Досул кучӏдул кидаго нилъгун руго
Заидил тӏоцересел кучӏдул магӏарулазухъе щвана 1920-абилел соназдаго. Гьесул кучӏдузул тӏоцебесеб мажмугӏин абуни басмаялда бахъана 1931 соналда.
Заид Хӏажиев гьавуна 1898 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесда лъана гӏумруялъул кьогӏлъиги, граждан рагъазул цӏадул бухӏиги, советияб заманалда гӏадамазе жидерго кочӏодалъун, журналистасулаб бегӏераб къалмидалъун хӏасратго хъулухъ гьабиялъул рохелги.
Заидил тӏоцересел асаразул хиси гьечӏеб темалъун букӏана гӏумруялъулъ, магӏаруласул вукӏа-вахъиналъулъ, социалистияб гӏуцӏарухъанлъиялъулъ кколел чӏахӏиял хиса-басиял, заралиял, басриял гӏадатазде данде гьабулеб къеркьей, нилъер рокъоре таваккалго лъугьунел цӏилъиялъул гьайбатал гӏаламатаздаса вохи. Щивав магӏаруласул рекӏелъги кӏалдирги рукӏана дол соназда Хьаргаби электростанция баялъул хӏакъалъулъ Заидица хъвараб «Электрик кьолеб кьурулаб кантор» абураб кочӏолъа гьал рагӏаби:
Рорхатал мугӏрузул гӏорал хьвадулеб,
Хьаргаби къварилъи къалеб рагӏула.
Къаралазул иццал эхер чвахулеб,
Чаран кьурул кӏалтӏу бацун рагӏула.
Заид Хӏажиевасул «Кулакалъул магӏу», «Питначагӏи», «Берцинаб сардил сурукъав гьобол», «Мулла ва глобус», «Сигнал», «Вихьизе гьанжесев, живго цевесев», «Магӏаруллъи» абурал ва цогидалги кучӏдул хехго тӏиритӏана магӏарул адабият бокьулезда гьоркьор. Лъикӏаб къимат щвана гьесул «Сулахъ» ва «Буран» абулел поэмабазеги.
Заид Хӏажиев ккола кучӏдузул къогоялдасаги цӏикӏкӏун мажмугӏалъул автор. Гӏемеразда рекӏехъе лъала ва гъираялда ахӏула рокьул ва советиял рагъухъабазул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ Заидица хъварал кучӏдул. Чӏахӏиязего гӏадин, хӏасраталда, ракӏбатун, Заидица кучӏдул хъвалаан лъималазеги. Гӏисинал цӏалдолез рокьун, рохун къабул гьаруна «Хӏанчӏикӏкӏал», «Меседил гага», «Ракълил микки» абурал ва цогидалги тӏахьал. Жиндирго цо кочӏолъ гьадин хъван букӏана шагӏирас:
Дие щибго рецц-бакъ къваригӏун гьечӏо,
Къаламалъе къимат дир халкъалъ кьела.
Машгьурлъи- цӏаралъул бицунеб гьечӏо,
Цӏалулел разиял ругони гӏела.
Хӏакъикъаталдаги халкъалъ, гьесул тӏахьал цӏалулез, республикаялъул жамгӏияталъ, коммунист партиялъ ва хӏукуматалъ Заид Хӏажиевасул кочӏолаб гьунар-махщалие тӏадегӏанаб къимат кьуна. Шагӏирасул лъабкъогосонилаб юбилей кӏодо гьабулел къоязда, 1958 соналда, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалдалъун, Заид Хӏажиевасе кьуна Дагъистаналъул халкъияв шагӏир абураб цӏар.
Граждан рагъул заман, магӏарухъ букӏараб хӏалуцараб ахӏвал-хӏал, бечелъиялда ва мискинлъиялда, басриялда ва цӏиялда, бижун бачӏунелда ва хун унелда гьоркьоб букӏараб рекъел гьечӏеб къеркьей бихьизабун хъварал руго Заидил лъикӏаланго асарал. Гьедин цебечӏезабулеб буго шагӏирас цо кочӏолъ граждан рагъул заманалда жиндирго росдал букӏараб сурат:
Анкьцӏуса биххараб, микьцӏул буцӏцӏараб
Муридзабаз сверун ккуна дир росу.
Хъахӏал чанахъабаз, тӏаде къулараб
Магӏардасан гӏужий босана росу.
Къаси Хунзахъ гъасда цӏаял ракичӏо,
Цӏаял тункӏил кӏалдир ракун рукӏана.
Цохӏониги рокъоб чирахъ рекӏинчӏо,
Чирахъ пулеметаз бакун букӏана.
Магӏарул адабият хириязда Заид Хӏажиев лъала драматург ва прозаик хӏисабалдаги. Магӏарул росабалъ кӏудияб гӏелалъул гӏадамазда рихьана Заидица хъварал «Хӏаскъил ва Шамил», «Къиямасеб къо», «Бацӏил сордо» абурал пьесабазда рекъон лъурал спектаклял. Жеги 1934 соналдаго магӏарул адабияталъул тӏасарищарал асаразул Ражаб Динмухӏамаевас данде гьабураб тӏехьалда бахъун букӏана Заидица хъвараб «Я нух балагьила, я хвел босила» абураб хабар. Гьеб буго Гӏахьвахъ районалъул Тӏукитӏа росу партизаназ ва багӏарармейцаз бандаздаса эркен гьабиялъул хӏакъалъулъ, живго гъорлъ гӏахьаллъарав гӏадин хъвараб асар. Цӏалдолез лъикI къабул гьабуна Заидица хъвараб «Багӏараб отряд» абураб къисаги.
Заид Хӏажиев вукӏана къалам бегӏерав журналистги. 1934-1936 соназда гьев цӏалана Москваялда коммунистияб институталъул журналистазул отделениялда. Хӏалтӏана учительлъун, Дагъистаналъул тӏахьазул издательствоялъул редакторлъун, КПССалъул обкомалъул печаталъул секторалъул инструкторлъун. Киса-кивго гьес живго вихьизавуна ритӏухълъи цӏунарав, бажари бугев хӏалтӏухъанлъун. Заидил журналистасулаб гьунар унго-унгояб куцалда загьирлъана ва камиллъана гӏемерал соназда «Магӏарул большевик» газеталъул жавабияв секретарьлъун ва редакторлъун хӏалтӏулаго. Гьесул къалмикьа ана Дагъистаналда социалистияб гӏуцӏарухъанлъиялъул бергьенлъабазул хӏакъалъулъ бицунел кӏвар бугел макъалаби, очеркал, фельетонал. Газеталъул гьурмаздасан магӏарулазухъе щвана гьесул цӏи-цӏиял кучӏдул. Редакторлъун хӏалтӏулаго, Заидица малъа-хъваяздалъун хӏалкӏвараб кумек гьабулаан хъвадаризе байбихьулел гӏолохъанал авторазе, «тӏад квер бахъун» газеталда лъолаан гьезул асарал.
1926 соналдаса нахъе КПССалъул член, 1939 соналдаса нахъе СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член Заид Хӏажиевас хӏаракатаб гӏахьаллъи гьабулаан республикаялъул хъвадарухъабазул организациялъул жамгӏияб гӏумруялъулъ. Гьев вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъунги. Гӏемерал соназда Заидица нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул магӏарул секциялъул хӏалтӏуеги.
Заид Хӏажиев гӏахьаллъана Москваялда тӏоритӏарал Дагъистаналъул адабияталъул ва искусствоялъул къоязда. Гьениса тӏадвуссиндал, гьес хъвана ва «Магӏарул большевик» газеталда бахъана «Дагъистаналъул булбул» абураб кечӏ. Гьеб букӏана СССРалъул Пачалихъияб премиялъул лауреат Исбат Батӏалбеговалъ Москваялда Колоннияб залалда ахӏараб кечӏалъ гӏенеккулезе гьабураб кӏудияб асаралъул, гьел хӏайранлъизарураб куцалъул, хъатчӏван чанго нухалда гьей цее яхъинайиялъул хӏакъалъулъ хъвараб. Адабияталъул ва искусствоялъул къоязулъ гьабураб жигараб гӏахьаллъиялъе гӏоло З. Хӏажиевасе кьуна Дагъистан АССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Хӏурматияб грамота.
Заид Хӏажиев гӏахьаллъана 1960 соналда Чечено-Ингушетия АССРалда тӏоритӏарал Дагъистаналъул адабияталъул вечераздаги. Гьел вечеразул асаралда гъоркь хадуб гьес хъвана халкъазул гьудуллъи кӏодо гьабурал кучӏдул.
Заид Хӏажиевасда лъикӏ лъалаан кида ва сундул хӏакъалъулъ кечӏ хъвалебали. Гьесул гӏемерисел асарал, хасго сатирикиял кучӏдул руго чӏванкъотӏарав чиясул пуланаб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ хъварал. Гьединлъидал гьел мурадалдеги щолаан – гӏадамаз хехго лъазарун ахӏулел ва рикӏкӏунел рукӏана. Шагӏирас жиндирго цо кочӏолъ абун буго гьадин:
Дица ургъичӏого рагӏи абичӏо,
Адресги гьечӏого гьелгьезе аян.
Эхеде валагьун, рагӏи абичӏо,
Гьорол нухаздасан сверизе аян.
Гьекъолдухъабазда, руччаби хӏакъир гьарулел «рокъобагьадурзабазда», хӏелхӏелчагӏазда, цӏогьазда чӏорал речӏчӏараб Заидил сатираялъ квербакъи гьабуна цӏияб гӏумру гӏуцӏиялъул нухда дандчӏвалел квалквалал къезаризе, гӏадамал кантӏизаризе. Гьабсагӏаталдаги магӏаруласул столалдаса камулареллъун лъугьана Заидил «Хъахӏилаб экран», «Дир сайгъат», «Тӏасарищарал асарал» абулел тӏахьал.
Заид Хӏажиевасул жамгӏиябгун политикияб ва литературияб хӏаракатчилъиялъе Ватӏаналъ тӏадегӏанаб къимат кьуна. Гьесул каранда рана Захӏматалъул Багӏараб Байрахъалъул ва «Хӏурматалъул гӏаламат» орденал. Дагъистаналда советияб хӏукуматалъе гӏоло рагъазулъ гӏахьаллъаралъухъ Кӏудияб Октябралъул социалистияб революциялъ 50 сон тӏубаялъул хӏурматалда, Заид Хӏажиевасе 1967 соналда кьуна Багӏараб цӏва орденги. Гьесул захӏматалъулаб хӏаракатчилъи чанго нухалда кӏодо гьабуна ДАССРалъул Президиумалъул Хӏурматиял грамотабаздалъун.
Заидил кочӏол гьаракь гьесул къалмикьа рижарал хӏасратал рагӏаби, хӏалихьатазда, хӏарамзадабазда, хӏиллачагӏазда речӏчӏулел бегӏерал чӏорал жакъаги нилъеда цадахъ руго.
Гӏабдулмажид Хачалов,
«Багӏараб байрахъ», 1988 сон