Гьес гӏадамазул ракӏазулъ рекьана лъикӏлъиялъул мугьал

Исана 13 февралалда гӏумуруялдаса ватӏалъана Болгариялдаса Добри-кӏуди. Гӏадамазда гьев лъалаан лъикӏал ишазе гӏоло гьардолев чилъун. Амма гьес гьарун щвараб цо капекцин жиндиего толароан. Добри-кӏудица гьабулеб букӏана кӏудияб иш — гьес гӏарац кьолаан килисаби къачӏазе.

Добри-кӏудица 100 сон бараб мехалда хъван букӏараб макъалаялдалъун бокьун буго, ракьалда лъикӏлъиялъул лъалкӏалги тун арав гьев лъикӏав инсан, Добри ракӏалдещвезавизе.

Гьев вихьизе бегьула Болгариялъул тахшагьаралъул къватӏазда. Гьесие ургъел букӏунаро цӏорой-квачалъулги, горо-цӏералъулги, ракъи-къечалъулги. Жиндирго кружкаялъуб гӏарац лъурал лъималазул квераздаги баула гьес. Гьев кӏвахӏаллъуларо Тӏадегӏанасул хӏакъалъулъ щивасулгун гара-чӏвари гьабизеги, гьезул щивасда абизе берцинал рагӏабиги ратула гьесда. Амма Добри гьардухъан гуревха. Гьелъул гӏаксалда, гьес жинцаго хвасар гьарулел руго ургъел гьечӏолъиялдаса гӏадамал, гьес гьезие кьолел руго гурхӏел-рахӏмуялъул дарсал. Добри-кӏудица кӏудияб адаб гьабула киналго гӏадамазул. Жиндие гьабураб квешлъиги хехго кӏочонги тола гьесда. Херасда бихьула сверухъ бугеб тӏекълъи-мекълъиги, амма рекӏекълъуларо, ракӏбуссунаро, гьелъул гӏаксалда, гьес хӏаракат бахъула гӏадамазул ракӏазулъ лъикӏлъиялъул мугьал рекьизе.

Добри-кӏудил балъголъаби

Херасе бокьуларо жиндирго хӏакъалъулъ лъиениги бицине. Гьес гӏунги тӏокӏаблъун рикӏкӏуна жиндирго хӏакъалъулъ гӏадамазда лъалеб жо — гьев киназдаго лъала Болгариялъул килисаби цӏигьарун къачӏалев чи хӏисабалда. Кӏудица жиндирго гӏумруялдасагицин кӏвар бугеблъун рикӏкӏунеб буго гӏадамазе лъикӏлъи гьаби.

Кӏудияб ракӏалъул инсан Добри гьавуна 1914 соналда Байлово росулъ. Гьесул букӏана ункъо лъимер. Кӏигоял камиялъул захӏмалъабиги рихьана гьесда. Гьесда хадуб хъулухъ гьабулеб буго Софиялда гӏумру гьабун йигей ясалъ. Амма цо-цо мехалда гьесул ракӏбакъвачӏого хутӏуларо, жиндирго хӏакъалъулъ гӏадамаз рицунел кьучӏ гьечӏел харбал рагӏидалги. Масала, жиндирго лъималазе ирсалъул бутӏаго течӏин гьесин абулелги камуларо. Гьесул араб гӏумруялъул хӏакъалъулъ лъала гӏицӏго гьев рагъда гӏахьаллъаравлъи ва гьев дагьавго гӏинкълъаравлъи.

Гӏадатияб рукъалъулги кӏудияб

ракӏалъулги хважаин

Рукъги цӏакъго гӏадатияб буго херасул. Ругел ресаздасаги квегӏенлъиялдасаги пайда босуларо гьес. Гьес гьабсагӏаталда гӏумру гьабулеб буго росдал килисаялъул азбаралда бугеб гьитӏинаб рокъоб. Гьениб тахги буго, амма кӏуди чӏарбида вегула. Столалда тӏад — чадил гьитӏинабго кесекги бащдаб помидорги — гьеле гьесул квенги.

Квачараб хасалил рогьалилъ гьев вихьула, гурун гъуждулгун, ведроялъ лъим баччулев. Гьеб гьитӏинабго рукъ къачӏалев чиясе жинцаго кумекги гьабуна гьес.

Добрил тӏад ретӏараб парталги, гъалараб расги, басриябго гӏабаги, вакӏа-вахари гьечӏеб рагъа-рашариги бихьараб мехалда, гьев лъаларезул ракӏазе лъугьуна цо батӏияб асар. Амма гьединав херавго лъикӏ гурищха, ришватчилъиялъулги, рухӏияб мискинлъиялъулги, ургъел гьечӏолъиялъулги махӏ бахъарал жакъасел цо-цо гӏадамаздаса.

Гӏолохъанав Добри Добрев гӏемер хьвадулаан лъелго. Къойил гьес толаан 25 километр манзил нухлул. Гьанже гьесда лъелго хьвадизе кӏоларо. Автобусазул шоферзабаз рекӏадухъ гӏарацги босуларо гьесухъа. Риидал цо-цо мехалда гьев вихьула гӏадамаз кьураб хъарпуз куневги.

Лъикӏал ишазул вакил

Ахираб заманалда кӏуди гӏемер щола Софиялда бугеб килисаялде. Гьениб гьес бакӏарулеб буго Кириллилги Мефодийилги цӏаралда бугеб килиса къачӏазе гӏарац. Гьединго гьес гӏемераб гӏарац кьуна Елешиналда бугеб монастырьги ва цо росдал храмги цӏигьабизе. Амма бищун цӏикӏкӏараб къадаралъул гӏарац Добри-кӏудица кьуна Александр Невскиясул храм-памятник къачӏазе. Абизе бегьула, гьединаб цӏикӏкӏараб къадаралъул гӏарац гьес тӏубараб гӏумруялъ данде гьабунилан.

Гьабураб лъикӏлъиялъухъ баркала хӏисабалда, гьесие, рокъоб лъезе къайиги босун, кумек гьабизе бокьун букӏана храмалда ругезе. Амма херас инкар гьабуна.

Гьаруралщинал лъикӏлъабазул халгьабун, Добри-кӏуди дандекквезе бегьула маргьабазул багьадур Цӏорол Дадада. Добри-кӏудица лъималазе сайгъатал гуроха кьолел ругел. Гьес лъималазе сайгъат гьабулеб буго гӏумру тӏегьаялъул аслулъун кколеб лъикӏлъи. Лъикӏлъи — гьеб ккола гӏадамазе кьураб Добри-кӏудил сайгъат. Гӏадамазги хадусеб гӏелалъухъе кьезе кколеб…

Деси Велева