Марк Бернесил ахирисеб асар

Къункърабазул читӏиралда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ ккуна Расулицаги,

Яницаги, Маркицаги, Наумицаги

Северияб Осетиялъул Дзуарикау росулъа Газдановазул хъизамалда вукӏана анкьго вас. Цояв чӏвана 1941 соналда, фашистаздаса Москва цӏунулаго. Жеги кӏигоял чӏвана 1942 соналда Севастополалъе гӏоло ккарал рагъазулъ. Лъабабилеб нухалдаги чӏегӏераб хабаргун кагъат бачӏараб мехалда, хвана гьезул эбел. Хадусев лъабгояв хвана Новороссийскалда, Киевалда, Белоруссиялда. Ахирисев вас Берлиналъе гӏоло ккараб рагъулъ хванилан бицун бачӏараб кагъатги босун, Газдановасухъе ине инкар гьабун буго росдал почтальоналъ. Гьебмехалда гьезул рокъоре ун руго росдал хараби. Гьезда ватун вуго цохӏо йигей васасул ясги кодой ккун, рукъалъул кӏалтӏа гӏодов чӏарав Газдановазул эмен. Жидехъе рачӏунел хералги рихьун, гьез лъикӏаб гуреб хабар бачӏараблъиги лъан, эменги гьеб бакӏалдаго хун вуго, ракӏги кьвагьун…

1963 соналда Дзуарикау росулъ эхетана обелиск: пашманлъиялъ къуларай эбелги зодобе боржунеб анкьго хӏинчӏги. Гьеб памятникалъухъе щвана Дагъистаналъул шагӏир Расул Хӏамзатовги. Памятник лъеялъе гӏиллалъун ккараб къиса рагӏидал, гьев цӏакъ пашманлъун, къварилъун вуго. Гьес хъвана жакъа дунялалдаго машгьурлъараб «Къункъраби» абураб кечӏ. Гьеб хъвана магӏарул мацӏалда. Бакъбаккул халкъазул поэзия гӏурус мацӏалде буссинабиялъул рахъалъ махщел камилав устар Наум Гребневас гьабуна гьеб кечӏалъул гӏурус мацӏалде таржама. Рагъдаса вуссарав Наумги Расулги цадахъ цӏалана Москваялъул М. Горькиясул цӏаралда бугеб Литературияб институталда. Гьелдаса нахъе гьезул букӏана лъикӏаб гьудуллъиги. Рагъул кьогӏлъиги къохӏехьейги бихьарав Наумил ракӏалъе кӏудияб асар гьабуна Расулил кечӏалъ:

Дида ккола рагъда камурал васал

Кирго рукъун гьечӏин, къанабакь лъечӏин…

Гӏурус мацӏалда къватӏибе бахъараб «Къункъраби» абураб кечӏ бихьун буго машгьурав кочӏохъан Марк Бернесида. Гьесулги ракӏ лъукъун букӏана рагъул согӏлъиялъ. Гьес хитӏаб гьабула композитор Ян Френкелиде, кечӏалъе рекъонкколеб бакъан хъвайилан абун. Амма композиторасухъа циндаго гуро бажарараб бакъан ургъун.

Дзуарикау росулъ бараб памятникалда зодоре роржунел руго хъазал. Гьеб рагӏуе рекъонкколеб рифмаги магӏарул мацӏалда батуларого, Расул Хӏамзатовас хитӏаб гьабуна Северияб Осетиялъул Культураялъул министерствоялде: гьес гьарана, жиндие ихтияр кьейин хъазазул бакӏалда къункърабиян хъвазе. Кьуна гьесие гьединаб ихтиярги.

Кӏиабизе абуни, гӏурус мацӏалде буссинабураб Расулил кочӏолъ хъван букӏана къункърабазде сверун ругин кколин рагъда чӏварал игитал абун. Марк Бернесил гьариялда рекъон, Расулица гьеб рагӏул бакӏалда хъвана «солдаталилан».

Марк Бернесица хӏадурараб тексталда гьоркьоб биччан букӏана Расулица хъвараб кочӏол кӏиго мухъги: гьезда бицунеб букӏана, къункърабазул гьаркьазда релълъараб бугин магӏарул мацӏгиян абун. Гьединал хиса-басиязул хӏасилалда лъугьана планетарияб магӏнаялъул кечӏ.

Композитор Ян Френкель гӏахьаллъана Кӏиабилеб дунялалъул рагъда. 1941-1942 соназда гьев цӏалана гӏарадачагӏазул училищеялда ва гьенисан ана рагъде. Захӏматго лъукъунги вукӏана гьев. Бернесил гьари тӏубалаго, гӏемераб заман бана Френкелица. Кочӏол байбихьиялъе бакъанги хъван, гьес жиндихъего ахӏана Марк. Байбихьиялъухъ гӏенеккулаго, Бернес гӏек-гӏекиялда гӏодана. «Маркил бадиса бигьаго магӏу тӏинкӏизабун бажарулароан. Гьев гӏодизавулеб асаралъул хасаб къуват букӏине кколаан», — ин ракӏалдещвезабулаан Френкелица. Гьелдаса хадуб Расулил кочӏое бакъан хъвазе гӏедегӏил гьабуна композиторасги.

Букӏана гьелъие хасаб гӏиллаги. Марк Бернесил гьуърул унтун рукӏана. Живго хвелалде, цӏияб кечӏ ахӏизе бокьун букӏана гьесие. Гьебги букӏине кколаан кечӏ ахӏиялъул махщеллъиялъе ахирлъейлъун. Хӏалихъего вилълъанхъулаан Марк. 1969 соналъул микьабилеб июлалда васас гьев щвезавуна кечӏ хъвалеб студиялде. Бернесица цоцӏул ахӏарабго, гьабуна кочӏол записьги. Моцӏидасан, ай 16 августалда Марк Бернес хвана.

Хъазазул бакӏалда къункъраби

Щай Расулица хъазазул бакӏалда хӏалтӏизабураб къункърабазул сипат? Гьелъие буго гьадинаб баян: «Хъахӏал къункъраби» хъвазе дир пикру ккана Япониялда вугеб мехалъ. Атомалъул бомба кьвагьараб доб гӏасияб къоялъ унти ккарай ясалъ госпиталалда байбихьун буго кагътил къункъраби гьаризе. Гьедин гьабуни, жий хваликьа йорчӏилин букӏун буго гьелъул хиял. Азарго къункъра гӏелалдего, яс хун йиго. Хъахӏаб къункъра хъатикь ккурай ясалъул памятникалда цебе бакӏарараб халкъалъул руккалилъ вахъун чӏун вугев дир тохлъукьего берчӏвана чӏагоял къункърабазул тӏелалда. Гьеб къоялъ дун къункърабаз асир гьавуна. Дица пикру гьабулеб букӏана киналго рагъул къурбаназул. Гьедин бижана дилъ гьеб тӏолго дунялалдаго машгьураб гьитӏинабго шигӏру», — ян бицунаан шагӏирас.

Япониялдаса тӏадвуссунаго, Расулихъе тел бачӏана хирияй эбел къадаралде щванилан абун. Самолеталда рекӏун вукӏаго гьесул пикрабалъ рукӏана кагътил къункърабаз хвасарлъиялде хьул букӏарай гьитӏинай Садако Сасакиги, жив тӏаде щвелалде накълулъарай эбелги, рагъда чӏварал вацалги, Северияб Осетиялдаса анкьавго вацги… Унеб букӏинчӏо берда цебеса Сасакилгун къолъикӏ гьабулаго, зодосан боржун араб къункъарабазул тӏелги гьезул читӏиралда халлъараб чӏобогояб бакӏги. Гьел пикрабазул хӏасилалда бижана цӏияб кечӏ.

Къункърабазул тӏелалда гьоркьоб букӏараб бакӏ цебего ккуна Расул Хӏамзатовасги, композитор Ян Френкелицаги, «Къункъраби» кечӏ тӏоцебе ахӏарав Марк Бернесицаги.

Кавсарат Сулейманова

Къункъраби

Дида ккола рагъда камурал васал

Кирго рукъун гьечӏин, къанабакь лъечӏин,

Доба борхалъуда хъахӏил зобазда

Хъахӏал къункърабазде сверун ратилин.

Гьел ихаз, хаселаз, халатал саназ

Нилъее салам кьун роржунел руго.

Гьелъин нилъ пашманго, бутӏрулги рорхун,

Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.

Боржун унеб буго къункърабазул тӏел,

Къукъа буго чӏварал гьудулзабазул.

Гьезул тӏелалда гъоркь цо бакӏ бихьула —

Дун вачӏине гьаниб къачӏараб гурищ?

Къо щвела борхатаб хъахӏилаб зодихъ

Хъахӏаб къункъра лъугьун дунги паркъела.

Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал

Киналго нуж, вацал, дица ахӏила.

Расул Хӏамзатов