гӏуцӏулаан Пачалихъияб Советалъ, гьелъул (хӏукуматалъул) председателас кьураб сияхӏалда рекъон, гьединлъидал кидагосеб хӏалтӏулъ хӏукумат гьелъие мутӏигӏабги букӏана. Гьелъго рекъезабулаан республикаялда рукӏине кколел министерствабазул, комитетазул ва цогидалги хӏажалъулел кверщалил гӏуцӏабазул къадарги. Абизе ккола, Дагъистаналда гьел кидаго дагьал рукӏинчӏин. Нилъер республикаялда министерствабазул къадар, цо-цо къватӏисел пачалихъазулалдасаги цӏикӏкӏарал рукӏана ва гьанжеги гьедин буго. Масала, жакъасеб Америкаялъул хӏукуматалъ жанибе бачуна 15 министерство, гьедигӏанго руго гьел Германиялдаги. Россиялда гьезул къадар бахуна 22-ялде. Дагъистаналдайин абуни, ахириял хиса-басиял хӏисабалде росичӏони, комитеталгун цадахъ буго гьединаб 23 идара.
Гьединлъидал гьанибго бачӏуна гьел идарабазда хӏалтӏулел гӏадамазул къадаралъул рахъалъ суалги. Ракӏалда буго, 1993 соналда, дица хӏадур гьабун, басмаялда бахъун букӏана «Базаралъул шартӏазда пачалихъиял идарабазул кадраби гӏезариялъул хӏакъалъулъ» абураб тӏехь. Дица гьениб хӏаракат бахъун букӏана гьеб суалалда сверухъ нилъер республикаялъул бугеб ахӏвал-хӏал Россиялда цадахъго Америка, Англия, Япония гӏадал улкабазул хӏукуматазде дандекквезе. Гьелъ бихьизабуна, дунялалдаго борцунеб къагӏидаялда, щивав анцӏазарго чиясде данде нилъер хъулухъчагӏазул къадар гьезулалдаса нахъеккараб гьечӏеблъи. Гьелдаго цадахъ сонал анагӏан, гьезул къадар цӏикӏкӏунебги буго. Хӏакъикъаталдайин абуни, гӏумруялъул магӏнаялда рекъон, гьеб дагьлъизе кколаан, щайгурелъул социализмалъул заманалда пачалихъалъ кинабго жиндего тӏаде босун букӏана. Капиталистиял гьоркьорлъабазул заманалдайин абуни пачалихъалъул кверщаликь хутӏула гьелъухъа гурони, цоги лъихъаго бажаруларел жамгӏияталда гьаризе кколел тӏадал ишал. Масала, доб заманалда киналниги гӏадамал жанир квана-гьекъолел идараби рукӏана пачалихъалъул, жамгӏияб транспорт букӏана гьелъулго тӏалабалда. Гьанжейин абуни, гьел ва гӏемерал цогидалги жал ккола гӏадамазда жидедаго тӏадаб борчлъун.
Жакъа экономика цӏуна-къараблъун букӏине ккелилан бицунаго, гьеб суалги кӏочене бегьиларо.
Республикаялъул Пачалихъияб Советалъ жиндир щибабкъойилаб хӏалтӏи билълъанхъизабизе Советалъул администрациялда чӏезарун рукӏана гьелъие къваригӏунел гӏуцӏабиги.
Пачалихъияб Советалъ Халкъияб Собраниегун цадахъ рихьизарулаан республикаялъул жанисеб ва къватӏисеб политикаялъул аслиял рахъал. Гьелъ гьединго, хӏукуматалъул председателасул пикрабазда рекъон, гӏуцӏулаан Дагъистаналъул хӏукумат: Халкъияб Собраниялде кьолаан Конституциялъул Судалъул рукӏинесел гьелъул членазул, Верховный Судалъул Арбитражияб Судалъул ва гьединго районазул, шагьаразул судазул председательзабазул ва гьезул судиязул сияхӏ, республикаялъул прокурорлъун, Централияб банкалъул нухмалъиялда толезулги дандбалаан суал.
Республикаялъул Пачалихъияб Советалъ гьабулаан хӏукумат ва гьелъул членал нахъе ритӏизе хӏукмуги. Пачалихъияб Советалъ, хӏукуматалъул председателасул бихьизабиялда рекъон, гӏуцӏулаан республикаялъул идарабазул структураги, дандралаан кадраби тӏасарищиялъул ва пачалихъиял шапакъатал кьеялъул суалалги.
Къокъго абуни, Пачалихъияб Советалъ кӏудияб гали лъуна Дагъистаналда демократия цебебачиналъе, гӏемермиллатазулаб республикаялда гьелъ рес кьолаан щибаб миллаталъул вакиласе гьеб халкъалъул рахъалдасан кӏвар бугел суалал лъезе, гьезда тӏасан хӏукму гьабизе ва гьеб гӏумруялде бахъинабиялда хадуб халкъалъул цӏаралдасан хъаравуллъи кквезеги.
Пачалихъияб Советалъул цоги лъикӏаб рахъ букӏана гьелъул бетӏерлъуда цо миллаталъул чи цо нухалда гурони бетӏерлъун вукӏине бегьунгутӏи, амма хадуб гьеб хисизабуна. Гьеб шартӏ буго жакъагицин Дагъистаналъул Конституциялде ккезабизе рекъараб.
Амма Пачалихъияб Совет республикаялъул кверщалил бетӏераб идара букӏаниги, Дагъистаналъул Конституциялда гьеб кинаб бугониги идараялъе мутӏигӏаб бугилан, яги республикаялда бугеб жамгӏияб, экономикияб ва социалияб ахӏвал-хӏалалъул лъиданиги цебе гьелъ жаваб кьезе кколин хъвараб бакӏ букӏинчӏо. Гьеб киналъулго жаваб кьезе тӏаде кколаан хӏукуматалде.
Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ 2006 соналъул 20 февралалда гьабураб хӏукмуялда рекъон, Пачалихъияб Советалъул ва гьелъул председателасул ишазе ахир лъуна. Дагъистан бачӏана президентасул нухмалъиялде. Гьеб лъикӏищ яги квешищ ккарабали заманалъ бихьизабила.
Зикрула Илясов