ДРялъул Транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, исана лъагӏалил ахиралда Кьохъе щвезегӏан къачӏан бахъина «Грозный – Болъихъ – Хунзахъ – Гьерекӏдерил майдан» нухлул цо бутӏа.
Грозныялдаса байбихьараб гьеб гьабсагӏаталда къачӏалеб буго кутакалда борхатаб гӏандадерил мухъалдасан (ралъдал гьумералдаса 2000 метралъ борхатаб бакӏ). Цо-цо бакӏазда мугӏрул гӏанлъун, шагьранухал гьариялда цадахъго, хъилги тӏолеб буго гьенибе.
Россиялъул президент Владимир Путинил тӏадкъаялдалъун бахъулеб нух ккола гьеб. Гьедин Гьаракӏунибе щвезегӏан бачӏунеб гьеб нух къачӏан бахъиналдалъун лъикӏлъила Дагъистаналдагун Чачан Республикаялда гьоркьор ругел даран-базаралъул, культураялъул, росдал магӏишаталъул суалал. Гьединго цӏикӏкӏина цоцахъе хьвадулел туристалги. Гьабсагӏаталда гьезда гьоркьор бищунго машгьурал бакӏалги гьеб нухккун ругелъулха (Гӏанди-хӏор, Мочӏохъ-хӏор, Макьасда, Цӏобокь рагӏал, рихьундерил хӏор ва цогидалги бакӏал).