Сергей Меликовас шапакъатал кьуна
2017 соналъул 17 июналда Табасаран районалъул Ерси росдада гӏагарлъухъ хасаб операция тӏобитӏулаго, къадаралде щвана Росгвардиялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул ОМОНалъул хӏалтӏухъаби. Гьезул гӏагарал чагӏазухъе шапакъатал кьуна РФялъул Миллияб гвардиялъул федералияб хъулухъалъул директор – РФялъул Миллияб гвардиялъул бетӏерав командующий, генерал-полковник Сергей Меликовас.
Гьеб тадбиралда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевги.
«Нилъедаса ратӏалъулел руго лъикӏаздаса лъикӏал. Гьезул мисалалда куцалеб буго гӏолеб гӏел. Дагъистаниязе, россиялъулазего гӏадин, хасиятаб буго гӏаданлъи, кумекалъе рахъине хӏадурал рукӏин, ватӏан бокьи. Нилъер бахӏарзазул бихьинчилъиялъ рес кьуна республикаялъул гӏумру лъикӏаб рахъалде хисизабизе, хасго хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабизе. Нилъеда тӏадаб буго бахӏарзазул адаб гьабизеги гьел кидаго рекӏелъ цӏунизеги», — ян бицана Владимир Васильевас.
Генерал-полковник Сергей Меликовас абуна нилъ налъулал ругин ватӏаналъе гӏоло гӏумру кьурал гӏолохъабазда цере. «Баркала буго жакъаги низам цӏунизе къеркьолел хӏалтӏухъабазе. Нужер хӏаракаталъул хӏасил бихьулеб буго киназдаго: цогидал регионаздаго гӏадин, парахатаб гӏумру буго гьаниб. Жакъа хасго бицине бокьун буго парахалъи цӏунулаго гӏумру кьурал бахӏарчиял дагъистаниязул хӏакъалъулъ», — ан бицана Меликовас.
Гьес Бихьинчилъиялъул орденал кьуна полициялъул кӏудияв прапорщик Султан Абакаровасул лъади Лейла Абакаровалъухъеги, полициялъул кӏудияв сержант Хӏалалмухӏамад Къурбановасул эбел Зайнаб Тӏагьировалъухъеги, полициялъул кӏудияв сержант Тӏагьир Хӏасбулатовасул лъади Зулпият Хӏасбулатовалъухъеги, полициялъул прапорщик Бийсолтан Хӏайбулаевасул вац Темирсултан Хӏайбулаевасухъеги.
Шапакъатал кьуна Дагъистаналъул Росгвардиялъул управлениялъул хӏалтӏухъабазеги. ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовасеги кьуна «Рагъулаб цолъиялъухъ» абураб медаль.
ДРялъул бетӏерасулги
ДРялъул хӏукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ
Дагъистаниязул
хӏакъалъулъ фильм
Владимир Васильев дандчӏвана Волгоград областалъул
губернатор Андрей Бочаровгун
Андрей Бочаровасда цадахъ Дагъистаналде вачӏун вукӏана РФялъул МВДялъул Волгоград областалда бугеб Бетӏераб управлениялъул начальник, полициялъул генерал-лейтенант Александр Кравченкоги. Гьелгун дандчӏвана республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовги, ДРялъул бетӏерасулги хӏукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовги.
Владимир Васильевас бицана гӏадамазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул мурадалда республикаялда гьарулел ругел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьес ракӏалдещвезабуна Волгоградалда бахъулеб бугеб Сталинград цӏунарал дагъистаниязул хӏакъалъулъ фильмги. Гьеб къватӏибе бачӏине буго ичӏабилеб маялде. «Нижее кӏудияб кӏвар буго гьелъул. Хьулги буго гьелъухъ цадахъ балагьизе рес щвелин абураб. Республикаялъул халкъалдаги бихьизе буго нужеца хӏакъикъаталдаги къимат гьабулеблъи нижер бахӏарчиял ракьцоязул», — ан бицана гьес.
Лъикӏаб хӏужалъун Васильевас рехсана промышленность цебетӏезабиялъул рахъалъ Волгоград областалъул губернаторасул заместительлъун дагъистанияв вукӏинги. Андрей Бочаровас Васильевасе баркала кьуна, Дагъистаналда хъулухъ гьабулел низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазе лъикӏал шартӏал чӏезариялъухъ.
Рекӏелгъеялъул центразде сапар
ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас халгьабуна цӏа ккеялдаса цӏуниялъул мурадалда гьабураб хӏадурлъиялъул
Республикаялъул нухмалъулесда цадахъ рукӏана РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб Бетӏераб управлениялъулги дармил центразулги нухмалъулел. Гьел щвана «Этажи» ва «Сити» абурал центразде.
Владимир Васильевас ракӏалдещвезабуна Кемерово шагьаралда ккараб балагь ва абуна гьединаб пашманаб къо нилъедеги щунгутӏиялъул мурадалда хӏажатал тадбирал цереккунго гьаризе кколин. «Цо-цоязда бичӏчӏулеб гьечӏо жидедаго тӏадаб жавабчилъи. Дармилгун рекӏелгъеялъул центразул бетӏергьабаз абулеб буго, жидеца гуреб, жидехъа ижараялъе тукаби росарал гӏадамаз хвезабулеб бугин гӏадлуян. Киназдаго бихьана Кемеровоялда ккараб жо. Хӏасил – дармил централъул хважаин жанив тӏамуна. Гьединлъидал щибаб централъул бетӏергьанасда лъазе ккола жавабчилъи жиндаго тӏадаб букӏин», — ан бицана гьес.
Республикаялъул нухмалъулес абуна кватӏичӏого халгьабиял рукӏине ругин киналго дармил центразда. «Цӏа ккеялдаса цӏуниялъул низамалъул халгьабулеб мехалда, бизнесчагӏазухъа хӏажат гьечӏониги гӏакӏа бахъунгутӏиялъул мурадалда, нужеца тӏасарище пуланал гӏадамал. Гьел хьвадизе руго халгьабиялъул комиссиялда цадахъ щибаб дармил централде. Гӏунгутӏаби гӏемер руго. Гӏадамазда лъалеб гьечӏо огнетушитель хӏалтӏизабизе, нагагь балагь ккани, гьелдаса жалго цӏунизелъун кирехун ва кисан ине кколебали. Цо-цо бакӏазда къан руго запасалъе тарал нухал – дармие зарал гьабулинги абун», — ан бицана гьес.
Сапаралъул хӏасилал гьес гьаруна, журналистазул суалазе жавабал кьолаго. «Ниж щварал центразул хӏалтӏухъабазда лъалеб батана огнетушитель бугеб бакӏги гьеб хӏалтӏизабизеги. Цӏа свинабулел алаталги руго, гьел жагъаллъунги гьечӏо. Запасалъе тарал нухалги хӏалтӏулел руго», — ян абуна Васильевас. Гьес лъазабуна Европаялъул Чемпионаталде дармилгун рекӏелгъеялъул центразда сверухъ бакӏазда рацӏцӏалъи букӏине кколинги.