Чӏегӏерав Гӏумар

«Бихьанщинабги рагӏанщинабги гӏадамазе гьурщулев вугони, дун мацӏихъан ккола», — ян абулаан имамасул чапарас

Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъаз эркенлъиялъе ва жалго жидедаго чӏеялъе гӏоло гьабураб рагъулъ имамасул аслияб ярагълъун букӏана муридзабазул бахӏарчилъи ва гӏорхъи гьечӏеб къвакӏи. Щибаб магӏарул росулъ рукӏана гьелъие мисалиял бахӏарзал. Гьединазул цоявги вукӏана лебалав бахӏарчи, Кӏаратӏаса Чӏегӏерав Гӏумар.

Гӏумар машгьурлъана Гъалбацӏдибирасул нухмалъиялда гъоркь вагъулаго. Хӏинкъи-къай гьечӏев гьев, наибас жиндирго бодул байрахъулавлъун тӏамуна. Рагъулаб гӏадлу-низамалда, гӏадатлъун батухъе, байрахъуласул иш тӏубай бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун букӏана. Байрахъулав кидаго цебесеб кьерда, тушманасдаса вахчичӏого, гуллие керен кьун, цеве инеги, тушманасдаса жибго байрахъ цӏунизеги кколаан. Тушманасул байрахъ бахъизе щвани яги, байрахъулавги чӏван, байрахъ гӏодобе бортани, гьеб иш гьунарлъун рикӏкӏунаан. Гьединлъидалин гьел рагъулъ бищун гӏемерги чӏвалел рукӏарал.

Даргъо, Шали, Ведено росаби рахъулаго, Гӏумар лъабцӏул лъукъана, амма гьес байрахъ чияхъе кьечӏо. Залимаб черхалъул къуватав гӏолохъанчиясда гьел ругънаца шокълъиго ккезабичӏо.

Кӏаралазул наиб, бодул цевехъан ва гӏалимчи Гъалбацӏдибирасулги имам Шамилилги лъикӏаб гьоркьоблъи ва щулияб божилъи букӏана. 1844 соналда ахӏараб гӏалимзабазул мажлисалда имамас суал лъун букӏана, жив кӏодолъунги вугин, имамлъун цогидав вищейилан. Амма мажлисалъул гӏахьалчагӏаз гьеб къабул гьабичӏо.

Имам Даргъов рещтӏиндал, гьесие хӏажалъана магӏарулазулгун щулияб хурхен чӏезабизе. Доб мехалда гьелъие цохӏого цо рес букӏана имамасул амругун, кагъатгун рекӏарал чапарзаби рахъ-рахъалде ритӏи, гьезго магӏарухъ бугеб ахӏвал-хӏал лъазаби ва наибзабазул кагътал имамасухъе щвезари. Гьеб бухьен-хурхеналъе хӏажалъана хасал гӏадамал — рагӏи дагьал, балъголъи цӏунизе бажарулел, бокьараб мехалда сапаралъ рахъине хӏадурал, хӏинкъи рекӏелъ гьечӏел бахӏарзал. Гьез имамасухъе кьучӏаб баян бачӏине кколаан. Наиб Гъалбацӏдибирасе рес букӏинчӏо имамасул тӏалаб гьев разияб куцалда тӏубачӏого ва жиндирго байрахъулав Гӏумар кьезе ккана имамасул чапарлъун. Гьесда киназго Чӏегӏерав Гӏумарин абулаан. Хӏакъикъаталдаги гьев вукӏана чӏегӏераб расалъул, чӏегӏерал беразул, 40 сон барав мурид. Гьединаб ригьалъул рагъухъаби бищунго хириял рукӏана имамасеги.

Чӏегӏерав Гӏумар имамасул амру тӏубазе рагъул майданалдаги хӏадурав вукӏана. Гьев ине кколаан имамасул амругун наибзабазухъе. Гьеб ишалда мухӏканлъи гьаби Гӏумариеги хӏажатаб шартӏлъун букӏана. Рагъал къотӏанилан чапарзабазе хӏалхьи букӏинчӏо. Гьел къватӏире рахъунаан сундухъго балагьичӏого ва имамас цӏараб заманалда наибзабазухъе щвезе кколаан: наибзабаз хисизе кколаан гьезул чуял, хӏажалъи ккани кьезе кколаан хинаб ретӏел ва ярагъ.

Имамасдаги наибзабаздаги гьоркьов хьвадулаго, гьезул рукӏа-рахъин, хьвада-чӏвади, гӏамал-хасият Гӏумарие баянаб букӏаниги, гьес гьезул хӏакъалъулъ щибго цӏар бахъулароан. Гьесие хириял рукӏана «Ца таралъ мегӏер тола», «Гӏинкъавлъун рокъове лъугьа, беццавлъун къватӏиве вахъа» гӏадинал кицаби. Муридзабаз гьесда гӏемер абулаан: «Мун, ракӏалда бугеб жо чияда бицинчӏого, чӏегӏерлъарав Гӏумар вуго», — ян. «Бихьанщинабги рагӏанщинабги гӏадамазе гьурщулев вугони, дун мацӏихъан ккола», — ян абулаан Гӏумарицаги.

1853 соналъул риидал «Зоно» абулеб кӏаралазул къварилъухъ къоазарго мурид данделъана. Гьениве вачӏана имам Шамилги. Сундуе гьебгощинаб аскар данде бакӏарулеб бугебали имамас лъазе течӏо жиндирго васасда — кӏаралазул наиб Гъазимухӏамадидагицин. Гьеб лъазе бокьарав Гъазимухӏамадица инсуда цӏехана, кинаб рахъалдехун нухал къачӏазе кколел боялъеян. Имамас гьесда абуна: «Ункъабго рахъалдехун къачӏай, лъикӏав наибасул нухал кидаго къачӏан рукӏине ккола», — ян. Гьеб бо бакӏарулагоги Гӏумарица кӏудияб жигар бахъана ва богун цадахъ Гуржиялъеги ана. Рекӏаразул бетӏерлъуда имамас вас тана, лъелазул цевехъанлъун наиб Даниял-Султӏан тӏамуна.

Кӏиго анкьалъ халатбахъараб гьеб чабхъадул хӏасилалда имамасе щвана бечедаб давла: гӏемераб гӏарац-меседги гӏи-боцӏиги асир, гуржиязул пача Гьерекӏлил меседил тажги гьаруна гӏемерал гуржиял ва гьездаго гьоркьор гиназ Чавчавадзел бикабиги.

Гьеб соналъ гӏурусаз Чачаналда рохь гъуризе байбихьана, хасго Шалиялъул рахъалдахун. Муридзабаз гьезде гьужумал гьарулаан. Гӏурусазул солдатал цоял гъутӏби къотӏулел, цогидал дагьалги гьездасаги церехун хандакъал рухӏун, гьел цӏунун хъаравуллъуда рукӏунаан. Солдатал ругеб рахъ цӏехезе рахине кколаан рорхатал гъутӏбузде. Муридзабазул дагӏба ккана гъотӏоде вахине хӏинкъуларев бахӏарчи щив абун. Цояс абуна «Чӏегӏерав Гӏумарида цеве кӏанцӏизе лъидаха кӏолеб?» — ан. Гьесие жавабги гьабичӏого, Гӏумар кету гӏадин гъотӏол каралъе харун ана. Рахъ-рахъалде валагьана — солдатал ругоан аскӏорго гӏадин. Гъоркьехун вачӏунев вукӏарав гьесул гьаракь борчӏана, ва гьеб параялъго тункӏил кьвагьи бахъана. Гӏумар гъотӏодаса вортичӏо, амма, ракьалде щваравго, къахӏан чехьги ккун, гӏодов чӏаралъуса вагъаричӏо.

Цо гӏолохъанчияс абуна: «Валлагь, цӏакъ бухӏараб жо батизе буго гулла, Чӏегӏерав Гӏумарилцин гьаракь борчӏана», — ян.

Гӏумарица кӏиго къо бана Даргъоб. Местӏераз бажарарабщинаб дару гьабуна. Гӏумарие бокьана сахлъани сахлъизеги, хвани хвезеги магӏарухъе ине. Имамас цадахъ муридгун гьев Гӏандиве, наиб Лабазанихъе витӏана. Гьес Гӏумар щвезавуна Кӏаратӏе. Гӏумарие дару гьабизе тӏаделъана местӏерал, ракӏарана гьел сверухъ ругел росабалъаги, амма хӏасил ккечӏо — анкьидасан гьев къадаралде щвана.

Лъукъидал, жиндихъе раккизе рачӏарал гӏадамазда Гӏумарица абун буго:

— Нагӏана батаги тӏоцебе дида кьварарав бахӏарчиян абурасе. Гӏумруялъго кьварун, лебаллъиялда гурищ чӏезе ккарав, щвечӏогурищ чорхое рахӏат, рокъоб парахалъи, хъизан-лъималазул недегьлъи. Гӏумру ана чу кьололаго, туманкӏ цӏовухъего, рачел къанго, — ян.

Гӏумар хвана 1854 соналъул хаслихъе. Гьев вукъун вуго Кӏаратӏа тӏасахабалалъ, Шамилил вас Жамалудинида аскӏов, гьезие ран руго хӏужрабиги.

Зонода гӏарабалъ гьабураб хъвай-хъвагӏаялда руго гьадинал рагӏаби: «Гьаб буго гъалбацӏазда гьоркьовги гъалбацӏ, бицун хӏалкӏолареб бахӏарчилъиялдалъун машгьурав мурид, Даргъо щулалъиялда капурзабигун рагъда шагьидлъарав Гӏумарил хъуба. Аллагь тӏасалъугьаги гьесдаса! Амин», — ан. Хӏужра бана ва зани чӏвана имам Шамилил амруялда рекъон.

Б. Тӏагьировасул «Кӏаралал»

абураб тӏехьалдаса