ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас Дербенталда тӏобитӏана 2025 соналде щвезегӏан гьеб шагьар цебетӏезабиялъул хӏакъалъулъ бицунеб данделъи. Гьелда хурхараб план хӏадуреян гьабураб хасаб хӏукму буго РФялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустинил.
Гьеб хӏалтӏуда гьоркьобе уна шагьаралдаса рачӏунел хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциял рай, лъел рогӏрал къачӏай, школалгун больницаби рай, туристал тӏаде цӏалел бакӏал къачӏай ва тӏадеги гьел рай, шагьаралъул къватӏал къачӏай. Гьединго «Южный» абун тӏубараб микрорайонги базехъин буго гьениб. Гьелда бакьулъ букӏине буго чанго батӏияб динал цолъизарулеб рухӏияб центрги.
Гьабсагӏаталда шагьаралда лъазабун буго «Аваин» абураб цогидаб микрорайон цебетӏезабизе тӏаде босулев подрядчик валагьиялъул конкурсги.
Гьел киналго хӏалтӏабазе гӏарацги кӏиго нухалда биччазе буго. Цин – 5, 7 млрд гъурущ (гьелда гьоркьоса 4, 5 млрд гъурущ букӏина федералияб централдаса биччалеб, 92 млн гъурущ – республикаялъул бюджеталдаса, 1 млрд гъурущ – бюджеталдалъул гурел бакӏаздаса биччалеб).
Кӏиабизе биччазе буго 177,5 млрд гъурущ (42, 2 млрд гъурущ -федералияб бюджеталъ; 7, 3 млрд гъурущ -республикаялъ кьела; 127, 9 млрд гъурущ щвела бюджеталдалъул гурел бакӏаздаса).