Чӏохъа Гӏабдулажид

Гӏумруялъ гӏезегӏан кӏвекӏаниги, жакъаги лъикӏаб жаналда вуго ветеран

Гьеб букӏинчӏо нижер тӏоцебесеб дандчӏвай. Щибаб нухалъ Гъазалиев Гӏабдулажидида мисалалъе бачине батулаан цебехун рагӏичӏеб, амма хадубккун тӏад пикраби гьаризе тӏамулеб лъугьа-бахъин. Цин гьес нилъ рачуна пачаясулаб Россиялде, цинги рикӏкӏадаб 1937 соналъул ракӏ гъанцӏизабулел лахӏзатазде. Гьел соназ Гӏабдулажидил эмен, мунагьал чураяв Гӏиса, кулакги гьавун, чӏван вугилан бицуна…

Гӏемерал соназ киса-кибего цадахъ букӏанилан абизе бегьула Гӏабдулажидида «тушманасул, кулакасул вас» абун лъураб тӏокӏцӏар. Гьеб сабаблъун, гьесда дандчӏвачӏеб захӏмалъиги бухӏиги хутӏунго батиларо.

Гӏагараб росулъ букӏараб минаги бахъун, гочине ккана шагьаралде. Щуго класс лъугӏидал, инсул вацасда цадахъ витӏана Грозныялде. Гьениб ФЗУги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана фельдшерал хӏадур гьарулеб школалде.

— Гьенив цӏализеги спорталъеги лъикӏав вукӏана дун, — ян бицана Гӏабдулажидица. — Цо нухалда мисалияв студент хӏисабалда, лагералде витӏулев вукӏана, амма виччачӏо кулакасул вас витӏулеб бакӏ гьеб гуриланги абун. Хӏисаб гьабе, кулакасул вас вугинги абун, Советияб армиялда хъулухъ гьабизецин виччачӏо. Хӏалтӏизе витӏана Буйнакскалде, санинструкторлъун. Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьидал, ана дунги рагъулаб хъулухъалде.

Гьесул умумулги рукӏана рагъулаб хъулухъалда рукӏарал гӏадамал: кӏудияв инсуца, Дагъистаналъул рекӏаразул полкалъул вакил хӏисабалда, цӏунулев вукӏана Кавказалде вачӏун вукӏарав Александр Дюма. Цогидав кӏудияв инсуца хъулухъ гьабуна Кавказалъулаб эскадроналда. Инсул вацал рукӏана гӏурусазул армиялъул офицерзабилъун. Гьез гӏахьаллъи гьабуна тӏоцебесеб дунялалъул рагъдаги.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда Гӏабдулажидица гӏахьаллъи гьабуна Каменск-Шахтинск, Ростов, Сталинград, Ворошиловград гӏадал шагьаразда ккарал гӏассиял рагъазулъ. 1947 соналде щвезегӏан хъулухъ гьабуна гӏорхъаби цӏунулезул аскаразда. Гъазалиевасе кьуна рагъулав офицерасул чин, гьесул каранда улкаялъ рана шапакъатал: Кӏудияб Ватӏанияб рагъул кӏиабилеб даражаялъул орден, «Рагъулаб тӏокӏлъиялъе гӏоло», «Кавказ цӏуниялъе гӏоло», «Бергьенлъиялъе гӏоло» абурал медалал.

— Гьеб букӏана 1942 сон, ихдалил заман, — ан бицана ветеранас. — Нижер рагъулал гьалмагъзабаз немцазде гьужумги гьабун, гьезухъа бахъана кванил нигӏматазул цӏураб склад. Гьениб батараб бечелъи нижее чанго моцӏалъе гӏуна. Амма гьеб гьарзалъигун ниж гӏемераб заманалъ хутӏичӏо. Немцаз тӏаде кӏанцӏун, гӏисинал къокъабаздеги рикь-рикьизарун, нилъер рагъухъабазул къуват чучлъизабуна. Рохьахъ, хьуцӏахъ тӏиритӏун арал ниж, лъазего лъачӏого тушманас сверун ккуна ва асир гьаруна. Тӏубараб километралъул манзил букӏана нилъер асиразул, кьерда чӏараб мехалъ. Тӏоцебесеб къоялъго хӏажат тӏубазе цӏоросаролъил хуриве арав дие рес щвана гьенив вахчизе ва асирлъудаса лъутизе. Дон гӏурул цояб рахъалде вахана. Гьениб батичӏо я немцазул, я нилъеразул кинабгӏаги власть. Гӏемерисел гӏадамал рукӏана гьекъон-кванан. Амма кватӏичӏого хӏалакълъун тамахлъарав дун тӏаде ккана советиял аскаразде. Гьебсагӏаталъ гьезги жанив лъуна, — ян бицана Гӏабдулажидица.

Гьевго гӏадал, асирлъудаса лъутаразул вукӏана щунусгогӏан чи. Гьездаса гӏуцӏун букӏана хасаб къоккараб мехалъ хӏажатаб бакӏалде битӏизе хӏадураб полк. Тӏоцере рагъухъаби ритӏана Тифлисалде, гьенисаги Азербайжаналъул Ханлар абулеб бакӏалде. Амма щибаб къоялъ сурав босулаго рахӏат толеб букӏинчӏо Гъазалиевасеги гьалмагъзабазеги. Цо талихӏалъ дандчӏварав ракьцоясул кумекалдалъун гьеб гӏазабалдасаги ворчӏана Гӏабдулажид.

Гьелдаса хадув ккун вуго Грозныялде, Кубаналде, Харьковалде, Кривой Рогалде… 1943 соналда вукӏана 37-абилеб дивизиялда гъорлъ. Гьениб бихьараб къоялъулги гӏемер бицуна ветеранас. Ахирги, Болгария цӏунизе унезда цадахъ витӏун вуго.

1947 соналде щвезегӏан рагъулаб хъулухъалда хутӏарав Гӏабдулажидида гӏагараб Чӏохъ росулъе щвараб мехалда эбел ятана янгъизго. Гьесие бокьичӏо фельдшерасул хӏалтӏуде тӏадвуссине. Гьесул пикру буссун букӏана гьеб заманалда магӏарухъ хӏалтӏулеб букӏараб профессор Геннадий Мовчанил экспедициялде. Гӏабдулажидица байбихьана суратал рахъизе. Ва хадуб гьесул яцгӏал, учительница Кибичева Гӏайшатица гьеб хабар щвезабуна Мовчанихъе. Гьесги, гӏемер кватӏичӏого, архитекторлъун вахъине бокьани Москваялде вачӏаян ругьел битӏун бачӏана.

Мовчанил кумекалдалъун вахъанила жив скульпторлъунгиян бицана ветеранас. Гьес рана В. Ленинил, У. Буйнакскиясул, генерал-майор Б. Музруковасул, хирург А. Вишневскиясул, поэт Эфенди Капиевасул ва гӏемерал цогидазулги памятникал. Гъазалиев ккола СССРалъул Художниказул союзалъул член, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, Дагъистаналъул халкъияв художник. Щибаб соналъ гьес Москваялда кӏодо гьабула кӏудияб Бергьенлъиялъул къо — 9 май. Дандчӏвала ветераналгун, жамгӏиял хӏаракатчагӏигун, гьудул-гьалмагълъигун. Гьелин абуни Гӏабдулажидил цӏакъго гӏемерал руго. Гьев вихьизе бегьула Москваялда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялда рукӏунел батӏи-батӏиял дандчӏваяздаги. Гъоркьисайин абуни ветеранас кӏодогьабуна 95 сон тӏубаялъул юбилейги.

Патӏимат Расулова