13 ноябралда Каспийскиялда («Анжи-Аренаялда») тӏобитӏизе буго Open Dagestan абураб туризмалъул форум. Гьелъул гӏахьалчагӏи ккола туризмалдехун хурхен бугел гӏадамалги, гӏиси-бикъинаб даран-базаралъул чагӏиги, пачалихъиял хъулухъчагӏиги.

«Дагестан диалог», «Dagestan Habar» ва «Орen GR» абун лъабго батӏияб майданалда бицине буго туризм цебетӏезабиялъе ругел тӏабигӏиял ресазулги тӏалъиялъ гьелъие гьабизе бегьулеб кумекалъулги хӏакъалъулъ. Гьединго росдал магӏишаталъул, энергетикаялъул, дармил ва промышленниял компанияз форумалда бихьизабизе буго жиде-жидерго продукция.