ДОСЬЕ:
Гӏали Мухӏамадгӏалиев гьавуна 1961 соналда Гумбет районалъул Лъаратӏа росулъ. Кватӏичӏого гьесул хъизан гочана Махӏачхъалаялде. Цӏалана тахшагьаралъул №38 школалда. Хадув цӏалана Махӏачхъалаялъул культпросвет училищеялда. Хӏалтӏана «Лезгинка» ансамблялда. Хъулухъ гьабуна Армиялда. Лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет.
Киса-кибего Гӏалил божараб ва ракӏрагьараб гьалмагълъун букӏана Кьурди. Гьаниб гьеб рагӏи кӏудияб хӏарпалдасан хъваниги бегьила – гьеб букӏана, буго ва хутӏизеги буго гьесие гӏумруялъул магӏналъунги. Гьеб ккола гьабсагӏаталдаги гьесул къисматалъул кӏиабилеб хӏухьеллъун.
Гӏали Мухӏамадгӏалиевас нухмалъи гьабулеб «Ватӏан» гӏолилазулгун лъималазул ансамбль машгьураб буго дунялалъул гӏемерал улкабазда. Гӏемерал соназ Гӏали Мухӏамадгӏалиев хӏалтӏана Хьаргаби районалда. Районалъул искусствабазул школалъе кьун буго гьесул цӏар.
Гьев ккола Дагъистан ва Чачан Республикабазул халкъияв артист, РФялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи.
Цояб къададасан валагьарав имам Шамилги, гьесда дандритӏун рарал Расул Хӏамзатовасулгун дида лъаларев чиясул сураталги, рамкабазда жанир лъурал грамотабазгун баркалаялъул кагътаз бацараб цогидаб къедги, шкафалда жанир лъурал гӏемерал кубокалги, къватӏисел улкабаздаса рачӏарал сувениралги, кьурдухъабазул сураталги. Гьеб киналдаго гьоркьов гӏодов чӏарав Гӏалиги. Гьедин цебечӏезабизе бегьула дунялалдаго машгьураб «Ватӏан» ансамблялъул директорасул гьитӏинабго кабинет.
Нижер гара-чӏвари гьоркьоб къотӏизабулеб букӏана Гӏалида 60 сонил юбилей баркизеги, хӏалтӏул ишалъ щиб-щибниги гьикъизеги зама-заманалдасан жанире раккулел, тӏокӏалъ чӏечӏого гьесул кабинеталъул нуцӏа цӏацӏалел чагӏаз.
Байбихьудасаго нижедаги бичӏчӏана щибаб жоялъе гьес заман цӏан букӏунеблъи, гьединлъидал нижер гара-чӏвариги репетициялда гьоркьоб хӏухьбахъизе кьураб заманалда жаниб лъугӏизабизе кколеблъи.
Дов Расулида цадахъ къададасан балагьарав чиги ДАССРалъул халкъияв артист Казим Манафов вукӏин лъана хадуб. Щуго сон барав Гӏали Махӏачхъалаялъул Пионеразул рокъов 10 соналъ гьес куцан вуго кьурдизе.
Микьго сон барав Гӏали Дагъистаналдаса делегациялда цадахъ гӏахьаллъана 1969 соналда Москваялда тӏобитӏараб литератураялъулгун искусствоялъул фестивалалда. Гьелдаса хадуб «Палугьан» абураб фильмалда гьес хӏана гьитӏинав палугьанасул рольги.
Анкьабилеб классалда цӏалулеб мехалда ахӏулев вукӏун вуго Гӏали школазда, политехникияб институталда кьурдаби лъезе. Гьелъие киналгӏаги шартӏал рукӏинчӏолъиялъ, тӏагърал, рачалаби, хунжрул, картоналда тӏад сураталги рахъун гьарулаанин ракӏалде щвезабула гьанже гьес. Гьедин лъолел рукӏун руго узбеказул, латишазул, гуржиязул ва цогидазул кьурдаби.
Хадуб Махӏачхъалаялда культпросветучилищеги лъугӏизабун, Гӏали ана армиялде. Гьенивги гьев кьурдулаан Северияб Кавказалъул рагъулаб округалда гъорлъе унеб Краснознаменный ансамблялда.
Гьединго Танхо Израиловасул гьариялда рекъон, цо заманалда «Лезгинкаялдаги» хӏалтӏулев вукӏана Гӏали.
Дидаго гӏадин, гӏемерисездаги ккола гьев Хьаргабисаян. Амма Гӏали вуго Гумбет районалъул Лъаратӏа росулъа. Хьаргабиве гьев искусствоялъул школа гӏуцӏизе ахӏун вуго гьеб районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулев Мухӏамадзагьир Мухӏамадовас.
Гьелдаса хадуб, Махӏачхъалаялде тӏад вуссиндал, «Ватӏан» ансамблялъе кьучӏ лъуна Гӏалица.
— Хьаргаби хӏалтӏулеб мехалда байбихьана нижеца концерталги росун тӏубараб Дагъистан сверизе. Гьединго республикаялъул филармониялда цере рахъана ниж сагӏатгун бащдалъ халатбахъараб концертгун. Иосиф Матаевгун цадахъ тӏолабго «Лезгинка» ансамбльги бачӏун букӏана нижехъ балагьизе. Гъоб мехалда гъоз кьурдуларел Кавказалъул халкъазул кьурдаби рихьизаруна нижер лъималаз. Гьеб мехалда Иосиф Матаевги вукӏана виххун хутӏун, бихьуларищинха доба магӏарухъ, гьедигӏан шартӏалги гьечӏеб бакӏалда гьел куцан ругеб куцилан.
Гьелдаса хадув дун Махӏачхъалаялде ахӏана учитель Казим Манафовас – жинца гьаб «Мой Дагестан» (ДГУялъул ансамбль – авт.) духъе кьолеб бугин абуна гьес. Доб мехалда Махӏачхъалаялъул Пионеразул рукъалъул директорлъун йикӏарай Людмила Путербротги чӏана жидееги къваригӏун вугин мунилан. Гьедин байбихьана кӏиябго ансамблялъул хӏалтӏи цадахъ бачине. Пионеразул рукъалда цебе гӏуцӏана цӏияб ансамбль, гьелъие «Ватӏан» абураб цӏарги Людмила Путербротица кьуна. Амма хадуб Расул Хӏамзатов вукӏана дида гьеб магӏарул рагӏи гурилан.
Палхӏасил, гьеб «Ватӏаналъ» къватӏире риччарал лъималазул тӏоцебесеб кьер цӏализе-хӏалтӏизе добе-гьанибе инчӏого букӏинелъун, «Имамат» абураб концерналъул квербакъиялдалъун нижеца гӏуцӏана «Имамат» абураб ансамбльги. Профессионалиял кьурдухъаби рукӏана гьенир. Амма чанго соналдасан биххана гьеб. Хадуб мунагьал чураяв Хӏажи Махӏачевасул кумекалдалъун гӏуцӏана «Кавказ» абураб ансамбль. Кватӏичӏого гьелъулги гьадабго къисмат ккана. Хутӏана цохӏо «Ватӏан». Гьеб буго «Лезгинкаялъеги» гьелда релълъарал машгьурал цогидал ансамблязеги кьурдухъаби гӏезарулеб бакӏлъун. Дица ругьун гьарурал лъимал хадурккун халкъиял артисталлъун рахъана. Масала, гьезул цояв гьабсагӏаталда Америкаялда вуго. «Лезгинкаялда» солисталлъунги руго гьел.
Гьединго музыкаялдагун хореографазда хадур къватӏиреги унаро ниж, гьелги нижерго рукӏуна.
— Гӏали, цо-цо кьурдухъабаз бицуна къватӏиса улкабазде индал, батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, жидеца программа хисизабизе кколила. Масала, паркет ккураб чӏабар хвелилан хӏинкъун, цоязе гьукъун бугоан хунжрул гӏодор речӏчӏулеб кьурди бихьизабизе.
— Нижерги ккана гьелдаго релълъараб жо. Гьединлъидал гьеб кьурди программаялда гьоркьоса нахъе бахъана. Амма, гьеб хисун, дицаго цогидаб кьурди бихьизабуна сценаялда, гьенибго ургъун.
Цогидаб нухалдаги гьебго хунжрузул кьурди бихьизабулел рукӏана ниж Тринидад ва Тобаго абураб пачалихъалда (Венесуэлаялдаса рикӏкӏад гьечӏеб бакӏ – авт.). Англиялде арал чагӏиха ниж гьениреги щун рукӏарал. Чӏабар цӏакъго цӏвакарабищ букӏарабали, гьелда рекӏунги чӏечӏого, нахъе кӏанцӏун рачӏунел рукӏана дица цабзазги ккун, нахъехун рехулел хунжрул. Цинги сценаялда нахъасан дие ракӏ-макӏ гьабулел, воре, мун къуркьугейин, диде ахӏдезе лъугьана сапаралъ цадахъ рукӏарал Хӏажи Гӏабашиловги Залимхан Хангереевги. Лъабабизеги хунжрул рехизехъин вукӏарав дица махсара гьабуна залалъе, гьалейин, гьанже дица диего харакири (чохьолъ ханжар къазаби) гьабизехъин бугилан. Воре-вореян, жидерго мацӏалъ цо жал ахӏизе, кверал хьвагӏизе гӏадамалги лъугьана. Талихӏалъ, лъабабилеб нухалда къан чӏана чӏарбида хунжрул. Гьеб мехалда рохана, хъатал чӏвазе байбихьана гӏадамаз.
Хадур щвана Санта-Лусиялде (Аргентина). Хунжрузул кьурди байбихьизехъин вукӏаго, «Ноу, ноу!» абун ахӏдезе жуяна цо гӏадан. Гьедин батани, телилан, чӏана дунги. Гьелъул бакӏалда цойги кьурдиги бихьизабуна.
Батӏи-батӏияб бакӏалда батӏа-батӏайисан бичӏчӏула нилъер культура, цо-цо бакӏалда бичӏчӏизего бичӏчӏуларо. Масала, Тринидад ва Тобагоялда гӏадамал, хъаталги чӏвачӏого, руцӏцӏухӏун чӏана ниж кьурдун рахъиндал.
Санта-Лусиялда абуни залалда рукӏарал лъимал рекӏедаса ун релъанхъизе журана нижер ансамбль кьурдун бахъинегӏан. Щиб лъугьа-бахъунеб бугебали бичӏчӏичӏогоха гьезда. Лъималазе кьолеб концерт букӏана гьеб. Цо заманалда нижер кьурдухъан вачӏунев вуго дида аскӏове, гъол щай релъулел ругелали гьикъизе. Валлагь, нужги рачӏун рохун рукӏинарищха гьелин, махсара гьабуна дицаги.
— Гьанже кьурдизе рачӏунел лъимал дагьлъунищ ругел яги гӏемерлъунищ?
— Дагьлъун руго. Пандемиялда бараб жоги батила гьеб. Цебе 600-ниги лъимер букӏунаан гьаниб. Гьанже 400 батила. Ругьун гьарула анлъго сон баралдаса 16 сон базегӏан. Хадур гьел уна ясли-ахазда, школазда ругел лъимал куцазе (жидеего гӏарац гьабизе). Бокьарал чагӏи культпросветучилищеялде, культураялъул факультеталде цӏализеги уна.
Лъималазул цо къадар спорталде руссунги ругоха (ММА, каратэ). Гьелъги дагьлъун руго кьурдизе рачӏунел. Амма цӏакъго зарал бугеб жо гуроха гьаб – кьурдабазде хьвади. Кьурдизе лъаялда цадахъго гӏадлуги бугелъул гьаниб. Черхги лъадарула.
— Гьанже диниял гӏолохъаби гӏемерлъулел руго. Гьединлъидал кьурдизе диналъ гьукъараб бугин абулел чагӏиги рукӏунел ратила?
— Рукӏинарищха. Цо чанго соналъ цере хӏежалда рукӏана ниж. Махӏачхъалаялда, Малыгинил къотӏноб бугеб мажгиталда имамлъун вукӏарав Идрис-хӏажида гьениб цояс гьикъана кечӏ ахӏизе бегьулищан. Аскӏов чӏун Маданиги (Ибрагьимов – авт.) вукӏана. Гьеб мехалда Идрис-хӏажица абуна бегьуларила, чан нухалъила жинца Маданидаги абураб кечӏ ахӏизе бегьуларин. Цинги Маданица жаваб кьуна Аллагьас кьураб гьунаралда щибдилаха жинца гьабилебин абун. Дица тӏаде жубана Аллагьги, Аварагги, имамзабиги ракӏалде щвезарун ахӏулеб бугони, щай гьеб ахӏизе бегьуларебилан. Дихъ балагьунги чӏун, Идрис-хӏажица щибго абичӏо гьелда данде.
Хадуб аскӏов вукӏарав цогидас цӏидасан гьикъана Идрис-хӏажида кьурдизе бегьулищин. Кутакалда бегьулилан абуна гьес, салуда тӏад зарги кьабун.
Гьадинаб магӏна буго кьурдизе бегьиялъул. Чи кьурдизе бегьула ясгун, яцгун, эбелгун, лъадигун. Гьелгун кьурдулеб мехалда гӏадинаб хӏурматияб бербалагьи букӏине ккола чияр чӏужугун кьурдулев вугониги. Гурони, гьелдехун кинабгӏаги цӏекӏлъи загьир гьабизе бегьуларо. Гьединлъидал дие бокьуларо дида лъаларей яс дидаго данде яхъине. Нагагь яхъаниги, дица гьей цеечӏезаюла чӏужугӏадан гӏадин гурей, бакъ-моцӏ гӏадин. Гьединго васасулгун ясалъул кьурдул магӏнаги ккола хӏакъикъаталда цӏумазул роржен бихьизабилъун. Нужеца халккве цо гьаваялда гьез гьабулеб рорженалъухъ.
Гьединго ракӏалде щвезабе нилъер умумул кьурдулел рукӏараб куц, гьез цоцада гьоркьоб толеб букӏараб кӏудияб манзил.
Мунагьал чураяв Жамалудин Муслимов абун вукӏана дир учитель, тумазул Чукна росулъа хореограф. Гьев чияс, магӏарухъеги хьвадун, цо-цоккун ралагьана, нилъее нахъе цӏунун тана щибаб росдал, халкъалъул кьурдаби. Амма гьесул хӏакъалъулъ гӏемер бицунеб рагӏуларо. Махӏмуд Эсенбаевасгицин абун букӏана гьев чи жиндир мугӏалим кколилан.
Дун Хьаргаби хӏалтӏулеб мехалда гьениб лъабго моцӏ бана Жамалудиница. Дица консультантлъун вачун вукӏана гьев гьениве. Гьеб мехалда дица лъуна Кубачиязул кьурдиги тумазул «Чаргъу-Даргъуги». Гьелъухъ балагьун хадуб, магӏу кӏанцӏана Жамалудинил бадиса, гьедигӏан лъикӏ гьеб лъезе духъа бажарилин ккун букӏинчӏинги абун.
Гьебго жо Москваялда гуржиязги абуна нижеда – гӏачӏарули (аджаразул) кьурди бихьидал, кутакаб цӏар-рецц гьабуна гьез, унго-унгоял гуржиял гӏадин кьурдулел ругилан.
Гьединлъидал щибаб халкъалъул кьурдуе къимат гьеб халкъалъул вакилзабаз кьураб лъикӏаб букӏуна.
Гара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ.