Магӏаруллъиялъухъ гӏищкъу бергьарай
Лъимерлъиялъул лъалкӏал
Гӏемерал лъимал ругеб хъизан. Бугищ дунялалда цоги берцинлъи. Сордо-къоялъ рокъоса лъугӏуларел ахӏи-хӏур, релъи-хъуй, гӏода-руцӏцӏин, хадур-цере кӏудиял гӏун рачӏунел лъималаз киса-кирего рахъулел талихӏалъул гӏажаибго берцинал накъишал. Цоял – хурир, цоял — рокъор, цоял — школалда, цогидал — ясли-ахалда. Цинги талихӏаб гъасде цадахъ данделъулеб кӏудияб хъизан.
Гьеб беэдула гӏумруялъул аслияб кочӏоца — эбел-инсул насихӏатазги дахӏабабал малъа-хъваязги, ва гьелъ нилъ нухарегӏула заз-хъарахъалъулги тӏугь-дузулги цӏурал гӏумруялъул нухазде.
Ва цинги – сапарал, сапарал, сапарал… Гьел сапаразда йиго жакъаги Хатимат.
Хӏеренго, недегьго, хӏикматго, гьабсагӏаталдаги цее эхетун йигей гӏадин, бицуна Хатиматица жиндирго къисматалда талихӏ бекӏкӏарай кӏодоэбел Сурхайил Патӏиматил хӏакъалъулъ.
— Лъимерлъуда гьелъ кьурал гӏумруялъул дарсал, нухде бараб тӏех гӏадин, ратана дида. Кӏодоэбелалъул кӏудияб махщел букӏана кицаби-абияздалъун гаргадизе. Гьелъ щибаб кициялъе мисалги бачунаан. Бокьулаан гьелъул гӏакъилал биценазухъ, харбазухъ гӏенеккизеги. Унго-унгоги, букӏунеб букӏараб лазатха хасалил халатал сардаз, тӏинцӏи-цӏулалъ бакараб печа-лъул ракӏ хӏайран гьабулел бакънахъги гӏенеккун, магӏарул маргьабазул багьадурзабазул гьунаразулги, магӏарул яхӏ-намусги цӏунун цӏадаре кӏанцӏизе хӏадурал ясазул биценазулги, бахӏарчиял васазул ишазулги рагӏизе.
Гьелъго батила дилъ бижараб магӏарул халкъияб кӏалзул гьунаралде рокьиги. Ва кӏодоэбелалъул гӏумруялъул дарсазухъе къойил гьабулеб сапаралъул хӏасиллъун ккола гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация хъвай. Темаги дир букӏана кицабазе сайгъат гьабураб. Сапараз унелъул, нухда батулеб лъел цӏураб гӏеретӏлъун рукӏана ва руго кӏодоэбелалдаса ирсалъе щварал кицабазул, абиязул цӏурал хулжал, — ан бицана Хатиматица.
Байбихьуда дица бицен гьабураб кӏудияб хъизамалдаса талихӏай магӏарулай йиго Хатимат: микьго яцги цо вацги руго гьезул хъизамалда Кидаго урхъун йикӏунаан дунго кӏудияб хъизамалъухъ. Гӏемераз цадахъ кунеб квандацин букӏунелъулха гӏажаибаб тӏагӏам.
Кӏудияб хъизамалда гӏурал лъималги рукӏуна тарбия щварал. Гьеб бихьула Хатиматилъги. Гьадинаб хӏабургъараб, гӏадамазул цоцаздехун бугеб рокьул багьа учузлъулеб, «намусалъул» чирахъги сун унеб заманалда, дида рагӏичӏо гьелъ кигӏан квешасулги хӏакъалъулъ квешаб рагӏи абулеб. Гьелъ хӏаракат бахъула щивав чиясулъ лъикӏлъиялъул, гурхӏел-рахӏмуялъул къатӏраби ралагьизе.
Тӏоцебесеб – лъай-хъвай
Доб заманалда цӏакъ бокьулаан магӏарул радиоялъухъ гӏенеккизе. Цо къоялъ дида рагӏана, цӏакъго рекӏее асар гьабулеб хӏалалда чӏужугӏаданалъ рикӏкӏунеб магӏарул кечӏ.
«Жакъа дида дунго хванилан ккана», — ян абураб Хӏамзатил Расулил кечӏ букӏана рикӏкӏунеб. Ва гьеб рикӏкӏунебги букӏун буго Хатиматица.
Гьей ятана дир курсцояй гьалмагъалъул гьудул. Гьелъул кумекалдалъун дирги Хатиматилги лъай-хъвайги ккана. Гӏемер щолаан дун Хатиматихъе, магӏарул радиоялда гьей хӏалтӏулеб заманалдаги. Бокьулаан магӏарул адабияталъул хӏакъалъулъ гьелъул пикрабазухъ гӏенеккизеги.
Щибаб хамизалъ дандчӏвала
Жакъа магӏарулазда Хатимат Мухӏамадова лъала, РГВК телеканалалдасан «Гӏаданги. Гӏамалги. Заманги» абураб передача бачуней журналист хӏисабалда. Гьел передачабазда миллаталъул чӏухӏилъунги бухӏилъунги кколел магӏарулазул хӏакъалъулъ щибаб хамиз къоялъ бицуна Хатиматица нилъее. Гьеб мурадгун журналистка щвечӏеб магӏарул цониги районги батиларо. Кӏудияб талихӏлъун Хатиматица рикӏкӏуна гӏагараб халкъалъ къабул гьайи:
— Дун даим урхъун йикӏуна магӏаруллъиялъухъ. Гьелъул махӏ чӏвала киса-кибего. Мугӏрул тӏогьаздасан бакъуде данде кенчӏолел гӏазул къатӏраби, гьеб кенчӏеялъухъе гӏедегӏунел гучал накӏкӏал. Заманалдасан гьеб сипат хисула тӏогьода босараб авлахъалда расандулел кьагӏазул гъадиялъги, йокьулелъухъ угьдулеб вехьасул щвантӏихалъул гьаркьихъ хӏасратго гӏенеккараб тӏабигӏатги. Гьеб берцинлъиялда берккелин хӏинкъарай гьелъул сихӏкъотӏиялъулги ахӏи-хӏуралъулги хӏухьбахъи цӏунун бугеб бакъ хисула сардил бахӏарай – шагьримоцӏалъ. Гьелъул берцинлъиялъе хъатчӏвалел цӏик-цӏикарал цӏвабиги. Гьеле гьеб хӏикматалъухъ ралагьун гӏорцӏуларел магӏарулазда бахиллъула дун. Дие гьел ккола Дагъистаналъул каранда кенчӏолел жавгьараллъун. Магӏарулаз гъуна дир жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏуда куркьбал. Гьел куркьбаз магӏарулазухъе щвезабула дир гьезде бугеб рокьи. Щибаб хамизалъ къватӏибе бачӏунеб передачаги ккола нижер рокьул кьо. Гьелъ чӏаголъи кьола дир хӏалтӏуе, — ян бицана Хатиматица.
Гьеб рокьул ссакӏ щулияб букӏин бихьизабуна дагьал церегӏан къояз Поэзиялъул театралде гьелда юбилеялъулаб байрам баркизе батӏи-батӏиял районаздаса рачӏарал магӏарулаз. Гьезул кӏалъаязулъги баркиязулъги бихьулеб букӏана Хатиматиде бугеб адабги рокьиги.
— Гӏадамазе бокьуледухъ, гьезул ракӏал тӏаде цӏаледухъ передача хӏадур гьабичӏони, гьелъул магӏна ккола дицаго диего бараб гьаялъе дун хилиплъанин абураб – мунагьал чураяв, магӏарул миллаталъул борха-лъилъунги тӏадегӏанлъилъунги даим хутӏарав Гъазимухӏамад Гъалбацӏовас магӏарулазе сайгъат гьабураб передача тӏаса-масаго хӏадуризе ихтияр гьечӏо дир. Гьелъго батила дилъ къуватги бижараб – гьеб передача дие ккола ункъабилеб лъимерлъун, — илан чӏухӏадго бицуна гьелъ.
Кӏудияб хъизамалъул балъголъаби
Хъизамалъул хӏакъалъулъ гьикъидал, кенчӏола гьелъул берал, гӏажаибго берцинаб гьимиялъ къалъизабураб гьурмада рещтӏуна талихӏ.
— Дир эмен Нурудиница гӏемерал соназ нухмалъи гьабуна росдал советалъе, эбел Салтанат хӏалтӏана росдал школалда учительлъун. Нижеца эбелалда цо нухалъ гьикъана щай гьелъие гьадигӏан гӏемерал ниж, ясал, рукӏаралилан.
Нижги къвалакье рачун, гьелъ бицана:
— Дир хирадал, нужеда гьабсагӏаталда гьеб бичӏчӏуларо, бичӏчӏизеги рес гьечӏо. Щайгурелъул хинаб гъасда нужеда лъалеб гьечӏо чиякълъи щиб жояли. Масала, нужер кӏодоэбел ургъулей йикӏана гьеб кин бачахъилебали. Рукъалъул ункъабго бокӏнида чан къан чӏун бугеб чиякълъиялъ чанги къакъана гьей. Кӏвечӏо чиякълъиялда гьей къуркьизайизе. Гьалеха гьанже долъул рекӏелъ нугӏ гӏадин рекӏун чӏун букӏараб чиякълъи бачахъана нужеца. Амма нужеда лъазе гьечӏо щиб жо чиякълъияли. Гӏела нуж кӏудиял. Унгоха, цо нуж цоцазе хӏажалъизе ругеб куц, — ан, бадиб хулараб магӏуги бацӏцӏунаго, сихӏкъотӏун чӏана гьей.
— Дица дирго ясазеги бицуна гьеб къиса ва гьез диеги, кидаялиго нижеца, микьайго ясалъ гӏадин, къотӏи гьабуна чиякълъи аскӏобе биччангутӏизе, — ян абуна Хатиматица.
Пагьму цӏубалеб гӏужалда
Цӏакъго къанагӏатал гӏадамазе гурони кьун гьечӏо Тӏадегӏанас, Хатиматие гӏадаб махщел. Доб сордоялъ Поэзиялъул театралде рачӏараздаги бихьизабуна гьелъ пасихӏго кучӏдул цӏализе бугеб пагьму.
Ункъо-щуго кечӏгицин рекӏехъе лъазабизе нилъее захӏмалъулеб мехалда, гьелъ байрамалде рачӏаразе рикӏкӏана Расулилги, Фазулги, Мухӏамад Ахӏмадовасулги, Цӏадаса Хӏамзатилги, Залму Батирова-лъулги, Мухӏамад Патахӏовасулги, Къурбанмухӏамад Мухӏамадовасулги, Тубхӏат Зургьаловалъулги кучӏдул.
Хатимат Мухӏамадовалда 50 сонилаб юбилейги баркулаго, бокьун буго гьелъие гьаризе талихӏалъул къатӏрабазул цӏикӏкӏараб къадарги, жиндирго даимал сапаразе икъбалги, магӏарулаз жиндиего сайгъат гьабураб рокьуе кидагосеб ритӏухълъиги.
Шамай Хъазанбиева