Конвоялда хъулухъги гӏемерго лъикӏ унеб букӏана
«Ракӏалде ккола Цӏияб заманалда Россиялда тӏад багъарараб цониги рагъ букӏинчӏин, гьаб «империалистияб» гӏадин, халкъазул пикруялъулъ инжитаблъунги бугьтанал лъураблъунги лъугьараб. Цониги рагъ ккечӏо гьединаб гъваридаб вакуумалде. Цониги рагъ хутӏичӏо гьеб гӏадин ирсилазул пикруялъулъа хъвагӏараблъун. «Империалистиялда» тӏасан гъобсагӏатго хӏучч цӏана инкъилабалъ. Гьеб сверана «граждан рагъалде» ва букӏинего букӏинчӏеблъун лъугьана».
Лев Аннинскиясул гьел рагӏабазда тӏадрекъечӏого чӏезе захӏмалъула. Хӏакъикъаталдаги, нусгогӏан соналъ улка буцӏцӏун чӏун букӏана, Дунялалъулго рагъул дол балагьал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ бицине намуслъараб гӏадин. Гӏицӏго тарихчагӏаз ва гьелъул цӏех-рехалъул хӏаракатчагӏаз дагь-дагьккун ракӏалдещвезабулеб буго нилъеда доб гӏазаб-гӏакъуба гьарзалъараб заманалъул хӏакъикъат.
Тӏоцебесеб дунялалъулго рагъуца тӏубанго хисизабуна Европаялъул картаялъул сурат. Гьеб букӏана Европаялъул маданияталъулъ, ай цебетӏеялъул нухда цо гӏорхъилъун лъугьараб заман, гьеб букӏана консерватизмалъулаблъун, лъай тӏибитӏизабиялъулаблъун ва чӏара-хьараб хӏал лъугьараблъун рикӏкӏунеб ХӀX гӏасруялъул ахир – чӏахӏиял инкъилабазулаб ва дунялалъулго рагъазулаб, тӏолабго халкъалъе гьабулеб терроралъулаб ва технология хехго цебетӏеялъулаб XX гӏасруялъул авал.
1914-1918 соназул гьел чӏахӏиял лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъана дагъистаниялги. 1904-1905 соназул гӏурусазулгун япониязул рагъул заманалдаго гӏадин, рагъулаб хъулухъ тӏадаблъун гьабун букӏинчӏониги, гьел лъугьана Тӏоцебесеб дунялалъулго рагъ байбихьараб заманалда гӏуцӏараб кӏиабилеб Дагъистаналъулаб рекӏаразул полкалде. Гьенире хъвазе бокьарал гӏемер рукӏана. Полк гӏуцӏиялъе цӏикӏкӏараб квербакъи лъугьана «пачаясе ва Ватӏаналъул цӏар-реццалъе гӏоло» абун гьабулеб букӏараб пропагандаялъ, гьединго мугӏрузул халкъазда гьоркьоса рагъухъанасул гӏамал-хасиятги ва гӏарац тӏалаб гьабизе гъираги. Рекӏаразе кьолаан, лъикӏаб мухь гуребги, кьили-тӏенк, ретӏел-хьит ва ярагъ.
Кӏиабилеб Дагъистаналъул рекӏаразул полк гьоркьобе унаан Кавказалъул халкъазул рекӏаразул дивизиялде, рагъулъ бихьизабураб кутакаб ва киналго хӏайранлъизарураб бахӏарчилъиялъухъ балагьун, нахъа гьеб машгьурлъана «Гӏалхулаб дивизия» абураб цӏаралда гъоркь. 1917 соналъул Октябралдаса хадуб дивизиялъул ва гьелда гьоркьоре унел рукӏарал полказул рагъулаб тарихги Кавказалдаса рекӏаразул гьунаралги Кавказалъул халкъазул тарихалда гьоркьоса тӏуранго хъвагӏан рукӏана.
Тӏоцебесеб дунялалъул рагъул бахӏарзазда гьоркьоса цоявлъун ккола кӏиабилеб Дагъистаналъул рекӏаразул полкалъул офицер, Чӏикӏаб росулъа Хӏажи-Мурад Гӏарацхан.
Рагъулаб хъулухъалъ эхеде вахин
Гьев гьавуна 1880 соналъул 15 августалда. Лъугӏизабуна Темир-Хан-Шураялъул реалияб училище ва жиндиего бокьун лъугьуна тӏоцебесеб даражаялда рекъон эркенго хъулухъ гьабулев рагъухъанлъун. Россиялъул императорасул армиялде гьедин эркенго хъулухъ гьабулел рагъухъабилъун росулаан тӏадаб рагъулаб хъулухъалдаса эркен гьариялъулъ бигьалъаби гьечӏел, цо хасаб даражаялъул лъай бугел ва рагъулаб хъулухъалде жидеего бокьун лъугьине ракӏалде ккарал гӏолохъаби. 1898 соналъул 31 августалда Хӏажи-Мурад восула Москваялъул рагъулаб училищеялъул юнкерлъун, кватӏичӏого гьениса витӏула Киевалъул рагъулаб училищеялде ва гӏодобегӏанаб классалде хъвала. 1899 соналъул 2 сентябралда гьев вахъуна унтер-офицерлъун ва тӏамула взводалъул портупей-юнкерасул ишал тӏуразарулевлъун, цинги – гьитӏинав унтер-юнкерлъун (29.09. 1999), кӏудияв портупей-юнкерлъун (22.12.1899). Хӏажи-Мурадица училище лъугӏизабуна 1-себ даражаялда (бищунго лъикӏал къиматазда), гьесие кьуна Дагъистаналъул лъелазул полкалъул подпоручикасул чин (9.08.1900).
1901 соналъул 18 декабралда 6 моцӏалъ командировкаялъ витӏула Дагъистаналъул рекӏаразул полкалде, рекӏаразул хъулухъалъулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьелдаса хадуб гьеб полкалда бухьараблъун лъугьуна гьесул рагъулаб хъулухъ.
Гӏурусазулгун япониязул рагъда
Гӏурусазулгун япониязул рагъ (1904–1905) байбихьараб мехалда, Николай Кӏиабилев паячаяс Кавказалъул халкъазде хитӏаб гьабула, Япониялъулгун рагъда гӏахьаллъейилан ахӏи бан. Гьедин гӏуцӏараб Кавказалъул рекӏаразул бригадаялде гьоркьобе унеб букӏана кӏиабилеб Дагъистаналъул рекӏаразул полкги. Гьеб полк гӏуцӏана ургъунго Япониялъулгун рагъда гӏахьаллъизе, полкалде хъвалел рукӏана гьеб заманалдего гӏуцӏараб Дагъистаналъул рекӏаразул полкалдаса ва Россиялъул цогидал частаздаса жидеего бокьун кьалде ине разилъарал рагъухъаби.
1904 соналъул марталда, хорунжиясул чинги кьун, Хӏажи-Мурад вачуна кӏиабилеб Дагъистаналъулаб рекӏаразул полкалде гъорлъе. Гьев Дагъистаналъул Порт-Петровск шагьаралде вачӏуна гьеб полк данделъараб бакӏалде ва 50-абилеб сотӏниялде хъвала. Гьениса полк маххул нухдасан ана рагъул кор боркьун букӏараб Маньчжуриялде.
Гӏурусазулгун япониязул рагъулъ Хӏажи-Мурадица бихьизабураб бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ бицуна гьесул хъулухъалъулаб сияхӏалда хъван ругел шапакъатаз ва чиналъ эхеде вахинавиялъул баяназ:
* нусилбетӏерлъун тӏамуна (10.10.1904);
* «Бахӏарчилъиялъухъ» абун тӏад хъвараб ункъабилеб даражаялъул гӏазизай Аннал орден шапакъаталъе кьуна;
* полкалъул адъютантасул ишал тӏуразарулевлъун тӏамуна (20.11.1904);
* Бенсиху абулеб бакӏалда рагъулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб лъабабилеб даражаялъул гӏазизай Аннал орден (9.01.1905);
* Япониялъул рагъулъ батӏи-батӏияб заманалда тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб лъабабилеб даражаялъул гӏазизав Станиславил орден (9.01.1905);
* полкалъул адъютантасул хъулухъалда тасдикъ гьавуна (30.01.1905);
* батӏи-батӏияб заманалда япониязулгун рагъазулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун цадахъаб кӏиабилеб даражаялъул гӏазизав Станиславил орден (1.04.1905);
* Мукденалда гӏагарлъухъ рагъазулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ шапакъаталъе кьуна хвалчабигун ва бантгун цадахъаб 4-абилеб даражаялъул гӏазизав Владимирил орден (17.08.1905);
* рагъулъ тӏокӏлъи бихьизабуралъухъ хвалчабигун цадахъаб кӏиабилеб даражаялъул гӏазизай Аннал орден кьун буго (2.10.1908);
* 1904–1905 соназул гӏурусазулгун япониязул рагъул заманалда Багӏараб Хъанчил Россиялъул жамагӏаталъул хӏаракатчилъиялъулъ гьабураб гӏахьаллъи ракӏалдещвеялъе шапакъаталъе кьуна Багӏараб Хъанчил медаль (21.04.1909).
Пачаясул конвоялда
Магӏаруласул гьединал цӏикӏкӏарал рагъулал гьунаразде гьесул командирзабаз кӏвар кьечӏого хутӏичӏо: рагъ лъугӏарабго, Хӏажи-Мурад вачуна Санкт-Петербургалде Тӏадегӏанав Императорасул конвоялда хъулухъ гьабизе ва гьев хъвала Лейб-гвардиялъул Терекалъулаб хъазахъазул сотӏниялда нусилбетӏерлъун (15.04.1906).
Конвоялда хъулухъги гӏемерго лъикӏ унеб букӏана. 1910 соналъул апрелалъул ахиралда гьев вахъана подъесауллъун, дарсал кьолаан подхорунжиязул школалда.
Императорасул конвой гӏуцӏаралдаса нусго сон тӏубай кӏодо гьабуна 1911 соналъул маялда. Гьеб гӏуцӏараб къоялдаса байбихьун, конвоялъул тарих бихьизабулеб рохалилаб тадбиралда рекӏараз ретӏун букӏана жиб-жиб заманалъул форма – офицерзабазда ва солдатазда тӏад букӏана нусго соналда жаниб конвоялъул киналго къокъабазул букӏараб ретӏел. Мугӏрузул халкъазул вакилзабаздаса гӏуцӏараб кӏиабилеб взводалъул унтер-офицерасул букӏараб формаги бихьизабуна гьениб. Хӏажи-Мурад Гӏарацхание изну кьун букӏана гьеб ретӏине. 18 маялда, юбилеялъул къоялъ, Царское Селоялда Кӏудияб кӏалгӏаялъул майданалда букӏана парад. Гьениве пачаги вачӏун вукӏана жиндирго хъизамгун цадахъ. Тадбиралъул ахиралда букӏана байрамалъулаб къасиквен ва фейерверк. Нахъисеб къоялъ рукӏана чуял рекеризе тӏами, чуязда рекӏухъе батӏи-батӏиял гьунарал гьари. Цинги – байрамалъулаб къадеквен, сайгъатал рикьи, гӏарцулал шапакъатал кьей ва гь. ц. Фотоаппаратаз сураталги рахъулел рукӏана. Чанго сураталда вихьизавун вукӏана тӏадехун рехсараб, 2-абилеб взводалъул унтер-офицерасул хӏикматаб форма ретӏарав Хӏажи-Мурад Гӏарацханги.
1812 соналъул Ватӏанияб рагъул нусгосонилаб юбилей ракӏалдещвеялъе Хӏажи-Мурадие кьуна медаль (1912), гьединго гьев мустахӏикълъана Романовазул хъизамалъ пачалъи гьабизе байбихьаралдаса 300 сон тӏубай ракӏалдещвеялъул медалалъеги (1913).
Конвоялда гьабураб хъулухъ лъугӏараб мехалда, Гӏарацхание кьуна Императорасул конвоялда хъулухъ гьабуралъухъ» гӏаламат (5.04.1913) ва гьев Дагъистаналде витӏана Дагъистан областалъул рагъулав губернаторасул тӏадкъаял тӏуразарулев обер-офицерлъун. 1914 соналъул августалда гьев вукӏана Самур округалъул начальникасул кумекчиясул ишал тӏуразарулев. Гьеб букӏана Тӏоцебесеб дунялалъулго рагъ байбихьаралдаса моцӏгӏанасеб заман араб мех.
«Гӏалхулаб дивизиялда»
1914 соналъул 23 августалда Никӏалай Кӏиабилев пачаясул Тӏадегӏанаб буюрухъалдалъун лъазабуна «Кавказалъул халкъазул рекӏаразул дивизия» гӏуцӏулеб бугилан. Гьелде гьоркьобе ине кколаан анлъго полк: Кабардиназулаб, кӏиабилеб Дагъистаналъул, Чачаназул, Татаразул, Чергесазул ва Ингушазул. Кӏиабилеб Дагъистаналъул полк гӏуцӏулеб букӏана рагъде ине бокьараздасан, эркенаб рагъулаб хъулухъ гьабулел рукӏараздасан ва Россиялъул армиялъул батӏи-батӏиял частаздаса, гьездаго гьоркьоб Тӏоцебесеб Дагъистаналъул рекӏаразул полкалдаса командировкаялъ ритӏун рачӏарал офицерзабаздаса. Гьедин, дагъистаниязул кӏиго полк гӏахьаллъулеб букӏана Тӏоцебесеб дунялалъул рагъул фронталда.
1914 соналъул 26 октябралда Гӏарацхан лъугьуна Кавказалъул халкъазул рекӏаразул дивизиялъул («Гӏалхулаб дивизия») кӏиабилеб Дагъистаналъул полкалде.
Россиялъул армиялъул цогидал частазда мухъилал рагъухъабазда абулеб букӏараб батани, «гъоркьехунисеб чиналъулал» абун, гьездаса батӏаго, «Гӏалхулаб дивизиялъул» мухъилал рагъухъабазда цӏар лъун букӏана «рекӏарал» абун. Гьезул ихтияр букӏана офицерзабаздехун «мун» абун кӏалъазе, гьезие щолаан лъикӏаб мухьги – моцӏие 25 гъуруш. Полкалде лъугьунесул букӏине кколаан жиндирго чу, чое хӏажалъулеб кьили, чӏолохъжо ва цогидабги, ретӏел ва ханжар-хвалчен. Рес гьечӏезе пачалихъалъ кьолаан чуял. Гьелде тӏадеги, жиндиего бокьун полкалде хъвалесе хъулухъалде лъугьунеб мехалъ кьолаан хазинаги.
Хӏажи-Мурад Доногъо