«Гӏанкӏу хӏинчӏ гуро ва Финляндияги къватӏисеб улкалъун кколаро»
Гьедин абулаан нилъер кӏудияб улкаялда советияб хӏукуматалъул заманалда. Гьелъие гӏиллалъун рикӏкӏунаан Советияб Союзалдаги Финляндиялдаги гӏадамазул гӏумру релълъараб букӏин. Амма гьабсагӏаталда руго гӏемерал хаслъаби.
Моцӏрол харж – гьавураб къоялдасаго
Москваялъул хӏукуматалъул хӏукмуялда рекъон, 2018 соналъул январалдаса нахъе лъимер гьабурай чӏужугӏаданалъе сайгъат гьабулеб буго лъимадуе хӏажатаб къайи (роддомалдаса рокъобе бачине). Финляндиялда гьеб къагӏида хӏалтӏулеб буго 1930-абилел соназдаса нахъе. Цин сайгъатал кьезе байбихьана ресукъал хъизамазул улбузе, хадубккун – киналго гӏолохъанал улбузе.
Финляндиялда кьола лъималазул пособие (lapsilisä) – гьелъул роцен бахуна 100 евроялде. Иргадулаб лъимер гьабураб мехалда, пособие цӏикӏкӏинабула. Гьеб кьола лъимералъ 17 сон базегӏан. Лъималазе кьолеб гӏарац бокьухъе хӏалтӏизабизе ихтияр буго, амма эбел-инсуца гьеб лъола банкалда лъимадул цӏаралда рагьараб счеталда. Школа лъугӏараб мехалда, гьеб гӏарац сайгъат гьабула лъимадуе. Цоял гьеб гӏарцухъ бащдаб лъагӏелалъ сапаразде уна, цогидаз гьеб банкалда лъола, тӏадеги гӏарац бачӏиналде хьулгун; лъабабилез гьелъухъ босула мина-рукъ.
Хӏалтӏуда бащадго хӏухьбахъиги
Хӏалтӏул къо лъугӏидал, гьабулеб иш рехун тола. Щуго минуталъ гьабун рагӏалде бахъинабизе рес бугеб хӏалтӏиги гьез метералде тӏамула. Анкьида жаниб хӏалтӏул заман бахуна 37,5 сагӏтиде. Чӏезабуралдаса цӏикӏкӏараб заманалъ хӏалтӏизе кколев чиясе харжги цӏикӏкӏун кьезе тӏадаб буго нухмалъулесда. Яги гьес хӏалтӏи гӏуцӏизе ккола цого чиясде хӏал щоларедухъ, ай кватӏизегӏан хӏалтӏуда чӏезе ккеларедухъ. Гьеб гӏадаталъул зарал камунги букӏунаро. Масала, гьатӏан къоялъгицин кафе къала къаси сагӏат анлъго тӏубарабго. Амма гьелдаса разигьечӏолъи загьир гьабуларо цониги чияс: щивасда бичӏчӏула, гӏадамазе хъулухъал гьарулел идарабазул хӏалтӏухъабазулги рекӏее бокьараб ишалъе яги хъизан-лъималгун хӏухьбахъизе заман букӏине кколеблъи.
Щивасе – канлъи
нахъречӏчӏизабулел алатал
Финляндиялъул хӏукуматалъ щивав гражданинасда тӏадаблъун гьабуна октябралдаса марталде щвезегӏан пальтоялдагун курткаялда яги кодоб баччулеб таргьаялда канлъи нахъречӏчӏизабулел алатал рекӏинари. Гьеб букӏине бегьула рахсида бараб хӏайван-хӏанчӏил (яги цогидаб жоялъул) сурат-сипатлъун ялъуни тӏад борчараб рачеллъун. Цо-цо фабрикабазда рукъула ратӏлида гьединал алатал. Гьединаб закон бахъана, финназул гӏемерисез рохьазда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулеб букӏин ва гъотӏода нахъасан вачӏунев чи машина бачунев шоферасда вихьунгутӏиги хӏисабалде босун. Финляндиялъул шагьаразул къватӏазда сардилъ букӏунаро беццизегӏанасеб канлъи. Гьеб гӏадаталъ рес кьуна нухазда къварилъи ккеялъул хӏужаби дагьлъизаризе.
Байрамкъоялде гьуинлъаби
Жамгӏиял кванил бакӏазда букӏуна хасаб къоялъул хӏурматалда квен хӏадурулеб гӏадат. Масала, хамизалъ кафеялда букӏуна хилъалоялъул чурпаги гӏодокариялъул мурапагун ва тӏорахьгун кьолел хъухъанчадалги. Кибго тӏибитӏун буго Рунебергил пирожное – гьеб хӏадурула финназул шагӏир Йохан Людвиг Рунеберг гьавураб къоялъул хӏурматалда. Гьев гьавуна щуабилеб февралалда. Январалдаса февралалъул анцӏабилеб къоялде щвезегӏан гьеб нигӏмат чарагьечӏого букӏуна рестораназдаги кафеяздаги.
Гьекъолеб лъим чӏобого кьола
Хельсинкиялъул киналго рестораназда чӏобого кьола гьекъолеб лъим. Гьеб гьекъезе бегьула краналдасаги. Амма финназ гӏемер гьекъола кофе – къо гьитӏинаб ва гьава-бакъ бакӏаб букӏиналъул хӏасил. Супермаркетазда жанирго кофемашина хӏалтӏизабизе ихтияр кьола – дагьа-макъабго гурони мухьги гьелъухъ босуларо.
Кӏиго цӏияб сон
Цӏияб сон кидаго дандчӏвала хъизамалда цадахъ. Амма буго жеги «гьитӏинаб цӏияб сон» — гьеб кӏодо гьабула гьудул-гьалмагъзабигун, ишцоялгун, хӏалтӏухъабигун цадахъ. Финназ гьелда абула Пиккуйоулуян. Байрам байбихьула ноябралдаго, ва щибаб коллективалъ гьеб тӏобитӏула жидеего санагӏатаб къоялъ. Бегьула чанцӏулго кӏодо гьабизеги – чанго къоялъ батӏи-батӏиял къокъабигун цадахъ.
Инсан – гьвел гьудул
Хельсинкиялъул къватӏазда дандчӏваларо бетӏергьан гьечӏеб цониги гьой. Финляндиялъул тахшагьаралда гӏагарлъухъ дандчӏвазе бегьула гӏанкӏ, цер, ритӏучӏ ва цогидал рохьил хӏайванал. Амма бихьуларо тӏалаб гьабичӏого рехун тараб рукъалъул цониги хӏайван. Финназул законалда рекъон, цониги гьой яги кету тезе бегьуларо кварида (рахсида) бачӏого. Рахсидаса гьел риччазе бегьула гӏицӏго сверун къараб азбаралда. Щибаб хӏайваналда бала хасаб чип: нагагь гьеб билани, хехго батула ва хӏайваналъул бетӏергьабаздаса гӏакӏаги бахъула, букӏине кколеб тӏалабалдаса махӏрум гьабиялъухъин абун.
Финназ цӏакъ хӏисаб гьабула гӏарцул. Масала, цо кету хьихьизе ккани, гӏураб къадаралда харжал гьаризе ккола. Гьединлъидал, кету, гьой, ялъуни цогидаб хӏайван рокъоб хьихьизе ракӏалде ккарав чи анцӏцӏул ургъула.
Хӏайванал хьихьулел приютаздаса кету яги гьве бачине бокьарав финнав гӏемераб заманалъ чӏезе ккола иргаялда. Гьесухъе хӏайван кьелалде халгьабула психикияб хӏалалъухъги, моцӏрое щолеб харжалъухъги, хӏайваналъул жаваб кьезе бажарулищалиги.
Ибупрофеналъ сахлъизарула
Захӏматал унтабаздаса хехго сахлъизарула финназул медицинаялъ. Масала, тӏончӏорукъалъул рак унтиялдаса цӏуниялъул мурадалда, гьоркьоса къотӏичӏого чӏобого халгьабула щияй гӏаданалъухъ. 50 сон баралдаса нахъе чӏобого халгьабула маммологасги.
Амма бетӏер унтаниги, спортзалалда рукьбузе зарал кканиги, квачалъул унти щваниги, финназул тохтурзабаз абула, мадар лъугьинегӏан ибупрофен гьекъеян.
Цебеккунго лъазабе
Нилъер гӏадамазул гӏадат гьечӏо гьудулзабазда цадахъ хӏухьбахъиялъул мурадалда цебеккунго план хӏадури. Масала, бокьараб заманалда чи гьудуласухъе кӏалъазе ва «вилълъа гьабсагӏаталда дида цадахъин абун», дандчӏвазе бегьула. Финляндиялда гьеб низам «хӏалтӏуларо». Моцӏалъниги цебе дандбазе ккола пуланаб дандчӏвай. Гьелъул билълъанхъараб къагӏида буго гьадинаб. Масала, «Дур заман букӏине бугищ, дида цадахъ 4 марталда къаси сагӏат анлъгоялда рестораналде вилълъине?» абураб суалгун электронияб почалде кагъат битӏизе ккола февралалъул бащалъиялдаго. Гурони дандчӏвазе рес батуларо.
Гьалбал рокьула, амма…
Къотӏносан унев чиясе къварилъи ккани, кумекалъе рортизе хӏадурал чагӏи руго финнал. Гьоболасул адаб-хӏурмат гьабиялъеги цӏакъал руго гьел. Амма дагъистанияз гӏадин кваназавуларо гьобол. Гьоболлъухъе чи ахӏулелъул, гьез мухӏкан гьабула заман, масала, къасикванде вачӏаян ахӏула. Гьебмехалда финнасул столалда букӏине бегьула цо салатги, чурпаги, гьуинаб чадил кесекги. Чаялъул цо пакет гӏезабула гьез ункъо стаканалъе. Гьеб рикӏкӏунаро къарумлъилъун – гьеб буго сундулъго роцен чӏезабиялъул гӏаламат ва щибаб жоялдаса пуланаб бутӏа тӏокӏлъизабизе жигар бахъи.
Хӏадур гьабуна Мадихӏат Хӏажиевалъ.