Анищазул ва кочӏол куркьбазда
Дагъистаналъул мацӏазул фестивалалда
25 апрель. Махӏачхъалаялъул № 58 школалде (Семендер поселок) гӏагарлъулаго, рагӏулеб букӏана магӏарул зурмил гьаракьги къолол накуги. Гьелдаго цадахъ — пандрида рачунел бакъналги Дагъистаналъул цогидал мацӏазда ахӏулел кучӏдулги. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана Дагъистаналда 27 апрелалдаса 6 маялде щвезегӏан букӏине бугеб спорталъул кӏудияб байрам — эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталъе сайгъат гьабураб Дагъистаналъул миллиял мацӏазул фестиваль. Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана дунялалда машгьурал Дагъистаналъул речӏчӏухъаби-спортсменал: эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцӏул чемпион, дунялалъул чемпион Къурамухӏамад Къурамухӏамадов, Олимпиялъул хӏаязул гӏарцул призер Мухӏамад Ибрагьимов, шагьаралъул Собраниялъул депутатал, Махӏачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник Тӏагьир Мансуров, вузазул преподавателал, школазул нухмалъулел, журналистал, цӏалдохъаби.
Школалъул азбаралъуб Асхӏабгӏали Хӏасановас нухмалъи гьабулеб гьитӏинал палугьабазул къокъаялъул цебебахъиналъ берцин гьабун букӏана дандеруссин. Гьенибго гьитӏинал къолохъабазул къокъаялъги бихьизабуна Дагъистаналъул миллиял бакънал къолода ва пандрида рачине жидерго бугеб гьунар.
Гьелдаса хадуб данделъана школалъул жанахӏалъур. Щибаб миллаталъул майдан. Сверухълъиялдего чӏвалеб букӏана миллияб тепсиялъул нигӏматазул тӏагӏамаб махӏ. Аскӏобго- миллияб ретӏелги. Киса-кирего гьеб ретӏарал гӏолилал — васалги ясалги.
Нилъер умумуз абулаан рокьул хинлъи букӏунарила, богӏол рокьи хьолбохъ гьечӏонийилан. Цоцазул майданазда бугеб кванил хӏалбихьулел ругел цогидал миллатазул гӏадамазухъги балагьун, рухӏдаллъизе бачӏунеб букӏана.
Гьадинал байрамазда дагьабги лъикӏ бичӏчӏула Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул гучги къуватги. Ва аскӏоре гӏагарлъизего рокьуларо миллиял мацӏалги, маданиятги, гӏадаталги холел, тӏагӏунел ругин абурал пикраби.
Цинги данделъана школалъул данделъабазул залалда. Ва цӏидасанги рагӏана миллиял мацӏазул гьаракь. Гьел мацӏазда кучӏдул ахӏана ва рикӏкӏана №58 школалъул учительзабаз ва цӏалдохъабаз. Кинаб нурха букӏинеб байрамалда, кочӏода аскӏоб кьурдиги гьечӏони. Гӏисинал кьурдухъабаз кьурдул сверуда бицунеб букӏана жал тӏадегӏанаб Дагъистаналъул чӏухӏараб букӏинесеб бугилан.
Школалъул директор Шаганэ Баймурзаевалъ баркала кьуна байрамалда гӏахьаллъаралщиназе.
Лъугӏана миллиял мацӏазе сайгъат гьабураб иргадулаб байрам. Биччанте гьеб букӏине миллатазул жавгьараллъун кколел мацӏал цӏуниялде ва цӏилъиялде тӏамураб иргадулаб галилъун.
Шамай Хъазанбиева
***
Магӏарул адабияталъул букӏинесеб
Гӏолохъанал хъвадарухъабазулгун ва шагӏирзабазулгун дандчӏвай тӏобитӏана «Хӏакъикъаталда»
Гьелгун дандчӏвана ва гьезие магӏарул адабияталъулги, тарихалъулги, классиказулги хӏакъалъулъ бицана газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камаловас, ДНЦялъул ИЯЛИялъул профессор Ахӏмад Муртазагӏалиевас, газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъ.
— Магӏарул маданияталъул букӏинесеб буго нужехъ. Гьединлъидал нужеца кӏудияб кӏвар кьун цӏализе ккола миллияб маданияталъул классиказул асарал, лъазаризе ккола нилъерго мацӏалъул, адабияталъул хаслъаби. Щибаб къойил цӏалдечӏони, нужер шагӏирзаби рахъунаро. Цӏале гӏурусги, магӏарулги, Дагъистаналъул халкъазулги, къватӏисел пачалихъазул хъвадарухъаби-шагӏирзабазулги асарал. Кечӏ хъвазе ккола, гӏарац къваригӏун яги жакъасел кочӏохъабаз ахӏизе мурадалда гуреб. Унго-унгояб кечӏ хъвай — гьеб букӏине ккола нужер рекӏел ахӏилъун. Гурони, нуж цӏалдолезда ратуларо ва рихьуларо, — ян малъа-хъваял гьаруна гӏолилазе.
Жидерго кучӏдул цӏалана Чӏикӏаса Зайнаб Хӏажиевалъги, Рамазан Халидовасги, Хӏамзат Сурхаевасги, гьединго Гъуниб районалъул Хӏутниса Рамазан Гъазимухӏамадовас, Хунзахъ районалъул Сивухъа Шамсият Гӏабасовалъ, Лаваша районалъул Урмаса Насихӏат Гӏабдурашидовалъ, Гӏахьвахъ районалъул Изаноса Мадина Нуцалхановалъ ва Нечаевкаялдаса Фатима Тӏагьировалъ. Гьединго гӏолилаз бицана, жакъа тӏахьал къватӏире риччазе ккани, дандчӏвалел ругел захӏмалъабазул. Гьезул цо-цоязул руго тӏахьалги. Масала, Фатима Тӏагьировалъ къватӏибе биччана «Насихӏатазул квацӏи» абураб тӏехь. Руго тӏахьал Мадина Нуцалхановалъулги. Живго бетӏергьанаб гьечӏониги,тӏахьал къватӏире риччана Рамазан Гъазимухӏамадовасги. Гьес данде гьабуна магӏарул классиказул асараздаса гӏакъилаб калам, хъвана магӏарул шагӏир Махӏмуд-Апандил кучӏдузул хӏакъалъулъ жиндирго пикраби.
Хадурагӏи
Абизе ккола гьеб дандчӏвай букӏанин магӏарул маданияталде тӏоцересел галаби тӏамулел гӏолилазулгун бухьен гьабиялъул байбихьийилан. Гьез тӏаде босун буго цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб иш. Чӏанкӏалги, Махӏмудилги, Цӏадаса Хӏамзатилги, Инхоса Гӏалихӏажиясулги, Хӏамзатил Расулилги, Фазул Гӏалиевалъулги ирсилазул цӏаралъе мустахӏикъаллъун рукӏине ва хутӏизе ккани, бигьаго букӏинеги гьечӏо.
Зубейрат Ибрагьимова