Республикаялда коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал къойидаса къойиде хӏалуцунеб бугин бицунеб буго тохтурзабаз. Магӏарул цо-цо районазда гьеб тӏибитӏиялъул рахъалъ кинаб ахӏвал-хӏал бугебали цӏех-рех гьабуна нижецаги.

Хунзахъ ЦРБялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Шарипат Хӏамзаловалъул рагӏабазда рекъон, Хунзахъ районалда коронавирусалъ унтаразул къадар дагь-дагьккун цӏикӏкӏине лъугьун буго. Гьебги хӏисабалде босун, Хунзахъ ЦРБялда 40 унтарав вегизе бакӏ гьабун буго.

«Жакъа больницаялда вегун вуго 32 унтарав. Больницаялда вирусалде данде ва цогидалги къваригӏанщинал дараби чӏезарун руго. Гьелдаго цадахъ, унтаразе хӏажалъулеб кислородалъулги централизованияб къагӏида гьабун буго, кислородалъул концентраторалги руго. Эпидемия байбихьаралдаса нахъе, кӏудияб кумек щвана нижее администрациялъул рахъалдасанги. Гьединго «Инсан» фондалъги гӏезегӏан кумек гьабуна.

Коронавирусалдаса сах гьариялдаго цадахъ районалда вакцинаби гьариялъул хӏалтӏиги унеб буго. Вакцина гьабуна 7231 чиясе. Прививкаби гьаризе ниж хьвадула хъутабаздеги росабалъеги. Районалде вакцинаялъул 11020 доза бачӏун букӏана. Гьабсагӏаталдаги нижер гьаниб буго лъабго батӏияб вакцина. Гӏодоркъоязухъ, байрамазухъ балагьичӏого гьарула вакцинабиги», — ян бицана Ш. Хӏамзаловалъ

Гъуниб

Гъуниб ЦРБялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Шапиевас бицана:

«Кӏиго анкьалъ цебеги больницаялда коронавирусалъ унтарав 13 чи гурони вегун вукӏинчӏо. Коронавирусалда сверухъ ахӏвал-хӏал хӏалуцун кӏиабилеб анкь буго. Лъабго отделение рагьун букӏаралъуб, кӏигоябги къан цохӏо отделение хутӏун букӏана. Гьебгицин къазе бегьилин кватӏичӏогоян абураб хьулалда рукӏана ниж. Жакъа больницаялда вегун вуго коронавирусалъ унтарав 43 чи. Дарабиги гӏураб къадаралда руго. Батӏи-батӏиял росабазул участкабазде щола ниж. Амбулаториял унтаразда хадуб кин хъулухъ гьабулеб бугебалиги хал гьабула. Гьабсагӏаталда цо чӏараб къагӏидаялда буго унтаразул ахӏвал-хӏал. Цо-цо мехалда больницаялда гӏоларого букӏуна унтарал захӏматго лъугьараб мехалъ хӏажалъулеб цӏакъ багьаяб кӏиго препарат. Гьелъул цо дозаялъухъ 100-120 азарго гъурущ ккола. Цӏакъго, захӏматго унтаразе гьабичӏого гӏоларо гьеб дару. Гьел дарабиги Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса гьоркьо-гьоркьор рачӏуна больницаялде. Битӏараб бицани, гъоркь рачӏун рукӏаралги лъугӏун, гьеб захӏматго унтаразе хӏажалъулеб хирияб дару хутӏун гьечӏо гьабсагӏаталда больницаялда. Гьелде ккезе рес бугел, захӏматго унтарал кӏигоял руго гьабсагӏат. Нагагь гьеб багьаяб даруялде хӏажалъиги ккани, гьебги больницаялда гьечӏони, нижецаго гӏарац бакӏарунги тӏалаб гьабула гьеб дару. Рес бугони, унтаразул гӏагарлъиялъги абула жидецаги балагьилин. Талихӏалъ, гьединаб ахӏвал-хӏал къанагӏат гурони букӏунаро. Районалда карантин гьабизе ккараб хӏалги гьечӏо», — ян.