Хӏайранал кьурдабазул хӏикматал бакънал

Гьале доб гьитӏинаб Дагъистан. Гӏисинал дагъистанияз, жидерго гъуждуздаги лъун, гӏагарал мугӏрузул тӏогьазда лъолеб букӏана Ватӏан. Гьале дол бахӏарчиял умумузул хӏикматаб гӏел. Гьазул щивасул кверазги, килщазги, беразги, бохдузги, балагьиялъги, гьимиялъги бицунеб букӏана гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъулги, цолъиялъулги, вацлъиялъулги, тарихалъулги, гӏадатал-гӏамалазулги хӏакъалъулъ. Ватӏаналъул гъасда бакараб цӏадул гвангъарал хӏенхӏаллъун ругел гьезул щивасул рекӏелъ букӏараб рокьул гучалъ цо лахӏзаталъ гӏумругицин лъалхъизабураб асар гьабулеб букӏана. Цохӏо кӏалалъ гӏадин, «гьарррссс», — илан гьез ахӏидал, гьеб гьитӏинабго залалда тӏибитӏун бачӏана Дагъистан, жиндирго чӏухӏигун, тӏадегӏанлъигун, тӏокӏлъигун.

Цебе бачӏунеб букӏана хӏеренлъиялъулги, хӏасраталъулги, хӏикмалъиялъулги къатӏрабаз хасаб берцинлъиялъул накъишал угьарал, расенал сокӏкӏарал гьайбатал сипатал. Гьеб параялъ, пикрабазул куркьбаздаги рекӏун, дун щвана магӏарухъе:

— Мугӏрузул каранда убачалги гьарулаго, гьезул ахалъабазде сухъмахъалги рахъулаго гочун унел лъаралгун иццал. Гьел иццазухъе, баччун гӏеретӏгун, къокъун ячӏуней «гӏанаби багӏарай, берал чӏегӏерай магӏарулай». Магӏарул гӏертӏиниса гьекъолеб мугӏрул иццазул лъиназулги букӏунеб тӏагӏам. Пикраби-анищазда гьеб иццухъ гӏодой чӏарай гӏолилай. Гьеб лъел къатӏраби гӏадал, рацӏцӏадал хьулазул гӏеретӏги цӏун уней йиго гьей.

Ва тохлъукьего. Гьале дов, гьалъул хьулазул багьадур. Чодаса гъоркьеги рещтӏун, лъим кьеларебищилан гьарулеб буго гьес. Гӏертӏил кӏалдисан бачӏунеб лъеца гьесда щурулеб буго гьай дур къисмат йигилан…

Гьеб гьуинаб сипат дихъа бахъана гьединалго гьуинал кьурдухъабазул «гьарррсссалъ».

Гьале дол лебалал дагъистаниял: цӏумалъул сипаталда васалги хӏанкъваялъул сипаталда ясалги. Цӏумалъул кваркьидакь гӏумруялъул гьогьен батарай магӏарулай. Лъедолеб буго хӏанкъва. Цӏумазул рорженалъул борхалъуда лъолеб буго магӏарулас магӏарулалъул намус.

Цо заманалдасан бахъана кьвагьи. Ватӏаналъул гӏорхъабазде тушман гӏагарлъизегӏан, хвел тӏаса бищарал гӏолилазул хвалчабазул зваргъи. Гьелъ ахӏулеб букӏана хӏалбихье жидер Дагъистаналдехун квешаб бералъ ралагьизегицинилан.

Гьале доб цояб рахъалдасан лъедон рачӏунел ясалги, гьезда хӏургицин хъваларедухъ, щулиял квераз гьезул тӏадегӏанлъиги цӏунун, церехун рачӏунел васалги. Гьез ахӏулеб бугин кколеб букӏана:

— Ниж цоцазда релълъаралги батӏи-батӏиялги. Цого гӏадаталги, цого къасдалги, цого гъасда бакараб цӏаги, цого цӏадухъ цого хинлъиялда хадур рачӏунел гӏолилал васалги ясалги.

— Мацӏал батӏиял ругониги, ракӏазул кьабиги кӏутӏиги цо буго нижер, — илан ахӏулеб букӏана гьез, Кавказалъул халкъалъул кьурдабиги рихьизарулаго.

Гьеле гьеб кинабго букӏана дунялалдаго машгьураб гӏолилазулгун лъималазул кьурдул ансамбль «Ватӏан». Гьале доб кьурдабазул хӏикматаб мацӏ. Гьеб мацӏалъ бицарабщинаб къиса нижее гьеб сордоялъ. Дунялалдаго бищунго берцинаб, киназдаго бичӏчӏулеб мацӏ букӏунеб буго кьурдул.

Гьебин абуни, цӏакъго бичӏчӏулеблъун батана жиндилъ берцинлъиялъул хасаб гогьар бугеб «Ватӏан» ансамблялъул мацӏ. Цӏакъго тӏадегӏанаб роржен кьун буго гьелъие гьеб мацӏалъул автор Гӏали Мухӏамадгӏалиевас.

Моцӏрохъе кьурдулел

талихӏал цӏваби

Гӏали Мухӏамадгӏалиев лъаларев дагъистанияв ватиларо. Гьесги гьесул гьунарчагӏазги гӏемер бицана дуниялалъе Дагъистаналъулги, Кавказалъулги, Россиялъулги.

Рикӏкӏен гӏемерал дир анищазда гъорлъ букӏана цо гьитӏинабго анищги – хӏикматаб кьурдул улкаялда гӏумру гьабун ругел Гӏалилгун ва гьесул гьунарчагӏазулгун лъай-хъвай гьабизе. Ва гьале ахир-къадги тӏубана дир гьеб анищ.

Газеталъул хӏалтӏухъабигун цадахъ щвана гьесухъе гьоболлъухъ.

Ва пана гьаюна гьел кьурдабаз гьаб нухалдаги. Дида ракӏаде ккун букӏана лъица куцалел хасал хореографал ратилилан. Бихьулищха, рукӏун гьечӏо – живгоги жинцаго ругьун гьарурал жиндирго цӏалдохъабиги.

Лъималазе бицунеб мацӏалъул хӏеренлъиги гьесул. Берзул балагьигицин кьурдулеб бугин кколеб букӏана гьесул. Тӏолабго гьурмада бакълъун кунчӏараб гьимигицин «кьурдилеб» букӏана лъималгун цадахъ.

Гьале гьанибги дида цебе бачӏана дагьабги хӏикматаб сипат:

— Гӏали гьеб лахӏзаталъ вукӏана моцӏлъун. Моцӏрол канлъуца киса-кибего роцӏинабун буго сверухълъи. Гьеб моцӏрода сверухъ ракӏарарал гӏисинал-чӏахӏиял цӏвабиги.

Гьез сверун ккураб моцӏроца рачунел рукӏана талихӏалъул бакънал. Гьел бакъназ асир гьарурал цӏвабзаз рачунел рукӏана долго бакънал. Гьел киналго бакъналги цолъун, лъугьараб хӏикматаб улкаялда цӏарги хӏикматаб бугоан – ВАТАН.

Бокьун букӏараб куцха цохӏогӏаги нухалда свери бахъизе. Рикӏкӏадасанго свериги босун, боржине къачӏараб мугӏрул цӏум кинигин, цӏавуцӏун Гӏали вачӏунелъул, кьурдизе лъаларелъулги бохдул жалго расандизе лъугьунел ратила. Ракӏ ахӏделеб букӏана яхъа кьурдизейилан…

Суратаз бицараб къиса

Репетициялдаса хадув Гӏали регӏана нижергун харбиде. Щвана гьесул кабинеталде. Ва кинабго бичӏчӏана — щибго суал кьечӏонигицин, суратаз бицараб къиса гӏелаан. Ансамбль гӏуцӏаралдаса жакъа къоялде щвезегӏан «Ватаналъул» къисматалъул талихӏаб къиса бицунеб букӏана кабинеталъул къадада ругел суратазги ва сураталгӏан гӏемерал шапакъатазги.

Гӏалица бицана нижее щибаб сураталъул тарихги. Щибаб шапакъаталде аскӏовеги щвана гьев, суратаздасан жиндие гьимулел рукӏарал цӏалдохъабазеги гьимана гьев…

Гьеле гьединаб батана жиндирго гӏумруялъул талихӏал лахӏзатал гӏагараб «Ватӏаналъе» сайгъат гьарурав Гӏали Мухӏамадгӏалиевасул къисматалъул гьайбатаб къиса…

Шамай Хъазанбиева