Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас тӏобитӏараб данделъиялда бицана Расул Хӏамзатовасул юбилеялде гьабизесеб хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.
Гьелда бан республикаялда цо-цо бакӏал къачӏазе гӏарац биччаян Москваялде официалияб кагъат битӏизе ракӏалда буго председателасда. Аслияб куцалда Хунзахъ районалдаги Махӏачхъалаялдаги ругел объектал ккола гьел. Масала, гьениб хӏукму ккана Расул Хӏамзатовасул цӏар лъураб Миллияб библиотека капиталияб куцалда къачӏазе.
Гьединго Хунзахъ районалъул бетӏер Нурмухӏамад Задиевасул пикруялда рекъон, лъикӏ букӏинаан Цӏада «Хъахӏал къункърабазе» ва Расулие лъурал памятникалги, Хунзахъ Культураялъул кӏалгӏаги, районалда шагьранухалги къачӏани.