Махӏачхъалаялда буго «Ватӏан» абураб кьурдухъабазул фольклорияб ансамбль. Нужер гӏемерисезда рагӏунги телевизоралдасан рихьунги ратила гьенир кьурдулел гӏисинал васалгун ясал. Гьеб ансамблялъе нухмалъи гьабулеб буго Гӏали Мухӏамадгӏалиевас. Исана гьес бана 60 сон. 1988 соналда Гӏалица гӏуцӏараб кьурдухъабазул ансамблялъ исана тӏубала 33 сон. Араб анкьалда гьезухъе гьоболлъухъ щвана ниж.
Махӏачхъалаялда, Ярагъиясул цӏаралда бугеб къотӏноб буго «Ватӏан» ансамблялъул мина. Къаси сагӏат анкьгоялде бащдаб хӏалтӏидал щвана ниж гьенире. Жанире щун рахъиналде, гьимулаго данде вачӏана Гӏали. «Нуж рачӏинегӏан байбихьичӏого тун бугин репетиция, хехго жанире», — янги абун, гьеб тӏобитӏулеб рокъоре къабул гьаруна гьес. Гӏатӏидаб залалъуб кинабго хӏадурун бугоан репетициялде.
«Ватӏаналъул» гӏисинал гьудулзабазул кӏудияб чӏаголъи
Тӏаде балагьун 10-12 сон барал гӏисинал васалги ясалги рукӏана кьурдизе байбихьиялъухъ ралагьун чӏун. Ретӏун тӏадагьаб ретӏелги, хӏатӏазда гьединалго тӏадагьал, мачуязда релълъарал хьиталги рукӏана. Гӏалица, бетӏерги хьвагӏун, музыкантазде ишан гьабуна ва залалъуб тӏибитӏун ана, двар-двариялда бухулеб къололги лъимерлъудаса нахъего рагӏун ругьунаб, зурмил къвакъваялъулги лазатаб бакъан.
Дир кидаго хӏалхъублъула берцинго, тӏадагьго хӏетӏеги босун кьурдизе лъалев гӏолохъанчиясда. Цо-цоязе тӏабигӏаталъго кьола гьеб гьунар. Цо-цоязе абуни кьоларо. Амма гьитӏинго гьадинаб бакӏалде ругьун гьаризе кьуни, щолеб батила берцинго хӏетӏе босизе махщел чиясе. Гьединал пикрабаз кверде восана дун лазаталда кьурдулел «Ватӏан» ансамблялъул лъималазухъги валагьун. Гьезин абуни тӏад босизабун букӏана репетициялъул гӏатӏидаб зал. Цин борхун, цин гӏодобе биччан бачунеб бакъаналда гъоркь гьел цин боржине хӏадурлъулеб цӏудуца гӏадин, куркьбалги рорхун, унаан гӏедерго хӏатӏалги росун. Хадуб шавкъ бачӏун, «гьарссаян» гьаракьги гьабун, кӏанцӏун унаан эхеде. Гьаваялда тӏавап гьабулеб цӏудуца гӏадин, гьенибго цо свериги гьабун, рортун рачӏунаан ракьалде, речӏчӏулаан накабазда, рахъунаан тӏаде. Гьеб мехалъги гьабулаан цо гьаракь, тӏоцебе гьабун букӏараб кӏочараб хӏалалъ. Хадурги унаан гьаваялде кӏанцӏун, гьабулаан гьениб цо гьайбатаб свери, бахъулаан гӏодорасанди. Гьезул хӏатӏил росиялда рекъезабун бакъан бачунел музыкантазги цин гӏодизабулаан аргъан, хӏеренго бачунаан зурма, гьабугьин бухулаан къали. Хадуб цинтӏаго зварун тӏокӏкӏараб биччалаан зурмица бакъан, къватӏибеги рагӏулеб хӏалалъ, кӏодого бачунаан аргъан. Гӏишкъу речӏчӏун бачӏиналда рекъезабун, эхе-эхеде рехулаго бетӏергун, бухулаан къолохъанас жиндирго къали. Гьеб киналъго батӏияб чӏаголъи, чӏагояб рухӏ речӏчӏизабулеб букӏана кьурдуда.
Васаздаса нахъе ккечӏеб берцинаб кьурди букӏана ясазулги. Гьел цин хӏорида тӏад лъедон унеб хӏанкъва гӏадин унаан, хӏеренго хӏатӏалги росун, гьаругьин квералги рорхун, намусго ракьалде бералги руссинарун. Хадуб, тохлъукьего бетӏерги борхун ккун, гьабулаан цо гьайбатаб кьурди, бахъулаан гӏодорасанди. Гьезухъ балагьун паналъун хутӏун дунги вукӏана. Гьоркьо-гьоркьоб борчӏараб гьезул гъалатӏ битӏизабулев Гӏалиги вукӏана, унго-унгояв мугӏалим гӏадин, гьезда цевеги эхетун. Берзул ишаналдалъун, кверзул рагъариялдалъун кӏолеб бугоан гьесда лъимал жиндихъго гӏенеккизаризе, гьесул ракӏал жиндехунго руссинаризе. Гьебги кӏудияб махщел гьечӏищха?
Гьединаб букӏана «Ватӏаналъул» гӏисинал кьурдухъабазулгун тӏоцебесеб лъай-хъвай ккараб лахӏзат. Хадур ниж рилълъана Гӏалил кабинеталде. Батӏи-батӏиял соназда ансамблялъе щварал грамотабазул, баркалаялъул кагътазул, каранда ралел, гӏодор лъолел батӏи-батӏиял шапакъатазул, кубоказул цӏун рукӏана къадалги, гьединго гьесул кабинеталъул ункъабго бокӏонги. Къадазда чӏван рукӏана батӏи-батӏиял соназда батӏи-батӏиял шагьаразда рахъарал ансамблялъул гӏахьалчагӏазул ва жиндирго сураталги. Цо сураталда гьев лъимадул гӏадаб гьимигун вукӏана эхетун. Цоги сураталда — гӏолохъанав Гӏали къамартӏго, тӏад чухъаги ретӏун, боржине къачӏараб цӏум гӏадин, сценаялда кьурди гьабулев.
1988 соналдаса нахъе ансамблялъул гӏумруялда чанги хиса-басиял ккун руго. Чанцӏулго хисун буго гьелъул цӏарги. Мисалалъе, цо заманалда «Талихӏаб лъимерлъи» абун букӏана гӏисинал кьурдухъабазул къокъа. Телевизоралдасан, гьел рихьизарулеб заман ракӏалда буго. Гьел рукӏана 1990-абилел сонал. Хадуб букӏун буго «Имамат» абурабги ансамбль. Букӏана заман «Кавказ» абураб цӏаргун гьел цере рахъунебги. Гьел киналго рукӏанин «Ватӏаналъ» хӏадур гьарурал проектал, гьел киналго ансамблязда гьелъул «лъималин» абизе бегьулин бицана Гӏалица. Щибаб заманалда ва заманалъул чвахиялда дандеккезабун, рекъезарун лъурал цӏарал рукӏанила гьел.
— Амма жибго «Ватӏан» ансамбль кидаго букӏана. Хӏабургъарал 1990-абилел соназдаги, гьелдаса хадуб кинаб заман бачӏаниги, щибалда хӏалги рекъезабун, церехун галабиги тӏамулаго ана ниж. 33 сон ана гьеб гӏуцӏаралдаса нахъе. 33 сон — гьеб буго битӏун завалалда вугев гӏолохъанчиясул ригь. Гьел соназда жанир «Ватӏаналъ» куцан, хӏадур гьарун, гӏемерал гӏолилал ана къватӏире. Гьезул цо-цоял жакъа «Лезгинка» ансамблялдаги руго, цоял республика бахун къватӏирги руго, цогидал бизнесалдаги ратила, хутӏаралги чӏара-хьараб магӏишатги гьабун магӏарухъ, батӏи-батӏиял шагьараздаги ратила. Бечедаб тарих тана «Ватӏаналъ» нахъа, — йилан рекӏелъ чӏухӏигун абуна Гӏалица.
Огь, магӏарул кьурди, кьурдулел васал
Репетицияги лъугӏун, жанахӏалъур данде-данде руссун, бихьа-рагӏаралъул бицунел ругоан гӏисинал кьурдухъаби. Гьезие насихӏат гьабулев цо гӏолохъанчиги вугоан. Гьев ватана Гӏали Мухӏамадгӏалиевасул вас Мухӏамад.
— Гьал лъимал руго «Ватӏаналъул» гӏахьалчагӏи, — ян бицана Мухӏамадица. — Бищун гьитӏинасул буго микьго сон, бищун кӏудияв, ай Сагӏидил 13 сон. Гьасдасан байбихьизе бегьула дуца гара-чӏвари гьабизе.
— Бокьунгутӏи букӏинарогури дур, — илан гьикъана Мухӏамадица гьесда.
Букӏинарин, жаваб кьуна Сагӏидицаги.
«Ватӏаналде» гьев вачӏун вуго микьго сон барав чи. Тӏоцебе захӏмат букӏанищан гьикъидал, бигьагоги букӏинчӏин мукӏурлъана гьев.
— Бигьаго букӏинчӏо, масала, байбихьуда гьаниб чӏезабураб низамалде ругьунлъизе. Чӏахӏияз, мугӏалимзабаз бицунелъухъ кӏвар кьун гӏенеккизе малъула нижеда тӏоцебе. Гӏадлу хварал жал гьаризе, жегӏезе, хӏажат гьечӏого гӏемер гаргадизе бегьуларо. Захӏматго букӏуна гьеб кинабго къабул гьабизе, ниж гӏисинал чагӏилъидал, чӏахӏияз абунщинаб босизе гӏакълу жеги цӏубачӏел нижее захӏмалъичӏого букӏинищ. Хадуб, дагь-дагьккун ругьунлъула низамалде, — ян бицана Къурбанов Сагӏидица.
— Нужер репетициялъухъ валагьун вукӏана дун. Бащдаб сагӏаталда жаниб анцӏго батӏиябниги кьурди бихьизабуна нужеца. Гьел киналго ракӏалда чӏезарун кин бажарулеб?
— Щибаб къоялъ тӏадчӏун куцалел ругелъул, ракӏалда чӏечӏого хутӏуларо. Гьелъулъ аслияб жолъун дица рикӏкӏуна гъира-цӏа, кьурдуе ругьунлъизе бугеб шавкъ. Гъира-шавкъ гьечӏони, хӏасил ккезе гьечӏо.
— Дуего бищун кинаб кьурди бокьулеб?
— Дие киналго рокьула. Кавказалъул халкъалъул киналго кьурдабазе куцалелъул ниж гьанир. Амма бищунго рекӏее гӏола «Игитасул кьурди» абураб тайпа (Танец джигита). Цохӏо дие гуребги, дида цадахъ ругел киназего бокьула гьеб кьурди, — ян бицана Сагӏидица
Гьеб тасдикъ гьабуна Гӏалицаги. Сагӏидидаса цо соналъ гьитӏинав вуго гьев. Лъабго-ункъо сон буго «Ватӏаналда» куцалев вугелдасаги. Гӏага-шагарго Сагӏидилго гӏадал рукӏана гьесулги жавабал.
Щуго-анлъго сон баралдаса байбихьула нижеца лъимал къабул гьаризеян бицана Гӏали Мухӏамадгӏалиевасул вас Мухӏамадица. Гьанире рачӏун лъагӏел арабго бихьула бугищ гьесулъ (яги ясалъулъ) тӏабигӏаталъ кьураб гьунар яги гьечӏищали. Гьединал гьунар бугел лъимал рачӏинахъего лъала ратӏа рахъизе. Ансамблязде росилалде гьел цин батӏи-батӏиял бакӏазде, конкурсаздеги рачуна. Гьениб лъикӏаб кьурди бихьизабурал, бажари бугел васалги ясалги хадур ансамблялдеги росула.
— Мунги Ватӏаналъ куцарав чи ватила?
— Вуго. Амма дун гьаниве вачӏине кватӏана, гӏемераб мехалъ кьурдичӏо ансамблялда. Цогидал лъимал гӏадин анкьго-микьго сон баравго ккечӏо дун гьаниве. Рукӏун ратилаха гьелъие гӏиллаби.
«Ватӏан» школалда кьурдун гӏурал гӏолохъаби киса-кирго бегьула ратизе. Дагьав чи гурелъулха 33 соналда жанив гьаниса арав. Дида лъала, нилъер руччабазе цӏакъ бокьула ихтилат-кеп. Бертабалъ ва цогидал данделъабазда берцинго кьурдулев гӏолохъанчи вихьидал, гьагъадин кьурдизе лъалев вас дирги вугеваниян ракӏалде ккола гьезул гӏемерисезда. Гьеб пикруялда хадур рилълъун, чанги эбелалъ витӏун вачӏана жиндирго вас нижехъе кьурдизе ругьун гьавизе.
Нилъерго гьаниб кин гьабулареб, гӏурус ракьалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазецин бокьула Кавказалъул кьурдиги магӏарул бакъанги. Россиялъул чанго шагьаралде щведал дидагоги бихьана. Тӏоцебе нилъер кьурди бихьарал гӏурусал цӏакъго паналъун хутӏула.
Жакъаги гъираялда рачӏуна гьанире лъимал. Хӏасратго ахӏулеб кечӏго гӏадин, кьурди-хъат кидаго къиматалда букӏараб жо буго. Нилъер умумузеги бокьулаан гьеб, наслабаз наслабахъе кьун жакъаги ссиялда буго гьелде бугеб рокьиги асарги.
Гӏалигъалбацӏица «Ватӏан» ансамбль «асир» гьабураб куц
«Ватӏаналъул» васазул бищун гьитӏинав вакил ккола микьго сон барав Исмагӏилов Гӏалигъалбацӏ. Гьесул умумул ккола Лъаратӏа районалдаса. Гӏалигъалбацӏил кӏудияв эмен советияб заманалда районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулевлъун вукӏарав чи кколинги абун, гьесул умумузул биографиялъул интересаб бутӏаги рагьана Гӏалил вас Мухӏамадица.
— Анкьго сон барав чи вачӏана Гӏалигъалбацӏ «Ватӏаналде». Лъагӏалидасан гьев ансамблялде восана. Цохӏо соналда жаниб ансамблялъул кьеразулъе къабул гьави — гьеб ккола кӏудияб икъбал. Бокьа-бокьарав гӏолиласе щолеб талихӏ гуро гьеб. Гьанир цо-цо лъимал анкьго соналъ куцаниги, ансамблялдеги росичӏого нахъе уна. Гӏалигъалбацӏие тӏабигӏаталъго кьураб гьунар буго кьурдизе. Гьесул кӏудияб букӏинесеб батиялда щаклъи гьечӏо дир, — илан разиго бицана Мухӏамадица гьесул хӏакъалъулъ.
Сабурав гӏолилав ватана Гӏалигъалбацӏ. Гьесиеги бокьулеб буго «Магӏарул игитасул» кьурди гьабизе. Лъалел руго цогидал, Кавказалъул халкъалъул кьурдабиги. Гьев «Ватӏан» ансамблялъул гӏахьалчи вукӏин лъайдал, бертабалъ ва цогидал дандеруссиназда кьурдизеги вахъинавулев вуго. Гӏалигъалбацӏил анищ буго профессионалияв кьурдухъанлъунги вахъун, хадуб жиндирго школа рагьизе. Яги щиб лъалеб цо 10-12 соналдасан «Лезгинка» ансамблялда вихьизеги бегьула нилъеда гьев…
Ашахан Юсупов