Исана сонги ани, «зобги роцӏун хутӏани»…

Гъуниб районалъул Сугъралъа фронталде ана 300-ялде гӏагарун чи. Тӏадвуссана 140-яв

Ватӏан цӏунизе ана тӏолабго улкаялъул гӏолилалги хералги. Ватӏан цӏунизе лъабго-ункъо чи арабги хъизам букӏана Сугъралъги. Рагъ байбихьилелдего советияб армиялда вукӏана дир инсул вац Хазам Исупил Гӏали. Гьес хъулухъ гьабулеб букӏана Литваялда. Гьесул кагътал жеги нахъе цӏунун руго, амма гьесул сипат-сурат дида лъаларо, нахъе цӏунараб цониги суратги архивазда батичӏо. Нахъе цӏунун ругел кагътазда гьес хъвалеб буго: «Исана сонги ани, тӏасиябги бачӏани, «зобги роцӏун хутӏани», (гьелъул магӏна дида гьанже бичӏчӏулеб буго: солдатазда махӏчӏвалеб букӏун батила рагъулаб хӏинкъи букӏиналъул) хадусеб соналъ, ИншаАллагь, дун рокъове тӏадвуссина», — ян. Гьаниб дие камураб жо гьечӏо, цохӏо гӏурус мацӏ лъангутӏи буго квеш ккараб иш. Туманкӏ кьвагьиялъул рахъалъин абуни, командирги дие мукӏурав вуго», — ян хъвалеб буго Гӏалица.

Амма Аллагьас хъван букӏун гьечӏо инсул вацасе тӏадвуссине. Гьес хъулухъ гьабулеб Прибалтикаялде рагъул тӏоцебесеб къоялъго бомбаби рана тушманас. Рагъ байбихьаралдаса къотӏун руго рокъоре рачӏунел рукӏарал Гӏалил кагъталги. Ахирисеб кагъат бачӏана 1941 соналъул 14 маялда Каунасалдаса. Лъаларо, гьенивго ракьулъищ гьев хутӏарав, яги цониги вацлъиялъулал хабалалъ вукъунищ вугевали. Гьесул тӏокӏаб хабар лъачӏо. Амма лъала, Расул Хӏамзатовас хъвавухъе, «Хъахӏал къункърабазул» кьеразулъ гьевги вукӏин…

Гьев тӏадвуссиналдаса лъадул хьулкъотӏичӏо 62 соналъ. Гӏали армиялде ахӏилелде кӏиго моцӏалъ цее ячун йикӏана гьес Хадижат. Гьев армиялда хъулухъ гьабулев вукӏаго, хвана лъагӏел барай гьезие гьаюрай Написатги. Лъугӏана наслу. Амма лъугӏичӏо ва лъугӏизе гьечӏо гьезул хӏакъалъулъ бицен ва гӏагарлъиялда гьел кӏоченаро.

1937 соналдаса байбихьун хвезегӏан, 1999 соналъул ноябрь моцӏалде щвезегӏан щибаб къоялъ тӏохил рагӏалдеги яхъун, гьабсагӏат Гӏали тӏадвуссине вугин пикрабазда, нухде балагьун йикӏунаан гьесул лъади Гӏалил Хадижат…

Кӏудияв вац Гӏалил хабарги рагъ байбихьаралдаса нахъе тӏокӏаб бачӏинчӏого, 1942 соналъул июналда гӏарзаги кьун, фронталде ана дир эмен — Исупил Мухӏамадги. Гьеб букӏана фашистал Кавказалде – Моздок шагьаралде гӏагарлъулеб заман. Доб заманалда дагъистанияздаса гӏуцӏун букӏараб гӏолохъабазул къокъа битӏана Моздокалде. Гьезда гъорлъ вукӏана дир эменги. Моздокалда гӏагарлъухъ «Эльхоталъулаб каву» абулеб бакӏалда кӏиго моцӏгӏанаб заманалъ рагъулаб тунка-гӏусиги ккун, советиял аскараз фашистал нахъе къазаруна. Абизе бегьула Кавказ цӏуниялъул рахъалъ гьеб кӏудияб бергьенлъи букӏанилан. Гьайгьай, нилъер армиялъеги ккана чӏахӏиял камиял. Махӏуги лъукъун, къвалакь гӏунсбигун тӏадвуссана дир эменги. Гьесие кьуна «Кавказ цӏуниялъе гӏоло» ва Бергьенлъиялъ 40 сон тӏубаялда бан медалал. Эмен хвана 2000 соналда.

Рагъ байбихьилелдего армиялде ахӏун вукӏана дир инсул вацгӏал Хачалов Ибрагьимги. Гьесги рагъул корониб бана чанго сон. Ибрагьим рокъове тӏадвуссана капитанасул чингун, 1946 соналда. Хӏалтӏана Сугъралъ, Къорода, Бацӏада росабазул школазда тарихалъул ва магӏарул мацӏалъул учительлъун.

Дир инсул вац Исупил Гӏалиго гӏадин, Хачалов Ибрагьимги вукӏана кьварарав, хӏинкъи-къай гьечӏев чи. Хвана 1978 соналда.

1943 соналда, 17 сон барав, жеги михъида хӏур чӏвачӏев гӏолохъанчи, Хачалов Гӏабдулмажидги, гӏумруялъул цо лъагӏел цӏикӏкӏинабурал документалги хӏадур гьарун, гӏарзаги кьун, ана фронталде. Тӏоцеве гьев, цогидал гӏолохъабиго гӏадин, витӏана Гуржиялъул Гори шагьаралде байбихьулал рагъулал хӏадурлъабазде. Гьениб кӏиявго вацасул — Ибрагьимилги Гӏабдулмажидилги ккараб дандчӏваялъулги бицун тела. Гориялда хъулухъ гьабулел гӏолохъаби, гьездаго гьоркьов Гӏабдулмажидги, рукӏун руго пиво гьекъолеб цо бакӏалда. Гьеб бакӏалде тӏаде бачӏун буго патруль. Гьезул командир, капитан Хачалов Ибрагьимги, патрулалъул кӏудияв хӏисабалда. Ибрагьимица абун буго:

— Нуж гьанир щиб гьабулел, нужер рагъулаб часть киб бугеб, командир щив кколев? — ан ва цадахъ вукӏарав кӏиявго патруласде буюрун буго: «Гьезул документазухъ халгьабе ва ППЗялде раче», — ян. Ункъо соналъ кӏудияв вац вихьун вукинчӏев Гӏабдулмажидица Ибрагьимида къвал бан буго…

Гьеб буго 1946 соналъул байбихьуда лейтенантасул чингун рокъове тӏадвуссарав мунагьал чураяв дир вакьад Хачалов Гӏабдулмажидица бицун букӏараб лъугьа-бахъин… Рагъ лъугӏун хадуб гӏемерал соназ гьев хӏалтӏана «Багӏараб байрахъ» газеталъул жавабияв секретарьлъун. Хвана 1994 соналда.

…Рагъдаса руссарал херал солдатал,

Сонал анагӏан нуж дагьлъулел руго.

Гуллие къуркьичӏел кьалул бахӏарзал,

Кьерда чӏезе гӏурал хутӏун гьечӏо нуж…

Гьал руго ДРялъул ва Россиялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, журналист, поэт Гӏабдулмажид Хачаловас Бергьенлъиялъ 40 сон тӏубаялъул хӏурматалда хъван букӏараб «Херал солдатал» абураб кочӏодаса мухъал. Жакъа гьезул кьерал хутӏунго гьечӏин абизе бегьула. Цӏаралин абуни абадиялъго хутӏила.

Гӏабдула Хазамов