Магӏарул театралияб маданияталъул цевехъанасул гӏумруялъул сухъмахъазда

«Бокьун буго ракьалда диргоги лъалкӏал тезе. Биччанте хадусел наслабаз дир хӏалтӏуе битӏараб къимат кьезе. Абизе бокьун буго — дир гӏумру гӏадада инчӏо, бажарана инсанлъун хутӏизеги. Биччанте магӏарулазул ракӏазулъ хутӏизе дир гьитӏинабго хӏалтӏул шавкъалъул лъалкӏал».

Хӏ. Гӏабдулгъапуров

Театр — гӏумруялъул матӏу

Щиб жо кколеб театр? Матӏуялъусан гӏадин бихьула гьенисан инсанасул къисматги, гьесул рохелги, магӏуги, сухъмахъал-шагьрабиги. Театралъул актер. Щивха гьевги кколев? Гьес, цин велъун, цинги гӏодун гӏадамазе бицуна гьезулго гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Цингиги театр сценаялда лъурасул щиб кӏварха бугеб? Гьев ккола жибго гӏумруялъул режиссерги дирижерги. Гьес, кверги ккун, нухарегӏула театр кӏудияб сапаралде. Гьелъул рукӏуна жиндирго сухъмахъал. Гьел сухъмахъалккун цебехун унаго, гьелда цо-цояз зинкӏкӏула, цогидаз гӏодоб ккезабула, тӏаде бахъинабула, лъабабилез гьеб къабул гьабула, гӏумруялъ жидерго къисматалъе кьолеб салам гӏадин. Гьеб сапаралда театралда цадахъ даим вукӏана ва гьанжеги вуго гӏемерал соназ гьенив бетӏерав режиссерлъун хӏалтӏарав ва гьанже, гьелде тӏадеги, гьелъул художествияв нухмалъулевлъун кколев магӏарул тӏоцевесев профессионалияв режиссер Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров.

Ракӏалъ ахӏулев вуго

Ботӏрода савуялъ бусен гьабулеб гӏужалда, цӏакъ бокьула гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал нахъехун регизе — дун дандчӏвала лъимерлъигун. Ракӏалъ хӏасратго ахӏулев вуго гьениве. Хӏохьбала гьелъул иццухъ, ва цере рачӏуна, кӏудияб дунялалде дун витӏулаго, гьелъ дие гьарун рукӏарал малъа-хъваял. Дида бичӏчӏулеб букӏана дирго, гьитӏинав бесдаласул, хвасарлъи цохӏо дилъго букӏин. Лъимерлъиялъ дун лъадарана. Бокьун, бичӏчӏун гуро лъаялда хадувги лъугьарав — гьеб киналдего дун кантӏизавуна гӏумруялъ. Гьитӏинго бичӏчӏана гӏумруялъул магӏнаги. Бесдаллъиялъул согӏаб квачӏалъ дун тӏамуна гӏумру буххизе.

Гӏемер чиясухъа гуро бажарулеб, херлъаниги, лъимерлъун хутӏизе. Амма рацӏцӏадал пикрабазулги тӏокӏкӏарал анищазулги Хӏайбулагьида дица абилаан даимаб лъимерилан.

Балагьана. Бихьана. Пикру гьабуна

Гьавуна Хӏайбулагь Шамил районалъул Ракьуб росулъ. Заманалдасан хъизан гочинабуна Чачаналъул Нажавюрт районалде. Гӏагараб росу тун унел магӏарулазул кинаб хӏалха букӏун батилеб! Руссана гьенисаги гӏагараб ракьалде. Бажарана гӏумруялъул карачелазде данде лъедонги. Жибго гӏумруялъ малъана гьеб. Гьелъ кантӏизавуна гӏемераб жоялъул пикраби гьаризеги. Ва Хӏайбулагьица гӏолохъанлъиялде каву къирана.

1959 сон. Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров уна цӏализе Типлисалде Шота Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталде. Цӏалул отличник хӏисабалда, Хӏайбулагьие щолаан К. Марджанишвилил цӏаралда бугеб стипендия. Гьев кколаан институталъул гӏелмияб советалъул членги. 1964 соналда, багӏараб дипломалда институтги лъугӏизабун, хӏалтӏизе лъугьана Буйнакскалда Магӏарул театралде. Дол соназ Магӏарул театралда вукӏинчӏо режиссер. Дагъистаналъул хӏукуматалъул гьариялдалъун Типлисалъул театразул нухмалъулезухъе хъвала цо Магӏарул театралъул актерасе режиссерлъиялъе цӏализе бакӏ гьабейилан. Ва гьениве цӏализе цӏидасанги витӏула гӏолохъанав актер Хӏайбулагь. 1967 соналда багӏараб дипломалда гьеб цӏалиги лъугӏизабула актерас. Кӏиго соналъ тӏадеги цӏалана Москваялда, Маяковскиясул театралда. Гьединго кӏиго соналъ стажировка гьабуна Ленинградалда.

Хӏайбулагьил гӏумруялъул дарсал

Дун гӏемер ургъула мунагьал чураяв хъвадарухъан Мухӏамад Сулимановасул цо пикруялда тӏад. Дос гӏемер такрар гьабулаан: «Дун Культураялъул министерствоялъукьа гуро хӏинкъулев. Дун хӏинкъула культура гьечӏеб министерствоялъукьа», — йилан.

Дида гьел рагӏаби гӏемер щола ракӏалде жакъаги. Гьеле гьениб буго кинабго хӏабургъинабун. Жиде-жидер бакӏазда гӏадамал гьечӏолъиялъ хӏалтӏи цебетӏезе квалквал гьабулеб буго. Цояв цоясул гӏагарав, гъов гъовцоясул гӏагарав, цогидав — цогидасул гьудул-гьалмагъ — гьеле гьеб даражаялда ругони, кинха нилъ церехунги инел.

— Ганчӏалцин рихьуларез чӏинхазул бицунеб заман буго гьаб.

Гьанибго бицен гьабизе бокьун буго поэзиялъул хӏакъалъулъги.

— Поэзия букӏине ккола жибго гӏумруялдасаги тӏадегӏанаблъун. Гьеб хъирщадизе бегьуларо. Гьанже гӏемерисеб шигӏру гьединаб буго.

— Щивав чиясул букӏине ккола щибаб секундалъ, щибаб лахӏзаталъ жиндиего кьолеб суал. Гурони, нилъ гӏумруялъ нахъа тола.

— Кинавго чиясе лъикӏавлъун вукӏине, гьесие дандекколедухъ гӏумру гьабизе хӏалкӏоларо инсанасда. Цӏакъго гӏемер лъикӏлъи цого чиясеги гьабизе бегьулеб жо батичӏо дида. Гьелда дица абилаан хӏалихьатаб лъикӏлъийилан.

— Гьитӏинго бесдаллъиги ракъиги бихьарав дица тӏубараб гӏумруялъ хӏаракат бахъана гӏаданлъун вахъине ва хутӏизе. Лъана ччугӏалъун лъедезеги хӏинчӏлъун воржинеги буго махщел.

— Жакъа гӏемерисез хӏаракатго бахъулеб гьечӏо гӏадамаллъун лъугьине ва хутӏизе. Рагьараб ццидацаги балъгояб жахӏдаялъги кунеб буго инсанасул гӏумру. Гьеб кӏиябго жоялъ квалквал гьабулеб буго гӏадамазе жакъаги. Къобахъанагӏан гьеб кӏиялъго гьужум гьабулеб буго гӏадамазде, ва хӏалуцунеб буго гьезул гӏумруги. Рухӏияб бечелъиялда чӏвараб кьавулъун руго жахӏдаги ццинги.

Гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал цӏидасанги нахъехун регулелъул, дурго кинаб гӏамалалдаса инкар гьабулеб букӏарабилан кьураб суалалъе Хӏайбулагьица кьуна гьадинаб жаваб:

— Дир буго, щвараб гӏор гӏадин, гьулчун бачӏунеб гӏамал. Гьелъго батила, цо рахъалъан босани, дие гьадинавлъун хутӏизе кумек гьабураб. Цоги рахъ босани, квалквалги буго — лъиениги бокьулеб гьечӏо жидерго рахъалъ абулеб битӏараб, ритӏухъаб рагӏи рагӏизе. Эбелалъ гъоцӏоца лъимер бухулеб гӏадин, вухулев вуго гӏумруялъ. Унго-унгоги зама-заманалдасан гьелъ зинкӏкӏунги толеб куцха!

— Дида гӏумру гьабизе тӏахьаз малъана. Гьезго малъана битӏараб абизеги, ритӏухълъиялъе гӏоло къеркьезеги, хӏалихьалъигун вагъизеги.

— Дида абулеб бугони гӏумруялъул сухъмахъазул киналдаса инкар гьабилеб букӏарабилан, дица цонигиялдаса инкар гьабилароан, гӏумруги байбихьилаан гьелго сухъмахъаздасан.

Адабияталда ва маданияталда

тарал лъалкӏал

Хӏайбулагьица гвангъарал лъалкӏал толел руго миллияб адабияталдаги маданияталдаги.

Гьесул буго кӏиабилеб рукълъун жиндие лъугьараб ва абадиялъго хутӏизе бугеб Магӏарул театралъе сайгъат гьабураб тӏехь. Гьениб гьес кӏудияб рокьигун ва адабгун бицунеб буго театралъул тарихалъул, гьелъ магӏарулазул гӏумруялъулъ кколеб бакӏалъул, театралъул машгьурал артистазул хӏакъалъулъ. Гьев ккола 18 литературиябгун драмаялъул асаралъул авторги. Гьес магӏарул мацӏалде буссинабуна 55 пьеса ва гьезул кьучӏалда хъварал спектаклял лъуна театралда. Масала, магӏарул адабияталда хасаб бакӏ ккола гьес магӏарул мацӏалде руссинарурал К. Хетагуровасул «Фатима», А. Навоил «Лайла ва Мажнун», В. Пшавелил «Гьобол ва хважаин» абурал ва цогидалги асараз. Хъвала Хӏайбулагьица шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул, композиторазул, артистазул юбилеялъулал тадбиразе сценариялги. Гьес хъварал сценариязда рекъон, тӏобитӏана 30-ялдасаги цӏикӏкӏун тадбирги дандеруссинги.

Гьединго гьес хъвана гӏемерал макъалабиги, кучӏдулги, драмаялъул асаралги. Масала, пьесаби «Махӏмудги Муиги», «Бакьайчӏиса Чӏанкӏа», «Унсоколоса Хӏожоги гуржиявги» (биценалъул кьучӏалда) ва цогидалги. Хъвана Хӏайбулагьил хӏакъалъулъги. Гьелъие мисаллъун ккола магӏарул хъвадарухъан Гӏарип Расуловас гьесул хӏакъалъулъ хъвараб «Театр. Режиссер. Спектакль» абураб тӏехь. Хӏамзатил Расулица Хӏайбулагьие сайгъат гьабураб кочӏоца бицунеб буго магӏарулазе гьесул пишаялъул бугеб кӏваралъулги, миллатцоязул гьесде бугеб адабалъулги рокьулги хӏакъалъулъ:

— …Къоял дуе — русби, санал дур – гуми,-

Гаван пагьмуялъе бугищ, адмирал!

Дуниял — театр, гӏалам — актерал,

Аэродром гьечӏеб самолет — гӏишкъу…

Щуго тӏадабги бан, анлъабилебги

Аллагьасе базе ккола нилъеца.

Бекьулеб ракь дагьаб авар халкъалъе,

Щибаб росдай хасаб устарлъи кьедал…

Бокьараз бокьараб бицеян абе,-

Нилъер алмазалда рекӏинаро гъиз.

Гъоба гъварилъуда гъулгъулел иххаз

Ахирги ралъдалъе балагьила нух…

Шагӏирас кочӏолъ рехсараб устарлъиялъул хважаинлъун ккола Хӏайбулагьги. Хасаб устарлъиялъулха. Гьеб ккола, кинаб заман бачӏаниги, кинав хӏаким вачӏаниги, лъидаго, сундаго гьесухъа бахъизе кӏвечӏеб гӏагараб театралде бугеб хӏикматаб рокьи.

Театр — гӏумруялъул магӏна

Жакъа Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров вуго жинцаго тӏасабищараб гӏумруялъул борхалъуда. Гьесда гӏураб къобихьана, гьелъул сухъмахъал ва шагьраби нахъа толаго. Амма цо къоялъ таричӏо гьев, ана цевехун. Ва гьесул хьолбохъа багъаричӏо доб жинцаго нахъе рехилаанин абулеб бугеб щвараб гӏор гӏадин гьулчун бачӏунеб гӏамал. Гьелъ течӏо гьесие гьерсиеги тӏекълъиялъеги бетӏер къулизеги жахӏда-хӏусудалъулгун гьудуллъи кквезеги.

Рачӏаха, цӏидасанги цодагьалъ нахъехун бегилин Хӏайбулагьил гӏумруялъул тӏехь. Гьеб тӏехьалъул хасаб бутӏа буго театралъе кьураб. Ракӏалдещвезарулел руго режиссерас хъварал литературиялгун драмаялъул цо-цо асаразул цӏарал:

«Хӏажимурад» (Л. Толстоясул къисаялдасан), «Ахӏун бахъинчӏеб кечӏ» (музыкалияб драма), «Жигит»-радиопьеса, «Ниж- гӏолохъанаб гӏел» (гӏолилазе хъвараб музыкалияб драма), «Эбелалъул хӏакъалъулъ кечӏ» ( Расул Хӏамзатовасул асараздасан), «Пандур ва ханжар» (литературиябгун музыкалияб композиция), «Релъиги магӏуги» (литературиябгун музыкалияб композиция) ва цогидалги.

Хӏайбулагьица Магӏарул театралъул сценаялда лъуна гӏурус, Дагъистаналъул ва къватӏисел пачалихъазул авторазул асараздасан 180-ялдасаги цӏикӏкӏун спектакль.

Театралде тӏамураб тӏоцебесеб галилъун гьесие ккола Р. Фатуевасул пьесаялдасан лъураб «Магӏарулал» абураб спектакль. Гьелъухъ Хӏайбулагьие щвана тӏоцебесеб даражаялъул диплом. Гьелдаса хадур – М. Горькиясул «Херав», Софоклил «Антигона», Бомаршел «Севильский цирюльник», Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай», Гӏ. Хачаловасул «Аманат»… Гьедин 50 соналъ ахӏана Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуровас Магӏарул театралде гӏагараб халкъ.

Цохӏо Магӏарул театралда гуребги лъуна Гӏабдулгъапуровас спектаклял. Масала, Лезги театралда — Х. Авшалумовасул «Имам Шамилил тилмач», Гӏурус театралда — Р. Фатуевасул «Магӏарулал», Тумазул театралда — А. Нухирашвилил «Чинчрака», Лъарагӏ театралда — С. Гӏабдулал «Тӏагьир ва Зугьра». Даргиязул драматург С. Рабадановасул «Батирай» абураб пьесаялда рекъон лъураб спектаклялъухъ гьесие щвана Дагъистаналъул пачалихъияб премия.

Театралияб махщелалъул борхалъуда

Театралъе кьураб 50 сон. Дагьабищ гьеб яги гӏемерищ? Амма лъала Хӏайбулагьица абизе бугеблъи гьеб байбихьи бугилан.

— Бокьун буго хӏалхьиялде ине, хӏалтӏиги гьечӏого вукӏине гуребха. Хъвазе ракӏалда буго гӏагараб росдал тарихалъул хӏакъалъулъ тӏехь. Гьединго бицина магӏарулазе миллиб маданияталъул матӏулъун кколеб Магӏарул театралъул тарихалъулги цебетӏеялъулги хӏакъалъулъ, — илан абуна Хӏайбулагьица.

Рачӏаха цоги нухалда раккизе режиссерасул гӏумруялъул тӏохьоде:

1964 сон — Магӏарул театралъул актер.

1970 сон — ДАССРалъул Культураялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота.

1971 сон — РСФСРалъул театралиял хӏаракатчагӏазул союзалъул член.

1971 сон — Магӏарул театралъул бетӏерав режиссер.

1972 сон — СССРалъул бокьараб профессионалияб театралда хӏалтӏизе ихтияр бугеб удостоверение щвана.

1972 сон — «ДАССРалъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи» абураб цӏаралъе мустахӏикълъана.

1980 сон — Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуровасе кьуна «ДАССРалъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар.

1988-2009 сонал — Магӏарул театралъул бетӏерав режиссер.

2009 сон — Магӏарул театралъул художествияв нухмалъулев.

2011 сон — «Адабият» литературиябгун театралияб гӏуцӏиялъул художествияв нухмалъулев- директор.

Жакъа Хӏайбулагь Гӏабдулгъапуров ккола Магӏарул театралъул художествияв нухмалъулевги бетӏерав режиссерги.

Нухал. Сапарал. Нухал

Жакъаги сапаразда вуго Хӏайбулагь. Гьез гьев вачуна гӏумруялъул кӏичӏ-кӏичӏарал нухаздасан театралияб махщелалъул мутӏигӏ гьаризе захӏматал рорхалъабазде. Амма гьеб борхалъи мутӏигӏ гьабизе бажарана Хӏайбулагьихъа, щайгурелъул гьеб букӏана режиссерасул рекӏел ахӏи. Гьесда кӏвана жинцаго залимаб гъветӏилан рикӏкӏунеб театралъул гъварилъуде ваккизе. Ва гьес щибаб къойил лъалъана ва гьанжеги жиндирго лъаялъги, гьунаралъги, тӏадегӏанаб махщелалъги лъалъалел руго гьелъул кьалбал.

Нухал. Сапарал. Нухал – театралъухъе – магӏарулазухъе — театралъухъе…

Шамай Хъазанбиева