Кулакасул василан цӏар щвечӏого хутӏана
«…Кьалда бахӏарчилъи бихьизабурав, Парзуласул тухум «тохаб» батана…»
Церегӏанго къоязда редакциялде ячӏарай Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъа Халилова Зулбикаца бицана «Хӏакъикъаталъул» «Рихьизе рокьула лъикӏал гӏадамал» абураб рубрикаялда бахъараб «Бице дур кӏудадал -рагъул гӏахьалчиясул хӏакъалъулъ» абураб макъалаялъ цоги нухалда ракӏалдещвезавунила Кӏудияб Ватӏанияб рагъда чӏварав эмен Парзулав.
«Совет Союзалъул Бахӏарчиясул цӏар кьезе вихьизавун вукӏарав гьесие, кулакасул вас вугилан, гьеб цӏар гуребги, цогидал шапакъаталги кьун гьечӏо, тӏадежоялъе, гьесул цӏар рехсараб бакӏцин гьечӏо. Гьеб ритӏухълъи гьечӏолъи «Хӏакъикъаталъгӏаги» битӏизабилародаян ячӏана дун нужехъе», — ян бицана гьелъ.
Нижергун букӏараб гара-чӏвариялда инсул хӏакъалъулъ Зулбикаца бицараб баян бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.
Дол рукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел сонал. Лъалеб букӏана Европаялда рагъул кор боркьулеб бугеблъи ва фашистал нилъер улкаялъул гӏорхъабазде гӏагарлъулел рукӏин. Киса-кибего гӏадин, Кӏаратӏа росдал гӏолохъабиги хӏадурулел рукӏана Ватӏан цӏунизе. Гӏолилал ругьун гьарулаан гугаризе, гамачӏ рехизе, туманкӏ речӏчӏизе, палугьанлъи гьабизе ва лъедезе, зама-заманалдасан гьезда гьоркьор тӏоритӏулаан батӏи-батӏиял къецалги. Росабалъ гьел тадбирал тӏоритӏулел чагӏи рукӏана, цебехун жидеца армиялда хъулухъ гьабурал гӏолохъаби: райкомалъул рагъулаб отделалъул заведующий Айтбер Бижанов ва ОСИОхималъул инструктор Парзулав Халилов. Гьезул бергьараб гьунар букӏана чотӏа гьунарал гьаризеги, граната рехизеги, кӏанцӏизеги, рекеризеги.
Айтбер Бижановасул ва Парзулав Халиловасул нухмалъиялда гъоркь районалъул комсомолаз, рагъулаб хъулухъалде ругьунлъизе хӏадурулаго, байбихьуда хӏадурана анкьго танкалъул макет, азаргогӏанасеб цӏулал граната, тункӏал, пулеметал, минометал ва гь.ц. Гӏолохъаби ругьун гьарулаан хвалчаца рагъизеги чода гьунарал гьаризеги. Малъун толароан, гьадин гьабизе кколин абун, жидецаго бихьизабулаан щибаб упражнениялъул мисал ва унго-унголъунги рагъда ругел гӏадин, гурхӏел тун, гӏолохъабаздаса тӏалаб гьабулаан кколеб къагӏидаялда гьел тӏуразари.
1941 соналъул сентябрь моцӏалда Парзулав Халилов, кьун гӏарзагун, рагъде ана. Гьесда цадахъ рукӏана Кӏаратӏаса М. Гӏазизовги Ансалтӏаса Б. Къайсаровги. Парзулав ккана Дагъистаналда гӏуцӏараб 345-абилеб кьвагьдохъабазул дивизиялъул 1163 полкалъул кӏиабилеб батальоналде. Байбихьудаго гьев тӏамуна взводалъул командирлъун. Рагъуе ругьун гьарулаго Дербенталда гӏемер заман бачӏого, гьезул дивизия рехана Новороссийскалде, гьениса — Севастополалде. 1941 соналъул октябралдаса нахъе гьенир кутакал рагъал унел рукӏана. Фашистаз гьенибе рехун букӏана Германиялъул 11-абилеб ва Румыниялъул лъабабилеб армиял, хасал частал ва гӏемераб рагъулаб техника. Цого заманалда шагьаралда вукӏана тушманасул 300 азаргоялдаса цӏикӏкӏун солдат ва офицер, 400 танк, 1000 гӏарада, 500 самолет ва гӏемерал гуми. Къокъго абуни, тушманасул къуват нилъералдаса, гӏадамазул рахъалъ лъабго нухалъ, техникаялъул рахъалъ анлъго нухалъ цӏикӏкӏун букӏана. Тӏадежоялъе, тушманасе кумекалъе цӏи-цӏиял дивизиял ва техника бачӏунеб букӏана, нилъеразе щолеб кумек цӏакъго мукъсанаб букӏана. Щайгурелъул Чӏегӏерралъдадасан Севастополалде рорчӏизе захӏмат букӏана. Рагъулаб фронт Кавказалде гӏунтӏун букӏиндалха.
Гумуздаса рещтӏарабго, дагъистаниялги рагъулъе ккана. Декабралъул ахиралда Севастополь цӏакъго захӏматаб хӏалалде ккун букӏана. Немцаз Северияб бухта цӏунараб дивизиялде кинабго рагъулаб къуват рехана, дивизиялъул гӏемерисел чӏвана, тушманас маххул нухлул станция босана. Гьел рагъазулъ Парзулас бихьизабураб бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьун, гьев тӏамула танкабазде кьвагьдолел гӏарадабазул расчеталъул командирлъун.
Гьоркьор къоял иналдего тушманас цӏидасан гьужумазде байбихьана. Цин сагӏаталъ гӏарада бана, хадур танкабазул ва лъелазул гьужумал рукӏана, цадахъго гьаваялдаса самолетаз бомбабиги рехулаан. Гьеб цӏадул корониб, квералъ ишан гьабун гурони, аскӏов вугев чияс абулеб-ахӏулеб жо рагӏулеб хӏал букӏинчӏо.
Циндаго бихьана Халиловасул расчеталде тӏаде щуго танк бачӏунеб. Кӏинусго метргӏанасеб манзил хутӏараб мехалда, нилъер гӏарадабаз гьезие «салам кьезе» байбихьана, бетӏераб танк щущазабуна. Кӏиабилеб танкалъулги «рашот» гьабуна ва гьеб цого бакӏалда тӏад сверизе лъугьана. Кваранаб рахъалде — Ялтаялъул шагьранухде буссун унеб танкалдаги цӏа рекӏана. Танказдаса къватӏире кӏанцӏун, немцаз гьенибго щулалъи кквезе гӏамал гьабуна. Цебесеб кьерда ругел солдатаз гьезде гуллил цӏад бана. Гӏарадачагӏазул тӏоцебесеб хӏалбихьи Халиловасул расчеталъ хӏехьана, гьез тушманасул лъабго танк хвезабуна ва гӏемерал солдатал гъурана. Гьенисан нух къан букӏин бичӏчӏарал тушбаби нахъекъана ва Бальбек лъарахъ щулалъи ккун чӏана.
1942 соналъул февралалда 345-абилеб дивизиялъул позициялда цӏидасан рагъулаб кор боркьана. Гьеб нухалъги фашистазда нилъеразул фронт тӏезабизе кӏвечӏо ва немцазул гӏемерал солдатал гъурана. Чӏечӏого пулеметги кьвагьулаго, бачӏунеб тушманасул цо танк Халиловасул расчеталдаса нусго галул манзилалда гӏарадачагӏаз цӏадулъе тӏерхьинабуна. Гьеб букӏана Парзуласул расчеталъ ахир лъураб тушманасул ункъабилеб танк.
1942 соналъул анкьабилеб июналда ккана жеги кутакал рагъал. Гьужум байбихьана Мекензи борхалъиялъул рахъалдасан. Гьелда цебе тушбабаз анкьго сагӏаталъ нилъеразде бана гӏарада, рехана бомбаби. Гьоркьоса къотӏи гьечӏел гьужумал халалъана щуго сордо-къоялъ ва тушманасда кӏвана маххул нухккун цевехун къазе. Амма гьесухъа бажаричӏо нилъер фронт тӏезабун. Северияб рахъалдасан хъатбазе кӏвечӏеб мехалъ, 12 июналда тушманас байбихьана югалъул рахъалдасан гьужумал гьаризе. Гьединалго гьужумал гьаруна Комари абулеб участкаялдасанги. Кӏиябго рахъалдасан тӏолабго къуватги рехун, 18 июналда тушбабазда кӏвана шагьаралъул Северияб бухтаялде рорчӏизе ва Сапун мегӏер бахъизе. Гьеб рагъулъ Халиловасул расчеталъе кьураб буюрухъ букӏана, тушманасул танкабазде кьвагьдон, немцал церехун риччачӏого чӏезаризе. Расчеталъул наводчик чӏвала, живго Парзулав лъукъана, гӏарада чӏунтана, ахиралда гьел, тункӏаз ва гранатабаз рагъиялде ккана. Бащалъи гьечӏеб рагъулъ, гьенив тушбабаз чӏвана Халилов Парзулавги.
1942 соналъул ункъабилеб июлалда, И. Сталинил буюрухъалда рекъон, 250 сордо-къоялъ бахӏарчилъиялда цӏунараб Севастополь шагьар жибго тезе ккана. Гьеб шагьар бахъулаго, фашистазул 300 азарго солдат ва офицер чӏвана.
Гӏемерал рагъазул бахӏарзазул хобал руго Севастополалда, гьезда гьоркьоб буго нилъер ракьцояв Парзуласул хобги.
Парзулав Халиловасе Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб цӏар кьезе документал хӏадурун рукӏана, амма кулакасул васазе кьезе бегьуларин, шапакъатал кьолеб хасаб комиссиялъ инкар гьабуна. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб буго машгьурай шагӏир Бахумеседо Расуловалъ Парзуласе сайгъат гьабураб «Къокъаб некӏсияб къиса» абураб кочӏолъги:
Кьалда бахӏарчилъи бихьизабурав,
Парзуласул тухум «тохаб» батана.
Бегавул Балачил чотӏахъанасе
Бахӏарчиясул цӏар, орденал кьечӏо.
Цӏакъ ракӏкъварилъун, гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго Парзуласул ясалъул васас: «Кӏудадал бахӏарчияб рагъул нухлул хӏакъалъулъ нижер гӏагарлъиялда лъана, хун хадуб гьесие Совет Союзалъул Бахӏарчи абураб цӏар кьезеян къваригӏунеб характеристика битӏеян гьарун, командирас росдал советалде битӏун бачӏараб кагътидасан. Кӏудадае гьеб цӏар кьеялъе инкар гьабиялъе бугеб гӏилла бицун, хъвалеб буго: «…так как Халилов П. Х. был кулак, отец его тоже был кулак, который был сослан в один из лагерей ГУЛАГа в Казахстане, где он и сгинул, такого высокого звания он не достоин». Командир гьеб жавабалда рекъечӏеб къагӏида, гьес, дир кӏудадал бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бицун, газеталде кагъат битӏун буго».
Парзулав рагъде унеб мехалъ, лъабго сон бан букӏана гьесул яс Зулбикаца. Кулак вукӏанин абун бахӏарчиясул цӏар кьечӏого тараб гӏечӏого, инсул цӏар кибго рехсечӏого теялъги буго ясалъул ракӏлъукъун. Жиндирго кочӏолъ Зулбикаца гьелъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго:
Дир рукъалъул къеда бан буго сурат,
Гӏодовчӏун, бакъалда вуго дир дада.
Гьесда рагъул форма — гьечӏо орденал,
Кулакасул васин, кьун гьечӏо гьесий.
Гӏарза кьун ун вуго гьев армиялде,
Я рагъда чӏваразулъ гьечӏо гьесул цӏар.
Я росдал паркалда гьев рехсон гьечӏо,
«Абадиялъул тӏехь» — гьев «кӏочон» вуго.
Жиндирго васасул яс Надираги ячун, 1988 соналда Зулбика ана Севастополалде, инсул хабаде щвезе. Гьелъул анищ букӏана, дадал зонода аскӏой гӏодойги чӏун, гӏодулаго, гьесда жиндирго кьогӏаб къисматалъул хӏакъалъулъ бицине, гьесул рухӏалдасан дугӏа-алхӏам гьабизе. Амма, кигӏан балагьаниги, гьесул хоб батичӏо, рагъда хваразул рухӏалдасан дугӏаги гьабун, гьел тӏадруссине ккана.
Нури Нуриев