«Машинаби-пылесосаз» рацӏцӏад гьаризе руго тахшагьаралъул къватӏал
Гьал къоязда Дагъистаналде рачӏарал къватӏал рацӏцӏад гьарулел машинабазухъ балагьана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов. «Нилъее къваригӏун буго моцӏазги къотӏноб бегун хутӏулеб кьишниялдаса Махӏачхъала эркен гьабизе. Хӏасил лъикӏаб ккани, жеги техника бачӏинабила», — ян абуна гьес.
Махӏачхъалаялъул мэрасул ишал тӏуралев Абусупян Хӏасановас абуна гьабсагӏаталда бачӏун бугин лъабго машина. «Гьеб буго республикаялъул хӏукуматалъ тахшагьаралъе гьабураб сайгъат. Гӏагараб заманалда жаниб бачӏине буго жеги анлъго машина. Цо машинаялъ хисула 30 хӏалтӏухъан», — ин абуна гьес.
Исана лъабабилеб апрелалдаса нахъе «Цӏияб шагьар» абураб компаниялъулгун къотӏи биххана мэриялъ. Гьебго къоялъ биххана рехсараб компаниялъухъа ижараялъе техника босиялъул хӏакъалъулъ гьабун букӏараб къотӏиги. Кинабго техника кьуна «Горзеленхоз» МУПалъухъе. Гьелъул директор Ражаб Ражабовас лъазабуна тахшагьаралда рацӏцӏалъи чӏезабизе бугин жидер хӏалтӏухъабаз.
Муса Азаев